Амина Шахтаманова:
Цебе гьунар бугев чи редакциялъе тӏатунаан газеталда рахъизе гьез рачӏарал асараздасан. Гьанже гьел гӏемериселго рагьула жамгӏиял гьиназул гӏатӏилъухъ. Гьениб бигьаго букӏуна ватӏавахъизе гӏакъилабги гьодорабги рагӏул чи.
Фейсбукалъ тӏатинаюна нижее, Дагъистаналъул адабияталда
машгьураб фамилиялъул яс, Амина Шахтаманова. Кучӏдулги, ритӏухълъи цӏехолел жиндирго бегӏерал пикрабиги, жакъасеб къоялъул захӏмалъабиги Аминаца рагьула гӏурус мацӏалда. Гӏумархӏажи Шахтамановасул вацасул лъимал Мухӏамадсултӏан ва Мурад рахъана имгӏалас нахъе тараб ирсалъул къимат гьабулеллъун, жалгоги шигӏрияб рагӏуе гьунар бугеллъун. Амина ккола, жиндир гьунаралъул хӏакъалъул, хасго бицине мустахӏикъав Мурад Шахтамановасул яс.
«Прости, отец, горянкой я не стала,
Платок не красит голову мою…» гьал рагӏабаздалъун байбихьулеб буго Аминаца инсуе ракӏрагьун хъвараб кечӏ. Аминал гӏумруялде бугеб бербалагьиги, инсудехун бугеб хӏурматги, магӏарул чӏужугӏаданалда жиндирго йикӏа-яхъин релълъинчӏолъиялдаса рекӏекълъиги буго, тӏаса лъугьаян гьарулеб гьеб кочӏолъ.
Инсуца гьелда данде жаваблъун хъвараб кочӏолъги лъун буго гьединабго хинлъи, гъваридаб магӏна. «Мун гьаюралдасаго йикӏана магӏарулайлъун» абун жаваб кьолеб буго Мурадица ясалъе. Дур гъалатӏазулъ жиндир гӏайибалъулги бутӏа бугин, гьелъул жавабчилъиги кӏияздаго бугин абулеб буго гьес ясалда.
Магӏарулазул машгьурав шагӏирасул ирсилалда миллаталъул мацӏ щайдай лъаларебин абун ракӏалде ккезе бегьула щивасда. Гьеб буго цо чанго соналдаса нилъер наслуялъулги букӏине бегьулеб къисмат. Хӏисаб гьабун бихье, ахираб 10 соналда жаниб росабиги чӏунтизе тун шагьаралде гочанщинаб халкъалъул лъимал кинаб мацӏалда кӏалъалел ругелали? Бицунищ эбел-инсуца гьезда рахьдал мацӏ? Гӏемерисез рокъобги къватӏибги гӏурус гурони бицунаро. Лъималазе лъикӏалъе гьабулеб иш бугин гьебилан ракӏалде кколеб батила эбел-инсуда.
Инсул миллаталъул мацӏ лъангутӏиялдаса сонал анагӏан пашманлъулей йигин жийин бицана редакциялде гьоболлъухъ ячӏарай Амина Шахтамановалъ.
Аминал эбел ккола Дагъогниялдаса даргияй. Заманаялъ ва къисматалъ хисизабуна гьезул рукӏа-рахъиналъул къагӏида, хадусеб наслуялъ бицунеб мацӏ. Гьелъул кьучӏалда бижараб батила Аминал «Тӏаса лъугьа, эмен, лъугьинчӏо дун мугӏрул яслъун» кечӏги.
— Магӏарулазул машгьурав шагӏирасулгун гӏагарлъи букӏиналъ дудехун гӏадамазул кинабгӏаги батӏияб бербалагьи букӏунищ?
