Жакъа интернеталъул бугеб кӏвар бицинчӏониги нилъеда лъала. Хасго пандемиялъул заманалда загьирлъана гьелъул хӏажалъиги.
Чӏобого кьолеб интернет
Унти тӏибитӏилин абураб хӏинкъиялъ гӏемерисел идараби, хъулухъал интернеталдасан гьаризе байбихьана – тохтургун кӏалъазеги, пособиялгун пенсиял ва хӏалтӏухъ мухь щвезеги, цӏала-къали гьабизеги, жеги гӏезегӏан жал гьаризеги интернет къваригӏунеб батана.
Гьедин росабалъ гӏумру гьабулел гӏадамаз исана сон байбихьаралдаса интернеталдаса росарал фильмазул, кучӏдузул, суратазул ва цогидаб контенталъул бакӏлъи бащалъула 40 терабайталда.
Аслияб куцалда гьел раккун руго «Госуслуги» сайталде, МФЦялъул, Пенсиязул фондалъул, рекӏел гъеялъул ва лъай кьеялъул сайтазде.
Исана бищун гӏемер интернеталде раккун руго Дахадаев районалъул Шадни ва Гъизляр районалъул Сангаджи росабазул гӏадамал.
«Устранение цифрового неравенства» абун «Ростелекомалъ» билълъанхъизабулеб программа сабаблъун щвараб интернет ккола гьеб. Гьелда рекъон, чӏобого «Вай- фай» хӏалтӏулел зонаби руго республикаялъул 14 районалъул 110 росулъ. Гьеб буго тукабахъ, школазда, администрациялъул минабахъ. Тӏасияб соналъул ахиралде чӏобогояб «Вай-фай» кколел бакӏал рукӏина лъабнусгоялдасаги цӏикӏкӏун росулъ. Масала, магӏарул районазул бицани, рехсезе бегьула Гъуниб, Лъаратӏа, Чӏарада районазул росаби.
Жамгӏиял бакӏазда чӏобого интернет кьолеб гьеб программа хӏалтӏизабула гӏицӏго гьенир гӏумру гьабулел гӏадамазул къадар 250-500 чи вугони.
Амма…
Амма жакъа къоялъ гьедигӏан нилъер кверал рухьараб интернет бачине квекӏенал гьарулел руго гӏадамаз.
Батӏи-батӏияб бухьеналъул операторазе квалквал гьабулеб буго вышкаби лъезе. Гьанжегӏагар гьединал хӏужаби ккана Лъаратӏа, Чӏарада, Гумбет, Цӏумада, Гъуниб, Гъаякент, Рутул районазул цо-цо росабалъ.
Щайин абуни, гӏадамазул рахӏат хвезабулеб буго 5G абураб бухьеналъул хӏакъалъулъ ахираб заманалда раккун ругел харбаз. Хасго коронавирус баккидал цӏакъго гьалаглъана гьел. 5 G-ялъул вышкабаз ковидги багъаризабулин, чорхолъ онкологияги лъугьинабулин абураб пикру бижун буго халкъалда гьоркьоб.
Церехун рехсарал росабалъго гӏадаб ахӏи-хӏур бахъун букӏана исана маялда Гъизилюрт районалъул Цӏияб Чӏикӏаб росулъги. Росдал руччабаз бицунеб букӏана, цӏогьохъего гӏадинги рачӏун, ясли- ахалда аскӏоб лъун батанин вышка, жидее кӏиабилеб Чернобыль хӏажат гьечӏин. Хӏакъикъаталда, ахираб кӏиго-лъабго моцӏида жаниб 50- ялде гӏагарун чиги хун вуго гьеб росулъ.
Гьел гӏодоре риччазаризе Гъизилюрт районалъул бетӏерлъун вукӏарав Мухӏамад Шабановгицин вачӏун вукӏана. Вышкаялдалъун дагьа-макъабниги зарал кколеб батани, гьезул цонигияб лъезе гьечӏин лъазабун букӏана гьес гӏадамазда. Хадуб лъана гьеб вышка жидецаго гӏадамазе бичулеб интернеталъул хехлъи цӏикӏкӏине цо компаниялъ лъолеб букӏараблъи.
«Техника цебетӏеялдалъун щварал ресаздаса пайдаги босун, гьелдаго цадахъ гьеб техника цебетӏезабизе биччаларин чӏарал гӏадамазда гӏажаиблъизе бачӏуна. Квеш ккараб жо буго официалиял СМИяз бицаралдасаги «цо кӏодоца бицана» абурал харбазда гьел цӏикӏкӏун божулел рукӏин», — илан абуна ДГУялъул инженерияб физикаялъул доцент, физикаялъулгун математикаялъул кандидат Сагӏид Ниналаловас.
Гьесул рагӏабазда рекъон, росабалъ гьел лъоларо, щайин абуни, 4 G-ялъулазда дандеккун, 5 G-ялъул вышкаби цӏакъго аскӏо-аскӏор лъезе ккола. Чӏахӏиял ва гӏадамал гӏемерал шагьаразда гурони, чи дагьал бакӏазда гьел лъеялъ хайир кьоларо.
Ниналаловас бицана хехлъи цӏикӏкӏараб букӏиналъ 5 G хӏалтӏизабизе бегьулин медицинаялда (хирургал-роботаз операциялги гьарун), гьединго, жанив шофер гьечӏеб транспорталда. 5 G-ялъ кьолеб буго квадратияб метралда цо млн гӏанасев чиясе интернет. 4 G-ялъул интернет абуни гӏицӏго къоазаргоясде гӏунтӏун чиясе гурони щоларо (гьедигӏанасебго бакӏалда).
Ниналаловас бицухъе, дунялалда тӏоритӏарал рикӏкӏен гӏемерал хӏалбихьияз баян гьабун буго сотовияб бухьеналъул вышкабазги, «Вай-фаялъул» роутеразги, кодор кколел телефоназги инсанасул чорхое зарал гьабуларилан.
«Ростелекомалъул» пресс-хъулухъалъ баян гьабуна жидецаги цогидал идарабазги бицун бичӏчӏизабидал, цо-цо росабазул гӏадамазул пикру хисулеб бугин.
Рехселин ВОЗалъул (сахлъи цӏуниялъул рахъалъ дунялалъул гӏуцӏи) баянги: 5 G-ялъул бухьен 4 G-ялдаса гӏемерго къуватаб бугониги, гьелъ чорхое зарал гьабуларо.