Гьаб буго Мухӏамад Гӏисаевасулгун дир кӏиабилеб интервью. Тӏоцебесеб босун букӏана 2001 соналда, гьес Хунзахъ районалъул нухмалъиялде кандидатура лъедал. Доб мехалда гьев политикаялда гъорлъ вукӏинчӏо. Лъалаан Махӏачхъалаялъул мэриялда хӏалтӏулев чи хӏисабалда. Гьединлъидал Хунзахъ районалда тӏоритӏизесел рищиязда гьев бергьинин абураб ракӏчӏейги къанагӏатав чиясулги букӏун батиларо. Щайин абуни гьенир гӏахьаллъулел рукӏана гӏезегӏан гӏадамал. Амма Мухӏамад бергьана рищиязда. Хунзахъ районалъул нухмалъиялда гьев вукӏана кӏиго болжалалъ. Хадур гьесда тӏад къана республикаялъулги СКФО- ялъулги даражаялъул хъулухъал. Масала, хӏалтӏана «Курорты Северного Кавказа» гӏуцӏиялда, вукӏана туризмалъул рахъалъ ДРялъул хӏукуматалда цебе гӏуцӏараб комитеталъул нух- малъиялда, хадув – туризмалъулгун халкъияб махщалил министрлъун, хӏукуматалъул премьер-министрасул заместительлъун. Гьабсагӏаталда Мухӏамад Гӏисаевас нухмалъи гьабулеб буго РФялъул Пенсиялъул фондалъул ДРялда бугеб управлениялъе. Гьев ккола Хунзахъ районалъул Тӏагьадаса.
Дица диего политикаялде нух къан букӏана
— Мухӏамад, гӏезегӏан бечедаб биография буго дур. Гьел хъулухъазда гьоркьоб бищунго кинаб дуе бокьулеб?
— (велъулаго) Хунзахъ районалъул бетӏерлъун вукӏараб мех…
Амма дица гьеб хъулухъ тӏаде босарал 2001-2009 соназдаги гьабсагӏаталдаги районалъе нухмалъи гьаби тӏубан батӏи-батӏияб жо буго. Доб мехалда дун кколаан халкъалъ цӏарги чӏван вищарав администрациялъул бетӏер. Щивниги лъугьунароан дица гьабураб хӏукмуялда дагӏба базе, гьеб хисизабизе. Амма гьелги рукӏунароанха закон хвезабурал, пачалихъалъул буголъи хъамал гьабурал, яги чи ахӏи-хӏуралде гъорлъе цӏалел гӏадал хӏукмаби.
Кӏудияб кумек щолаан депутатаздасанги, кидаго аскӏор рукӏунаан дирго заместителалги.
Радал сагӏат ичӏгоялда хӏалтӏуде щвелалде, рас хутӏичӏого районалда лъугьа-бахъунеб жо лъан букӏунаан дида. Рогьалилъ вахъун унаан дун ралел объектазухъ балагьизе яги дагьабниги ахӏвал-хӏал хӏалуцарал бакӏал ругищали ваккизе, кӏалъалаан росабалъе. Цинги хӏалтӏуде щведал, заместителазда цере лъолаан нижеца тӏуразе кколел суалал.
Дица гьабураб хӏалтӏул 99 проценталдаса гӏадамал рази рукӏанилан абизе кӏола дида. Гьелдаса кӏудияб талихӏ щибха букӏинеб?
Районалъул бетӏерлъиялде лъаб- абилеб нухалда кандидатура лъолелъул, гьениб гӏемер хӏалтӏи букӏана рагӏалде бахъун – цӏиял нухалги, цо-цо росабалъе газ бачине хӏадурарал рогӏралги, канализацияги, лъурал лъел рогӏралги, къанагӏаталги росаби хутӏун рукӏун ратила школал яги спортивиял объектал къваригӏаралги. Доб мехалда байбихьана Гьоцӏалъ ГЭС базеги. Гьелда сверухъги гӏезегӏан дагӏбаги суалалги рукӏана. Амма районалъул бетӏер хӏисабалда дидаги божун гӏодоре риччана гьел. Дица бичӏчӏизабуна гьезда унголъунги улкаялъе хӏажатаб объект гьеб букӏин.
