17 декабралда тӏобитӏараб Россиялъул президент Владимир Путинил пресс—конференциялда гӏахьаллъизе ун рукӏана Дагъистаналдаса журналисталги. Гьел ккола «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул ишал тӏуралев Гӏумахан Гӏумахановги, «Дагъистан» РИАялъул директор Мухӏамад Мухӏамадовги, «Народы Дагестана» журналалъул бетӏерай редактор Шугӏайнат Мухӏамадоваги, «Дагестанская правда» газеталъул журналистка Динара Токъболатоваги, «Мирмол» сайталъул журналистка Диляра Давудоваги.

Пандемиялъул заман букӏиналъ исана пресс—конференция тӏобитӏана видео—бухьеналдалъун.

Владимир Путин цеве вахъана Ново—Огарёвоялда бугеб жиндирго резиденциялдаса. Федералиялги къватӏисел пачалихъаздасаги журналистал ракӏарун рукӏана Москваялда бугеб Халкъазда гьоркьосеб дармил централде. Регионалиял журналистал рукӏана цогидал шагьаразда. Масала, СКФОялда гьединаб шагьарлъун тӏаса бищун букӏана Ставрополь.

Владимир Путиница санайилго гьединал пресс—конференциял кьола 2001 соналдаса нахъе.

Исанасеб пресс—конференциялда цебе гӏадамаз гьесухъе суалал ритӏизе байбихьун букӏана 6 декабралдаса нахъего, гьединго интернеталдасанги.

Гӏумахан ГӏУМАХАНОВ («Хӏакъикъат»):

— Пресс-конференциялъул заманалда дихъ кодор ккун рукӏана «Ботлих» ва «Слава врачам» абун хъварал игӏланал.

Залалъур рукӏарал телевидениялъул Тӏоцебесеб каналалъул журналистаз гьикъана гьезул магӏна щибилан. Дица жаваб кьуна диего рахӏат толареб кӏиго суалалде президентасул кӏвар буссинабизе ургъараб жо бугин. Масала, «Ботлих» абураб хъвай-хъвагӏай. Владимир Путин Болъихъе чанцӏулго щвана, гьединлъидал гьев нижее гьобол гӏадав чи вугин бичӏчӏизабуна дица залалда вукӏарав рехсараб каналалъул мухбир Павел Красновасда.

Букӏаниги, дидеги, нилъер гьаниса цогидал журналистаздеги суалал кьезе ирга щвечӏо.

«Слава врачам» абураб игӏланалъул магӏна кколаан «Журавли» комплексалъул бетӏергьан, Шангъодаса МГУялъул профессор Мухӏамад Мухӏамадовас тохтурзабазе исана тӏобитӏараб акция, пачалихъалъ кумекги гьабун, улкаялда киса-кибго тӏобитӏизе бегьуларищан суал лъей. Ковидалда данде рагъ барал улкаялдасаго тохтурзабазул 523 чи чӏового сахлъизавизеги, кӏи- кӏи анкьица хӏухьбахъизеги тана гьес комплексалда. Гьеб киналдего тӏадеги жиндирго гӏарцул лъебералда хадуб миллион гъурущ харж гьабун буго Мухӏамадица. 45 соналъ тохтурлъун хӏалтӏарай жиндирго эбелалъ гьарун тӏобитӏараб акция бугин Мухӏамадица гьебилан «Хӏакъикъаталдаги» хъван букӏана гьелъул хӏакъалъулъ.

Кӏиабилеб суал букӏана ополченцазда хурхараб. Гьез жидецаго гьарун букӏана дида гьеб суал кьеян. Масала, ополченцазул статус чӏезабуниги, хасаб сияхӏалда гъорлъе гӏицӏго шапакъатал кьурал чагӏи гурони ккун гьечӏин руго гьел.

Шугӏайнат МУХӏАМАДОВА («Народы Дагестана»):

— Дун цееги чанцӏулго гӏахьаллъана Москваялда тӏоритӏарал гьединал пресс-конференциязда. Президентасда жалго рихьиялъе гӏоло ургъуларел жалги рукӏунаро цо-цо журналистаз – кополал игӏланал цере ккун яги ахӏдон. Амма гьаб нухалда гьединаб хъуй букӏинчӏо, гӏодобе биччараб ахӏвал-хӏалалда ана. Хасго СКФОялъул журналистал ракӏарараб залалда рукӏинчӏо гьединал игӏланал.

Суалал кьезе цереккунго хӏадурарал журналистал рукӏунин абураб пикруги мекъаб буго. Президентасе суал кьезе щвей буго икъбалалда бараб жо. Тӏадежоялъе, онлайн-режималдалъун гара-чӏварулеб мехалда президентасда рагӏизе къваригӏараб суал кьолев хасав чи кив гӏодов чӏун вугевали бихьизеги захӏмалъиларищ.

