Цӏияб соналда цебе нижеца гара-чӏвари гьабуна республикаялъул политикиябги жамгӏиябги гӏумруялъулъ жигараб гӏахьаллъи гьабурал, гьединго Дагъистан бахун къватӏир ругел цо-цо миллатцоязулгун.

Кинаблъун нужеда ракӏалда чӏараб 2020 сон абураб суалалда тӏасан ккана нижер хабарги.

Хизри Абакаров, ДРялъул Пачалихъияв секретарь:

— Нилъее киназего 2020 сон кутакалда захӏматаб, хӏалуцараб букӏана. Гьелдалъун нилъ ругьунлъана нилъго бетӏергьанаб щибаб жоялъул къимат гьабизе — сахлъи батаниги, заман батаниги.

Амма къварилъиялъ цолъизаруна, къвакӏизаруна нилъ. Гьелдаго цадахъ пандемиялъ тӏатинаруна лъикӏаздаса лъикӏаб гӏамалалъул нилъер ракьцоял. Мисалалъе росилин волонтерал. Къо ккедал, больницабаздаги хӏалтӏана гьел, мискин-пакъирал, язихъал херазухъе, унта-щокъазухъе, лъимал гӏемерал хъизамазухъе рокъо-рокъореги хьвадана гьел.

Батӏаго баркала кьезе бокьун буго рухӏалда барахщичӏого хӏалтӏарал медицинаялъул хӏалтӏухъабазе.

Гьединго рехсечӏого кин телел кигӏан захӏматаб заманалдаги гӏаданлъи чорхолъа тӏагӏинчӏел, сахаватал, рахӏмуял ракӏазул нилъерго гӏадатиял гӏадамалги.

Цӏияб соналда Аллагьас рекъелги, парахалъиги, сабруги, сахлъиги кьеги щивасе. Хадубккунги нилъее бищун хӏажатаблъун букӏине ккола цоцаздехун бугеб божилъиги, рокьиги, цоцазул тӏалаб гьабиги.

Гӏалибег Гӏалиев, ришватчилъиялде данде къеркьеялъул рахъалъ ДРялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб управлениялъул нухмалъулесул заместитель:

— 2020 соналда дунялалдаго хӏинкъи ккезабуна щибаб рокъобе гӏадин бачӏараб макруяб вирусалъ. Хабар-кӏалалъе тӏаде-гъоркье, бертабалъе зигараялъ ун, цоцазул кверал росизе бегьулареб бакӏалде ккезаруна гьелъ нилъ.

Унтана ва нилъедаса ратӏалъана гӏемерал чагӏи. Гьанжеялдаса хадубги щиб ккелебали лъаларо. Аллагьас цӏунаги.

Амма щибаб жоялъул рукӏунел ратила квешалги лъикӏалги рахъал. Гьединлъидал гьеб вирусалъ цоги нухалда бихьизабуна нилъер халкъалъул рухӏияб рахъ – балагь тӏаде бачӏиндал, гӏадамал цоцазе хӏалае рахъунеб куц. Битӏараб бицани, хъулухъчагӏазда, хӏакимзабазда дандеккун, доб мехалда гьеб унтуда данде къеркьезе гӏадатиял гӏадамаз гьабураб хӏалтӏи цӏикӏкӏараб букӏана. Щайин абуни, вирус тӏибитӏунгутӏиялъе хӏукуматалъул рахъалдасан гьабулеб хӏалтӏи унго- унголъунги рагӏа-ракьанде щвараб букӏинчӏо. Масала, рокъо-рокъоре щун, унта-щокъал чагӏазул хал гьабиялде, жеги гьеб гӏузру тӏаде щвечӏел чагӏазе малъа-хъваял гьарун, гьел кантӏизариялде кӏвар кьечӏолъиялъул ва цогидалъул бицунеб буго дица.

Пачалихъалъул гӏарцуда лалги тӏамун, цӏогьодизе бокьулел ва цӏогьодизе лъалел цо-цо хӏакимзабаздасаги цӏикӏкӏун кумек щвана республикаялдаги, Москваялдаги, цогидал шагьараздаги ругел ракьцоязул.

Гьелъие бищунго лъикӏаб мисаллъун бачине бегьула Шангъодаса МГУялъул профессор Мухӏамад Мухӏамадовас гьабураб чӏаголъи. Тохтурлъун хӏалтӏулаго гӏумру арай эбелалъул гьариялда рекъон, улкаялдасаго тохтурзаби къабул гьаруна гьес живго бетӏергьанаб «Къункъраби» комплексалда.

