Гьале кӏиабилеб нухалдаги щвана дун Гумбет районалъул Килалъ росулъе. Лъабго—ункъо соналъ цеве щун вукӏана ихдал, оцбаялъул къоялъул байрамалда гӏахьаллъизе, цевегосев гьудул Шамил Мухӏамадовасги ахӏун. Исана коронавирус сабаблъун тӏобитӏичӏо росулъ оцбаялъул байрам.
— Нижер умумузда лъан буго росу базе бакӏ тӏаса бищизе, — ян бицуна Килалъ росдал бегавул Ахӏмад Каримовас. — Гьал нилъеда рихьулел Бергъо, Кӏанчӏикь, Роччоб мугӏрузда гӏемер жо бихьана. Росдал рагӏал чӏван гӏедегӏун чвахулеб Гӏанди гӏоралъул хъудиялъухъ гӏенеккизеги бокьула рада-радал. Гьале гьаб буго магӏарухълъи, сундухъго хисизе рес гьечӏеб гӏагараб тӏалъи. Мугӏрул хиралъиялъ, гьаздехун бугеб рагӏа- ракьан гьечӏеб рокьиялъ чӏезаруна росулъ лъабкъогоялде гӏагарун цӏаракиялъул гӏадамал. Хутӏарал, ай гӏемерисел гочана Новолак районалъул Цӏияб Чуртах росулъе. Къисмат гьединаб букӏун буго нижер росдал гӏадамазул. Гочиналъе гӏиллалъунги ккана 1974 соналъул 13 ноябралъул радакь ккараб тӏабигӏияб балагь – ракь багъари, росу гочун иналъул хӏасилалда гьанир хутӏаразе рукӏинчӏо чӏезарурал киналгӏаги шартӏал: къана школа, клуб, библиотека, хӏалтӏичӏо медпункт. Гӏагараб росдадехун бугеб тӏей гьечӏеб рокьуе гӏоло кинабго хӏехьана нижеца, гочинчӏого гьанивго чӏарав 100-150 чияс. Жакъа батӏияб буго ахӏвал-хӏал. Цо-цо хъизамал тӏад руссун рачӏунелцин руго жидерго анкьумумузул ракьалде. Нусиялда ункъогоялдасаги цӏикӏкӏун цӏараки буго жакъа Килалъ росулъ. Бана цӏияб школа, ясли-ах, фельдшеразулгун акушеразул пункт, библиотека, маданияталъулгун хӏухьбахъиялъул центр. Палхӏасил, гӏумру-яшав гьабиялъе чӏезарун руго киналго шартӏал.
Росдал бегавул вуго тарихги лъалев, гӏемерал соназ лъималазе тарбия-лъайги кьурав географиялъул мугӏалим. 1987 соналдаса анахъе 15 соналъ Гумбет районалъул бетӏерасул заместительлъунги хӏалтӏарав, Басаевасул ва Хаттабил хъачагъазде данде гьабураб рагъулъ бихьизабураб бахӏарчилъиялъе гӏоло РФялъул президент В. Путинил рахъалдаса сагӏат шапакъаталъеги щварав, хӏалхьи лъаларев инсан. Ахӏмадгун цадахъ дун щвана Роччоб магӏардеги. Хабар-кӏалалда унаго, гӏемераб хабар бицана Ахӏмадица росдал тарихалъулги машгьурал гӏадамазулги хӏакъалъулъ.
— Гьал мугӏрузул гӏодоблъиялда бугеб бакӏалде щун вуго лъабго вац- чанахъаби: Килаги, Ичиги, Чӏалиги. Гьаб бугин дие бищун санагӏатаб бакӏин абун Кила рещтӏун вуго гьанивго, Гӏанди гӏурул рагӏалда, Ичиги Чӏалиги дагьалги тӏадехун, мугӏрузде рахун руго. Биценалда рекъон, гьедин рижун руго Килалъги Ичичӏалиги росаби. Гӏумру- яшав гьабизе санагӏатал бакӏал рукӏиналъ, дагь-дагьккун цогидал гӏадамалги рачӏун, гӏун буго росу, — ян бицана Ахӏмадица. — Хвел гьечӏеб лъалкӏ тана исламияб дин цебетӏезабиялъулъ Масгӏуд-хӏажица ва гьесул васал Мухӏамадицагун Ахӏмадица. Жидерго рокъоб мадрасаги рагьун, диниял дарсал кьолев вукӏана Мухӏаммадсагӏит. Бицуна гьеб мадрасаялъул мутагӏилзаби гӏараб мацӏалъ цоцада кӏалъалел рукӏанин абун. Диниял тӏахьазул кӏудияб библиотека букӏанин абула Дарбишмухӏамад-хӏажил. Инхоса Гӏалихӏажил лъикӏал гьудул-гьалмагъзаби рукӏун руго Килалъа Гьуд ва гьесул вас Салихӏ-хӏажи. Араб гӏасруялъул лъеберабилел соназ гӏемерисел диниял гӏалимзаби расги гӏайиб гьечӏого туснахъалъур лъуна ва хадурккун кире аралали, кир хваралали, кир рукъаралали лъачӏого тӏагӏана. Гьезда гьоркьор рукӏана Багьавудин, Гӏизудин, Мухӏамадсагӏит, Масгӏудин, Ахӏмад ва гьел гурел цогидалги.
