Мугӏруз тарбия кьурал, кьурабаз лъадарарал
Мугӏрул хараби-бихьинал. Ретӏун хъахӏал сагулабигун годекӏанир гӏодор чӏарал гьез берцин гьабун букӏунеб куц тӏубараб росуго. Гьениб бижулебщинаб гӏакъиллъи, гьенисан дунялалъулго гӏакълабазул кавабахъе боржанщинаб камилаб калам. Гьанжеги урхъун йикӏуна дун харабаз берцин гьабулеб годекӏаналъухъ. Росдадаго нур базабун букӏуна гьединаб гьайбатаб сураталъ: цо заманалдасан векерун вачӏуна васасул яги ясалъул вас. Хурхун виччан тола гьев дахӏададал горболъ. Цинги дахӏададаца сагулаялъулъе вачуна гьев, цингиги – дахӏабабаца рокъове ахӏулев вугин мун, къаде кваназейиланги абун, дахӏададал кверги ккун, гьункьиялда дахӏабабал хинкӏал квине унел кӏудиги васги…
Чилайдул гъалалги чахътӏинир тӏамун, чарамул къолденги ретӏараб дуца…
Хъизамалъул гъанситохъ хинлъи цӏунарай мугӏрул чӏужугӏадан. Гьеб цӏадухъ гӏащикълъун йигеб куц! Хӏалакълъарал, рукӏкӏ-рукӏкӏарал квераз бакараб цӏадул гваргвария- лъухъ гӏащикълъун йиго. Гьеб цӏадуде данде паркъолел, кенчӏолел куц гӏумруялъул савуялъ релъарал дур расалги, даим гьурмадаса инчӏеб хӏикматаб гьимиги. Бугебдай ракьалда херлъарай, амма херлъизе заман гӏечӏей чӏужугӏаданалъул берцинлъи борцунеб роценго?
Гьелъ жегиги кучӏдулги ахӏизе ккола жиндирго тӏанчӏазулги тӏанчӏазул кинидахъ, лъимал хӏалтӏудаса рачӏиналде, панкъалги режизе ккола гьез, цӏурачадалги рукӏунел тӏагӏамал гьезул. Гьез гӏадин тӏидукарщги лъица гьабулеб. Эбелалъул карщил махӏгицин чӏвазе лъугьана дида гьабсагӏаталда. Гьанибго рехсечӏого гӏоларо цересел бертабазул нигӏматалги. Нужеца гурищ гьенир цӏурачадал гьарулел рукӏарал, чӏван гӏодор накабигун, картошкаялдаса хъалги нужеца бахъулаан. Томатги тӏаде гьабичӏеб гьанал чурпаги гьабсагӏаталдаги нужералдаса тӏагӏамаб лъилниги букӏунаро, кӏочон тезе бахъана – гӏатӏалъ пурщабаздеги хьул лъуна…
Гьанирго ракӏалде щвана Хӏамзатил Расулил рагӏабиги:
— Херал магӏарулал,
нужер цо рагӏи,
Цо гӏалимчиясул тӏехь буго дие…
Унго-унголъунги, нужер берцинлъи, нижер хириял хараби, бихьинал ва руччаби! Нижер гӏумруялда гьайбатал накъищал угьарал устарзаби. Нижер гӏумруялда тӏагӏам бекьарал наял. Нижер, нужерго лъималазул, къисматалъул цӏам. Нижер саназул гвангъарал маржанал. Гьелъул щибаб чӏум – нужеца нижее кьурал гӏумруялъул дарсал.
Нижер хириял умумул ва улбул!
Рорхатал мугӏрузда тӏавап гьабулел пахруял ва чӏухӏарал тӏадегӏанлъиялда ругел нужер хӏакъалъулъ гурищ кӏудияв шагӏирас хъвараб:
— Институтал
цӏалун рахъинчӏониги,
Цӏвабзазул мацӏ лъала
гьезул щивасда…
Кьурабалъ бижараб нужер согӏаб тарбиялъул кьалбазул щулалъиялъ гурищ жакъаги Дагъистан чӏаго бугеб. Нужер лебаллъиялъ гурищ Дагъистаналъул каранда хъвараб бахӏарчияб тарих. Нуж. Нуж. Нуж. Киса-кирего – нуж. Гьеб тарбиялъул кьалбазда киданиги рекӏине гьечӏо кьаву.
Цӏидасанги пикрабазул гъамутакье кколей йиго. Рарал саназ гуро гӏумру борцунеб. Нахъа тарал гӏумруялъул лъалкӏазин. Гьелин абуни, нужер щивасул руго. Гьенисан жакъа беролел руго бахӏарчилъи-багьадурлъиялъулги, яхӏ-намусалъулги иццал. Гьел иццазул гьуинлъиги цӏулаго, нужер гӏумруялъул дарсалги кьолон, нужеца гӏаданлъиялъул сивуниб гӏадатлъиялъул гъасда бакараб цӏаги дагьабги гьелегьинабулаго, гӏумру гьабулеб буго нужер ирсилаз.
Саназ ханлъи гьабизе лъугьиндалгицин, цо нужер гьуинлъи, нижер хӏурматиял.
Нижецаги хӏаракат бахъила нужер къисматаздаги расенал угьизе, нужеца нижее гьабуралъул гьитӏиналгӏаги кескал тӏад руссинаризе. Нижги – нужер сахаватаб бакъул чӏорал, нужер цӏадул хӏенхӏал, нужер пикрабазул тахидаги ниж, нижер талихӏалъул гъанситохъги нуж. Нилъ цоцазда рухьунеб рухьен цохӏо буго, гьелъул лъугьараб квацӏиялда цӏарги буго Рокьи. Нижер хӏеренал, хӏасратал, недегьал, гьелдаго цадахъ хъачӏалги, согӏалги, къвакӏаралги, кьвараралги. Нижее гьечӏого гӏоларел нижер гӏумруялъул гӏидраялда рижарал тӏугьдул. Нижер нужедехун бугеб лъугӏи гьечӏеб рокьиялъ къойил лъалъалел гьез гӏумруялда базабун букӏунеб тӏагӏам.
Щибаб лахӏзаталъ хӏажат рукӏуна нижее иманалъул цӏураб нужер сабруги, гӏакълабазул цӏурал дарсалги, нужер гӏетӏги тӏун хъвараб бахӏарчияб тарихги, тарих берцинлъизе цӏарал тарал нужер цӏобги цӏаралги.
Нижер сахаватал умумул! Нужецаго нужее къачӏараб берцинаб херлъиялъул гъанситохъ сахлъиялда таги нуж!