Магӏарул районазул нухмалъулезда ракӏ-ракӏалъ баркула тӏаде щвараб 2021 сон.
Баракатаб ва икъбалаб батаги нужее ва нужеца нухмалъи гьабулел районазул жамагӏатазе
Цӏияб сон.
Ассаламу гӏалайкум, хӏурматиял магӏарулал!
Гьале ахиралде щвана кигӏанги бакӏаб, рекӏкӏаб, рикӏкӏен гӏемерал гӏадамазул лъикӏалщинал пикрабигун къасдал рукъараб, гъанкъараб сон.
Гӏумруялдаса ватӏалъана аза- азар чи — дир инсудаса байбихьун, дунялалдаго машгьурав тренер Гӏабдулманап Нурмухӏамадовасде щвезегӏан. Коронавирусилан цӏар чӏвараб балагьаб унтуца цӏогьохъе ва цӏоб тун бецана халкъ.
Ана, талихӏалъ, тӏолабго гӏаламалда тӏад кверщел гьабураб, щибаб рокъобе къварилъи-балагьгун рещтӏараб, календаралда высокоснийилан абулеб, 2020 сон.
Хваразул гӏагарлъиялъе иман бугеб сабру кьеги, унтарал киназулго, Аллагьасул кумекалдалъун, сахлъи щулалъаги ва нилъер щивасул рекӏелъ кантӏи рещтӏаги…
Къаси-къад батӏалъи гьечӏого, унтаразул къаданир бахӏарчиго къеркьарал тохтурзабазул хӏакъалъулъ нижеца хъвана щибаб номералда.
«Багӏараб зонаялда» хӏалтӏулаго, жалгоги вирусалъ унтарал, Россиялдаса 523 медхӏалтӏухъанасе жиндирго «Къункъраби» абураб Гӏелмиябгун сах гьариялъулаб комплексалда реабилитация гьабурав сахав магӏарулав, МГУялъул профессор Мухӏамад Мухӏамадовасеги сайгъат гьабуна нижер журналистаз чанго гьумер.
Гӏемераб бицана газеталъ гӏагараб Дагъистан дарабаздалъунги, маскабаздалъунги, кинабго хӏажатабщиналдалъунги хьезабурал: бизнесмен Сулейман Керимовасул, Дербенталъул чогърол заводалъул директор Мухӏамад Сагӏадулаевасул, дунялалдаго цӏар рагӏарав спортсмен Хӏабиб Нурмухӏамадовасул, авар миллаталъул цевехъан Сайгидпаша Гӏумахановасул, ДРялъул вице-спикер Сайгидахӏмад Ахӏмадовасул ва цогидалги сахаватал гӏадамазул хӏакъалъулъ.
Вахӏшияб унтуца кинабго жо кӏоченабуниги, гьайгьай, рукӏана улкаялда, республикаялда ва районазда лъикӏал ишалгун рохалилал лъугьа-бахъиналги.
Нилъ рохизе ккола власталде иш лъалел, ракӏбацӏцӏадал нилъер миллатцоял рачӏунел рукӏиналдаса.
Мисалалъе, восе, къокъабго заманалда жаниб лъаларедухъ Дербент шагьаралъул гьумер хисизабизе кӏварав Хизри Абакаров.
— Дун гьаниве вачӏана цохӏо какикьжогун, гьебги босун нахъеги ине вуго, — ян абурал рагӏабазул хважаинас ДРялъул Пачалихъалъулав секретарасул хъулухъалдаги халкъалъе пайдаяб хӏалтӏи гьабизе букӏиналда щибго щаклъи гьечӏо нилъер.
Кӏудияб божиги хьулги буго Хӏукуматалъул бетӏер, магӏарулав Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановасдаги.
Республикаялъул Бетӏерасул гӏакълучилъун тӏамурав Сайгидпаша Гӏумахановасги абила жеги жиндирго рагӏи, гьарила чанги миллаталъе кӏвар бугел ишал.
Халкъалде гьумер буссарал ратаги цӏи рищарал хӏакимзаби.