Макьасда курорт базеги байбихьана дол соназда. Гьелда хурхунги букӏана цо-цо рагӏи-мех. Диниял чагӏиги бакӏалъул гӏадамалги чӏун рукӏана курорт банани, гьеб мухъалда саяхълъи, квешаб хьвада- чӏвади байбихьулилан. Гьенибги чӏванкъотӏун бичӏчӏизабуна дица Макьасда квараздасан хьвадулел нухалги гьарунани, хъещтӏолел ва хӏухьбахъиялъе цогидал бакӏалги ранани, эркенаб заман тӏамизе гӏадамал жидерго хъизаналгун цадахъгицин рачӏине бегьулилан. Лъикӏаб къасдалде ният букӏин бихьизабизе, дица доба тӏоцебе мажгитги бана.
Палхӏасил, районалъул бетӏерлъиялда вукӏиналъ дие бергьун кӏудияб хӏалбихьи щвана – гӏадамалгун кӏалъазеги хӏалтӏи гӏуцӏизеги. Амма нилъеда ракӏалда букӏанщинаб жоги лъугьунеб гьечӏо – цо-цо ишал тӏурачӏогоги хутӏана.
Гьединаб бакӏалда кигӏан лъикӏ хӏалтӏизеян къеркьаниги, лъабго- ункъо соналдасан дагьа-макъабго оппозицияги баккула. Хӏур тамахаб бакӏиланищ гьеб кколебали, администрациялъул бетӏерлъиялде ишан босулел чагӏи загьирлъула. Амма бигьаго гьабулеб хӏалтӏи гуро гьеб.
— Хадурккун республикая- лъул даражаялъул хъулухъалде, Махӏачхъалаялде, рачӏинелъунги къваригӏунеб батила районалъул бетӏерасул хъулухъ. Трамплин хӏисабалда.
— Валлагь, доб мехалда дица диего политикаялде нух къан букӏана. Битӏараб бицани, дагьаб мехалъ кивниги хӏалтӏичӏого, дунго дидаго чӏезе бокьун букӏана. Щайин абуни цевехун дун анцӏго соналъ Махӏачхъалаялъул мэриялда Управлениялъул начальниклъун, микьго соналъ Хунзахъ районалъул бетӏерлъун хӏалтӏидал.
Амма дида тӏад къана «Курорты Северного Кавказа» абураб гӏуцӏиялъул Дагъистаналда тарав вакиласул хъулухъ. Кутакалда лъикӏаб окладги кьолаан. Цадахъго бачунаан «Южно-Газовая компаниялъул» нухмалъулесул ишги. Гьеб мехалда дун хӏалтӏулев вукӏана «Юг» абулеб бакӏал ралеб компаниялда. Гьединлъидал Олимпиялъул объектал раялъулъги гӏахьаллъанин абизе бегьула.
Къватӏисеб ракьалда туризм цебетӏезабураб гӏеларин, гьанже нилъерго гьанибги цебетӏезабизе къваригӏун бугин гьебилан, Рамазан Гӏабдулатӏипов нухмалъиялда вугеб заманалда вачун цӏияб хӏалтӏуде тӏамуна дун. Туризмалъул рахъалъ ДРялъул хӏукуматалда цебе гӏуцӏараб комитет кколаан гьеб.
