Нилъер республикаялдаса найихъан Рафик Сефербеков бергьана «Россиялдаго бищун тӏагӏамаб гьоцӏо» абураб кӏудияб конкурсалда. Гьеб тӏобитӏана ДРялъул Найихъабазул ассоциациялъ, гьединго, гьеб тадбиралъе квербакъана республикаялъул Росдал магӏишаталъул министерствоялъги.

Бищун лъикӏал найихъаби тӏаса рищулел рукӏана анлъго батӏияб номинациялда рекъон. Конкурсалда цере лъун рукӏана Россиялъул 30 субъекталдаса 200 батӏи-батӏияб тайпаялъул гьоцӏо.

Рафик Сефербеков бергьана «Полифлорнияб чӏегӏераб гьоцӏо» абураб номинациялда. Гьесие щвана 240 балл.

Гьанжегӏагар лъазабун букӏараб «Россиялъул тӏагӏамал» абураб тӏолгороссиялъул конкурсалда бергьана Дагъистаналъул гӏиял гьанги. Гьединго нилъер республикаялъул бренд хӏисабалда, конкурсалда рихьизарун рукӏана нилъер ахбазаналъул сокги, хӏанги, пурчӏинадул хьонги, бакъвараб бакьги, хурдузул чайги.

Финалалде борчӏана гӏиял гьан ва гьениб бергьенлъиги босана.

Магӏарул гӏиял гьанал тӏагӏамалъе къимат кьуна рикӏкӏадаб Севералдаса байбихьун Дальний Востокалде гӏунтӏун батӏи-батӏияб миллаталъул гӏадамаз.