Мухӏамадил тӏолабго хъизан, гӏага-божарал рахъун чӏун рукӏана гьеб акция ахиралде щвезегӏан. Хӏукуматалъул рахъалдаса дунги вукӏана гьениве вакил гьавун. Гьединлъидал дида бихьана гьениб букӏараб жо. Кинабго квен-тӏехги дару-сабабги чӏобого чӏезабун, лъимал гӏадин хьихьанин абизе бегьула Мухӏамадил комплексалде рачӏанщинал. Россиялъул киналго регионаздаса медикал рукӏана гьенир.

Гьениса нахъе унелъул, рохалил магӏил цӏун рукӏунаан гьезул берал. Амма дица рагьун абулеб буго – хӏукуматалда бичӏчӏичӏеб акция ккана гьеб.

Дир кӏудияб хьул буго республикаялъул цӏияб хӏукуматалъ гьединал гъалатӏал такрар гьариларин абураб.

Республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасги, хӏукуматалъул председатель Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановасги, пачалихъияв секретарь Хизри Абакаровасги байбихьарал халкъалъе пайдаял ишал нилъеда рихьулел руго. Мунагьал чураял вацал Набилгун Хӏасанхӏусенил эбел-эмен, Муртазагӏалигун Патӏимат, къабул гьаригицин гӏеларищ. Зама-заманалдасан Муртазагӏали вихьулев вукӏиндал дида аслияб майданалде вахъун.

Гьединго С. Меликов щвана сакъатал, гӏажизал лъимал хьихьараб «Забота» интернаталдеги. Гьебги гӏеларищ гьесул гӏаданлъи бихьизабиялъул мисал рехсеялъе?

Цересел нухмалъулезул яги хъулухъчагӏазул щал гьел лъималазухъе арал? Гьелъул гӏаксалда, гьезул цо- цояз жидерго дачабазда хӏалтӏизе тӏамулел ратун, дица ахӏи-хӏур бахъинабун букӏана «Заботаялда» сверухъ. Федералияб телеканалалдасанги бицана гьелъул хӏакъалъулъ. Амма дида тӏасан мацӏал гьаризе ДРялъул бетӏерасухъе хьвадулел рукӏун руго цо-цо чиновникал. Жакъаги руго гьел Меликовасда сверухъ.

Нилъее хӏажат буго бацӏцӏадаб хӏукумат. Гьедин бугони, тӏалъиялде халкъалъул божилъиги цӏикӏкӏуна.

Лъикӏаб хъван батаги! Хваразул мунагьалги чураги, нахъе ругезе парахатаб гӏумруги кьеги!

Хатимат Мирзоева, Махӏачхъалаялъул 8—абилеб лицеялъул авар мацӏалъул мугӏалим:

— Исана киназего гӏадатияблъун букӏинчӏо гьаб сон. Дунялалдаго тӏибитӏараб коронавирусалъ халкъалъулго гӏумруялъулъ гӏемерал хиса-басиял ккезарун, хӏалтӏулъ, рукӏа-рахъиналъулъ, ай сундулъго жиндирго лъалкӏ тана гьелъ.

Бигьаяб букӏинчӏо исанасеб сон нижее, мугӏалимзабазеги. Школаги мугӏалимзабиги гьелде хӏадурго рукӏинчӏолъиялъги батила, захӏматго букӏана онлайн-низамалда лъималазе дарсал кьезе. Эбел-инсуеги букӏана гьелъул гӏураб захӏмалъи. Хасго нилъер республикаялда, кӏиго-лъабго лъимал гьечӏеб хъизан къанагӏат гурони гьечӏеб мехалда, бигьаго букӏинчӏо дистанциялъулаб къагӏидаялъ лъималазе дарсал кьезе.

Гьединлъидал абила бищунго мугӏалимзабазе захӏматаблъун букӏанин исанасеб сонилан. Щиб гьабилеб, нилъеда бихьизе хъвараб чияда бихьуларелъул, нилъ кантӏизе, аралъулги букӏинеселъулги пикру гьабизе ругьунлъилародайин, Аллагьас бихьизабураб жо батила нилъеда гьаб.

Къварилъиялдаса хадуб гӏатӏилъи камуларилан аби буго умумузул. Кидаго пашманлъиги рекӏелъ ккун рукӏинчӏого, чӏаго рукӏиналде Бетӏергьанасе щукруги гьабун, дандчӏвай гьабизе ккела киназго Цӏияб соналда.

Балагьал гъорлъа камураб, рахӏматгун нилъер щивасул рокъобе рещтӏунеб батаги. Гӏадамазул рекӏелъа ургъелалги чорхолъа унтабиги лъугӏаги.

