Гӏабдула Даганов гьавуралдаса 80 сон тӏубаялде)
Дун унев вуго дирго гьудуласул цӏаралда бугеб къватӏ ккун. Унев вуго гӏодове виччан. Пикрабазда. Гьаб къватӏ Махӏачхъалаялъул цогидал къватӏаздаса берцинабги, чӏухӏарабги, бацӏцӏадабги гьечӏого батизеги бегьула, амма дие гьаб бищун берцинаб буго: гьанир ругел минабиги дида берциналлъун рихьула. Дида ккола гьел дунгун гаргадулел ругин, хӏатта гъветӏ-херцин.
Дун зама-заманалда щола дирго гьудуласул цӏаралда бугеб къотӏнове. Дида ккола гьев, цевего гӏадин дунгун гаргадилев, кидаго гӏадин, махсараби гьарулев вугин, гьесул аваданаб релъи, гьаракь рагӏулеб бугилан.
Дун унев вуго дирго гьудуласул къотӏносан. Гьенир цо-цо минабазул къадазда, хасго къватӏал рикьуда дица цӏалула «Улица имени Абдуллы Даганова» абун. Дун валагьун чӏола, цоги нухалда цӏалула ва дир ракӏ бохула.
Дир ракӏалъ рикӏкӏуна Гӏабдулал кечӏ:
Гьудул, дуцагун цадахъ
Борхулелъул чогърол лълъар,
Дида ккола гьеб рекӏел
Хӏасраталъул цӏун бугин.
Хӏакъикъаталдаги кӏудияб хӏасраталъул цӏураб, берцинабщиналдаса, лъикӏабщиналдаса бохулеб, хинлъулеб букӏана поэтасул ракӏ. Бохулаан радал баккулеб бакъудаса, къотӏноб, эбелалъул кверги ккун, бачун унеб лъимадаса, тӏегьараб гъотӏодаса, шагьаралда бараб цӏияб минаялдаса.
Гьеб букӏана гьесул гӏумру бокьиялъул, гьелдаса чӏухӏиялъул цо къагӏида. Рорхатал мугӏрузул тӏогьив гӏурав, тӏугьдузул майданалда гӏицӏал хӏатӏалгун васандарав, тӏоцересел бакъул чӏоразукь нусго батӏиял кьералгун паркъолел тӏугьдуз гӏажаиблъизавурав, магӏарда гӏухьбузул цӏадухъ маргьадулъ гӏадал сардаз паналъизавурав Гӏабдулада гӏумруялъул берцинлъи лъачӏого букӏине рес букӏинчӏо. Гьесда гьеб лъана ва бихьана щивав чиясда гӏадин гуреб — вукӏинесев шагӏирасда гӏадин. Ва гьеб киналъго асар гьабураб хӏасратаб рекӏеца тӏалаб гьабула гьеб асар, хӏасрат, шавкъ къватӏибе загьир гьабизе. Ракьулъ хӏалуцараб лъим къватӏибе кӏанцӏулеб гӏадин.
Гӏабдулаца хъвадаризе байбихьана школалда цӏалулеб мехалдаго. Тӏоцересел кучӏдул рахъун рукӏана районалъул «Гӏияхъан» газеталда. Гьел рукӏана ракьулъан хӏинкъадго раккулел ихдалил тӏугьдул гӏадал, лъимаца абулел тӏоцересел рагӏаби гӏадал. Гӏабдула хъвадарана. Пикраби камиллъанагӏан, гӏумру лъанагӏан рагӏи цӏубана, бегӏерлъана. Анцӏила микьго сонилаб гӏумруялда гьес хъвана:
Хасалил магӏудулъ тӏирщарал хурдуз
Тӏабигӏаталъул кьер хисизабуна.
Дир бахьинаб кьегӏер ссанул рагӏалда
Гӏурччинхарил лазат босулеб буго.
Хадурго хъварал лирикаялъулал кучӏдузул цоялда, жиндирго сурат бахъулеб гӏадин, хъвана:
Дун, черхалъе цӏияб жангун щавкъ щварав,
Цӏияб къоги баркун, вахъана къватӏив,
Ахикь дихъ ралагьун ратила гъутӏби,
Къо лъикӏаб бихьулин, чӏахъаги рогьел!
Гьеб букӏана гӏолохъанав шагӏирасул гьале дунилан халкъалда лъазаби, жив къватӏиве вахъанилан борхатаб ва ракӏчӏараб гьаракьалъ лъазаби. «Ахикь дихъ ралагьун ратила гъутӏби», — ян абулеб буго. Щай гъутӏби? Гъутӏбуз пихъ кьола. Пихъил гъветӏги шагӏирги — гьезул буго цого философияб магӏна. Гӏабдула вахъана тӏагӏамаб пихъ кьолеб гъветӏлъун гуревги, лъикӏав ахихъанлъунги.