Лъагӏел данде сверилалде Гӏабдулатӏиповас хӏукуматалъул председателасул вице-премьерлъун тӏамуна дун. Валлагь, гьеб ва гьелда цебехун букӏараб (комитеталъул нухмалъулесул) хъулухъ къваригӏун бугилан лъиданиги аскӏове ун, цӏарги бахъун букӏинчӏо дица. Тӏадежоялъе, вице-премьерасул хъулухъалъул буго гьадинаб хаслъи – хӏукуматалда гьабулеб цониги иш битӏа-бишун ккани, цӏар премьерасе яги гьеб сфераялъул министрасе букӏуна, амма гьеб хӏалтӏи кӏала- гъоркье чӏвани, бугеб-гьечӏеб гӏайиб вице-премьерасде гьабула.
Гьединго гьеб хъулухъалда сверухъ доба (республикаялъул нухмалъиялда – ред.) цо бичӏчӏулареб багъа-бачариги загьирлъулеб букӏана дие. Дагьалищха рукӏинел гьелде ишан босаралги жахӏда- хӏусуд бугелги гӏадамал.
Дунин абуни гьеб заманалда халкъияб магӏишаталде хӏалтӏизе ине анищазда вукӏана.
Китаялде сапар нахъбахъи
Гьедин дидаго лъачӏого Пенсиязул фондалъул председателасул хъулухъалде дир кандидатураялъулги хал гьабулеб букӏун буго.
Дида гьеб лъана Китаялде ине аэропорталда чӏун вукӏаго. Жидеца дургун собеседование гьабизе метер Москваялде вачӏине кколин мунилан кӏалъан вачӏана цойидасанго РФялъул Пенсиязул фондалъул нухмалъулесул заместитель Анатолий Анохин. Дица гьесие махсарацин гьабуна жакъа 1 апрельги (гӏадамал махсараде кколеб къо) гуреблъидалилан.
Гьедин Китаялде сапар нахъба- хъизе ккана.
Микьго къоялдасан цӏияб хъулухъалде вахъине кколилан лъазабун букӏана дида Москваялдасан.
Амма лъикӏищ-квешищали лъаларо, гьелдаса хадуб жеги лъагӏелги ункъо моцӏалъги тӏубалеб букӏинчӏо гьеб суал. Хадуб лъана дирго гӏадин, жеги ичӏго-анцӏгониги чиясул кандидатураялъулги хал гьабулеб букӏараблъи.
Ккараб ккун букӏагиян, гьеб заманалда хӏукуматалъул вице-премьер хӏисабалда туризмалъул суалал тӏуразарулев дунги вукӏана.
— Масала?
— Масала, дица Рамазан Гӏаб- дулатӏиповасда абулеб букӏана нилъ гӏицӏго туризмалъул бицун тӏураларин, гьелда гъорлъе даран-базарги жубазабизе кколилан. Гьанже гьеб цебетӏезабизеги гӏураб гӏарац гьечӏилан жаваб кьуна Гӏабдулатӏиповас. Батӏаго гӏемераб гӏарац къваригӏунарин гьелъие, гӏиси-бикъинал даранчагӏазе, цӏулал, гӏарац-меседалъул устарзабазе эркенлъи кьуни, гьезие бигьалъаби чӏезаруни, гьез жидецаго чӏаголъи гьабулин бичӏчӏизабуна дица. Гьедин нилъехъе рачӏарал туристазе босизе къайи-цӏаги букӏинилан.
Моцӏида жаниб дица гьесда бихьизабуна кин щиб гьабизе кколебали. Рахъана маршруталги цогидабги. Моцӏидасан, 28 декабралда, цӏияб министерствоги гӏуцӏун, Рамазан Гӏабдулатӏиповас дун туризмалъулгун халкъияб махщалил министрлъун тӏамуна.
Гьединго дир кутакалда лъикӏаб гьоркьоблъи ккана туризмалъул рахъалъ РФялъул Федералияб агентствоялъул нухмалъиялда вукӏарав Олег Сафоновасулгунги.
Гьеб мехалда дида кӏвана Дагъистаналда хурхараб щуго проект федералияб программаялда гъорлъе ккезабизе. РФялъул чамалиго идараялдаса вакилзабиги гъорлъ ругеб советалда цебе лъун букӏана гьеб суал.
