Гъуниб районалъул Салтӏа росулъе рачӏунеб шагьранух кьучӏдасанго къачӏан бахъана. Гьеб ккола 2017-2020 соназда Дагъистаналъул нухазул магӏишат цебетӏезабиялда хурхун къабул гьабураб программаялъул цо бутӏа.
Нух рагьизе Салтӏе рачӏун рукӏана ДРялъул Пачалихъияв секретарь Хизри Абакаров, транспорталъулгун нухлул магӏишаталъул министр Ширухан Хӏажимурадов, туризмалъулгун халкъияб махщалил рахъалъ министрасул заместитель Эмин Мерданов, Халкъияб Собраниялъул депутатал Мухӏамад Кӏудиямухӏамадов, Муслим Гиндиев ва цогидал.
Гъуниб районалъул официалияб сайталда хъвавухъе, къачӏан лъугӏараб гьеб нухлул халалъи ккола анкьго километр. Гьелда тӏад харж гьабуна 138 млн гъурущ. Нухлул рагӏалчӏван лъун руго цӏадал ва цогидаб лъим чвахизе маххул 15 рогӏоро, нухлул 99 ишара, сигнал кьезе хӏажалъулеб 424 хӏуби.
Гьеб нух къачӏазе квербакъарал гӏадамазе баркалаги кьолаго, Хизри Абакаровас кӏвар буссинабуна тӏабигӏаталъул берцинлъиялъул ва гьава-бакъалъул рахъалъ Гъунибги Салтӏаги туристазул ракӏал тӏаде цӏалел бакӏал рукӏиналде. Гьединлъидал гьединал бакӏазда нухалги квегӏенал рукӏине кколин абуна гьес.
Туризмалъул хабар ккун букӏаго, Эмин Мердановасги тӏаде жубана Хизри Абакаров сабаблъун тӏадеялъул риидал Салтӏа рагьизе бугин экстрим-базаги гостиницаги.
Росдал бегавул Шамил Каримовас «Хӏакъикъаталъе» бицана 1970-абилел соназдаго гӏатӏид гьабун, къачӏазе хӏисабалде босараб нух кколаанин гьеб. Амма батӏи-батӏиял гӏиллабазда бан, кӏвар кьечӏого хутӏун букӏанин.
— 2017 соналда ДРялъул Нухазул магӏишаталъул агентствоялъул нухмалъулев хӏисабалда, Мухӏамадзагьид Хучбаров Гъуниве вачӏараб заманалда борхун букӏана гьеб суал.
Гьабсагӏаталда Хизри Абакаровасги Выборгалда вугев бизнесмен Сиражудин Мухӏамадовасги кумекги гьабун, ниж цоги нухалъ ун Хучбаровасухъегун, роцӏинабуна гьеб.
Анкьго километралъул манзилалда хъилги тӏун, Махӏачхъалаялдасан рачӏунаго Тӏасияб Гъунибе Салтӏасан унеб шагьранух къачӏазе рагӏи кьун букӏана Хучбаровас, — ан бицана Ш. Каримовас.
Гьесул рагӏабазда рекъон, гьаб нухлул проекталда хӏисабалде босун букӏун буго туристазда гьоркьоб машгьураб Салтӏа чваххукье унеб нухги къачӏазе. Амма чанцӏулго тӏаса бюджетги къотӏун хутӏана.
Амма цӏияб проекталда рекъон, ДРялъул Нухазул магӏишаталъул агентствоялъул нухмалъиялъ рагӏи кьуна гьенибе нухги Кудалибе унеб кьоги ихдал къачӏазе, ай туризмалъул сезон байбихьилалде.