Гӏолохъанав шагӏирасул шигӏрияб творчествоялъул байбихьи берцин ва бечед гьабуна гӏадамазул магӏарухълъиялъулаб гӏумруялъул кьер-кьерал накъишаз. Рекьарухъаби, хурухъаби, гӏухьби гӏадал рахӏат-хӏалхьи лъаларел гӏуцӏарухъабазул хӏалтӏиги махщелги бищунго хӏажатаблъун ва къиматаблъун бихьулеб буго шагӏирасда ва гьезие гьабулеб буго рецц-бакъ.
Буйнакскиялъул педучилище лъугӏигун, Даганов цӏияб гӏумруялде лъугьана. Рухӏиябгун гӏамал-хасияталъулаб даража гӏемерго бечелъарав шагӏирасда церечӏола цӏиял ва тӏубанго батӏиял творчествоялъулал ресал, рорхалъаби, гӏумруялъул цереккун лъаларел рукӏарал, рихьичӏел кьерал, нухал, батӏияб дунял.
Буйнакск, гьал шагьаразул
Мун бищун гӏолохъанаб,
Гӏолохъанаб дир доб мех
Дуца беэдараб куц.
Педучилище, сонал, —
Дир гӏумрудул ункъо их,
Щулалъи дир куркьбазе
Бокьахъе щвараб мактаб.
Рекӏее щварабщинабги ботӏролъ данде гьабурабщинабги къватӏибе загьир гьабизе цо шигӏрияб махщел гӏей гьечӏеблъун бихьула гӏолохъанав, амма жаналъул цӏураб ракӏалъул поэтасда ва хъвала хабариял асарал: «Тӏогьилал ганчӏал», «Эбел, дун ва кечӏ» абурал къисаби. Амма хадубккун хабариял асарал хъваялдаса инкар гьабуна.
Дагановасул гӏамал-хасиятги ракӏги, ва жеги гӏумруги, хабариял асарал хъваялдалъун хӏебтӏичӏо, гӏодобе буссинчӏо. Гьев вукӏана хӏалхьи гьечӏев, гӏищкъуялъ кодове восарав, воржине куркьби гӏоларев инсан. Гьединаб рекӏее хӏажалъула поэзия, роржен, хӏасрат. Гьединлъидалин Дагановасулъ тӏолабго творчество, мугӏрузул гьава тӏугьдузул махӏал гъорлъ росараб букӏунеб гӏадин, лирикаялъ, «махӏитӏа босараб» бугеб: кинаб асар босаниги гьелъул хӏасратаб бакъан рагӏулеб, рекӏел хӏасрат, хӏеренлъи бихьулеб. Гӏагараб ракьалде, гӏадамазде, тӏабигӏаталде, чӏужугӏаданалде ва жеги гӏагарал мугӏрузде рокьи, тӏолабго творчествоялъулъ бессун буго Гӏабдулал. Рекӏел бухӏи, бидулъ беролеб цӏа, рахӏатхвей, хӏасрат махщалида рагӏабаздалъун загьир гьаби ккола захӏматаб искусство.
Мисалалъе босизин «Ватӏан» абураб кечӏ.
Дир гьайбатаб ватӏан, тӏугьдузул квацӏи
Рогьалилъ хурдузда тӏад кенчӏолеб щуб.
Тӏегьай, тӏегьай, тӏегьай мун их кинигин,
Гвангъе хъахӏил зодихъ багӏарбакъ гӏадин.
Дир гьайбатаб ватӏан, гьунаразул ицц,
Васал космосалде роржараб улка.
Цӏилъе, цӏилъе, цӏияб къо кинигинан,
Къвакӏе, къвакӏе жеги чараналдаса.
Дир гьайбатаб Ватӏан, дир кенчӏолеб цӏва,
Цӏвабигӏан эркенал гӏадамазул, ракь.
Чӏухӏула, чӏухӏула, чӏухӏула ватӏан,
Чӏухӏи гьечӏел гьал дур бахӏарзаздаса.
Махщел бугел кочӏохъабаз шагӏирзабазул тӏахьаздаса хъирщула, тӏаса рищула пасихӏал, берцинал, чвахун рачӏунел ва, гьайгьай, магӏнавиял кучӏдул. Гӏабдулал гьаб кечӏ ахӏулеб рагӏараб мехалда щивав чиясул рекӏелъе лъугьунеб батизе буго ватӏаналдеги кочӏол авторасдеги рокьи ва хӏурмат.
Дагановасул творчествоялъулъ, харилъ гьайбатаб тӏегь гӏадин, маргьабалъ хӏинкъи-къай лъаларев нартав гӏадин вихьула хӏурмат тӏадегӏанав инсан. Кинаб кечӏ, кинаб поэма босаниги, кивго вихьула, ватула гӏадан. Шагӏир чӏухӏула гьесдаса, шагӏир унтула гьесул унтиялъ, шагӏир вохула гьесда цадахъ. Инсанасдаса къиматабги хириябги жо шагӏирасул щибго гьечӏо.
