Талихӏалъул цӏваялъухъе гьабураб роржен
Асхӏабгӏали цӏалулев вукӏана Буйнакск шагьаралда. Киназулго гӏадин, гьесулги рукӏана жиндирго анищал. Гьелги гьес жиндирго цӏваялда аскӏор паракъат гьарун рукӏана. Зама-заманалдасан гьезухъе гьоболлъухъ гьес жиндирго пикрабиги ритӏулаан. Цо къоялда, Асхӏабгӏалидацин гьикъичӏого, гьесул цӏваялъ анищазда гъуна куркьбал ва гьев вачун щвезавуна жиндирго анищалъухъе гьоболлъухъ. Гӏолиласда бичӏчӏана гьез жиндие рахӏат тезе гьечӏеблъи. Ва гьез бигьа гьабун каву къирана гьесул гӏумруялъул сухъмахъазде…
Гьеб сордоялъ бихьизабизе кколаан концерт. Гьенир гӏахьаллъулел рукӏана доб заманалда магӏарулазда гьоркьоб кӏудияб машгьурлъи букӏарал Даку Асадулаев ва Манарша Дибирова. Магӏарул кочӏол кидагосев асирлъун лъугьарав Асхӏабгӏалиги щола концерталде. Ва гьениб кунчӏана гӏолиласул цӏва – концерталда цеве вахъана Дурангъиса палугьан Нажмудин Шихмухӏамадов. Ва гьеб лахӏзаталъ тӏуркӏана гьесул пикраби — Асхӏабгӏалиеги бокьана кварида жиндирго хӏалбихьизе. Гьелдаса нахъе гьесул пикрабалъа нахъе унеб букӏинчӏо гьаваялде боржине къачӏараб жиндирго гьунаралъул букӏинесеб…
Тӏадегӏанлъиялда гвангъараб пагьму
Гьеб кьурдана Турциялда, Парижалда, Сагӏудиязул Гӏарабиялда, Крымалда, Россиялъул батӏи- батӏиял регионазда, Дагъистаналъул районазда ва шагьаразда ва цогидалги бакӏазда. Бицана гьелъ дунялалъего Дагъистаналъул халкъазул тарихалъулги, гӏамалал- гӏадатазулги, маданияталъулги. Гьеб гьунаралда цӏарги буго палугьанлъи. Дие бицен гьабизе бокьараб гьеб гьунаралъул буго кӏиго кваркьи: цояб – Россиялъул телевидениялъул тӏоцебесеб каналалда «Старше всех» передачаялда цеве вахъарав Асхӏабгӏали Хӏасанов ва гьебго каналалда «Лучше всех» передачаялда жидер пагьмуялъе кутакалда хъатчӏварал Асхӏабгӏалица куцарал гӏисинал палугьаби.
Гьел церерахъиналги ракӏалде щвезарулаго, редакциялде гьоболлъухъ вачӏун вукӏарав Асхӏабгӏалица бицана:
— Гьел рукӏана цӏакъго хӏалуцарал лахӏзатал. Гӏисинал гьунарчагӏаз кваридасан бицине кколаан балагьаразе мугӏрузул улкаялъул хӏакъалъулъ. Диеги кӏудияб асар гьабуна, гьез нижер гьунаралъе кьолеб къимат рагӏидал. Цо-цоял гӏодулелгицин рукӏана — гьал нилъер ватӏаналъул лъимал ругиланги ахӏулеб букӏана гьез. Унго-унголъунги, гьезул букӏараб чӏухӏи Дагъистаналъул гӏисинал вакилзабазухъги ралагьун.
Гьеб букӏана нижер церерахъиналъе кьолеб цӏакъго кӏудияб къимат. Гьедин къабул гьаруна ниж киса-кирего. Нижер цадахъаб хӏалтӏул хӏасиллъунги букӏунаан гӏадамаз чӏвалеб хъатги, кибго батараб рокьиги, адаб-хъатирги. Кире аниги, тӏад руссана гран-при яги тӏоцересел бакӏалги ккун.
Асхӏабгӏали Хӏасанов ккола «Палугьан» абураб халкъияб студиялъул нухмалъулев. Гье- лъие кьучӏ лъуна 2003 соналда Махӏачхъалаялъул № 28 школалда, доб заманалда школалъул директорлъун хӏалтӏулев вукӏарав Азим Юзбековасул гьариялдалъун.
2004 соналда гьеб школалъул гӏисинал гьунарчагӏи гӏахьаллъана «Бегущая по волнам» передачаялда ва ккуна тӏоцебесеб бакӏ…
Долдаса нахъе ана гӏемерал сонал. Асхӏабгӏали Хӏасановасулги гьесул гьунарчагӏазулги цӏар машгьурлъана. Гьеб гьунаралъ жакъаги бицунеб буго Дагъистаналъул бахӏарчияб тарихалъул. Кваридасан гьеб боржуна нилъехъе. Кинха чӏухӏиларел гьединал ирсилаздаса – гьаваялда кварида кьурдулеб тарих бихьидал. Гьенир лъималаз гьарулел кьурдабаз ахӏулеб бугин ккола жал бахӏарчиял умумузул наслаби ругилан.
