Унсоколоса Мухӏамадгӏали Мухӏамадгӏалиевасулгун дир лъай-хъвай ккана кӏиго соналъ цебе Авар театралда, Рахьдал мацӏазул къоялъул хӏурматалда тӏобитӏулеб фестивалалда. Жинцаго хӏадур гьарурал ансадерил машгьурал цӏулал тӏагӏел-алаталги цере тӏиритӏун ватун вукӏана гьев. Доб мехалъ, гьитӏинабго кӏалъайги ккун, лъугӏун букӏана нижер бухьенги.
Исана гьев вачӏана «Хӏакъикъаталъул» редакциялде. Наслабаз наслабахъе кьун, ансадерил умумузул махщел кодобе босизесев чи хутӏун гьечӏин, кан бакун валагьизе кколев вугин гьединав махщелчи жакъа-йилан пашманго бицана гьес. Пашманлъиялда расги гӏайибги гьечӏо. Советияб заманалда ссиялда букӏараб ансадерил художествияб фабрикаялда жакъа хӏалтӏулеб буго гӏицӏго цо цех. Гьебги Мухӏамадгӏалил бажариялдалъун.
Гӏанчил ишанги, гӏансаги, ражибухги
— Унсоколо жакъа цо дун гурони гьел тӏагӏелал гьарулев устар гьечӏо, — ян байбихьана гьес нижергун гара-чӏвари. — Щибаб соналъ гӏахьаллъула батӏи-батӏиял выставкабазда, щвана 18 батӏияб пачалихъалде. Анасадерил машгьураб гӏансаги, щакъитӏелги, ражибухги, цогидал тӏагӏелалги жакъа дунялалдаго лъала.
— Мухӏамадгӏали, тӏоцебе кида байбихьараб гьеб махщалие куцазе?
— 1991 соналда школа лъугӏарав дун ургъулев вукӏана цӏализедай ина яги хӏалтӏидай балагьилебин абун. Гьеб мехалъ дирго гьудул-гьалмагъас абуна, рилълъайин фабрикаялде хӏалтӏизейилан абун. Гьенив хӏалтӏулев гьесул кӏудияв эмен, Мухӏамаев Гӏабдулагьги вукӏана. Исана хвана гьев мунагьал чурад. Гьес ругьун гьаруна тӏоцере махщалиеги. Тӏоцебесеб гӏанса гьабизеги гьес куцана дун. Битӏараб бицани, хӏинкъунги вукӏана бажариладай абун. Гӏабдулагьица, гьес таваккалги тӏамизабун, чанго къоялдасан ругьунлъана гӏонсода накъищ кьабизе. Гьедин байбихьана дица умумузул машгьурал тӏагӏелалгун алатал хӏадуризе. Тӏоцебесеб гӏанса дица гьабуна 18 сон бараб мехалда. Хадув дун армиялде ана. Гьениса вуссиндал, къисматалъ добго фабрикаялде вачана. Гьале 35 сон буго дир гьенив хӏалтӏулелдаса. Фабрикаялда жакъа хӏалтӏулеб буго цого-цо цех. Доб мехалда 250 чи хӏалтӏулев вукӏараб фабрикаялда жакъа цо дун гурони цӏулада накъищ кьабулев устар гьечӏо. Сапаралъ дунго араб мехалъ къан букӏуна цех.