Гьел проектазул цояб ккола Алмахъалда бугеб туризмалъулгун сах гьариялъул комплекс (гьанжегӏагар ДРялъул бетӏер Сергей Меликовги щвана гьениве).
Гьединго Гъизляр ва Дербент районазда ругел гьединалго комплексазулги букӏана гьел проектазда бицунеб – «Золотые дюны», «Золотые пески», «Ачиколь».
Гьезда цадахъго букӏана Лъаратӏа районалда бугеб «Цӏамугӏуриги». Хадуб гьеб нахъе босана проектазда гьоркьоса.
Гьедин туризмалъе къваригӏунеб инфраструктураялда тӏад харж гьабизе доб мехалда Дагъистаналъе тӏоцебе биччан букӏана 252 млн гъурущ.
Туризмалъе цӏи-цӏиял планал рахъулев дун вукӏаго, цӏидасан кӏалъана РФялъул Пенсиязул фондалдаса Анатолий Анохин мун Москваялде вачӏине кколилан.
Гьедин ана Москваялдеги, цинги чвантиниб лъун удостоверениегун, тӏад вуссана Махӏачхъалаялде.
Республикаялда лъиданиги лъалароан Пенсиязул фондалъул председательлъи дида тӏадкъараблъи. Байбихьуда дие рекомендация жинцаго кьун букӏаниги, хӏасил кинаб ккарабали Р. Гӏабдулатӏиповасдаги лъалароан. Гьединлъидал вице-премьерлъиялдаса нахъе ине гӏарза хъвазехъин бугин абидал, гьев гӏажаиблъун хутӏун вукӏана.
Палхӏасил, гьедин вачӏана дун гьаб хъулухъалде.
— Амма цебехун дуца гьабичӏеб, тӏубан батӏияб хӏалтӏиги бугоха гьаб?
— Гьеб рахъалъ дие битӏ ккана. Гьаб системаялда хӏалтӏулев 1800- гӏан чиясул щивасда хадуб хал кквезе бажарулеб гьечӏониги, цере гьанир рукӏарал аслиял гӏунгутӏабазул гӏемерисел лъугӏизаризениги кӏвана.
— Бокьарал бакӏазда рихьулаанха «Эбелалъул капитал» бахъизе кумек гьабилин къватӏахъ дора-гьанир седарал кагъталги, рагӏулаан Пенсиязул фондалдасан киналалиго гӏарцал рахъизе кумек гьабилин рицунел харбалги…
— У, гьебги букӏана. Гӏемер ратана гьереси-пенсиял рахъарал хӏужабиги. Квеш ккараб жо буго гьединаб гӏайибалъе гӏоло хъулухъаздаса рахъарал чагӏазе хӏалтӏуде тӏад руссине кумек судаз гьабулеб букӏин. Амма дун вачӏун хадув гьаниса нахъе вахъарав лъабгоясул цонигияв судалда бергьинчӏо. Щайгурелъул хӏилла гьабулел чагӏи нижер гьанир хӏажат гьечӏолъи бичӏчӏизабуна дица судалда.
Пенсиязул фонд гӏагарлъиялъе хъулухъал ралагьулеб бакӏ гуро
— Дур гӏадаб хъулухъалде ккарал чагӏаз гьенибе жидерго хъизан- кулпат бехъерхъулеб гӏадатги бугоха нилъер гьаниб.
— Дирин абурал чагӏазул цонигияв гьанив хъулухъалда лъоларин рагӏи кьун букӏана дица. Дурц вуго хӏалтӏиги гьечӏого, ясалъулги батӏаго бегьунгутӏи букӏинароан гьаниб. Васасеги бокьун букӏун батила гьаниб жаниб лъикӏаб хъулухъ. Амма дица абуна воре, воре, Пенсиязул фонд бугин пенсиячагӏазул бакӏ, гӏагарлъиялъе хъулухъал ралагьулеб бакӏ кколарин гьебилан.