Гьунаралъул хӏокӏаздасан
Тӏегьан бачӏунеб букӏана Асхӏабгӏалица кьучӏ лъураб палугьанлъиялъулаб школа. Заманалдасан Махӏачхъалаялъул №28 школалда букӏараб гьеб гочана №42 школалде.
Гьенире хьвадулаан шагьаралъул батӏи-батӏиял школаздаса лъимал.
— Ниж гочинчӏеб бакӏго хутӏичӏо. Бокьун букӏинчӏо дицаго кьучӏ лъураб, лъимер гӏадин дие бокьулеб гьеб циркалъулаб студия биххизе. Гьединлъидал, кинал захӏмалъаби дандчӏваниги, бокьун букӏинчӏо къуркьизе, — ян абуна Асхӏабгӏалица.
Цинги хадубги гьес бицана:
— Жакъа къоялъ ракӏбакъвачӏого хутӏулеб гьечӏо. Берцинго тӏегьан бачӏараб, дунялалдаго машгьурлъараб гьеб пагьму-гьунаралде нуцӏа къараб къо бачӏинин абураб хӏинкъи камулеб гьечӏо. Нижго бетӏергьанаб чӏейгицин гьечӏо нижер. Дирго ирсилалгицин хутӏиялда щаклъизе бачӏунеб буго. Нилъер лъималазе киса-кибего чӏвала хъат, бахиллъула гьезул гьунаралда. Амма гьеб цебетӏеялъе республикаялда шартӏал гьечӏо. Кисаниги, лъихъаниги щолеб кумекги гьечӏо. Гьитӏинаб кумекалъгицин рохизарула ниж. Гьеб рахъалъан кумекалъулаб квер бегьула Республикаялъул Халкъияб творчествоялъул ва имам Шамилил цӏаралда бугеб фондалъул нухмалъиязги. Гьелъухъги гьезие кӏудияб баркала буго. Амма гьаваялда бижараб гьеб гьунаралъе гьеб дагьаблъун бихьулеб буго.
Жакъа республикаялда буго кӏиго-лъабго гьединаб студия. Гьеб дагьаб гьечӏищ гьадинал пагьмуял лъимал церетӏезариялъе? Лъималаздаги бихьулеб батила жидерго гьунаралдехун бугеб бербалагьи – цониги гӏахьалчиясда ракӏалде кколеб гьечӏо гьеб гьунаралда куркьбал гъезе, — ян.
Хӏакъикъаталдаги, гьеб буго тӏадегӏанаб гьунар. Пашманаб хӏужалъун ккеларищ, цо заманалдаса гьеб гьунар ракьалде рещтӏани ва гьенисагицин гьелъул махӏ лъугӏани.
Къо бихьун гӏуцӏараб гьеб студия кодобе кьезе чи гьечӏогоцин хутӏиладай гьев?
— Дунги кӏодолъулев вуго. Нагагь къваригӏанийилан дица цадахъ вачуна дирго вас. Ва ккараб бакӏалда гьев цевеги вахъуна, — ян абуна Асхӏабгӏалица.
Гьабсагӏаталда «Палугьан» къо- къаялда вуго микьго гӏахьалчи: щуго ясги, лъабго васги.
Школа дагьабги машгьурлъараб «Лучше всех» передачаялда гӏахьаллъаразул гьабсагӏаталда хутӏун йиго цо гӏахьалчӏужу.
Амма ругьун гьариялъул хӏалтӏаби гьоркьоса къотӏулел гьечӏо. Гьелъго борцунарищ Асхӏабгӏали Хӏасановасул жиндирго хӏалтӏудехун бугеб жавабчилъи цӏикӏкӏараб бербалагьи Ва цӏидасанги цебе бачӏунеб буго хӏикматго берцинаб сипат:
— Мугӏрузулаб Дагъистаналдаса гӏисинал гьунарчагӏи. Гӏадамазул ракӏазулъе гьаваялдасан лъураб кьо. Миллатазул саринал, гьезде дандекколел кьурдаби, кьурдабазухъ балагьун гӏорцӏулареб сверухълъи, машгъуллъараб гӏалам…
Церерахъиналъул ахир – Россиялъул гимналда гъоркь, улкаялъулги республикаялъулги байрахъалги парпазарулаго, талихӏалъул бакъназул бакъул чӏоралгун цадахъ балагьаразе баркала кьезе цере рачӏунел руго «Палугьанги» гьелъул нухмалъулев Асхӏабгӏали Хӏасановги…