Инсанасул гӏумруялъе коммуналиял шартӏазул (газ, ток, хинаб ва цӏорораб лъим ва гь. ц.) бугеб кӏваралъул бицинего ккеларо. Гъваридго жанире раккани, гьеб ккола кӏудияб ва гӏатӏидаб суал. Гьеб суалалда хурхун нижеца гара—чӏвари гьабуна ДРялъул «Госжилинспекция» гӏуцӏиялъул отделалъул начальник Мухӏамад Махӏмудовасулгун.

-Мухӏамад, Ралел бакӏазул министерствоялъ ва нужер инспекциялъ тӏуралел хъулухъазда гьоркьоб кӏудияб батӏалъи бугищ?

— Ралел бакӏазул министерствоялъул аслияб хъулухъ ккола мина- карт баялда хурхараб политика республикаялда билълъанхъизаби. Мисалалъе, нилъер гьанир руго бацӏцӏадаб лъим чӏезабиялъул, нухал гьариялъул, школалгун ясли-ахал раялъул, гӏумру гьабизе санагӏатал шартӏал чӏезариялъул ва гь. ц. хасал программаби. Министерствоялъ ралагьула гьел тӏураялъе подрядчикал, биччала гьелъие гӏарац, хал гьабула хӏалтӏи унеб бугеб куцалъул. Буго хӏалтӏул цойги рахъ. Гӏумру гьабиялъе хӏажатал коммуналиял шартӏазул (лъим, ток, газ, хинлъи), хӏакъаб жо, рукӏине ккола гьел хӏалтӏизариялъул нормативал. Гьел чӏезарула министерствоялъ, гьезул расценкаби, тарифал чӏезариялъе буго хасаб хъулухъ (Тарифазулаб хъулухъ). Министерствоялде гьоркьобе унеб «Архстройнадзор» гӏуцӏиялъ хал гьабула киналго гӏемертӏалаял минаби раялъул.

Нижер буго халгьабиялъул, халкквеялъул хӏалтӏи, ай нижер хӏисабалда рукӏуна коммуналиял шартӏал тӏадаб даражаялда чӏезари ва гӏемертӏалаял минабазул гӏаммаб буголъи (подвал, тӏох, фасад ва гь.ц.) букӏине кколеб хӏалалда цӏуни. Цойги. Щибаб лъагӏелалъ, июль моцӏалда хира гьабула коммуналиял шартӏазул багьа. Буго жиб-жиб регионалъе бихьизабураб гьелъул бищун тӏадегӏанаб индекс, исана нилъер гьаниб гьеб букӏана 5.2 процент. Гьелдаса тӏаде ине бегьуларо багьаби, гьелъул халгьабиги ккола нижер хӏалтӏи. Жакъа къоялда Дагъистаналда буго бан лъугӏараб, гӏадамаз жаниб гӏумру гьабулеб, амма законалъул тӏалабазда рекъон жеги къабул гьабичӏеб 400-гӏанасеб гӏемертӏалаяб мина. Мина хӏалтӏизе биччаялъул акт къабул гьабун хадуб гурони гьединал минаби нижер тӏалабалда гъоркье кколаро.

-Нужехъе рачӏунел гӏарзазул хаслъи лъагӏалил сезоналда бараб букӏунищ?

— Риидал аслиял масъалаби рукӏуна цӏорораб лъим гьечӏолъиялда, гьелъул къуват гӏунгутӏиялда ва халатккун ток гьечӏого хутӏиялда хурхарал. Хасало, минаялда хинлъиги жеги кьечӏеб заманалда гӏадамаз байбихьула токалъул алатал хӏалтӏизаризе ва гьелда бан гӏемерлъула ток гьечӏого хутӏиялъул хӏужаби. Гьебго заманалда, ралел цӏадазул ва биунеб гӏаздал хӏасилалда тӏохаз биччала лъим, минабазул ахирал тӏалаязда цӏикӏкӏуна гӏеккей (гьебго букӏуна ихдалги). Кьиндал гӏемерисел суалал рукӏуна хинлъиялда (отопление) сверухъ. Законалда рекъон рокъоб жаниб 18 градусалдаса дагьаб хинлъи букӏине бегьуларо. Дир пикруялда, гьеб битӏараб гьечӏо, парахатаб рукӏа- рахъиналъе 22-24 градусалдаса гӏодобегӏан хинлъи букӏине бегьуларо. Гьелда сверухъги камуларо цо-цо дандеккунгутӏаби.

