Республикаялда байбихьулеб буго «Цӏияб сон — щибаб рокъобе» абураб акция. Гьелъул хӏакъалъулъ бицана 14 декабралда «Дагъистан» РИАялъул редакциялда тӏобитӏараб пресс-конференциялда ДРялъул гӏолилазул рахъалъ ишазул министр Камил Сагӏидовас.

Захӏматаб пандемиялъул заманалда Цӏияб соналъул байрамалда хурхун дандеруссиналги лъималазе байрамалги тӏоритӏизе рес гьечӏолъиялда бан, ресукъал хъизамаздаса ва ковидалда данде къеркьолел ругел тохтурзабазул лъималазе сайгъатал рикьулеб къагӏида ургъизе ракӏалде ккун буго гьезда.

Цохӏо нилъер республикаялда гуребги, Россиялда киса-кибего тӏобитӏизе буго гьеб акция. Гӏадамазул кумек гьечӏого гьеб тадбир рагӏалде бахъунарелъул, щибаб рокъоре хьвадизе хӏадурал волонтерал данде гьарулел руго. 18 декабралде щвезегӏан бокьарав чияс хъвай-хъвагӏай гьабизе бегьула «DOBRO.RU» абураб сайталда.

— 19 декабралдаса байбихьун хӏалтӏизе биччазе буго гьеб акция. Халат бахъине буго 31 декабралде щвезегӏан. Цӏорол Дадал ва Гӏазул ясалъул парталги ретӏун, рокъо-рокъоре хьвадун, лъималазда Цӏияб сон баркизе буго гьез. Лъимал рохизари, хасго гьадинаб хӏалкъараб заманалда, цӏакъ кири кӏудияб ишги гьечӏищха. Кванил нигӏматалги, гьединго ковидалде данде дарабиги рукӏине руго сайгъатазда цадахъ, — илан бицана К. Сагӏидовас.

Акция цохӏо Махӏачхъалаялда гуребги, республикаялъул киналго шагьаразда, гьединго районаздаги тӏобитӏизе буго. Гьелъие волонтеразулги кӏудияб къокъа къваригӏуна. Хӏалтӏи гӏемераб бугелъул, хӏакъикъаталдаги гӏезегӏан чи хӏажалъулин гьелъиеян абуна министрас. Ракӏалда бугила гьеб акциялъе 2000-гӏанасев волонтер данде гьавизе. Цереккунги жидеца гьарулел рукӏарал тадбиразда гӏахьаллъизе гьезул гӏемерав чи вачӏунев вукӏиндал, жинда кколин гьаб нухалъги волонтеразул къварилъи букӏинарин бицана К. Сагӏидовас.

— Гьабсагӏаталдаго хӏадурун буго лъималазе кьезе 1500 сайгъат жаниб лъураб къвачӏа. Ракӏалде ккола гьезул къадар жеги цӏикӏкӏине батилин. Аслияб куцалда, акциялъе сайгъатал хӏадуризе нижее кумек гьабуна «Бацӏцӏадаб ракӏ» ва «Инсан» абурал гурхӏел-рахӏмуязул фондаз. Гьединго нижеда кидаго кверчӏвала «Хъиргъу» ва «Зеленое яблоко» дармил рукъзабазги. Цоги кумек гьабизе бокьарав чи ккани, гьелдасаги инкар букӏинаро, — ян бицана гьес.

Россиялдаго тӏобитӏизе бугеб гьеб акциялъул тӏоцебе пикру загьир гьабуна Иванов областалдаса Володя Смирновас. 5 декабралда волонтеразулгун букӏараб дандчӏваялда Владимир Путиние загьир гьабуна гьес жиндирго пикру, ва президентасги гьелъул рахъ ккуна.