Гьединлъидал аслияб куцалда гьанибго батараб коллектив цӏунизе хӏаракат бахъулеб буго дица. Гӏиси- бикъинал гӏунгутӏабиги камилищха.
Диде щвезегӏан батараб ахӏвал- хӏалалъухъ балагьун, букӏине кколедухъ хӏалтӏичӏолъиялъ (прогул) лъагӏалида жаниб 40 миллионалдаса цӏикӏкӏараб сагӏат гьоркьоб биччалеб букӏун буго тӏолабго республикаялда ругел нижер хӏалтӏухъабаз. Гьанже абуни гьеб заман 20 азарго сагӏтиде бачӏана.
Лъикӏги гӏемерги хӏалтӏарал чагӏазе премиял кьеялъ бажарана иш рукӏалиде ккезабизе. Гьединлъидал гьезда бичӏчӏана хӏалтӏул къоял, сагӏтал гьоркьор риччарал хъулухъчагӏи гӏарцудаса махӏрумлъулел рукӏин.
Цӏи вачӏарас гъоркь букӏараб командаялдаса инкар гьабулеб гӏадатги буго. Дица гьеб жо гьабичӏо. Масала, киналго заместителал ругелъурго тана.
Ахӏун кабинеталъурегун, гьездаги отделазул начальниказдаги дица лъазабуна дунгун цадахъ ракӏбацӏцӏадго, халкъалъе хъулухъалъе хӏалтӏизе къасд батани, гьанир чӏайин, гурони ине бегьулилан. Бугин жаваб кьуна гьез. Цо-цо, кӏи- кӏи чияс рагьун абуна, валлагь, жидехъа бажаризехъин гьечӏила цӏияб къагӏидаялда хӏалтӏизе. Гьеб жо дидагоги бихьулеб бугин, ине бегьулин дицаги абуна.
Гьабсагӏаталда дун кутакалда рази вуго гьездаса. Пандемиялъул заманалдацин хӏалтӏана гьел. Масала, лъимал ругел хъизаназе гӏарцул кумек гьабизелъун РФялъул президент Владимир Путиница рахъарал указал руго – №№ 317, 249, 412.
Нилъер республикаялда гьеб гӏарац щвезе кколел лъималазул къадарги батӏи-батӏияб куцалда бихьизабун батана. Гьелъие гӏилла ккола чанго батӏияб сияхӏ букӏин.
Москваялдаса (регионазда гьоркьосеб информациялъул централдаса) бачӏараб сияхӏалда букӏана 674 азарго лъимер. Юстициялъул министерствоялъ бихьизабун бугоан 713 азарго лъимер. Гьедин кинаб сияхӏалде мугъчӏвай гьабилебали лъаларого, захӏмат букӏана нижее.
Лъикӏги-квешги, карантиналъул заманалда нижеца гьел хъизаназухъе битӏана кинабниги 16 млрд 353 млн гъурущ. Онлайналдасан гуребги, нижерго офисаздасанги, клиентазул хъулухъаздасанги бикьана гьеб гӏарац.
Унти тӏибитӏиялда хӏинкъи букӏиналдаго цадахъ, цогидал гӏунгутӏабазги букӏана рахӏат- хвезабулеб. Масала, «Госуслуги» абураб порталалдасан гӏарзаги битӏун кьолеб къагӏидаги буго. Гьенибе лъималазул эбелалъ гӏарза хъваниги, гӏарац битӏулеб карточка инсул цӏаралда бихьизабун батулаан. Гьеб мехалда гӏарац нахъ буссун бачӏунаан. Цо миллиардасалда цӏикӏкӏун гъурущ бачӏана гьедин нахъ буссун. Жакъа къоялде 11 чиясул 290 азарго гъурущ хутӏизегӏан (гьел ралагьизе бажарулеб гьечӏо), цогидаб кинабго гӏарац гӏадамазухъе битӏун ана.