Баракатаб, рохалилаб батаги цӏияб 2021 сон.

Ума Хӏайбулаева, «Lezginka Dance Fazu» абураб, нилъер маданият машгьур гьабулеб ассоциация Парижалда гӏуцӏарай, Тӏиндиса магӏарулай:

— Исана коронавирусалъ тӏуран кӏичӏикье рачана киналго. Сон- церекъад вачӏарав тохтур вукӏана бицунев, Франциялда, гӏадамазул 25 проценталъул депрессия бугилан. Гӏемер рокъор чӏеялъ цоцада рихун, гӏезегӏан руго ратӏалъарал рос- лъадицин.

Нижги руго кирениги рахъине ресги гьечӏого. Репетициял гьаризецин бажаруларо. Жидее кьурдизе бокьун бугилан зигардулел лъималги руго. Гьаниб, Франциялда, цӏакъ кьварарал тӏалабал руго гьеб рахъалъ. Маскаби ххечӏого къватӏире рахъани, кӏудиял гӏакӏабиги къотӏула.

Умумузул кьурдаби рихьизаризелъун Европаялъул улкабазда тӏоритӏулел фестивалаздаги концертаздаги гӏахьаллъулел рукӏарал нижер лъималги дунги рокъор чӏезаризе коронавирусалда гурони кӏвечӏо.

Хасго гьаниб, Европаялда, лезгинка кьурдул гьабулеб къимат бихьидалги цӏакъго бокьула батӏи-батӏиял тадбиразда цере рахъине. Цогидаб мехалда залалда хъуй яги чӏамучӏлъи букӏуна. Нижер лъимал цере рахъунелъул, боржунеб тӏотӏолцин сас рагӏуларо.

Европаялда ругел магӏарулазул лъималазда авар мацӏ малъизе онлайн-дарсалги гӏуцӏун руго нижеца.

Карантиналъул бицунаго, гьелъул цо лъикӏаб рахъги рехсезе ккола. Ниж кидаго хӏалтӏуда, лъимал цӏалуда рукӏун, рагӏа-ракьанде щун как балеб куц малъизе бажарулеб букӏинчӏо. Талихӏалъ, гьанже батана гьелъие заман. Ниж ругеб минаялъул тӏоцебесеб тӏалаялда гӏумру гьабулей ятана мажгиталда хӏалтӏулей гӏадан. Гьеле гьей сабаблъун лъималазда как базеги Къуръан цӏализеги лъана. Гьелдаса рохун нижги руго.

Зайнаб Гӏалиева, Цӏумада районалъул Гъоркь—Гьаквари росулъа филологиял гӏелмабазул кандидат, мацӏалъул, адабияталъул ва искусствабазул институталъул бетӏерай гӏелмияй хӏалтӏухъан:

— Дун ккола чӏамалай, дир аслияб хӏалтӏи ккола хъвай-хъвагӏай гьечӏел мацӏазул гӏелмиял цӏех-рехал гьари. Къватӏибе бачӏана «Словообразование в чамалинском языке» абулеб тӏехьги. Бачӏунеб соналъ къватӏибе бачӏине буго чӏамалазул мацӏалъул фразеологияб словарь. Гьединго басмаялда бахъизе хӏадурун руго «Описательный очерк грамматики чамалинского языка» абулеб тӏехь, институталъул гӏелмияб советалъ гьелъие лъикӏаб къиматги кьуна.

«Дагъистаналъул хъвай-хъвагӏай гьечӏел ва тӏагӏун унел ругел мацӏал» абураб гӏелмияб докладгун цее яхъана Турциялъул Ардахан шагьаралда тӏобитӏараб Халкъазда гьоркьосеб гӏелмияб конференциялда. Жигараб гӏахьаллъи гьабуна гьединалго темабазда тӏасан Гуржиялда ва Северияб Кавказалъул республикабазда тӏоритӏарал гӏелмиял конференциязда. Дица кӏвараб жигар бахъулеб буго дирго гӏагараб чӏамалазул мацӏ цӏунизе.

Ракӏалда буго бачӏунеб соналъ «Чӏамалазул мацӏалъул лексика» абураб темаялда тӏасан докторлъиялъулаб диссертация цӏунизе.

Дагьабго хьул буго, бачӏунеб соналъгӏаги, тӏадчагӏаз гӏадатиял гӏадамазе лъикӏлъи гьабилин, хӏакимзаби халкъалъул къварилъиялде кваранаб бералдалъун балагьилин абураб.

Ракьалда лъикӏлъи бекьизе тавпикъ кьеги киналго магӏарулазе.