-Ахираб заманалда цӏакъго гӏемер бицуна шагьаразул (хасго тахшагьаралъул) тӏурарал районал ток гьечӏого хутӏиялъул, гьекъолеб лъим цӏакъго чороклъиялъул.

— Токалъул гьел масъалаби нилъер гьанир руго церегоялдаса нахъе, гьезда хурхун хъвачӏел кагъталги, гьаричӏел акталги, гӏуцӏичӏел коммиссиялги хутӏун ратиларо, амма хӏасил кинго кколеб гьечӏо. Гьелъие буго гьадинаб гӏилла. Токалъул щибаб трансформаторалъул буго жидерго къуват, гьелда рекъон кьезе (баччизе) кӏолеб токалъул къадарги. Гӏемерисел трансформаторал руго заман арал (гьел хиси ялъуни цӏиял лъей энергетиказда тӏаде кколаро, гьеб буго бакӏалъулал администрациязул хӏалтӏи), амма гьезда сверухъ ва аскӏор ралелго ралел руго гӏемертӏалаял минаби. Гьединаб хӏал бугебгӏан заманалда токалъул рахъалъ низам букӏине рес кинго гьечӏо. Лъим цебехунги чороклъичӏого букӏунароан, амма халатккун рарал цӏадазул хӏасилалда гьеб суал гьал моцӏазда цӏакъго хӏалуцана. Лъел мухӏканаб, чӏванкъотӏараб чороклъи-бацӏцӏалъи чӏезабула Роспотребнадзоралъ, гьелъул хӏукмуялда мугъчӏвайги гьабун гурони нижеда кӏоларо лъел хъулухъаздаса щибниги тӏалаб гьабизе. Чорокаб лъехъ гӏарац кьезе кколаро, амма гьелъие кьучӏлъун рукӏине ккола санитариял хъулухъазул хӏукму ва нижер идараялъул тӏалаб. Исана бищун чорокаб лъим букӏана Каспийск ва Избербаш шагьаразда, гьединлъидал, гьел шагьаразда 17 ноябралдаса 23 декабралде щвезегӏан бугеб болжалалда гӏадамазухъа лъехъ босараб гӏарцул гьабизе буго перерасчет.

-Киналго конторабиги хӏалхьиялда ругел январалъул гӏодоркъоязда ккани коммуналиял хъулухъазда, гьез чӏезарулел шартӏазда хурхарал квекӏенал, щиб гьабизе кколеб гӏадатияв чияс?

— Киналго контораби гӏодор рукӏаниги, дуца рехсарал суалал тӏуралел хъулухъаз тӏубала тӏадаб хӏалтӏи. Гьел киналго гӏуцӏиязул руго байрамкъоял — гӏодоркъоял ратӏа рахъичӏого хӏалтӏулел авариязулгун диспетчерлъиялъул хъулухъал. Гьезда хадуб халкквей гьабула нижецаги. Щибаб шагьаралъул администрациялъулги руго гьединал хъулухъал. Нижер гьанибги чӏезабун буго сордо-къоялъул дежурство, гьанир рукӏуна нижер инспекторал, буго кидаго хӏалтӏулеб, кӏалъай-гӏарза хъвалеб телефон (63-09-37). Нагагьлъун гьел къоязда (батӏалъи гьечӏо цогидал къояздаги) ккани кинаб бугониги лъугьа — бахъин (авария ва гь.ц.), кӏалъазе бегьула гьел шартӏал чӏезарулел гӏуцӏабазде (горгаз, водоканал ва гь.ц.), гьениб хӏасил ккечӏони, шагьаралъул номералде ва гьелда цадахъго нижехъеги. Жаваб кьечӏого гьединаб гӏарз нижеца толаро.