Цо-цо дунго хутӏараб мехалъ пикру гьабула, щайдай дие гьаб махщел рекӏее гӏагараблъун лъугьарабилан абунги. Нижер тухумалда абула Гӏанчи абун. Гьединго нижер буго Гӏанчи абун хасаб накъищги. Дир кӏудияв инсул вац вукӏун вуго Хӏасан абун бергьарав устар. Гӏанчи-Хӏасанилан абулаан гьесда. Микьабилеб классалда цӏалулеб заман букӏана дир, гьеб мехалъ хӏалбихьана дица тӏоцебе накъищ кьабизеги. Сагӏаталъ тӏадчӏун гьабураб хӏалтӏудаса хадув ругьунлъана гьелде. Гьаб устарлъиялде тӏоцересел галаби тӏамизе байбихьаралдаса нахъе анищ букӏана дир, цо лъиданиги релълъинчӏеб хасаб хатӏ бугеб дирго накъищ ургъизе. Гье-лъие пайда босизе гӏадин батана нижерго кьолбол мугьру – кӏудияв инсул вацасго ургъун букӏараб накъищ. Гьедин дирго хӏаракаталдалъун фабрикаялда гьабулеб хӏалтӏи гьоркьоб къотӏизе течӏого, байбихьана устарлъи цебетӏезабизе. Заманалдасан лъай-хъвай ккана республикаялъул Халкъияб махщалил ру-къалъул нухмалъиялъулгун. Гьезул квербакъиялдалъун рес щвана батӏи-батӏиял конкурсазда гӏахьаллъизеги. Щвана Россиялъул чанго шагьаралде, гьединго, гӏемерал къватӏисел пачалихъазде. Гьелъ тӏуванго дирго творчествоялда тӏад хӏалтӏизе заманги хутӏулеб гьечӏо.
Умумузе бергьараб Гран-При ва ансадерил устарзабаз Парижалде гьабураб кӏиабилебги сапар
— Къватӏисел пачалихъазул гӏадамазе кинаб асар гьабураб дур махщалица? Бищунго цӏакъ кинаб тӏагӏел гьезие рекӏее гӏураб?
— Дир хӏалтӏаби рихьидал, гьез абулеб букӏана художникас гӏадин релъабаз тӏад сурат гьабураб накъищ батилин гьебилан. Хадур гьел хӏикмалъун хутӏулаан дица квералъ ишанги кьабун гьабураб хӏалтӏи гьеб букӏин лъайдал.
Къватӏисел пачалихъазда нилъер тӏагӏел-алатазул цӏакъго кӏудияб къимат бугин абиларо. Амма интерес бугищин абуни, буго. Цо мисалги бачинин. Исана дица тӏубараб моцӏ бана Франциялда, нилъер республикаялъул делегациялда цадахъ. Гьениб тӏобитӏулеб букӏана фестиваль.
1937 соналда гьенибго, ай Парижалда гӏахьаллъи гьабун букӏана нижер тухумалъул устарзабазги. Доб мехалъ гьениб Гран-При бергьанилан, тӏад паранг мацӏалъ хъвай-хъвагӏайги бугеб, гьениса кьураб диплом букӏана дица цадахъ босун. 80 сон ун хадуб дир хӏалтӏаби рихьидал, умумузул букӏараб махщел жеги чӏагойищин бугебилан, гӏажаиблъун кӏалъалел рукӏана гьел.
Нижер ансадерил гьаб устарлъиялъул тарих байбихьанин абула 250 соналъ цебе. Гьелдаса нахъе цебеса-цебе кьун щун буго жакъа дихъеги. Амма, битӏараб бицани, расги беццизесеб хӏалалда гьечӏо жакъасеб гьелъул къисмат. Цересел устарзаби херлъун руго, цӏияб гӏелалъулъ гьаб махщалиде ругьунлъиялъе цо кӏудияб гъираго бихьулеб гьечӏо.
Амма дица дунго талихӏав чи-лъун рикӏкӏуна. Лъабго лъимер буго дир — кӏиго яс ва цо вас. Кӏияйго ясалъ лъугӏизабуна педуниверситеталъул художествиябгун графикияб факультет. Цояй ясалъул диплома-лъулаб хӏалтӏи букӏана, тӏад берцинаб накъищ кьабураб мельхиоралъул гьабураб ансадерил гъутухъ.
