Коронавирусгун къеркьолаго, жакъа гӏадатияб гуреб ахӏвал—хӏалалда ругониги, гӏумру гьоркьоса къотӏичӏого цебе унеб буго. Унтиялдаса цӏунизе гӏадамаз цӏуни—къай гьабулеб бугеб куцалъухъ балагьизе иргадулаб халгьабиялде росабалъе унев Гъуниб районалъул бетӏер Мудунхӏажи Къадировгун цадахъ нижецаги гьенибе сапар бухьана. Ниж щварал Салтӏа, Силтӏа росабазул школазда, медицинаялъул идарабазда, администрациязда ва годекӏабахъ унтиялдаса цӏуниялъе гӏадамаз гьабулеб бугеб цӏуна—къаялдаса районалъул бетӏер разиго хутӏана. Гьев гӏенеккана гӏадамазул гӏарзазухъ ва рагӏи кьуна кумек гьабизе. Жакъа районалда бугеб ахӏвал—хӏалалъул, тарихалде унеб бугеб 2020 соналъ гьарун бажарарал хӏалтӏабазул ва церечӏарал масъалабазул бицун, сапаралдаса руссарал нижеца гара—чӏвари гьабуна Гъуниб районалъул бетӏер, хӏалхьиялда вугев юстициялъул подполковник Мудунхӏажи Къадировасулгун:
-Мудунхӏажи, тарихалде унеб буго 2020 сон. Кинаб гьеб букӏараб, районалъул гӏадамазе щиб лъикӏаб жо гьелъ босун бачӏараб?
— 2020 сон нижее бигьаяб букӏинчӏо, амма гьеб нижеца лъугӏизабуна лъикӏал хӏасилалгун. Ракӏчӏун абизе бегьула: Гъуниб районалъул цебетӏей гьоркьоса къотӏулеб гьечӏо.
Лъикӏал хӏасилал ккола тӏалъиялъул киналго идараби цадахъ рекъон хӏалтӏулел ругони ва жамгӏиял идарабазги районалъул гӏумруялъулъ жигараб гӏахьаллъи гьабулеб бугони. Гьеб рахъалъ бокьун буго баркала кьезе райсобраниялъул депутатазе, чӏахӏияб гӏелалъе. Гьезул малъа-хъвайги ва сундулъго гьабулеб кумекги дир ишалъе цӏакъ пайдаяб ккола.
-Гьаб хъулухъалда мун вугеб кӏиго соналда жаниб районалъе пайдаял кинал хӏалтӏаби гьарун бажарараб?
— Районалда бугеб 26 школалъул 17-ялъе гьабуна капиталияб ремонт. Тӏадеялъул байбихьула хӏинкъи бугеб хӏалалде ккарал школазул бакӏазда цӏиял раялъул федералияб программа хӏалтӏизе. Гьелъул кумекалдалъул нижеца, ремонт гьабизе бегьулареб хӏалалда басралъараб школазул бакӏалда, базе ккола ичӏго цӏияб школа. Гьезие рихьизаруна ракьал, хӏадурана проекталъулабгун сметаялъул документация. Исана февралалда бухӏана Кӏуяда росдал школа, бачӏунеб соналда гьенибги цӏияб школа бан бахъине ккола.
Захӏматаб масъала ккола Гъуниб росдал гӏадамазе лъим гӏоларого букӏин. Гьеб росдал цо авалалде лъим машинабаз баччула. Гъуниб лъел мухъ къачӏалеб буго. Хьул буго бачӏунеб соналъ гъунисезул лъел масъала тӏубазе кӏвелин абураб. Гьединабго масъала буго цогидал росабалъги.
Хӏадур гьабулеб буго Гъунибе, Ругъжабе, Хӏутнибе, Хьиндахъе, Хӏотӏочӏибе ва Гъоркьияб Кӏогьорибе лъим бачиналъе проекталъулабгун сметаялъул документация.
