Тохтурасул махщел камиллъиялда бараб букӏуна инсанасул сахлъиги гӏумруги. Цӏикӏкӏараб жавабчилъиялъул иш ккола нейрохирургия. Гьеб пишаялда машгьурлъана Россиялъул нейрохирургиялъул цӏех-рехазул институталъул гӏалимчи, исана октябралъул ахиралда медицинаялъул гӏелмабазул докторасул цӏаралъе мустахӏикълъарав нилъер ракьцояв Мухӏамад Маматханов.

Мухӏамад хӏалтӏулев вуго лъималазул тохтур-нейрохирурглъун Санкт-Петербургалда. Гьев гьавуна 1968 соналъул тӏоцебесеб январалда Болъихъ районалъул Чанхъо росулъ. Цӏалана Болъихъ росдал №1 гьоркьохъеб школалда. 1986 соналда тӏокӏлъиялда лъугӏизабуна №19 ССПТУ. 1986-1988 соназда хъулухъ гьабуна СССРалъул армиялда, 1987 соналъул маялдаса 1988 соналъул июналде щвезегӏан вукӏана Афгъанистаналда.

Афгъанистаналдаса тӏад вуссун хадув хӏалтӏана ХХ партсъездалъул цӏаралда бугеб колхозалда ва 1990 соналда цӏализе лъугьана И.П. Павловасул цӏаралда бугеб Ленинградалъул №1 медицинаялъул институталде. Тӏокӏлъиялда гьебги лъугӏизабун, цӏалана Санкт-Петербургалъул Дипломалда хадусеб медицинаялъул академиялда гӏаммаб хирургиялъул кафедраялда. Интернатураялдаса хадувги, 1997-1999 соназда цӏалана проф. А.Л. Поленовасул цӏаралда бугеб Россия-

лъул нейрохирургиялъул цӏех-рехазул институталъул ординатураялда. 2002 соналда цӏунана медицинаялъул гӏелмабазул кандидатлъиялъе диссертация. 1998-2002 соназда, цӏалулев вукӏаго, хӏалтӏана И.И. Джанелидзел цӏаралда бугеб хехаб кумекалъул гӏелмиял цӏех-рехазул институталъул нейрохирурглъун ва 2002 соналъул августалдаса нахъе вуго гьебго институталъул штаталда. Гӏелмиял цӏех-рехазул аслияб тема буго ботӏролгун гӏадалнахул ругънал сахлъизарулел къагӏидаби.

Мухӏамад Маматханов ккола лъималазул фармакорезистентная эпилепсия хирургияб къагӏидаялъ сах гьабиялъул рахъалъ махщел камилав тохтур. Гьев гӏахьаллъула гӏелмиял дандеруссиназда, гьабула цогидал тохтурзабазе малъа-хъвай ва, кумек гьабиялъул мурадалда, гӏемер уна Россиялъул шагьаразде. Гьесул буго «Нейрохирургиялъул» рахъалъ тӏадегӏанаб квалификацияги «Нейрохирургия» ва «Хирургия» абурал махщелазул сертификатги.

М. Маматхановас хъвана 170-ялдаса цӏикӏкӏун гӏелмияб макъала, гьев ккола анкьго цӏирагьиялъул патенталъул соавторлъунги. Докторлъиялъе хъвараб диссертация-лъул гӏелмияв консультант В.А. Хачатряница гьадинаб къимат кьуна дагъистаниясе: «М.Р. Маматхановасул лъикӏаб пагьму буго гӏелмиял тӏахьаздаса пайда босизеги, унти чӏезабиялъулги унтарав сах гьавиялъулги гьанжезаманалъул бищун лъикӏал къагӏидаби ратизеги, фармакорезистияб эпилепсиялъул операциял гьариялъе санагӏатал къагӏидаби ралагьизеги ва гьел цӏалулгун хӏалтӏул хӏаракаталъулъ гӏумруялде рахъинаризеги», — ян.

2006 соналдаса нахъе Мухӏамад Маматханов хӏалтӏулев вуго гӏелмиябгун клиникияб отделениялъул кӏудияв гӏелмияв хӏалтӏухъанлъунги лъималазул нейрохирурглъунги. Гьев ккола Санкт-Петербургалъул И.С. Бабчинил цӏаралда бугеб нейрохирургазул жамгӏияталъул членлъунги. Маматхановасул гӏелмиял цӏирагьияздаса жакъа пайда босулеб буго Россиялъул сахлъи цӏуниялъул идарабазда ва медицинаялъул вузазда.