8 декабралда «Дагъистан» РИАялъул редакциялда тӏобитӏана ДРялъул юстициялъул министрасул заместитель Сергей Караченцев гӏахьаллъараб пресс—конференция.

Гьес бицана коронавирус тӏибитӏунгутӏиялъе гӏоло жидер идараялъ хӏукму гьабунила гьаб гӏагараб заманалда ЗАГСалде рачӏунел гӏадамазул къадар дагьлъизаби.

Минюсталъ гӏадамазда гьарулеб буго цӏакъго рес къотӏидал гурони гьенире рачӏунгеян. Масала, лъимер гьабиялъул яги чи хвеялъул хӏакъалъулъ нугӏлъи гьабулел кагътал росизе къваригӏани рачӏине бегьула.

Хутӏарал суалал электроннияб къагӏидаялда ялъуни «Госуслуги» сайталдасан тӏуразарейин лъазабуна министрасул заместителас.

Караченцевасул рагӏабазда рекъон, ЗАГСалъул хӏалтӏухъабаз цого заманалда къабул гьарулел гӏадамазул къадарги анцӏго чиясдаса цӏикӏкӏине бегьуларо.

Амма киназдаго гуро гьел тадбирал ритӏун ричӏчӏулел ругел. Караченцевас бицухъе, гьел гьукъа-къаяз жидер ихтиярал хвезарулел ругин цо-цо чагӏи Россиялъул президентасул администрациялде щвезегӏанги гӏарзахъдулел руго.

— Махӏачхъалаялъул ЗАГСалъул бицани, гӏорхъичӏвай гьабураб заманалдагицин, къойида жаниб 200 чи къабул гьавулев вуго гьенив. Жанисан гӏатӏидаб бакӏ бугониги, гӏадамал гӏемерлъараб мехалда унти бахине рес бугелъулха. Гьединго, кигӏан тӏадаблъун гьабулеб бугониги, маскаби райин абураб тӏалабги гӏадахъ босулеб гьечӏо гӏадамаз. Гьезда гьел разаризе лъугьарал, аскӏоре къагеян тӏаде рачӏаразе малъа-хъваял гьарулел ЗАГСалъул хӏалтӏухъабазулгун гӏезегӏан къваригӏел гьечӏеб хабарги ккана. Кумекалъе полиция ахӏарал хӏужабигицин рукӏана, — ян бицана С. Караченцевас.

Диналда рекъон магьариги лъун, ахираб заманалда ЗАГС гьабулелги гӏемерго дагьлъун ругин абуна гьес. Гьединлъидал къойида жаниб щуго-анлъго ригьиналъул гурони хъвай-хъвагӏай гьабулеб гьечӏо Махӏачхъалаялда.

Гьединалго гьукъа-къаял гьарулел руго централияб архивалдаги. Залалда щугоялдаса цӏикӏкӏун чи вукӏине бегьуларо, гьелги маскабиги ххун.