Ислам Нургьудаев, Буйнакск шагьаралъул мэр:

— Исана сон батӏаго квешаб букӏинчӏо. Гӏемер хӏалтӏиги гьабуна шагьаралда. Цебе гӏадаб ахӏи-хӏурги гьаниб гьечӏо. Аллагьасе рецц, шагьаралда парахатаб хӏал буго.

Цоцаздехун разилъи гьечӏолъи букӏарал гӏадамалги ракӏарун, гӏолел- гӏоларел рахъалги дандран, бицана, бичӏчӏизабуна, маслихӏат гьабуна.

Гьанже ниж киналго шагьаралъе, гӏадамазе гӏоло хӏалтӏулел руго.

Гьекъолеб лъел рахъалъ букӏана масъала. Гьебги тӏубалеб буго. Кӏиго миллиардалде гӏагарун гъурщил багьаяб проекталъулабгун сметаялъул документация гьабуна. Гьелда рекъон, Чӏикӏаб хӏорихъа Буйнакскиялде лъезе буго лъел рогӏоро.

ДАССРалъе автономия кьуралдаса нусго сон тӏубаялъул байрамалдеги хӏадурлъулел руго ниж. Гьелда хурхун 19 январалда Буйнакскиялда тӏобитӏизе буго кӏудияб тадбир.

Апсалудин Ахӏмадов, Томскиялда ругел Цӏоралъул магӏарулазул диаспораялъул нухмалъулев:

— Къисматалъ Азербайжаналъул ракьалда гӏумру гьабурал чагӏи ругониги, нижер ракӏал Дагъистангун рукӏуна. Гьединлъидал дицаги дир гьалмагъзабазги ратӏа гьаруларо Цӏоралъулги Дагъистаналъулги магӏарулал – би цо, бо цо бугелъул.

Нижер гӏуцӏиялъ гъорлъе рачуна 50 шагьаралда гӏумру гьабун ругел магӏарулал.

Закаталаялда, Белоканалда гӏумру гьабун вуго 150 азаргоялдасаги цӏикӏкӏун миллатцояв.

Гьезул гӏемерисел рикь-рикьун руго Бакуялда, Россиялъул регионазда. Гьезда гъорлъ дагь гьечӏо кумек хӏажатал гӏадамал. Гьедин, зама-заманалдасан нижеца бакӏарула гьезул хӏажалъаби тӏуразе гӏарац.

Мугӏрузул Гъарабагъалда шагьидлъана гӏезегӏан нилъер (магӏарул) солдаталги. Гьанжегӏагар нижеца кумек хӏисабалда нусазаргогӏанасеб гъурущ битӏана гьеб рагъда васал чӏвараб 18 хъизамалъе. Лъукъарал солдатазеги гьабуна кӏвараб кумек.

Исана бищунго хӏалуцараб моцӏлъун декабрь букӏана. Масала, 27 декабралда щуго тадбир тӏобитӏана — футболалъул къецал, лъималазул рукъалъе садакъа кьей, миллиял кьурдабазул, кучӏдузул церерахъинал. Лъагӏалида жанир тӏоритӏана мавлидал, чотӏахъабазул тадбирал, эбелалъул къо, садакъаби кьола бесдал хутӏарал яги эбел-инсуца рехун тарал лъималазул рукъзабазе, ясли-ахазе.

Нижерго диаспораялъ гурелги, Томскиялда ругел цогидал жамгӏиял гӏуцӏабаз гьарулел тадбиразулъги гӏахьаллъула ниж.

Палхӏасил, нижеца киналго тадбирал гьарула Дагъистаналъул байрахъалда гъоркь, кинабго бухьинабула умумузул маданияталда, рукӏа-рахъиналда.

Амма анцӏгогӏан соналда жаниб Дагъистаналъул хӏукуматалда нижергун хурхен гьабулев, нижер диаспораялде кӏвар кьолев чи вахъинчӏо. Гьелда бан цо-цо разилъи гьечӏолъи загьир гьабулел чагӏиги рукӏуна.

Кин букӏаниги, хӏалтӏи гьабичӏого толаро. Хьул буго цӏияб хӏукуматалъ нижергун бухьен гьабилилан абурабги.

Камал Салманов, агротуризмалъул рахъалъ эксперт, блогер:

— Гӏезегӏан чагӏазе экономикиялги, гӏага-божаразул рахъалъги кӏудиял камиял ккана 2020 соналда. Амма, Аллагьасул талихӏалъ, нижер хъизан гьелдаса цӏунун хутӏана.

