22 декабралда «Дагъистан» РИАялъул редакциялда тӏобитӏараб пресс—конференциялда бицана кванил нигӏматазул багьаби республикаялда хиралъулел рукӏиналъе гӏиллаялъул хӏакъалъулъ.
Дагьал церегӏан къоязда букӏараб пресс-конференциялда президент Владимир Путиницаги кӏвар кьун букӏана гьеб суалалде.
Журналисталгун дандчӏвазе рачӏун рукӏана республикаялъул Дармил министерствоялъул даран-базаралъул рахъалъ управлениялъул нухмалъулев Элдар Гӏалиевги, «Эхнатон», «Зеленое Яблоко» ва «Европейский» абурал дармил рукъзабазул вакилзабиги.
Э. Гӏалиевас бицана жидеца гьоркьоса къотӏичӏого багьабазул мониторинг тӏобитӏулин. Исана январалдаса декабралде щвезегӏан батӏи-батӏиял кванил нигӏматазул багьаби цӏикӏкӏун ругинги абуна гьес. Мисалалъе, цӏакъ хиралъун буго чакар, семечкадул нах, ханал ва гречка.
— Жакъа гьанир ругел дармил рукъзабазул вакилзабигун ниж цереги дандчӏван рукӏана. Доб мехалда гьарурал къотӏи-къаязул хӏасиллъун ккана, гьабсагӏат ругел багьаби хиралъизе риччачӏого чӏезари. Мисалалъе, семечкадул нахул шишаялъул тукада бугеб багьа 110 гъурущ букӏине ккола, — ян абуна Элдар Гӏалиевас.
Багьабазда хурхун бугеб ахӏвал- хӏал хисизабизелъун республикаялъул Промышленносталъул министерствоялъ зама-заманалдасан ярмаркабиги тӏоритӏула. Мисалалъе, гьал къоязда тӏобитӏизе буго гьединабго ярмарка. Гьенир багьаби тукабазда ругелдаса 15-40 проценталъ учузго рукӏинеги руго.
Журналистаз гьикъана президентасда гьеб суал борхун букӏинчӏебани хадубккунги цӏикӏкӏине рукӏанищин багьаби ва нужер идараялъухъа бажарулищин гьел лъалхъизаризейилан.
Президентас багьабазул суал борхи кколин федералияб даражаялда нижее гьабулеб кумекин бичӏчӏизабизе лъугьана Э. Гӏалиев. Щайгурелъул гьелдаса хадуб чакаралъул ва семечкадул нахул багьаби тӏокӏал тӏаде цӏикӏкӏинчӏин.
— Дие абизе бокьун буго цохӏо гьелда чӏечӏого, жеги цо-цо цогидалги кванил нигӏматазул багьабиги кӏвана нижеда гьебго къагӏидаялъ хиралъичӏого чӏезаризе, — ян абуна гьес.
Э. Гӏалиевасул калам ритӏухъ гьабун кӏалъана рехсарал дармил рукъзабазул вакилзабиги. Гьез бицана халкъалъе чара гьечӏого хӏажалъулел цо-цо кванил нигӏматал, жидер тукабазде рачӏун хадур, гъурущ тӏаде жубачӏого ричулел ругин.