Райадминистрациялда аскӏобго буго 1932 соналда бараб, басралъараб лъималазул ах. Гьебги биххун, цӏияб ясли баялъе документация хӏадурана. Тӏадеялъул гьебги бан бахъине ккола. Капиталияб къагӏидаялъ къачӏана 2012 соналда бараб Кӏуяда росулъ ясли-ах.
Гъуниб, Хӏотӏочӏ росабалъ рана футболалъул майданал. Хъил тӏуна Салтӏа росулъе унеб шагьранухлул микьго километралъул манзилалда. Ракӏалда буго Ругъжаб ва Хӏотӏочӏ- Хьиндахъ росабалъе щвезегӏан нухазде хъил тӏезе. Капиталияб ремонт гьабуна Гъуниб ва Бацӏада росабазул спортзалазда. Гьединго районалъул 25 росулъе унел шагьранухал цӏи гьарун къачӏана.
Республикаялъул хӏукуматалдаса гӏарацги тӏалаб гьабун, проекталъулал хӏалтӏаби унел руго Гъуниб росдада тӏад бугеб «Кьижарай бахӏарай» абулеб кьурул гӏус щула гьабиялда.
Капиталияб ремонтги гьабун, культураялъул кӏалгӏаби рагьана Гъуниб ва Ругъжаб росабалъ. Исана капремонт гьабуна Бацӏада, Къорода, Силтӏа, Гӏобохъ, Мохӏоб росабазул школазда.
Районалъул росабалъ гьабуна анлъго парк. Масала, гъоркьиса республикаялъул росабазул парказда гьоркьоб тӏобитӏараб къецалда Хьиндахъ росдал паркалъе щвана тӏоцебесеб бакӏ.
-Бачӏунеб соналъ гьаризе кинал хӏалтӏаби нужеца тӏаде росун ругел?
— Гъуниб росдал 80 проценталъ басралъараб ясли-ахалъул минаялъул бакӏалда чара гьечӏого цӏияб мина базе буго. Гьединго цӏияб мина базе ккола Кӏуяда росдал бухӏараб школалъул бакӏалдаги.
Дагъэнергоялъулгун гьабураб къотӏи-къаялда рекъон, январалдаса байбихьизе буго Гъуниб районалъул токалъул мухъазда капиталияб ремонт гьабиялъул хӏалтӏаби. Хисизе руго трансформаторал, хӏубал ва кварал. Бачӏунеб соналъ районалъул росабалъе газ бачиналъул карта бахъун буго, цӏех-рехал унел руго, кватӏичӏого хӏалтӏабазде байбихьила. Тӏоцебе газ щвезе буго Салтӏа, Силтӏа ва Кудали росабалъе, хадуб районалъул киналго росабалъеги.
-Мугӏрузул районазда гьоркьоб Гъуниб район кидаго букӏана лъай кьеялъул рахъалъ цебесеб кьерда. Цогидал районазул школазги пайда босулаан нужер районалъул гӏемерисел школазул хӏалтӏул хӏалбихьиялдаса. Лъай кьеялъул иш гьебго даражаялда цӏуниялъе районалда щиб гьабулеб бугеб?
— Гъуниб, Сугъралъ, Салтӏа, Къорода, Кӏогьори ва Чӏохъ-Коммуна росабазул школазда цӏунун буго лъай кьеялъул ва цӏалиялъул цебесебго даража. Масала, гъоркьиса Гъуниб росдал школа лъугӏун унев щуго чияс босана меседил медаль. Гьеб школалъул тарихалда меседил медаль щун буго 145 чиясе. Жакъаги нижер школазул цӏалдохъабазул лъайги гӏадлуги лъикӏаб даражаялда буго. Гьез, Дагъистаналъул лъикӏал школазул цӏалдохъабазулгун къец бан, республикаялда тӏоритӏулел предметиял олимпиадабазда кидаго призалъулал бакӏал росула. «Президентлъун дун вукӏарабани» абураб республикаялда тӏобитӏараб къецалда Чӏохъ-Коммуна росдал школалъул цӏалдохъаналъ босана тӏоцебесеб ва Санкт-Петербургалда тӏобитӏараб гьединабго къецалда — призалъулаб бакӏ.