Гьедин шамат-гьатӏан къоязгицин хӏалтӏула нижер хӏалтӏухъаби. Гӏадамал рокъор тараб, гьадаб карантиналъул заманалда нижер Фондалда киналго хӏалтӏулел рукӏана, 30 процент хутӏизегӏан (ригьалъ кӏудиял, унтарал, яги лъимаде ругел руччаби).
Гьединлъидал дида ракӏчӏун абизе кӏола улкаялда жаниб бищун цӏикӏкӏун халкъалъулгун бухьен бугеб, халкъалда бухьараб идара Пенсиязул фонд бугилан.
Миронов мекъи вуго
— Амма «Справедливая Россия» партиялъул цевехъан Сергей Мироновас батӏайиса рикӏкӏунеб бугоха. Пенсиязул фондалъул отчётазда гъалатӏал кколел ругин, гьединлъидал гьеб расги хӏажат гьечӏеб идара хӏисабалда Пенсиязул фондалдаса инкар гьабизе кколин, нилъецаго пенсияги бикьунилан лъазабуна гьес гьанжегӏагар.
— Тӏоцебесеб иргаялда, политика буго гьелда гъорлъ. Жалго кӏоченчӏого рукӏине, жидедехунго кӏвар буссинабизе депутатазги партиязул церехъабазги зама-заманалдасан щибниги бицине ккола.
Амма жидецаго бицаралъул хӏисабниги гьабизе ккеларищ? Гӏицӏго херал чагӏазе пенсия бикьи гуребги, цоги-цоги ишалги ругелъул нижеда тӏад.
Гьавураб къоялдаса нахъе хвезегӏан жив-жив чиясул хӏакъалъулъ баянал рукӏуна гьанир. Рагъул гӏахьалчагӏазеги, лъимал ругел хъизаназеги, сакъатазеги, пуланав чи хун хадуб хведалги — социалиял киналго хӏажалъабазе гӏарац гьанисанлъидал кьолеб.
Индексациялдаса хадуб пенсиялда тӏаде бачӏунеб гӏарцул ишги гьаниб гьабула. Жакъа Дагъистаналда вуго 680 азарго пенсионер.
Гьединго жакъа къоялде щвезегӏан Пенсиязул фондалъ «эбелалъул капитал» кьун буго 300 азарго дагъистаниялъе. Цебе кӏиго-лъабго моцӏги балаан гьеб кодобе щвезе. Гьанже нижехъе гӏарза хъван щуго къоялдасан эбелалъухъе гьеб гӏарац щвечӏони, дихъе компьютералдасан сигнал бачӏуна. Гьеб мехалда, ахӏун отделалъул начальникгун, дица гьикъула гьелъие гӏилла щибилан.
Гьеб кинабгоги хӏисабалде босун, гьикъилинха гьедин абулезда Пенсиязул фондалъ гьабулеб гьабгунияб хӏалтӏи лъида тӏад къалебали? Моцӏи-моцӏие пенсиязда тӏаде бачӏунебги сакъатазегун лъималазул улбузе, ветераназе ва цогидазе щолеб гӏарац рикӏкӏинеги, рукъ-рукъккун гьеб бикьизеги щал нилъеца тӏамилел? Финансазул министерствойищ, казначействойищ? Херлъизегӏан хӏалтӏун гӏадамаз пенсиялъе гӏарац данде гьабулел фондазда ругел баяназул тӏалаб лъица гьабизе бугеб?
Тӏадежоялъе хӏисаб гьабизе ккола улкаялда пенсионеразул къадар 46 млн чи вукӏин. Гьел лъида божун тезе кколел? Абизе бегьула ракӏалде бачӏанщинаб жо – гьел гьоркьохъаби къваригӏун гьечӏин, яги цоги щибалигойилан.
Гьединго техникаялъул рахъалъги кутакалда цӏуна-къай гьабизе кколеб бакӏ буго гьаб. Хакераз рагьун ратун рукӏана Фондалъул базаби, архивал.
