I
…Дагьаб цебе Шамил районалъул Гьандихъ росдал школалъул ТОКСалъулаз босун бачӏана мадугьалихъ росулъа рагъухъанасул лъаббокӏонаб кагъат. Гьеб бугоан Кӏудияб Ватӏанияб рагъул бищун захӏматаб 1941 соналъул декабрь моцӏалъ Исбагьиев Мухӏамадица фронталдаса хъвараб кагъат. Гьеб ккола тушман Москваялде гӏагарлъараб ва Советияб пачалихъалъул тахшагьаралде тӏаде хвалилаб хӏинкъи щвараб заман.
Кагъат хъван бугоан цӏакъ берцинаб гӏажам-хатӏалъ кӏудияв эмен Къурбанчиясул цӏаралда.
Гьениб бугоан рокъосезде салам, кӏудияв инсул чорхол хӏал, батӏияб-цӏияб росулъан хабар цӏехон. Бихьулеб буго жиндирго дагь бицун, рокъосезул гьес гьабулеб бугеб тӏалаб.
Гӏадатияв солдатасул кагъат… Гьелда нахъа бихьула гӏагараб ракьалде, росдаде, гӏадамазде рокьи ва тушманасда тӏад бергьенлъи босиялде бугеб ракӏчӏараб хьул.
…Дун цӏакъ воххана гьанжеялдаса 79 соналъ цебе хъвараб, солдатасул кагъат батиялдаса ва рагьана «Ракӏалда щвеялъул тӏехь». Гьениб хъван бугоан «Исбагьиев Гьитӏинамухӏамад, 1913 соналъ гьавурав, Къахӏиб район, Къваниб росу. Хвана». Гьев гуро дов кагътил бетӏергьан ва гьев кколев ватана нилъеца бицен гьабулев Мухӏамадил гьитӏинав вац. Гьев хӏакъикъаталдаги рагъдаса вуссун гьечӏо.
«Ватӏаналъул солдатал» абулеб тӏехьалде балагьидал, гьениб бугоан хъван «Исбагьиев Мухӏамад, 1906 соналда гьавурав, хъулухъ гьабуна 451, 855, 650-аб. автобатальоналда», — абун.
Вагъун вуго Централияб I ва II Украинаялъулаб фронтазда шофер-красноармеец хӏисабалда. Гьев ккола нилъеца бицен гьабулев Мухӏамад.
Нахъисеб къоялъ школалде ячӏарай Гьандихъ гӏумру гьабун йигей Мухӏамадил яс Исбагьиева Патӏиматица бицана инсул хӏакъалъулъ.
«Школалда цӏалилалде гьев цин цӏалун вуго Къваниб росулъ гӏалимчи, жиндирго кӏудияв эмен Къурбанчиясда цеве. Хадуб Гьандихъ росдал мадрасаялда битӏун лъугӏизе 3 тӏехь хутӏараб мехалъ, гьениб мажгитги къан, цӏализе ине ккун вуго жиндирго гӏагарлъи бугеб Хунзахъе. Гӏараб цӏали цадахъ бачунеб букӏун буго школалда цӏалиялда цадахъ. Кватӏичӏого дарс лъолев вукӏарав мугӏалим жанив лъун, гӏараб цӏали гьоркьоб къотӏизе тезе ккун буго. Гӏарабалъ лъикӏ хъвазе гуребги, цӏалуеги хӏадурлъи щварав вукӏун вуго гьев. Гьелъ буго доб берцинаб хатӏалъ кӏудияв инсухъе хъвараб кагъатги.
…Мухӏамад киданиги хӏалхьи-ялда вукӏунев чи вукӏинчӏо. Гьесул анищ букӏана Дагъистаналъул миллияб рекӏаразул эскадроналде хъулухъ гьабизе ине. Гьев гьениве витӏана. Амма букӏана гьев рухӏдаллъараб ва бокьилаанин ккараб цоги махщел – шоферлун вахъин. Гьедин хисана хъулухъ. Армиялъе къваригӏун рукӏана рагъулал шоферзаби. Дол 30-абилел соназул ахиралда магӏарулаз, жакъа нилъеца летчикасул гӏадаб хӏурмат гьабулаан шоферасул. Букӏинаребги кинха, гӏасиял мугӏрузул нухаздасан, горбода мусруги бухьун, машина бачунев шофер рикӏкӏунаан бахӏарчилъун.
…Лъеберабилел соназда щай гурин, 50-абилел соназул байбихьуда нижер росулъе тӏоцебе колхозалъул къайи баччулеб машина бачун вачӏарав Аслангераев Мухӏамадил хӏурматалда бертин гьабун букӏана. Нахъисеб къоялъ ниж, гьитӏинал чагӏи, тӏад рекӏун мадугьалихъ бугеб росулъеги нахъеги рачиндал, нижер хӏал кӏолеб рохел букӏинчӏо.
