Намусалъул сивуний сси
бугей магӏарулай
Мугӏрул чӏужугӏадан! Дур бицун свакалей гьечӏо дун. Цо-цо мехалда дур берцинлъи рагьизе рагӏабигицин ратуларого йикӏуна.
Гӏагарал мугӏрузул тӏогьазда дуцаго дуего бараб намусалъул сивуний гӏодойги чӏун, хӏайранго ялагьун йиго мун дуниялалъухъ.
Роол иххаз чурхъаниги, хасалил бураназ квегъаниги, къуркьичӏо мун къисматалъе. Гьез дагьабги къуват кьуна дуе. Кочӏолъги ахӏараб дур берцинлъиялъул, къисаби сайгъат гьарурал дур гьайбатлъиялъе, хъизамалъул гъасда даим сунареб дур цӏаялъе бетӏерги къулараб жибго гӏумруялъ.
Мугӏрул чӏужугӏадан! Бокьун буго жакъаги цоги нухалда дуе сайгъат гьарурал рагӏаби хъвазе. Гьаб нухалда дир лъай-хъвай ккана Зайнабилгун. Щвана дун гьелъул рокъоеги.
Дица нуцӏа рагьулаго, дандего ячӏана сабураб гьурмада гьимиялъ жиндирго накъишал рахъарай чӏужугӏадан. Лъикӏ щварайилан магӏарул мацӏалда гьей кӏалъаниги, гӏурус мацӏалда жаваб кьолей дие бадибчӏвайги гьабуна гьелъ. Дунги дагьай йихха-хочана, гьей магӏарул мацӏалда кӏалъайдал.
— Щай дида лъалареб магӏарул мацӏ. Валлагьги лъалебха. Дун чӏухӏула магӏарулай ятиялдаса. Болъихъ гьаюрай ва гьенийго гӏурай дида цӏакъ лъикӏха лъалеб магӏарул мацӏ, — иланги абун, гьимана гьей.
Гьелъухъ кодоб букӏана дагьаб цебегӏан къватӏибе биччараб «Хӏакъикъат» журналги.
— Вай-вай, магӏарул журнал-газетагийищ дуца цӏалулеб? – илан дица гьикъидалги, гьаб нухалдаги жавабалъул бакӏалда гьимана гьей.
Унго-унголъунги, гьимиялъ чӏужугӏадан берцин гьаюн толеб куц. Гьелъ херлъиялъе кьун букӏунеб гьайбатлъи. Гьелъулъго бахчун букӏунебщинаб къварилъиги! Цогидаздаса пашманлъи бахчараб гьими…
Тӏоцебесеб иргаялда, гьелъ ракӏалде щвезабуна жиндирго тухумалъул тарих. Ва дагь-дагьккун гьелъ дун ячана ракӏалдещвеязул чӏинкӏиллъиялде. Гьениб гъасда гьелъ цӏидасанги бакана цӏа.
Ракӏалдещеял. Гьелин абуни, гӏезегӏан ругоан Зайнабил. Бицана гьелъ дие умумузул, кӏудиял умумузул, гьезулги…, гьезулги… умумузул къиса. Гьелъ гьединго лъазарун руго гьезул хобал ругел бакӏалгицин.
Гьеб кколарищ жакъасеб гӏелалъе унго-унгояб мисаллъун, анкьумумузул къисматалъул балъголъаби лъазари. Гьеб букӏана дие Зайнабидасан щвараб гӏумруялъул дарс.
— Я, дир эбел, гьай ячӏун йиго, дур анкьумумузул хъвазе гурей, дур хӏакъалъулъ хъазе,- йилан яс Аминатица абуниги, Зайнабица жиндирго ракӏалдещвеял лъугӏизаруна.
— Гьале гьанже щванаха дидего ирга, — йиланги абун, цодагьалъги лъалхъун, цоги нухалдаги гьимун, цӏидасанги ракӏалдещвеязул карачелазулъе лъугьана гьей.
Гьез еэдулей йикӏана, санал ран кӏодолъаниги, гӏолохъанлъиялъул гьимиялъе хилиплъичӏей, хъахӏаб халгӏаталъе бараб гьаялъе жегиги ритӏухъайлъун хутӏун йигей Зайнаб Агъларовна Гӏалиева.
Хъахӏаб халгӏаталъе бараб гьа
Болъихъ гьоркьохъеб школаги лъугӏизабун, гӏолилай цӏализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул институталде сах гьариялъул факультеталде.
Гьебги лъугӏизабун, хӏалтӏана Гъизилюрт шагьаралъул больницаялда, жиндиего къисмат гьимараб Казбек районалъул больницаялда. Чанго соналъ нухмалъи гьабуна гьеб больницаялъе. Цӏакъго жавабчилъи цӏикӏкӏараб гьеб хӏалтӏи роцӏинабулаго, гӏемер захӏмалъабиги къулчӏизе ккана гӏолохъанай бетӏерай тохтуралъ.
1975 соналда ячӏана Махӏачхъалаялде, Централияб больницаялда хӏалтӏизе. Цин хӏалтӏана гастроэнтерологлъун.