Карантин букӏиналъ, июналде щвезегӏан нилъехъе туристал рачӏунел рукӏинчӏо. Амма гьелдаса хадуб байбихьана туристазул сезон. Гьелъ нижее бецӏана, чӏун хутӏиялдалъун ккараб, дагьа-макъабго заралги.

Цересел соназда къватӏисел улкабаздасаги рукӏунаан туристал. Амма исана сон гьадинаб бачӏиндал, саламатаб квалквал ккана. Гьанже, ай цӏияб соналъул 1 январалдаса нахъе 54 улкаялъул гражданинасе рес буго нилъехъе онлайн-визаялдалъунги рачӏине.

Республикаялъул даражаялда босани, дие кутакалда асар гьабуна Сергей Меликовас Муртазагӏали Хӏасанхӏусенов тӏаде къабул гьавиялъ.

Коронавирусалда данде къеркьолел медицинаялъул хӏалтӏухъаби камиги захӏмалъана. Нилъер гӏадаб гьитӏинаб республикаялъе гӏезегӏан кӏудияб балагь буго гьеб.

Руслан Хӏамзатов, Болъихъ районалъул нухмалъулев:

— Дида гьаб лъагӏел ракӏалда чӏана чӏахӏиял хиса-басиязулги хӏалбихьиязулги сон хӏисабалда.

Кутакалда асар гьабуна бищунго захӏматаб заманалда цолъизе, кумекалъе рахъине нилъер гӏадамазул бугеб гӏамалалъ. Масала, коронавирусалъ загьирлъизабуна гьезулъ гьеб хасият. Дунялалда киса-кибго гӏадин, нижер районалдаги гӏунгутӏи букӏана дарабазулги медицинаялъул къайи-цӏаялъулги рахъалъ.

Гьеб вирусалъ нижер гӏезегӏан чи унтана ва хвана.

Гьеб мехалда дица ракьцоязде хитӏаб гьабуна захӏматаб ахӏвал- хӏал бугилан. Кӏалдиса ккун бахъиналдего, анлъго миллионалде гӏагарун гъурущ бакӏарана районалда ва гьеб бахун къватӏир гӏумру гьабулел районцояз. Гьеб харж гьабуна рокъо-рокъор регарал унтарал сах гьариялъе. Гьелде тӏадеги, жеги чанго тонна кванил нигӏматазулги бакӏарана.

Кумек гьабизе къваригӏарал чагӏи гӏемер кӏалъан, дир телефон чӏараб заман букӏинчӏо доб мехалда.

Кутакалда лъикӏаб гӏамал буго дагъистаниязул гьеб – цоцалъ гъунки, чияр къварилъи жидерабголъун къабул гьаби.

Гьелдаго цадахъ абила, районалъул бетӏерасул хъулухъалде дун тӏамилин абураб пикру ракӏалде ккунцин букӏинчӏо. Чанги ратила дидасаги гӏезегӏан бажари бугел чагӏи… Ригьалъ гӏолохъанав вукӏаниги, бихьулеб буго дидехун гӏадамазул божилъиги хьулалги рукӏин. Гьединлъидал, районалъул бетӏер хӏисабалда, гьезул рукӏа-рахъин, гӏумру киндай лъикӏлъизабилебин абурал пикрабазда вукӏуна дун. Хӏисаб гьабуни, гӏезегӏан кӏудияб гьирги ккола гьеб.

Цо-цояз абула, районалъул бетӏерлъуде мун гӏезегӏан захӏматаб заманалда кканилан. Дир хӏисабалда, гьедин кутакалда лъикӏ ккана. Дирги цогидазулги хӏалбихьулеб мехлъун тезе бегьула гьеб. Щайин абуни, унго-унголъунги жиндаса гӏадамазде пайда бахине бокьарав чиясе щвараб рес гӏадаб жо буго районалъул бетӏерасул хъулухъ.

Талихӏалъ, гьанжелъизегӏан гӏадамаздаса дун нечараб жо ккечӏо.

Щивасул жиде-жидер бербалагьи букӏуна лъугьа-бахъунелдехун. Гьединлъидал долъул-гьалъул хӏисаб гьабичӏого, нилъедаго тӏадаб хӏалтӏи гьабизе ккола. Масъалабиги нижер районалда цогидал бакӏаздаго гӏадал руго, гьабин абун, цо хасаб суал гьечӏо.

Дидаго сверухъ кӏванагӏан гӏолохъанал махщелчагӏи ракӏаризеги ракӏалда буго, Аллагьас хъван батани. Кин бугониги, гӏолилазул рекӏелъ цӏа букӏуна, хӏалтӏул къо кидадай лъугӏилаян сагӏтихъ балагьулеб гӏамалги гьезул букӏунаро.