…Исбагьиев Мухӏамад кколев вуго Къахӏиб районалдаса, рагъ ккелалде, тӏоцере рахъарал шоферзабазул цояв.
… Шоферлъун вахъун хадуб гьев гражданлъиялъул хӏалтӏуде виччала. Амма гӏемераб заманалъ гьитӏинаб Ватӏаналда хӏалтӏизе гьесие щвечӏо. Кватӏичӏого байбихьараб Кӏудияб Ватӏанияб рагъулъ бищунго къваригӏараб махщел гьесул букӏана.
Гьелдаса нахъе, ункъабго рагъул сон Мухӏамадил машинаялъул рулалда нахъа ана. Гьесул вас Шагьидас школалде рачӏарал рагъулал документаздасан ва инсуца бицунеб букӏараб хабаралдасан лъазе кӏвана Исбагьиев Мухӏамадил хадусеб рагъул нухалъул хӏакъалъулъ баян.
…Рагъул соназда гьесда бихьичӏеб гӏакъуба-къварилъиги хутӏун гьечӏо. Батӏи-батӏиял фронтазда бищунго захӏматал рагъул участкабазде цӏакъго къваригӏунел бакӏазде рехулаан гьел. Гьес абулаан машина бугила гьаваялдасанги ракьалдансаги ишан босулеб тӏанкӏ. Чан нухалъ гьев хвечӏого ворчӏарав бомбаялъул тӏирабаздаса. Пехота, самолетал ва танкал раккаралго окопазде жанире лъугьуна. Машинайин абун гӏужлъун цебе хутӏула. Гьедин 2 нухалъ бомбаялъул тӏириялъ лъукъун госпиталазда вегана, амма машинаялдаса ватӏалъичӏо.
Гӏемерисеб нухалъ жиндицаго тӏад лъезе кколаан лъукъарал-чӏварал рагъухъаби. Гьелъул хӏал рагъ лъугӏун хадуб гурони лъачӏо черхалда. Амма цо ккараб гӏажаибаб лъугьа-бахъин гӏемер бицунаан гьес ва гьеб жиндие Аллагьасул талихӏ кканилан абулаан.
— Чӏварал рагъухъаби машинаялде аскӏоре росизе кколаан цогидав кумекчиясгун цадахъ. Цойидасанго дагьаб рикӏкӏад бугеб машинаялде кьвагьун бачӏана снаряд ва гьелда цӏа рекӏана. Ниж окопалъуре кӏанцӏана. Гьенисан хал гьабидал бихьана немцазул «Опель» машина, амма гьелъие къварилъи ккун бихьулеб букӏинчӏо. Ниж хехго, кьвагьулеб жоялда гъоркь, гьенире рекерана. Вугоан машинаялъул рулалда тӏаде къуларав немцазул унтер. Бихьулеб букӏана гьев захӏматго лъукъун, хун вукӏин. Нижеца гьев къватӏиве вахъана, гӏодов лъуна ва дун стартералда квалквадана. Цойидасанго машина бакана ва талихӏалъ багъаризабизе кӏвана. Гьеб мехалъги кьвагьулеб жо къотӏулеб букӏинчӏо. Кьвагьулеб букӏана нилъергоязги. Букӏинарищха, гуллагӏадин тӏаде кьвагьун бачӏунеб бугеб немцазул машинаялде. Нижедаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏеб бакӏалда кӏигониги снаряд кьвагьана. Амма таваккал бергьана ва, бокьараб бахъаян, нилъеразулго рахъалде хъамуна.
Гьедин рорчӏана нилъераз ккураб фронталъул мухъалде.
Нахъисеб къоялъ часталъул командирас, кверги бачун, кьерда чӏарал рагъул гьалмагъзабазда цеве «За отвагу» абураб медалалъе вихьизавуна. Гьеб букӏана дие кӏудияб рохел ва ракӏалдаса унареб лъугьа-бахъин, — ян.
Гьединал ишал фронталда гӏемер кколел ратила. Гӏемераб бараб буго живго рагъухъанасдаги, гьесул чорхол хӏалалдаги, хӏинкъунгутӏиялдаги, вакӏа-вахариялдагиян абулаан гьес.
Гьедин вагъулаго Берлиналде щваниги, Мухӏамад Исбагьиев гӏицӏго кӏиго соналдасан гурони рокъове тӏад вуссинчӏо.
«Нилъецаго биххизабураб бакӏ нагӏана батаязе цӏидасан базеги ккана, гьел нилъер гьудулзаби лъугьаралъул», — ан абулаас гьес.