Гьаниб, диниял гӏалимзабазул церехъабазул хӏакъалъулъ хабар ккараб бакӏалда кинго бегьуларо рехсечӏого нилъер заманалъул бахӏарчияв инсан, гьунар бугев, тӏадегӏанаб лъаялъул тохтур, жакъасев ва Дагъистаналъул цере рукӏарал муфтиязул кваранаб кверлъунги, хӏаракатав кумекчилъунги вукӏарав Килалъа Ахӏмад-хӏажи Тӏагьаев. Гьев шагьидлъана 2009 соналъул 25 маялда. Гьедин гурони бегӏераб каламалъул боркьараб, жив-живасул рекӏелъе бортулеб рагӏи къотӏизабизе кӏвечӏо тушманасда. Ахӏмад- хӏажи Тӏагьаевасул цӏар абадиялъ хутӏизе буго халкъалъул ракӏазулъ.
Гӏумру-яшавалъул рахъалъги нахъа ккун рукӏинчӏо дир росуцоял. Цӏакъ цудунго ругьунлъана Килалъ росулъ маххул къебелъиялъул махщалиде, цебе тӏун букӏана цӏакал, гӏиял тӏомал къачӏан гьелъул хурум (хром) гьабун, хьитал гьари. Гьалеха гьаб Роччоб магӏарда бугеб майдан, жиндир заманалда имам Шамилица гьанир куцалел рукӏун руго пачаясул аскариязда данде рагъизе муридал. Нилъер заманалдаги ратула гьанир цо-цо чӏахӏи-чӏахӏиял гулби. Хадуб гьаниб колхозчагӏаз бекьулеб букӏана ламадур, картошка, цӏоросаролъ. Лъикӏаб бачӏинги бакӏарулаан. Колхоз-совхозал хун хадур лъицаха гьаб бекьилеб? Гьанже гӏи хьихьула гӏадамаз. Нижер гьаб Килалъ росу хьиндаллъиги магӏарухълъиги цадахъ бачараб бакӏ буго. Гьелъул магӏна ккола хьиндалазул ракьазда гӏадин пихъ-мичӏги бижулин, магӏарухъ гӏадин боцӏи- панзги хьихьизе рес бугин абураб. Килалъ буго лъабкъогоялде гӏунтӏун жибго жиндаго чӏараб магӏишат (ЛПХ), цо фермерги вуго.
Килалъ росдал цого-цо вугев фермер Чергесов Салихӏилгун дир лъай-хъвай цебего ккун букӏана. Лъабго-ункъо соналъ цебе, умумузулго рукӏарал, ирсалъе хутӏарал куракул херал ахалги хвезарун гьанир чӏана гӏечул батӏи-батӏиял тайпабазул гъутӏби. Щунусго гъветӏ бачӏун букӏана Ставрополалдаса.
— Араб соналъ гьал гъутӏбуз тӏоцебесеб бачӏинги кьун воххизавуна дун. Исана битӏ ккечӏо. Битӏун тӏегь балеб гӏужалда цӏорой речӏчӏун кинабго хвезабуна, — ян бицана Салихӏица.
—Доб нилъер цебесеб дандчӏваялда дир рахӏат хвезабун букӏана гъутӏби росизе гӏарац пачалихъалъ кьелин кьураб рагӏи хвезабиялъ. Щибха гьелъул ккараб?
— Исана щвана лъабго миллион гъурущ. Росдал магӏишаталъул министерствоялде цӏиял нухмалъулел рачӏун хадуб гӏарцул суал бигьалъана. Ракӏ-ракӏалъулаб баркала загьир гьабизе бокьун буго Росдал магӏишаталъул министерствоялъул нухмалъулезе. Лъалаго лъикӏлъана гьаниб хӏалтӏи. Дица росулъ рагьана фермеразул магӏишат. Гӏемер жо къваригӏунеб букӏун гьечӏо гьеб рагьиялъе. Министерствоялъул хӏалтӏухъабаул кумекалдалъун хӏадур гьабуна бизнес-план, хъвана гӏарза, бихьизабуна дир бугеб кӏигогун бащдаб гектар ракьул, исана бараб ва нусгогӏан чӏегӏерхӏайван жаниб хьихьизе бегьулеб бокь. Харибакӏазулги къварилъи гьечӏо магӏарухъ. Аллагьас хъван батани, гьанже инаха Калмыкиялде, кьураб гӏарцухъ босила 50 тайпадулаб гӏака.
Гьале гьадинаб гӏуцӏарухъанлъиялдайин нилъер магӏарухъ абулеб: «Гьабизе лъаразе квасул дуниял, кваназе лъаразе нахул дуниял», — ин абун. Салихӏил ва гьесул хӏаракаталъул хӏакъалъулъ хабар тӏубанго, рагӏа-ракьанда щун бицине ккани, цо-кӏиго рагӏи абизе ккола гьесул хъизамалъул хӏакъалъулъги. Гьесул чӏужу Гулжанат шагьаралда гьаюрай ва гӏурай гӏадан йигониги, хехго ругьунлъана росулъ гьабулеб гӏумруялде. Гьереси щай, бигьаго букӏинчӏо киданиги гӏакдада аскӏой къачӏей гьалъие боцӏуе хъулухъ гьабизеги, гӏака бечӏчӏизеги, бачал хьихьизеги. Росгун цадахъ бигьалъана кинабго. Чергесовазул руго лъабго ясги цо васги. Мухӏамадрасул университеталда цӏалулев вугониги, щибаб гьатӏан къоялъ щола росулъе, кумек гьабула эбел-инсуе.
Салихӏил буго цоги лъикӏаб махщелги. Гьев вуго найихъан, нусгоялдасаги цӏикӏкӏун найил тӏала буго гьесул. Исана Салихӏица базаразде щвезабуна кӏигогӏан тонна гьацӏул. Бихьулищха, нахул гуребги, гьацӏулги букӏун буго гьабизе лъарасе дуниял.