Гӏадан хиралъи, гьудуллъи, инсан кӏодо гьави — гьеб букӏана Гӏабдулае хасиятаб гӏамал. Гьеб бутӏаялда гьев лъидасаго бергьун гурони чӏолароан. Къварилъи-гӏатӏилъи ккаралъув бищун цеве хьолбохъ эхетулаан. Гьединлъидалин гьесул гӏемерал асарал ругел хасал чагӏазе сайгъат гьарурал.
Дир гьудул, Пайзулагь, макьуги кӏочон,
Чалухал мугӏрузде рилълъа гьаб къаси,
Нилъей тӏогьазда тӏад цӏваби къвакелеб
Къарахъ букӏинаан маргьадулъ гӏадин.
Тӏогьолаб гӏурдада гӏодорги рукӏун,
Гӏинтӏамизин лъоба тӏабигӏаталъухъ.
Тӏабгӏ-гӏамал берцинал, чилъи борхарал
Хабар умумузул букӏина гьелъул.
Гьайбатаб гӏумрудул гьалдолел къоял,
Гьарзаго гьез танин нилъей ирсалъе.
Гьаб буго «Къарахъ» абураб кочӏол байбихьи. Гьал мухъазулъцин бихьулеб буго пикраби руссараб бакӏ. Гьес жиндирго бахӏарчи ахӏулев вуго магӏарухъе «цӏваби къвакелеб» тӏогьазде рахине, тӏабигӏаталъухъ гӏин тӏамизе. Амма аслияб мурад буго чилъи борхарал харабазул харбихъ гӏенекки, цересел хараби ракӏалде щвезари; нилъер цереса арал гӏагаралги, гьудул-гьалмагъзабиги, ишцоялги ракӏалде щвезари, гьезул лъикӏал ишазул бицин. Гьеб кколелъулха чӏаго ругезул тӏадаб парзлъунги, пайдаяб ва кири кӏудияб ишлъунги.
Гӏемерал руго гьадинал кучӏдул Дагановасул. Кучӏдул щиб — поэмабиги: «Ахӏулгохӏ», «Цӏадулал цӏарал», «Сталинград».
Поэмабазулъцин гурел гӏемер кӏудиял гьечӏел кучӏдузулъцин цӏалдолезул ракӏал тӏуркӏизе, режизе гьарулеб рухӏияб къуват лъезе кинаб захӏмат авторас хӏехьезе ккарабали бичӏчӏизе захӏмат гьечӏо. 2008 соналда «Сталинград» ва «Цӏадулал цӏарал» абулел поэмабазухъ Даганов мустахӏикълъана Волгоградалъул администрациялъул литературияб премиялъе.
Гьезде тӏадеги гьес хъвана машгьурал гӏадамазул хӏакъалъулъ тӏахьалги. Гьел хъваялъул мурад букӏана магӏарул миллаталъул лъикӏал, гьунар бугел гӏадамал гӏадамазда лъай, гьезул цӏарал гӏелалъ гӏелалъухъе кьун, цӏунун хутӏи. Щибаб асарги хъвалаан, Аллагьасда цебе гьелъул, гӏолеб-гӏолареб рахъги борцун, жаваб кьезе кколеб гӏадин.
Творчествоялъулаб хӏалтӏи Дагановас бачана хӏукуматалъул хӏалтӏуда цадахъ махщалида. Литературиябгун художествияб ва жамгӏиябгун политикияб 14 батӏияб мацӏалда бахъулеб журналалъул жаваб кьей — гьеб ккола хӏакъикъаталдаги жавабияб ва захӏматаб хӏалтӏи. Журналазул киналго хӏалтӏухъаби рукӏана творчествоялъулал гӏадамал, гӏумруялдеги, хӏалтӏудеги жинди-жиндир хасаб бербалагьи бугел. Гьединлъидал камулароан цо-цо бахӏсги къецги, амма Дагановас, гӏакъилав нухмалъулес гӏадин, кинабго берцинго нухда бачунаан, рекъезабулаан. Гьесдаса ракӏхун цониги хӏалтӏухъан хутӏичӏо. Дагановасул лъикӏлъи, гьезде гьесул букӏараб нухмалъулесулаб тӏалаб-агъаз, гьесие хасиятаблъун букӏараб гӏаданлъи лъазеги гьелъул бицинеги лъугьана гьев гьечӏого хутӏидал.
Даганов Гӏабдула вукӏана росдаеги гӏемерал гьудулзабазеги цӏакъ хӏажатав инсан. Гьединлъидалин гьудул-гьалмагъзабазул ва росуцоязул гьариялда рекъон, Чӏарада районалъул Гьочоб росдал школалъе кьураб Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Гӏабдула Дагановасул цӏарги.