Гьединлъидал Пенсиялъул фондалъул хӏалтӏи жанисанго лъалев чи велъула, Мироновас гӏадал лъазабиял гьарулел рагӏани.
— Фондалъ гьарурал гъалатӏазул букӏана гьес бицунеб.
— Гъалатӏал гуро гьел. СНИЛСазда бараб жо букӏана. Цо-цо чагӏазе СНИЛС тӏагӏараб мехалда цогиги кьун батун, гьелъ лъугьинабураб дандеккунгутӏи букӏана. Паспорт тӏагӏараб мехалда гӏадин, тӏубан рагӏа-ракьанде лъазабичӏого кьезе бегьулароан гьеб СНИЛСги. Гурони, долдаги гьаб цӏияб кьуралдаги номерал батӏи-батӏиял лъолел ругелъул. Гьединлъидал, цин гъоркь рукӏарал номерал утилалде кьеян тӏалаб гьабизе кколаан законалъ.
— Мухӏамад, мун цояб хъулухъалдаса цогидалде унеб мехалда дудехун бербалагьи хисулеб букӏанищ лъале-хъвалезул?
— Дун цониги бакӏалдаса нахъе инчӏо хъулухъалдасаги вахъун. Хӏалтӏизе байбихьараб 1991 соналдаса нахъе кинабниги хъулухъ къваригӏун бугилан лъиданиги гьардезе жеги щивниги витӏарав чиги гуро дун.
Университет лъугӏараб мех букӏана доб. Жиндир вакьадасе мун хӏалтӏуде восизе бокьун бугилан бицине вачӏана дир гьудул рокъове. Гьедин байбихьана «Дагминторгалъул» РСУялда начальниклъун хӏалтӏизе.
Гӏемер заманго иналде, цогидал рачӏана мэриялда хӏалтӏизе вилълъаян.
Хадуб кандидатура лъуна Хунзахъ районалъул нухмалъиялде.
Районалъул бетӏерлъиялдаса хадув дун ахӏана «Курорты Северного Кавказа» гӏуцӏиялде, цинги ДРялъул хӏукуматалде…
Палхӏасил, цояб хъулухъалъ цогидаб хисулеб букӏана.
Амма гьеб дур суалалъе гьадинаб жаваб кьела дица.
Хунзахъ районалъул нухмалъиялдаса нахъе индал, ункъо-щуго чи вукӏана зама-заманалдасан телефоналъ кӏалъан, бащдаб лъагӏалицаниги диргун гьудуллъи тӏезе толарого.
Амма туризмалъул комитеталъул (туризмалъул рахъалъ ДРялъул хӏукуматалда цебе гӏуцӏараб комитет – ред.) нухмалъиялде дун тӏамидал, 700 чиясниги ахӏун бачӏана дихъе.
Гӏурулъе кӏицӏул лъугьунаро
— Районалъул нухмалъиялда вукӏараб заманги бокьулеб буге- лъул, кида букӏаниги Хунзахъе тӏад вуссине бокьилебищ дуе?
— (велъулаго) Дун гьелдаса ана гьанже. Гӏурулъе кӏицӏул лъугьунарин аби буго. Гьединлъидал цогидазеги нух кьезе ккола. Хасго гӏолохъабазе. Чанги-чанги гьунар бугел, церетӏурал гӏадамал рахъараб бакӏ буго Хунзахъ район. Ралагьани, жеги-жеги ратула гьел дора. Гьабсагӏаталда Хунзахъ вугев нухмалъулесулъги (Нурмухӏамад Задиев – ред.) гӏезегӏан лъикӏал къасдал рихьулел руго район цебетӏезабизе. Къваригӏараб бакӏалда дицаги гьабила гьесие кумек.
Хъулухъалъе гӏоло Хунзахъе тӏад вуссине ракӏалда гьечӏониги, анищалъги пикрабалъги дун кидаго дова вуго. Дир ватӏанлъидалха доб. Хунзахъ районалде щведал, ракӏгицин батӏайисан кьабула дир.