Исана 15 сон тӏубана машгьурав гӏалимчи Шамил Гӏалиевасул цӏар цо планетаялъе кьуралдаса.

Гьелъул хӏакъалъулъ бицинеги Цӏияб сон баркизеги ниж дандчӏвана Шамилгун.

Гьес ракӏалде щвезабуна жиндирго лъимерлъи, гӏолохъанлъи, гӏагараб росулъ араб гӏумру, росдал гӏадамал. Ва хадуб гьес тӏолалго магӏарулазе гьабуна гьадинал гьара-рахьиялги.

— Тӏоцебесеб иргаялда, дица магӏарулазе гьарула талихӏ. Щиб жо кколеб талихӏ? Дир пикруялда, гьеб буго инсан къисматалъул бокьараб сайгъат къабул гьабизе хӏадур вукӏин.

— Гӏурус рагӏабазул лъабго «в» — вера, выбор, воля. Гьел ккола нилъер рухӏияб хӏаракатчилъиялъул щулияб аслу. Биччанте щивав магӏаруласул рекӏелъ щулияб бакӏ кквезе гьел рагӏабаз. Гьезул кваркьидакь ругони, талихӏ аскӏоса багъаризе гьечӏо.

— Нужеца гьабулеб хӏалтӏи нужее бокьулеб бугони, гьелдаса нужее рохелги букӏунеб бугони — гьеле нужер талихӏалъул цоги кваркьи.

— Сонал ранагӏан, дие рокьулел руго лъималги херал чагӏиги.

Гьезда аскӏове щведал, дир пикрабазда гваргъун рекӏуна гьелегьараб рокьул цӏа. Гьеб цӏадулъги бугебщинаб хӏасрат. Гьебги ккола талихӏалъул цоги кваркьи.

Хӏурматиял магӏарулал!

Баркула нужеда тӏаде щолеб Цӏияб сон. Биччанте дир гьара-рахьиязги нужер гӏумруялъулъ жидерго хасаб бакӏ кквезе.