Васас исана бала 18 сон. Дица гьев вачунаан дидаго цадахъ выставкабазде. Гьанже живго витӏула. Дагьаб цебегӏан Татарстаналъул Елабуга шагьаралда тӏобитӏараб выставкаялдаса гьев вуссана тӏоцебесеб бакӏги босун. «За креативное мышление» абураб номинациялда хасаб сайгъатги, гьединго 5000 гъурущ премияги щвана гьесие.
Исана 29 августалда дицаго гӏахьаллъи гьабуна «Русское поле» абураб фестивалалда. Гьенив финалалде ворчӏана дунги Кубачиялдаса устарги. «Халкъияв художник» абураб номинациялда кӏиабилеб бакӏ щвана дие. 58 батӏияб регионалдаса 2000-гӏанасев чияс гӏахьаллъи гьабураб гьеб фестивалалда диего щвараб шапакъат кӏудияб бергьенлъи-
лъун рикӏкӏуна.
Цо гӏансаялъул балъголъи ялъуни цӏулада кьабураб накъищалъ бачунеб макъан
— Мухӏамадгӏали, лъимерлъудасаго дида цӏакъ берцин бихьулеб сурат букӏана, магӏаруласе хасиятаб куцалъ ретӏа-къарав херав чиги, гьесухъ кодоб ккураб гӏансаги. Дида кколеб буго, цебе гӏадин, гӏунсбуздехун цо кӏудияб гъираго гьечӏин гьанже нилъер гӏадамазулилан. Мекъи ватизеги бегьула дун…
— Ансадерил фабрикаялъул цере ккурал алаталъун кидаго рукӏана гӏансаги ражибухги. Гӏурусалъ абуни, нижер махщалил визитная карточка буго гьеб. Амма лъикӏаб гӏанса гьабизе расги бигьаяб масъала гуро. Гьеб гьабула жуламул цӏулал. Хъарахъ гӏадин бижулеб гъветӏ ккола гьеб. Лъикӏаб, бицатаб рохти лъугьине ккани, 10-15 сонги базе ккола гьелъ. Хадуб гьеб цӏан битӏараб лъугьине ккани, лъелъ лъезе ккола. Тӏад араб гъийиналъул хӏисаб гьабуни, дица абила цо гӏанса гьабизегӏан тӏугьдул жаниб лъолеб анцӏго ваза гьабизего бокьилин. Амма, кин букӏаниги, гӏунсби дица гьарула, гьезул гӏурал заказалги рукӏуна.
Тӏоцебе гӏонсода накъищ кьабизе хӏалтӏизабулеб букӏун буго белъа-раб ракьа. Рагъда хадусел соназда байбихьун буго гӏарцул накъищ кьабизе, гьелдаса хадуб — мельхиор хӏалтӏизабизеги. Мельхиоралда гъорлъги цо бутӏа гӏарцул букӏаниги, жибго гӏарцул накъищ кьабизе захӏматаб букӏуна.
«Магӏарулал Ленинихъ» ва цо магӏарулав Путинихъ гьоболлъухъ
Нилъеда лъала, Дагъистаналдаса вакилзаби Ленинихъе ун рукӏин. Гьез цадахъ росун рукӏарал сайгъатазда гъорлъ рукӏана ансадерил щакъитӏелги гъутухъги. Гьел тӏагӏелаз асар гьабурав Лениница абун буго гьадинаб искусство киданиги хвезе бегьуларин, гьеб нахъе хутӏизе кколилан. Кутакаб ракъул заманалда вагон цӏураб тӏощелги битӏун буго гьес Дагъистаналъе. Гьеб рахӏмуяб иш кутакалда рекӏелъ хутӏана умумузда. Лениние сайгъат гьарурал ансадерил алатал музеялда цӏунун рукӏана. Заман индал, дагьал басралъун рукӏиналъ, гьел къачӏа-кӏатӏазе ккеялъул хӏакъалъулъ суал борхидал, нижер кӏиго устар ахӏун вукӏана Москваялде. Хӏалтӏи лъугӏун хадуб гьезие мухь кьолеб букӏун буго, амма гьез босун гьечӏо. Гьабураб захӏматалда рекъон, дагьаб гурони гӏарац кьечӏин жидее абун ракӏалде ккун батилин гьездаян пикруги гьабун, дагьабги цӏикӏкӏун кьезе къасд гьабидал, гьез абун буго, гьал рукӏанин нижер умумуз Лениние сайгъат гьарурал алатал, гьанже гьел къачӏаралъухъ гӏарац босизе нижер намусалъ къабул гьабуларин абун.
