22 декабралда «Хӏакъикъаталде» рачӏун рукӏана Гъизилюрталъул №9 школалъул байбихьул классалъул цӏалдохъаби. Редакциялъул хӏалтӏухъабазулгун лъай—хъвайги гьабизе, газета хӏадур гьабулеб куцги бихьизе, мухбирзабазе цо—цо суалалги кьезе рачӏун ругин жалин бицана гьезул мугӏалим Сарат Мухӏумаевалъ.

Дагьаб цебе нижеца хӏалтӏизе биччанин «Гьитӏинал мухбирзаби» абураб кружокилан бицана Саратица. Гьединлъидал жидеда ракӏалде кканила кружокалъул гӏахьалчагӏиги рачун тӏоцебесеб сапар магӏарулазул миллияб басмаялъул редакциялде гьабизе.

Анлъго яс йикӏана гьелда цадахъ. Расулова Хадижат (5-б класс), Бадрудинова Умакусум (4-а класс), Мухӏамадшапиева Хадижат (4-а класс), Маликова Шариза (4-а класс), Гӏабдуразакъова Аминат, Гӏалихӏажиева Мадина (4-б класс).

Чӏурканго ретӏа-къан, намусго гӏодореги къулун гӏенеккун рукӏана гьел редакциялъул хӏалтӏухъабаз жидерго хӏакъалъулъ бицунеб куцалъухъ.

Жавабияв секретарь Мухӏамадхӏабиб Махӏатӏовас, жиндиего хасиятаб махсара-хочӏги гьоркьоб речӏчӏизабун, бицана жиндирго хъулухъалъул хӏакъалъулъ. Ракӏалде щвезабуна мунагьал чураяв инсуда цадахъ тӏоцеве «Багӏараб Байрахъалъул» редациялде щвараб къо. Киназего кеп щвана Гӏабдулмажид Хачаловасулгун лъай-хъвай ккараб куцалъул хӏакъалъулъ гьес бицараб мехалъ.

— Редакциялъул жанахӏалъув чанго чи вугоан хъарпуз кваналев. Гьезда гьоркьов вукӏарав цояс: «Гьай, хӏалчӏахъад, мунгийищ нижехъе щвезе вилълъарав», — иланги абун, гьес квер босана дир. Гьев вукӏана газеталъул жавабияв секретарьлъун хӏалтӏулев Гӏабдулмажид Хачалов. Хадуб гьеб сапаралъул хӏакъалъулъ сочинениеги хъван букӏана, — ян бицана гьес.

Бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумахановасги разиго къабул гьаруна редакциялъул гьитӏинал гьалбал. Щиб лъалеб, гьезда гьоркьов газеталъул вукӏинесев редакторги ватизе бегьулин абуна гьес.

Хадуб редакциялъул хӏалтӏухъаби Шамай Хъазанбиевалъ, Зульфия Хӏажиевалъ, Патӏимат Гьитӏиновалъ гӏисинал гӏолилазе бицана жалго редакциялде хӏалтӏизе рачӏараб куцалъул хӏакъалъулъ. Ракӏалде щвезабуна школалда цӏалулеб мехалъго «Хӏакъикъаталде» хъвадарараб куц.

Цӏалдохъабаз рикӏкӏана кучӏдул. Бицана жидерго умумузул росу-ракьалъул хӏакъалъулъ. Махражалда цӏалана «Къулгьу».

Рукӏана гьезул жидерго суалалги. Мисалалъе, гьезие лъазе бокьун бугоан, гьадинаб бигьаяб гуреб заманалда, цӏакъаб, тӏокӏаб хӏалтӏи балагьизе лъугьинчӏого, магӏарул газеталда хӏалтӏизе рачӏине сунца ниж гьесизаруралали лъазе. Гьединго гьабураб хӏалтӏуда рекъон, ракӏ разияб мухь щоладайин мухбирзабазеянги букӏана гьез гьикъулеб.

Редакциялда хӏалтӏаралъухъ, цогидал бахилаб мухь жакъа мухбирасе щолареблъи кин гьел гӏисинал ясазда бичӏчӏизабилебали лъаларого дагьал ургъалилъе ккана нижги. Бугониги, махсара-хочӏги гьабун, батӏаго хӏукуматалъ цӏакъго къваридги гьаруларин ниж харжалъул рахъалъилан жавабги кьуна гьезие.

Данделъиялъул ахиралда, редакциялъул рахъалдасан, цӏалдохъабазе ва гьезул мугӏалим Сарат Мухӏумаевалъе Баркалаялъул кагъталги кьуна.