Гӏамал-хасияталъги, гьабулеб хӏалтӏи-ишалъги гӏемерисел лъимал эбел-инсуда релълъарал рукӏуна.

Гьаниб бицен гьабулев Нигӏматулагьил эмен Хӏажилмухӏамад вукӏана кутакалда гӏадамазулъ восарав, ихтилат-кеп бокьулев, росулъ щиб кканиги, тӏоцеве гьениве вортулев чи. Гьесулъ букӏана цо батӏияб жигарчилъиги, гьабулеб-толелъе хехлъиги, дуруслъиги. Бертаби-туязулъги, жамагӏаталъул данде-лъабаздаги гьев вищулаан тамадалъунги тадбир нухда бачуневлъунги. Керен цӏурал орденал-медалалгун вуссана гьев рагъдаса. Разведкаялда вукӏун вуго гьев.

Инсудаго релълъарав вуго Нигӏматулагьги. Школалда цӏалу-лагоги, студентлъун вугеб мехалъги, хадуб хӏалтӏудаги гьев вукӏана гьудул-гьалмагъзабазулъ восарав, кьураб рагӏуе ритӏухъав, рекӏкӏалъе рекӏелъ бакӏ гьечӏев инсанлъун. Ругъелда росдал школа лъугӏидал, лъагӏалица колхозалъул гӏиядаги вукӏун, армиялда хъулухъги гьабун, цӏализе лъугьана мединституталде. Направлениялда рекъон лъабго соналъ Бежтӏа райбольницаялъул хехаб кумекалъул тохтурлъунги хӏалтӏун, тӏад вуссана Ругъелда росдал участкаялъулаб больницаялде. Хӏалтӏана лъималазул тохтурлъун ва цинги Шамил ЦРБялъул педиатрлъун.

Абула бахӏарчи рагъда лъалилан. Рагъалдаса нахъе ккараб ахӏвал-хӏал букӏинчӏо тӏоцебе коронавирус районалде бачӏараб мехалда. Лъималазул отделениеги сверизабуна гьелъ унтаразе. Тӏоцебе букӏинчӏо чӏванкъотӏараб, унтарал сах гьарулеб къагӏида. Рукӏинчӏо гӏолел дарабиги, тохтурзабаз ретӏунеб хасаб ретӏелги. Чанго сордо-къоялъ отделениялдаса къватӏиве вахъинчӏого хӏалтӏулаан гьев.

Бигьаяб хӏалтӏи гуро 2-3 моцӏалъ «багӏараб зонаялда» анкьалги ран хӏалтӏизе ккей. Дагь-дагьккун лъикӏлъана тӏаде рачӏунел дарабиги, хисулеб тохтурзабазул ретӏелги. Ратана кумек гьабулел районцоялги.

Гьанжеги тӏубанго лъугӏичӏониги, жеги камулел гьечӏо коронавирусалъ унтарал. Амма цебе гӏадаб хӏинкъиги, рихха-хочиги гьечӏо. Щибаб жо жиндирго рахънибе кколелъул.

Гьенир сах гьарулел рукӏараз адаб-хӏурматалда рехсола Нигӏматулагьил цӏар. Гӏемерал баркалаялъул рагӏаби абула гьесул адресалда. Районалъул «Цолъи» газеталде Нигӏматулагьие рецц-бакъ гьабун хъвараб макъалаялда цо унтаралъ рехсолеб бугоан нигӏматазул ах гӏадав тохтур вугин гьевилан. Гьесул хӏакъалъулъ ЦРБялъул бетӏерав тохтур Ибрагьим Халиловасги гьадин абуна: «Нигӏматулагь вуго, кинаб хӏалтӏи-иш тӏадкъаниги, мухӏканго гьебги тӏубалев, бажари-лъайги бугев, унтаралги кидаго жиндаса разияв тохтур», — илан.

Гӏемерал Хӏурматалъул грамотабиги щвана гьесие, гьев ккола «ДРялъул сахлъи цӏуниялъул отличникги».

2020 соналъул 21 июналда бахъа-раб ДРялъул бетӏерасул буюрухъал-

далъун Шамил районалъул педиатр Мухӏамадов Нигӏматулагьие кьуна «ДРялъул мустахӏикъав тохтур» абураб цӏарги. Гьелъие мустахӏикъавги вуго гьев.