Диргоги ккана цо гьадинаб лъугьа-бахъин. Кӏиго соналъ цебе Сочиялъул «Красная Полянаялда» букӏана выставка. Гьениб нижеца щибаб санайил гӏахьаллъи гьабулеб «Кавказский павильон» абураб бакӏ буго. Гьелъул нухмалъулес ахӏун бачӏана, «жакъа Путин вачӏине вугин выставкаялде, хех гьабун дурго тӏагӏел-алаталгун къватӏиве вахъа», — йилан. Дун божун вукӏинчӏо, кӏиабизеги гьес ахӏун бачӏиндал, вахъана къватӏиве.
Цере тӏиритӏун дирго алаталгун вукӏана, президент вачӏиналъухъ балагьун. Лъиданиги чӏванкъотӏун лъалеб букӏинчӏелъул гьев вачӏине вугищ-гьечӏищали. Бакъинегӏан хутӏана гьенир эхетунги. Ахирги, вачӏиналдаса хьул къотӏун рукӏаго, цо заманалдасан дагьаб рихха-хочи лъугьана. «Вачӏунев вуго, вачӏунев вуго», — ян шур-шур бакана халкъалда гьоркьоб. Нижеда цебеккунго лъазабун букӏана гьесухъе кодоб кквезе щибго жо кьогейин, гьесул квер бачунгейин, кӏалъагейин абун. Дунги вукӏана сихӏкъотӏун чӏун. Вачӏинахъего нижер столалда аскӏове вачӏана гьев (нижер стол бищун цебе букӏана). Гьесда цадахъ Индиялъул премьер-министрги вукӏана.
— Бищун гьалбал хирияб ракь нижер гьаниб Кавказ кколин, гьале Дагъистаналдаса рачӏарал устарзабазул стол, — илан нижер хӏакъалъулъ баян кьуна президентасеги гьесул гьоболасеги. Нижеда лъазабун букӏиндалха кӏиго минуталдаса цӏикӏкӏун заман гьес цо столалда аскӏоб баларин, гьединлъидал нижеда аскӏой йикӏарай таржамачӏужуялъ, кӏиго минуталда жаниб бицунеб бахъунеб хӏалалъ, кечӏ гӏадин ракӏалда чӏезабун букӏана гьезие бицинесеб хабар. Амма гьейги циндаго гьоркьой къотӏизаюн, чӏая, кин дуца гъоб абурабилан Индиялъул премьер-министрас гьелъие суал кьейдал, гьейги дагьай йихха-хочарай гӏадин лъугьун, цо лъалхъи ккана гьениб. Путин вукӏана битӏахъе дида цеве эхетун. Гьеб кинабго дагьаб халатбахъине лъугьиндал, Путиница кодобе босана цо стакан. Лъим гьекъолеб хъабаги, гьеб тӏад лъураб тепсиги, лъабго стаканги букӏана гьениб. Гьезул цоябги кодобе босун: «Гьадинаб искусство тӏоцебе бихьулеб буго», — ян президентас абидал, дицаги, гьеб лахӏзаталдаса пайдаги босун, абуна: «Хӏурматияв Владимир Владимирович, гьаб буго нижер умумузулго букӏараб махщел, наслабаз цоцахъе кьун жакъа дихъе щвараб», — илан. Бетӏерги кӏибикӏун, гьимун дие жавабги гьабун, цогидаб столалде цеве ана Путин, гьоболги цадахъ вачун.