Гьел соназда гьесул гьитӏинав вац Исбагьиев Гьитӏинамухӏамад япониязулгун рагъулъги гӏахьаллъун, хвана.
Гьитӏинабго Къваниб росулъа, гьедин, Къурбанчиевазул-Исбагьиевазул хъизамалъул кӏиго гӏолохъанчияс лъуна жидерго бутӏа Советияб улка цӏуниялъулъ.
II
Хутӏараб гӏумру Мухӏамадил халкъалъе хъулухъалъе хӏалтӏулаго ана. Аслияб къагӏидаялъ гьев хӏалтӏана Хунзахъ районазда гьоркьосеб УОСалда.
Халкъалъе бищун хӏажатаб лъим бахъизе къваригӏунел алатал росун гьев щвечӏеб росу батиларо. Гьев витӏулаан бищун захӏматаб, машина бачине хӏинкъараб нух бугеб росулъеги.
Лъикӏал рагӏаби абулаан Мухӏамадил хӏакъалъулъ цеве УОСалъул вукӏарав нухмалъулев Атаев Хӏажица, бетӏерав инженер Шейхов Тӏалхӏатица.
Хадусеб заманалда, пенсиялде иналде цеве, гьев хӏалтӏана Хунзахъ «РТС-сельхозтехникаялда». Организациялъул нухмалъулев Малачиев Гӏадуца абулаан Мухӏамадица жеги малъараб ишалъе тасамахӏлъи гьабичӏилан ва кӏоларин, бажаруларин абичӏилан. Гьедин абулареб хӏалалъ машинаги чӏезабун букӏунаанин. Гьединал чагӏи рукӏана дол цересел лъадариялъул гӏадамал. Гьелъие цо мисал. Доб заманалда гьесул машинаялда рекӏаразда гьоркьоб ккана тунка-гӏуси, хадуб цоцазда нус кьабиялде бахараб иш. Мухӏамадица гьеб бакӏалда рагъарал рекъезаруна ва тӏаса-гъоркьа лъугьинаруна, гьел больницаялде, Къахӏире швезаруна. Гьелда релълъарал лъугьа-бахъинал гӏезегӏан ккана.
Мухӏамад Исбагьиевасул цӏикӏкӏарасеб гӏумру Хунзахъ ана. Хунздерица гьев рикӏкӏуна жидерго чилъун ва мунагьал чураясул хӏакъалъулъ лъикӏал гурел рагӏабиги абуларо. Гьесул кӏудияб хъизан – 3 вас ва 4 яс гьабсагӏат Хунзахъ, Хӏебда, Гьандихъ, Къваниб гӏумру гьабун руго.
Ахиралде щвана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул цоги юбилей. Къо бахъанагӏан рикӏкӏалъулеб буго нилъедаса рагъул тарих. Амма нус-нус сон аниги, лъугӏизе гьечӏо рагъул аслияб бакӏлъи тӏаде ккарал гӏадатиял солдатазул бахӏарчилъиялъулги, къвакӏиялъулги, захӏматалъулги хӏакъалъулъ бицен. Заман анагӏан хиралъулел руго гьезул цӏарал. Гӏолохъанаб гӏелалъ тӏалаб гьабулеб буго лъазе жидерго умумузул бахӏарчиял цӏаралги, хварал рукъараб бакӏги, гьезул рагъул документалги, лъалкӏги.
Рохизе бачӏуна «Хвел гьечӏеб полкалъул» кьеразухъ балагьунги. Гьеб буго гӏун бачӏунеб гӏел. Гӏадада холеб гьечӏо гӏисинал лъалкӏчагӏазул, юнармиялъул гӏахьалчагӏазул хӏалтӏи.
Нижер школалъул лъалкӏчагӏаз жакъа къоялде балагьун буго 18 росуцояв вукъараб бакӏ. Гьал соназда лъалаго цӏикӏкӏана жидерго кӏудиял умумузул хабаде щвезе арал гьезул лъималазул ва лъималазулгун лъималазул цӏарал: Гӏалиев Хӏабиб (Белоруссия), Къурбанов Гӏабдукъадир (Орлов область), Гӏисаев Мухӏамад (Краснодар), Гӏалиев Дибирасулмухӏамад (Смоленск область), Мутагӏилов Гӏабдурахӏманхӏажияв (Кировакан).
… Нижер школалъул ТОКСалъул музеялъе щвана цоги документ. Гьелъул щибалда бихьула улка хвасар гьабурав рагъухъанасул нух, къисмат ва гӏумру. Мухӏамад Исбагьиевасул кагътицаги кквела гьезда гьоркьоб мустахӏикъаб бакӏ.