Магӏарулазул ва тӏолалго бусурбабазул кӏудияб талихӏлъун рикӏкӏуна дица шайих Ахӏмад- хӏажи афанди гӏадав динияв цевехъан нилъер вукӏин.
Ракӏалде щвезабе, вирусалъ битӏахъе халкъ бецун унеб заманалда, улкаялъул Президентасде хитӏабгун муфти цеве вахъараб куц ва гьес рагьун хӏакъикъат цебе лъеялъул хӏасилалда республикаялда ккараб хиса-баси. Ахӏмад- хӏажил бихьинаб кӏалъаялъ ва къвакӏараб позициялъ кӏудияб асар гьабурав дица доб мехалда хъван букӏана «Муфти — чода, чиновникал — гӏодор» абураб макъала. Щулияб сахлъиги халатаб гӏумруги кьеги нилъер рухӏияв цевехъанасе. Гьесулги тӏолалго устарзабазулги баракат камун тогеги нилъ Аллагьас…
Гьайгьай, нижер коллективалъеги гӏезегӏан захӏматаб, квалквалал, квекӏенал гьарзаяб сон букӏана гьаб. Гӏемералго гӏадин, нижги унтана, цо-цоял жеги унтунги руго.
Амма цохӏо чӏегӏераб кьералъ белъун букӏунарелъул гӏумру ва къварилъиялда хадуб гӏатӏилъиги камуларелъул, рукӏана унеб соналъулъги ниж рохизе ва чӏухӏизе рес кьолел ишал.
Подпискаялъул рахъалъ тӏолалго миллиял газетазда гьоркьоб «Хӏакъикъат» бачӏана тӏоцебесеб бакӏалде.
Цӏи гьабуна, цо чанго соналъ гьоркьоб къотӏун букӏараб, журнал биччаялъул хӏалтӏи ва Патӏимат Гьитӏиновалъул хӏаракаталдалъун къватӏибе бачӏана тӏоцебесеб номер.
Интернационалияб темаялда тӏасан Миннацалъ лъазабураб саламатаб конкурсалда тӏоцебесеб бакӏ ккуна ва 60 азарго гъурщил къадаралда премия щвана информотделалъул редактор Зульфия Хӏажиевалъе. Гьелъго лъабабилеб бакӏ ккуна антитерроралъул темаялда хурхун нижерго министерствоялъ лъазабураб конкурсалдаги.
Филологиял гӏелмабазул кандидат, лъай кьеялъул отделалъул редактор Кавсарат Сулеймановалъул жигаралдалъун, школлъималазда гьоркьоб тӏобитӏана «Ниж рагъул лъимал» абураб конкурс. Гьеб бикьун букӏана лъабго ригьалъул къокъаялде. Щибаб номинациялда тӏоцебесеб лъабго бакӏ ккурал цӏалдохъабазегун конкурсалде гьел хӏадур гьарурал мугӏалимзабазе кьуна дипломал ва сайгъатал.
Гьединго, лъазабун букӏана машгьурав хъвадарухъан, гӏемерал соназ миллияб газеталъе нухмалъи гьабурав журналист Мухӏамад Шамхаловасул цӏаралда бугеб премиялъе гӏоло конкурсги.
Бергьарав лъабго чиясе кьезе буго 15, 10 ва 5 азарго гъурущалъул къадаралда премиягун дипломал.
Газета цохӏо нижеца гьабуларо, гьеб гьабула миллатги бокьулел, газетаги цӏалулел тӏолалго магӏарулаз. Цӏалдолез бакӏаздаса ритӏун рачӏарал макъалабаз, лъазабияз, цӏиял харбаз чӏаго гьабула гьеб.
Хьул буго, хӏурматиял магӏарулал, цӏияб соналдаги нужеца нилъер миллаталъул цохӏо бугеб газеталъулгун гьоркьоблъи хвезе теларилан ва подписка гьабилилан.
Баркула киназдаго Цӏияб 2021 сон!
Гьарула щивасе щулияб сахлъи, халатаб гӏумру ва кидагосеб икъбалги баракатги!