ЕГЭялъул хӏасилазги ниж рази гьаруна.
Нижер школазул учительзабазул лъай-махщалил бицунеб цо мисал бачина. Республикаялда тӏобитӏараб «Лъагӏалил учитель» къецалда Ругъжаб школалъул авар мацӏалъул учительницаялъ тӏоцебесеб ва Россиялда тӏобитӏараб гьединабго къецалда — призалъулаб бакӏ босана.
Гӏалимзабиги гӏакъилзабиги нижер гӏунги тӏокӏ руго. Дагъистаналъул ва тӏолабго Россиялъул батӏи-батӏиял идарабазда хӏалтӏулев вуго Гъуниб районалдаса 400-ялдаса цӏикӏкӏун гӏелмабазул доктор ва кандидат.
-Районалда кин гӏуцӏун бугеб гӏадамазе медицинаялъул хъулухъ гьабиялъул хӏалтӏи. Коронавирусалда данде къеркьеялъул хӏалтӏи кин бугеб?
— Коронавирусалъул ахӏи-хӏур бахъарабго, Дагъистаналда тӏоцебе нижеца районалде нух къана. Гьелдалъун районалда цӏакъ дагьал гурони гӏадамалги унтичӏо. Унти багъарараб мехалда райбольницаялда вукӏана 31 чи, гьениб къваригӏани рукӏине, тӏадеги 30 койка чӏезабун буго. Жакъа районалъул больницаялда вегун вуго, гьеб унтиялда щаклъи бугев 9 чи, гьезул цо чиясул гурони ковид батичӏо. Тохтурзабигун цадахъ, щибаб росулъе щун, нижер администрациялъул хӏалтӏухъабаз гӏадамазда бичӏчӏизабула гьеб унтул бугеб хӏинкъи ва цӏуна-къай гьабизе кколеб къагӏида.
Компьютерияб томограф къваригӏун бугин абун, республикаялъул бетӏерасухъе хитӏаб гьабидал, анкьго къоялдасан гьеб райбольницаялде битӏун бачӏана, заманалдасан бачӏана 19 ксероксги.
Пандемиялъул ахӏи-хӏуралъул заманалда нижеца больницаялда гӏураб къадаралда чӏезаруна къваригӏунел дараби, препаратал, гьединго «красная зонаялда» хӏалтӏулел медицинаялъул хӏалтӏухъабазе Дагъистаналда бищун цебе кьуна харжалде тӏаде бихьизабураб гӏарац.
Коронавирусгун къеркьеялъе нижее кумек гьабуна ресалда ругел районцоязги. Масала, ДРялъул Пачалихъияв секретарь Хизри Абакаровас рачӏана гӏемерал кванил нигӏматал, ИВЛ-аппаратал, койкаби, Ругъжаса Гӏамирица, Мохӏоса Мухӏамад Чӏалдаевас гьабуна кӏудияб кумек.
-Жакъа унтараб суал ккола мугӏрузул районазда росдал магӏишат нахъе кколеб букӏин. Инвалидлъиги гьабун, гӏадамал хӏалтӏудаса нахъе кӏанцӏун руго. Нужер гӏадамазде бахун бугищ гьеб «унти»?
— Дун тӏоцеве гьаб хъулухъалде вачӏиндал, районалъул МТСалъул балансалда букӏинчӏо цониги белцин. Лизингалъул гӏарацги кьун, 2019 соналда босана кӏиго комбайн. Жидерго проценталги рецӏун, Гъизляралъул зонаялъул хъутабазда хӏалтӏабиги гьарун, Ставрополь краялде щвезегӏан ижараялдаги хӏалтӏун, гьебго соналъ гьез районалъул бюджеталде рехун бачӏана 300 азарго гъурущ.