— Шахтаманова фамилиялъул дие лъикӏлъи гуреб зарал букӏинищха. Цо нухалда Гӏумархӏажил гьудулас, имгӏаласго гӏадин кучӏдул хъваларищан цӏехон хъван бачӏана. Гьитӏинаб мехалда цо-цо кечӏ хъвалей йикӏун гурони, хъвадаризе ракӏалдего ккун букӏинчӏо. Хӏалтӏиги хъизан-лъималги ругони, шигӏрабазде чӏужугӏадан регӏилищин ракӏалде кколаан. Хӏалбихьизе бегьулин гьес абидал, лъугьунищан хал гьабуна дицаги. Хъварал кучӏдузда гъоркь дурго цӏар хъвазе бокьичӏони, чиярги хъвазе бегьулин малъана гьес. Чияр цӏаралда гъорлъ яхчаризе дица квешлъи гьабулеб гьечӏинги абун, байбихьана хъвадаризе. Диего рекӏее асар гьабулебщинаб жо къалмиде босулаан.
— Дур гьунаралда инсуца щиб абулеб?
— Дица кучӏдул хъвалин абураб жо инсуца гӏадахъго босулароан. Цо нухалда дицаго хъвараб кечӏ лъун букӏана Фейсбукалда, автор щивалиги хъвачӏого. Лъикӏ хъван бугин абун букӏана гьес гьеб кечӏ цӏалун хадуб. Инсуда лъалароан гьеб кечӏ дица хъвараб букӏин. Хадуб, дагьабго заманалдасан дир тетрадалда хъван гьеб кечӏ бихьидал, дуцайищин гьеб хъван букӏарабинги абун, эмен хӏикмалъун хутӏана. Дун цо унго-унго хъвадарулей гӏадан гӏадин гьес рикӏкӏинчӏо, кӏварго гьабичӏого тана.
Хадуб гьесда батӏи-батӏиял гӏадамаз бицунеб букӏун буго дур ясалъги кучӏдул хъвалел рагӏулинхаян. Гьеб мехалда гурони гьес кучӏдузул хӏакъалъулъ диргун хабарги гьабичӏо. Дуца гӏадамазда рихьилалде гьел кучӏдул къачӏазегӏаги къачӏалищанги абун, гьезул гӏунгутӏаби цӏехолаан гьес.
Машгьурав шагӏирасул фамилия бугей гӏаданалъ пикру гьабизе кколин хъвалелъулгиян абула дида инсуца. Цин лъикӏ камилго лъазабизе кколин кучӏдул хъвалеб къагӏида, цӏикӏкӏун адабият цӏализе кколин бадибчӏвайги гьабула гьес. Дица рекӏелъе бачӏухъе хъвала кечӏги.
Кинаб букӏаниги иш гьабилалде гьеб гъваридго лъазабизе, гьелъие дандекколеб лъай щвезе цӏализеги кколин рикӏкӏуна инсуца. Цӏакъ тӏалаб бугев чи вуго нижер эмен. 45 сон бараб мехалъ дизайнерлъун цӏализе лъугьана гьев. Москваялда дизайнерлъиялъул академиялдаги цӏалун, дипломги щун, вачӏана. Инсул гӏадат буго, кинаб ишалде вуссаниги, гьеб гъваридго лъазабулеб. Тӏаса-масаго иш гьабулеб къагӏида гьесул гьечӏо.
— Кинавлъун хутӏарав дур ракӏалдещвеязулъ Гӏумархӏажи Шахтаманов?
— Нижер кӏудадал вац Гӏумархӏажи вукӏана аваданаб ва гьебго заманалда кьварараб хасияталъул инсан. Дие цӏакъ вокьулаан гьев, живго унеб бакӏалде, бихьинал ракӏарараб горсверулъе-цин ячунаан гьес гьитӏинай дун. Гӏемерисез абула дирги гьесда релълъараб хасият бугилан.
Дида кӏочонаро вацазул цогидал лъималаздаса Гӏумархӏажие бищунго дун йокьулей йикӏараблъи. Дидагоги ккола дир жигарги, гьабулеб ишалде гъираги гьесулалда релълъараб бугин. Дун школалда цӏалулеб мехалъ, дарсаздаса хадуй инсухъе хӏалтӏуде унаан. Гӏумархӏажиги, Москваялдаса вачӏингун, нижехъеги щолаан. Квана-гьекъолеб бакӏалдаги гьалмагъзабигун поэзиялъул, гӏумруялъул, доб заманалъул цере чӏарал масъалабазул бицунев вукӏунаан. Дунги, гьитӏинай гӏадан, кӏвар кьун гьез бицунеб жого щибдаян абун, бичӏчӏулеб ххвелги гьабун, гьезухъ балагьун чӏолаан.
