Республикаялъул Роспотребнадзоралъ лъазабуна хварав чи вукъулеб мехалъ гӏемерал гӏадамал хабаде хьвадугеян.
Гӏорхъичӏваял лъазариялъе аслияб гӏилла ккола республикаялда ковидалъ унтулел гӏадамазул къадар цӏикӏкӏунеб букӏин. Гьединлъидал ДРялъул аслияв санитарияв тохтур Николай Павловасда лъикӏаблъун бихьулеб буго ахӏвал-хӏал гӏодоцинегӏан хабалазде гӏадамал хьвадичӏого чӏей.
Гьел гьукъа-къаял хъатӏизе гьечӏо чи вукъулеб бакӏалда чара гьечӏого гӏахьаллъизе кколел гӏадамазда ва хварасул цересел гӏага-божаразда.
Хас гьабун мажгитазде ва хабалазде гьарулел зияратал щай гьукъулелин гӏайиб-гъвел гьабулел чагӏиги камуларелъул, мисалалъе, жамгӏияб транспорталда щай рекӏине бегьулелин абулеб буго гӏадамаз.
Гьелда бан «Махӏачхъалаялъул гӏолилал» жамгӏияб багъа-багъачариялъул нухмалъулев, жамгӏияв хӏаракатчи Къородаса Шамил Хӏасанхӏусеновас гьадин бицана:
— Тохтурзабазги, Роспотребнадзоралъги абураб гӏадахъ босичӏого чӏей гӏакълу гуро. Г ь е д и н л ъ и д а л нижецаги (гӏолилазул жамгӏиял гӏуцӏабаз) киса—кибго абула цӏодорлъи гьабейин, гӏемер гӏадамал ракӏарараб бакӏалде инчӏого чӏани, лъикӏаб бугилан.
Амма цо—цо гӏолилаз, гьединго чӏахӏиял чагӏазги абулеб рагӏула дида гьеб унтудаса жив хӏинкъуларилан. Гьединаздаги абизе бокьун буго, дурго ургъел батичӏони, дудаго аскӏор ругел гӏага—божаралниги щвайин гьединаб мехалъ ракӏалде.
— Мисалалъе, гьеб унтиялъ каву рагьичӏеб цониги росу, хъизан батиларо. Гьебги бихьун, гьанже кӏиабилеб карачел байбихьидал, цӏодорлъи гьабулел чагӏи цӏикӏкӏунел руго. Гьеб гуребги, унтул тӏоцебесеб карачел тӏибитӏулеб заманалда гӏадамазда гьелъул хӏакъалъулъ лъалеб ва бичӏчӏулеб жо дагьаб букӏиналъги хӏалуцинабун букӏана иш. Гьанже республикаялъул тӏалъиялъги, Динияб идараялъги, гьединго информациялъулал алатазги кьолеб баян гӏемерлъидал иш лъалаго лъикӏаб рахъалде хисана. Гьелъ лъикӏаб хӏасил кьунищин гьикъани, узухъда, кьуна. Дида сверухъ гьедин бугоха, ракӏалде ккола цогидал бакӏаздаги гьедин батилин.
Хабалаздего гӏадин, мажгитазде хьвадиги дагь гьабейин лъазабун букӏана Роспотребнадзоралъ. Гьеб пикруялъул рахъги ккун, гӏадамазде хитӏаб гьабуна республикаялъул Динияб идараялъги.