1984-2011 соназда хӏалтӏул кӏудияб хӏалбихьи щварай Зайнаб Гӏалиева хӏалтӏана гьебго больницаялда поликлиникаялъул рахъалъ бетӏерав тохтурасул заместительлъун.
Гьенибги тохтуралъ жийго йихьизаюна махщелчилъи тӏадегӏанаб даражаялда бугей хӏалтӏухъанлъун.
Гьелъ жигараб гӏахьаллъи гьабуна Дагъистаналда амбулаториябгун поликлиникияб хъулухъ гӏуцӏиялъулъ. Гьеб заманалда Дагъистаналде рачӏине лъугьана Чачаналдаса, Ингушетиялдаса ва Северияб Кавказалъул цогидалги регионаздаса унтарал.
— Дун щвечӏеб районги шагьарги Дагъистаналда хутӏунго батиларо. Гьеб дица кӏудияб талихӏлъунги рикӏкӏунаан. Гӏадамазе кумек гьабизе щвейги, гьезухъе гӏумруялде рокьиги хьулги тӏад буссинабиги, гӏагараб халкъалъул сахлъи цӏуниялъул хъаравуллъуда чӏезе рес щвейги – гьеб букӏана дица хъахӏаб халгӏаталъе кьураб гьа. Ракӏалда гьечӏо цониги нухалда дун гьелъие хилиплъараб хӏужаги. Хӏалтӏи бокьулеб бугони, дуда захӏмалъабигицин рихьуларо. Ракӏалда буго 1994 сон. Дагъистаналда нахъеги багъарана вабаъ (холера) унти. Гьеб букӏана унтаразе хехго кумек къваригӏараб заман. Сордо-къо гурого, хӏалтӏулел рукӏана тохтурзаби. Амма унти нахъчӏвазе бажарана, тохтурзабазул жигарчилъиялдалъун. Дида доб заман ракӏалде щвана, жакъа бугеб ахӏвал- хӏал бихьидал. Коронавирусгӏан захӏматаб гьечӏониги, вабаалъги чанги гӏумру ана бакӏарун. Амма доб заманалде дандеккун, жакъасеб медицинаялъулъ гӏемерал хиса-басиялги ккана, цебетӏунги бачӏана. Щаялиго хадур гъезе толел гьечӏо нилъ гьаб унтуца. Дунялалда ругелщинал лъикӏал тохтурзаби тӏаделъаниги, къеларин чӏун бугеб унтуца гъурулеб бугеб халкъ бихьидал, беразда магӏуги бакъвалеб гьечӏо, — янги абун, къварилъахъдизе лъугьана Зайнаб.
Тохтурлъиялъул аслиял хӏалтӏабазде тӏадеги, Зайнабил рукӏана цогидал ишалги.
Масала, гьей кколаан Дагъистаналъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ республикаялда тӏобитӏулеб «Лъагӏалил бищунго лъикӏав тохтур» конкурсалъулаб комиссиялъулги, «Российское общество по организации здравоохранения общественному здоровью» гӏуцӏиялъулги членлъунги.
Зайнабил библиотекаялда бугеб бицатаб цо тӏехьги кодобе босана дица. Ургъунго босараб гӏадин, гьеб батана «Кавказалъул машгьурал» абураб тӏехь. Гьенир хъван ругоан миллияб тарихалда лъалкӏал тарал руччабазул хӏакъалъулъ макъалаби. Бегана тӏехь — гьенисан дие цоги нухалда гьимана Зайнаб — берцинаб гьурмада намусалъул накъишал угьарал багӏарал гӏанабиги, гьезда чӏвараб мугьру гӏадал, гвангъарал, талихӏалъул цӏурал зодилкьерал бералги ва гьале доб гьимиги, кидаго – сонги, жакъаги, метерги — Зайнабида цадахъ гӏумруялъго бугеб, гьелъул къисматалъул сухъмахъалги къалъизарулаго.
Гӏумруялъул тӏохьодаса тӏанчал
Зайнаб Агъларовна Гӏалиева – тӏадегӏанаб категориялъул тохтур. Гьей мустахӏикълъана «За доблестный труд» медалалъе (1970 сон). Гьей ккола «ДРялъул мустахӏикъай тохтур» (1998 сон), «Сахлъи цӏуниялъул отличник» абураб каранда балеб гӏаламатги щвана 1975 соналда.
Зайнаб Гӏалиевалъул ракӏалдещвеязул чӏинкӏиллъиялде гьабураб сапаралъул пикрабазда йиго дун. Гӏемераб жого къваригӏунеб гьечӏо чӏужугӏаданалъе, талихӏайлъун йикӏине ккани, хасго мугӏрузда йижаралъе. Диргун къо-мех лъикӏ гьабулелъулги, гьелъул гьимиялъ цоги нухалда ячӏайилан гьарулеб букӏана. Гӏумру гӏадамазе кумек гьабулаго арай, жинцаго жиндиего къачӏараб берцинаб херлъиялъул гъанситохъ гӏодойги чӏун йигей Зайнаб зама-заманалдасан щола жиндирго ракӏалдещвеязул чӏинкӏиллъиялде. Гьениб буго жакъа гьелъул талихӏги…