Гьал къоязда Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана журналист ва жамгӏияв хӏаракатчи Алюсет Гӏазизхановасул «На службе обществу» абураб тӏехьалъул презентация.

Гьеб къватӏибе биччана «Набат» гӏуцӏун 20 сон тӏубаялда хурхун. Рагъ ккаралъуса лъутарал гӏадамазул ихтиярал цӏунулеб гӏуцӏи ккола гьеб. Хасго доб заманалда кутакалда кӏвар букӏана гьелъул. Тӏокӏалъ чӏечӏого Чачаналда букӏараб рагъдасаги, улкаялъул цебесеб гӏуцӏи биххун хадуб, батӏи—батӏиял республикабаздасаги лъутун рачӏунел рукӏана Дагъистаналде гӏадамал. Гьединго нилъер гьанибги цӏакъ хӏинкъараб заман букӏана, ай чӏвай—хъвей гӏемераб.

Гьединаб къварилъиялда ругел чагӏазе консультациялъулги, заманаялъ жанир чӏезе бакӏазулги, квен-тӏехалъулгун сах гьариялъулги рахъалъ кумек гьабизе хӏаракат бахъулаан «Набаталъ».

Гьединлъидал доб мехалда А. Гӏазизхановас къимат борхизабун букӏана жамгӏияб хӏалтӏул. 2000-абилел соназул байбихьуда Россиялдаса вакил хӏисабалда гьев витӏун вукӏана Страсбургалде (Европаялъул Советалъул данделъиялде), РФялъулги СШАялъулги жамгӏиял институтазул церехъабазул саммиталде Москваялде ва жеги гӏемерал тадбиразде.

Гӏазизхановасул кумекалдалъун доб мехалда республикаялда гӏемер тӏоритӏана инсанасул ихтиярал цӏуниялда хурхарал семинарал, форумал.

«Набат» гӏуцӏиялъе сабаблъун ккана 2000-абилел соназда Дагъистаналде жамгӏияй хӏаракатчӏужу ва журналист Лидия Графова ячӏин. Гьелда цадахъ Алюсет щвана рагъ ккаралъуса лъутарал чагӏазухъе Хасавюрталде, Дербенталде. Доб мехалда гьев хӏалтӏулев вукӏана Дагъистаналъул радиоялда. Гӏазизхановасул гӏамал-хасиятги, гӏумруялдехун бугеб бичӏчӏиги лъайдал, Графовалъ гьесда абула мигрантазул суалал тӏуразе жамгӏияб гӏуцӏи хӏажат бугин. Гьедин цо чанго соналъеян гӏуцӏараб «Набат» жеги хӏалтӏулеб буго.

Графова къадаралде щвана исана 23 ноябралда. Гьейги ракӏалде щвезаюна презентациялда.

Дида гьей тӏоцее 2006 соналда Владикавказалда йихьана. Мигрантазул суалал гьоркьор лъураб семинар букӏана гьениб. Нижеца бицине кколаан мигрантазда, жамгӏиял гӏуцӏабазда сверухъ жиде-жидер республикабазда гьабулеб бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ.

Дица бицана, нижер добе азаргониги жамгӏияб гӏуцӏиги бугин, амма гьезул нухмалъулезул гӏемерисезда жидедаго тӏадал ишалги лъаларин абун.

Гьеб мехалда Лидия Графовалъ абуна киназегоги гӏун Алюсет Гӏазизханов вугин Дагъистаналда мигрантазул суалал тӏуралевилан.

Гьеле гьебщинаб заманалда жаниб мигрантазда сверухъ жинцаго гьабураб хӏалтӏул бицунел макъалаби руго Миллияб библиотекаялда презентация гьабураб тӏехьалда лъун. Гьезул цо-цоязда релълъарал материалал доб мехалда «Хӏакъикъат» газеталдаги рукӏана рахъун. Гьел макъалабаздасан бихьула 2000-абилел соназда нилъер гьанибги, Чачан республикаялдаги, хӏатта цогидал регионаздаги букӏараб политикияб ахӏвал-хӏал, мигрантазул масъалабаздехун букӏараб бербалагьи.

Жамгӏияб хӏалтӏулъ жиндие журналистаздасанги кумек щванин абула Алюсетица. Живго журналист вукӏиналъги батила, гьес абула жинца гьел рикьуларила пачалихъиязде ва лъидаго рачӏел журналистазде. Жиндие аслияб жо бугила гьездаса халкъалъе пайда букӏин.

«Набаталъ» лъикӏаб хӏасил кьеялъги батила, республикаялда Жамгӏияб палата гӏуцӏаралдаса нахъе гьанжелъизегӏанги Алюсет Гӏазизханов гьениса вагъаричӏо. Гӏезегӏан мехалъ гьеб палатаялъул аппараталъул нухмалъулевлъунги палатаялъул председателасул заместительлъунги хӏалтӏана гьев.

Гьедин байбихьуда Жамгӏияб палатаялъул нухмалъулевлъун вукӏарав Абулмуслим Муртазагӏалиевас презентациялда ракӏалде щвезабуна палатаялъул тӏоцересел вакилзаби гӏакъилал, цебетӏураб пикруялъул гӏадамал рукӏанилан. Масала, республикаялъул тӏалъиялъеги гӏезегӏан малъа-хъваял гьарулаанин гьез. Амма «рекомендуем» абун республикаялъул тӏалъиялде жидеца ритӏулел рукӏарал кагътазул тӏарада Жамгӏияб палатаялъ гьабураб хъвай- хъвагӏай хъулухъчагӏазда цо-цо мехалда мекъиги бичӏчӏулеб букӏанилан бицана Муртазагӏалиевас.

Дагъистаналъул тӏоцевесев президент Мухӏу Гӏалиевасгицин махсара гьабун букӏанила кватӏичӏого жиндеги ирга щвелила гьезул рекомендациязул. Щунги буго.

Инсанасул ихтияразул ва гражданияб жамгӏияталъул рахъалъ ДРялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб советалъул нухмалъулев ва «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель Зикрула Ильясовасги абуна цӏубараб пикруялъул жамгӏиял хӏаракатчагӏи гьоркьоре лъугьиналъ республикаялда цо-цо ишал битӏараб нухде кканин. Гьединал чагӏазул цоявлъунги жинда Алюсет Гӏазизханов вихьулин.

А. Гӏазизханов ккола лезги миллаталъул чи. Цо-цоязда ракӏалде ккезе бегьула магӏарул газеталдасан лезгиясул бицунеб бугинги. Амма гьесулгун лъай-хъвай бугеб къого соналда жаниб цо нухалдацин дида гьесулъ миллатчилъи халлъичӏо. Кутакалда гӏадатаб гӏамал-хасияталъул, гъваридаб лъаялъул, сверухъ ругездехун недегьаб бербалагьиялъул чи вуго Алюсет. Гьединлъидал тӏехьалъул презентацияги гьесда жиндаго релълъун ана — гӏадатго, рихьдае жал гьаричӏого, щивас Алюсетилгун бугеб лъай-хъваялъул ва ккара-таралъул хӏакъалъулъ ракӏ тӏаде цӏалел харбалги рицунаго.