— Шахтамановасул кучӏдул магӏарул мацӏалда цӏализе гъира букӏунарищ дур?
— Гӏумархӏажил гӏурус мацӏалде руссинарурал асарал цӏалула дица. Руссинаричӏелги цӏализе бокьиларищха, амма магӏарул мацӏ лъангутӏи буго кӏудияб гӏунгутӏи. Кӏудияй гӏунагӏан, заман анагӏан инсул рахьдал мацӏ лъазабичӏолъиялдаса ракӏбакъвазе бачӏуна. Заман анагӏан унго-унгояб, бидулъ бессараб тӏабигӏаталде юссине бокьулеб буго. Кинабго магӏарул некӏсияб тӏагӏел бокьула, авар мацӏалда кӏалъалев чи рагӏидалги гьезда рухӏдаллъун хутӏула. Хӏалтӏудаги сверухъ ругездаги гьоркьоб магӏарул мацӏ къваригӏунарин, дунял-магӏишат гьабулел рукӏун кӏвар гьечӏого толеб буго гӏемерисез рахьдал мацӏ. Кин бугониги, заман анагӏан, кинаб мацӏалда кӏалъаниги, нилъерго аслуги, гӏадат-гӏамалги чорхолъа батӏалъизабун бажарулеб гьечӏо.
— Умумузулгун рухӏияб бухьен цӏунизе кколин абураб пикруялде кида мун ячӏарай? Дур лъималазеги ва букӏинесеб заманалдехун гьезул лъималазеги гьеб бухьен хӏажалъиладай?
— Ахираб заманалда Дагъистаналъул антиквариатал рокьулел руго. Кинабгӏаги къайи босулелъулги нилъерго халкъазул расенал ругелде ракӏ цӏцӏала. Цебеги кинабго некӏсияб къайи бокьулаан, гьанже хас гьабун Дагъистаналъулаб бокьулеб буго. Ахираб заманалда гӏемер пикру гьабула кисадай дие гьаб ватӏаналде рокьийин абун. Цебе гьединаб жоялъул пикруго гьабулароан.
Ракӏалде ккола заман анагӏан, кӏодолъанагӏан рахьдал мацӏ лъангутӏиги дие захӏмалъизе бугин, дирго цо бутӏа камурай гӏадин йикӏине йигин.
Къварилъи ккараб бакӏалда, зигараялъ щведал дида гьел рахьдал мацӏалда цӏакъ гъира-щавкъгун кӏалъалел рихьула. Дидаги лъалеб букӏарабани гьедин кӏалъазеян ракӏалде ккола.
Кигӏан дие бокьаниги, гьанже дир рес гьечӏо гьезда рахьдал мацӏги лъазе кколин, гьелъул къиматги гьабизе кколин малъизе. Цин дидаго лъазе ккеларищ.
— Цогидал гӏадамаз дур кучӏдузе лъикӏаб къимат кьолеб бихьидал, щиб абулеб инсуца? Йохулищ мун социалиял гьиназда гӏадамаз лъикӏаб къимат кьеялдаса?
— Дир кучӏдузе социалиял гьиназда «лайкал» лъун рихьидал, инсуца абула: «Гьезда киназдаго гуро поэзиялъул магӏна бичӏчӏулеб, гьединлъидал дуда ракӏалде ккоге дуца цӏакъ лъикӏаб кечӏ хъван бугин абун». Мун гьезие гӏадан хӏисабалда рекӏее гӏуралъухъ лъолеб батулин дур асаразе лъикӏаб къиматин абула гьес. Гьев хӏинкъулев ватила дун чӏухӏилин, пахрулъилин абун.
Дицагоги гьеб хӏужа цӏакъго кӏодо гьабуларо. Мун йигей цӏакъайин абун рецц-бакъалъул рагӏаби хъвалел гӏадамаздаги божун, куркьбал рижун йоржунаро. Поэзиялъулги бичӏчӏи бугел, битӏараб къиматги кьезе лъалел кӏиго-лъабго чияс лъураб «лайкалдаса» йохула дун, бокьанщинав чияс лъураб азарго «лайкалдасацин». Гьеб иш бичӏчӏулев цо чиясгицин лъикӏаб къимат кьей буго аслияб жо.