Жакъа районалда чӏаголъиялда буго 14 СПК, 111 фермерлъиялъул ва 7851 жалго бетӏергьанал чагӏазул магӏишатал. Дагъистаналдаго цӏар ун буго тайпадулаб гӏи гӏезабулел «Сугъралъ» ва «Милюб» СПКязул, гьединго «Чӏохъ» агрофирмаялъул. Гъоркьиса Астраханалда тӏобитӏараб Россиялъул росдал магӏишаталъул выставкаялда «Сугъралъ» ва «Милюб» СПКязул куйдузе кьуна меседил медалал.
Гъизляралъул зонаялда ругел нижер магӏишатазул хъутабазда гӏемерисез гӏезабула пиринчӏ ва могьолал культураби.
Киналго магӏишатазда дандекъан, жакъа районалда буго 3913 чӏегӏерхӏайван ва 58438-гӏанасеб гӏи- цӏцӏани. Квеш бугеб жо ккола соналдаса соналде районалда гӏи-боцӏул къадар дагьлъулеб букӏин.
Ахал хӏалтӏизарун гурони, ракь бекьулел росаби къанагӏат руго. Цогидазе мисаллъун букӏине дица бегана нижерго умумузул ракь, ният буго гьениб кӏудияб ах гӏезабизе.
-Тӏабигӏиял ва тарихиял памятниказ бечедаб букӏиналъги батила, къватӏисел ва жанисел туристазе цӏакъ бокьула Гъуниб районалде щвезе. Районалда туризм цебетӏезабиялъе хӏалтӏи кин гӏуцӏун бугеб?
— Гъуниб районалъул ракьалда буго республикаялъул ва федералияб кӏваралъул лъабнусгоялдасаги цӏикӏкӏун памятник.
Советияб заманалда гьаниб хӏалтӏулеб букӏана «Орлиное гнездо» абулеб санаторий. Рачӏунел туристазул къадарги, жакъа гӏадин, цӏикӏкӏараб букӏинчӏо. 2020 соналда районалде вачӏун вуго 55-60 азарго турист. Гъуниб мегӏер, Гъамсукь росу, Салтӏа чваххи, Къорода бецӏкъварилъи, Чӏохъ ва Сугъралъ росаби, ай туристазда бихьизе жо гьаниб цӏакъ гӏемер буго. Хӏалтӏулел руго Гъуниб магӏарда бугеб «Орлиное гнездо» санаторий, пансионат «Радде» ва гӏемерал гьалбадерил рукъзал.
ДРялъул Туризмалъул министерствогун цадахъ нижеца гӏуцӏана районалда туризм цебетӏезабиялъул хасаб план. Киса-кирго лъуна гӏурус ва ингилис мацӏазда хъварал «Туристические навигации» абулел халкъазда гьоркьосеб тайпаялъул игӏланал.
Дир пикруялда, районалъул ракьалда ругел памятниказдаса бищунго къиматаб ва тарихияб ккола Гъуниб хъала. Гьелъие кьучӏ лъун буго 1862 соналда. Хъалаялда жаниб буго тӏубараб тарихияб комплекс. 150 соналъ цебе бараб, амма цониги нухалъ жиб букӏараб куцалъ къачӏачӏеб, ай биххун иналда хӏинкъи бугеб «Шамилил хъала» абулеб федералияб бетӏергьанлъиялъул тарихияб памятник Россиялъул Культураялъул министерствоялъул балансалда буго. Гьезулгун бухьенги гьабун, хъала цӏи гьабун къачӏаялъе тадбирал гьарулел руго. Гьелдаго цадахъ хӏалбихьулеб буго ЮНЕСКОялъул сияхӏалде Гъуниб хъала босизабиялъеги.
Чара гьечӏеблъун ккола Гъамсукь росулъе шагьранух гьаби, гьединго Салтӏа чваххукье ва Къорода бецӏкъварилъиялда жанире иналъе лъикӏал шартӏал гӏуцӏи. Бачӏунеб соналда Гъуниб, Салтӏа, Накӏкӏазухъ рагьизе руго цӏиял туркомплексал.
-Районазул бутӏрузул гӏарз букӏуна кьищни баччиялъул масъала тӏубазе захӏмалъулеб бугин. Нужеца кин гьеб тӏубазабулеб бугеб?