Дие бокьун букӏана Каспий ралъдалъ холел ругел тюленазул суал борхизе (гьанжегӏагар ракъдаде рехун батана лъабнусгогӏанасеб тюлень, гьелъие гӏиллаги лъалеб гьечӏо – ред.).

Гьел рухӏчӏаголъаби хунгутӏиялъе сабаб ургъеян гьаризе бокьун букӏана президентасда. Масала, Каспий ралъдалъе чваххулел хутӏелал рацӏцӏад гьаризе хасал алатал лъезе рукӏиналъул бицен буго цебегоялдаса.

Гурони, тӏадеялдаса тӏаде зарал кколеб буго ралъдаеги. Гьал къоязда киса-кибго бицунеб буго гьадингоги дагьлъулел рукӏиналъ Россиялъул Багӏараб Тӏехьалде росарал тюленазде сундасан бачӏарабали лъачӏого, балагь рещтӏун бугилан.

Мухӏамад МУХӏАМАДОВ («Дагъистан» РИА):

— Гьаб пресс-конференция ракӏалда чӏана Владимир Путиница Алексей Навальныясда сверухъ улкаялда бугеб ахӏвал-хӏалалдехун, бакътӏерхьул улкабаздехун загьир гьабураб бербалагьи. Бицана нилъер улкаялъул жанисеб политикаялде сунде кӏвар кьезе бугебалиги, асар гьабуна пачалихъалъул кумек хӏисабалда лъималазе тӏадеги щуазарго гъурущ кьезе президентас гьабураб хӏукмуялъги.

Рес щварабани, дица президентасда гьарилаан магъалабаздаса предпринимателал дагьаб мехалъ эркен гьаризе бегьуларищин. Щайин абуни, пандемиялъул заманалда нилъер республикаялдаса гурелги, тӏолабго Россиялдасаго предпринимателал руго хайирги щоларого, кутакаб захӏмалъиялда.

Динара ТОКЪБОЛАТОВА («Дагестанская правда»):

— Дие кутакалда бокьун букӏана президентасе гьекъолеб лъел рахъалъ Каспийскиялда лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалда тӏасан суал кьезе.

Халат рахъун рарал цӏадаз хъублъизабуна КОРалдаса «Рыбье» хӏорихъе чваххулеб лъим. Гьеб ккола Каспийск гуребги, Избербаш шагьарги гьекъолеб лъедалъун хьезабулеб аслияб хӏор. Лъим бацӏцӏад гьабулеб къайи-цӏа гьениб лъун букӏана 1970-абилел соназдаго. Гьелдаса нахъе басралъарал гьел я къачӏачӏого яги хисичӏого тун руго.

Гьединлъидал Каспийскиялда гӏадамазе гьекъолеб лъим бихьизарурал сагӏтал рикӏкӏун кьола. Гьанже абуни халкъалъухъе гьеб МЧСалъ баччун щолеб буго.

Палхӏасил, шагьаралда гьеб масъала тӏубазе ккани, тӏубан киналго рогӏрал хисизе ккола, гьединго рагӏалде бахъинабизе ккола Махӏачхъалаялдаса Каспийскиялде ва Избербашалде бачунеб лъел мухъ. «Юг России» абураб федералияб программаялда рекъон, 2008 соналдаго байбихьараб гьеб хӏалтӏи, гьелъие биччараб гӏарац 2013 соналда гьоркьобги къотӏизабун, чӏезе тун букӏана. Гьеб заманалдехун анкьго километралъул манзилалда гьабун букӏана гьениб хӏалтӏи.

Гьединлъидал гьеб программаялъе цӏидасан гӏарацги биччан, лъел иш рагӏалде бахъинабиялъе квербакъеян гьаризе бокьун букӏана президентасда.

Диляра ДАВУДОВА («Мирмол»):

— Нижеца хӏаракат бахъулеб букӏана залалда вугев ведущиясул нижедехунго кӏвар буссинабизе. Букӏаниги, рес рекъечӏоха суал кьезе. Гьеб рахъалъ битӏ ккечӏониги, СКФОялдаса рачӏарал киналго журналистазда гъорлъ рукӏиналъ, лъикӏаб асарги гьабуна. Регионал батӏи-батӏиял ругониги, нилъ цо улкаялъул гӏадамал рукӏиналъул асар ккола гьеб.

Путиние кьезе бокьун букӏана гӏолохъанал хъизамазе жанир чӏезе рукъзал росиялъул суал. Кумек хӏисабалда пачалихъалъ кьолеб гӏарац дагьабги цӏикӏкӏинабизе бегьуларищин гьаризе бокьун букӏана гьесда.

Дихъе щварал баяназда рекъон, тӏадеялъул гьеб мурадалъе гӏоло бюджеталдаса ичӏго млн гъурущ гурони биччан гьечӏо. Гӏолохъанал хъизамазул къадар абуни тӏадеялдаса тӏаде цӏикӏкӏунеб буго. Масала, гьеб гӏарац щвезе иргаялда чӏараб хъизан Дагъистаналда цӏакъго гӏемерлъун.