— Республикаялда буго кьищни баччулеб ункъо регионалияб оператор. Къотӏи-къайги гьабун, гьез кисанго кьищни баччизе кколаан. Амма… Нижерги букӏана «Дагъэкодом» абулеб идара, амма, кколеб куцалда, гьелъ нижер кьищни баччичӏо. Гьелъул директор хӏалтӏудаса вахъана. Цӏияв директорас, Кӏуядаса Ахӏмадица, байбихьун буго жигаралда хӏалтӏи гӏуцӏизе. Жакъа нижеца кьищни баччула Хважалмахьи росулъ бугеб заманалъулаб полигоналде. Планалда буго, печалги росун, гьанибго кьищни бухӏизе.
-Гӏатӏиракьазде гӏадамалги гочун, росаби чӏороголъулел руго. Росабалъго гӏадамал чӏезариялъе нужеца щиб гьабулеб бугеб?
— Гьеб унти нижер росабалъеги щун буго. Киналго цӏаларал чагӏазени киб гурин, гӏадатиял гӏадамазецин росабалъ хӏалтӏи гьечӏолъи, гьединго бигьаяб гӏумру гьабизе бокьи ккола гьелъие бугеб аслияб гӏилла. Нижер районалдаса цӏикӏкӏараб къадаралда гӏадамал къватӏире гочун унел ругин абиларо. Масала, Хӏутни, Хӏотӏочӏ-Хьиндахъ росабалъа гӏадамал къватӏире унаро.
-Кин тӏубазабулеб бугеб гӏолилазе хӏалтӏи чӏезабиялъул ва гьезие хӏухьбахъиялъе шартӏал гӏуцӏиялъул суал?
— Гӏолилазе хӏалтӏи чӏезаби ккола бищунго унтараб масъала. Районалда цӏикӏкӏунеб буго хӏалтӏи гьечӏел гӏолилазул къадар. Гьединлъидал цӏалун рахъарал гӏолилал районалде тӏад руссунел гьечӏо, хӏалтӏизе гьунар-махщел бугел чагӏиги шагьаразде гочунел руго. Росабалъ хутӏулел руго херал чагӏи. Жакъа росабалъ чӏара-хьараб гӏумру гьабиялъе квербакъула гӏадамазул жалго бетӏергьанал магӏишатаз. Гӏолилазе бокьулеб гьечӏо мукъсанаб гурони хайир кьолареб захӏматаб хӏалтӏи гьабизе.
Районалда руго культураялъул, творчествоялъул клубал ва хӏухьбахъиялъул централ. Эркенаб заманалда гӏолилаз пайдаяб хӏухьбахъи тӏобитӏиялъе нижеца щибаб росулъ рагьулел руго спортивиял залал ва майданал. Гьенир гӏуцӏулел руго батӏи-батӏиял спортивиял секциял. Чара гьечӏеблъун ккола райцентралда гьаб заманалъул кӏудияб спорт- комплекс бай. Гьединго къачӏалел руго культураялъул кӏалгӏаби, цӏи гьабулеб буго гьезул хӏалтӏи. Бокьулеб хӏалтӏи бугони, гӏолилал росабалъа къватӏире унаро. Ниж гьеб масъалаялда тӏад хӏалтӏулел руго.
-Кинал рагӏабаздалъун районцоязда баркилеб тӏаде щолеб бугеб цӏияб 2021 сон, щиб гьезие гьарилеб?
— Киназдаго ракӏ-ракӏалъ баркула тӏаде щолеб цӏияб сон. Районалъул халкъалъе дица гьарила сундулъго битӏккей, щулияб сахлъи, бечедаб ва ракълилаб гӏумру, мурадал тӏурай. Биччанте унеб соналдаса бачӏунеб сон нилъее бечедаб, талихӏаб ва рохалилаб букӏине. Биччанте 2021 соналда Аллагьас нилъедаса коронавирусалъул балагь тӏаса босизе.