12 январалда ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Сергей Меликов данд чӏвана республикаялъул журналисталгун.
Байбихьуда гьес гьезда баркана 13 январалда Россиялда кӏодо гьабулеб печаталъул къо. Бицана жамгӏияталъул гӏумруялъулъ журналистазул хӏалтӏул бугеб кӏваралъул хӏакъалъулъ. Хасго гьанже, пандемиялъул заманалда, якъинго бихьулеб бугин абуна гьеб (цӏияб унтудаса хӏинкъараб халкъ бихха-хочичӏого букӏиналъе, вирусалъул ва гьелда данде чӏун тӏалъиялъ гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъги битӏараб информация кьезе кӏудияб хӏаракат бахъанин журналистаз).
Меликовасул ракӏ рекъон буго Кӏудияб Бергьенлъи босаралдаса 75 сон тӏубаялъул тадбиразул хӏакъалъулъ журналистаз бицараб къагӏидаялдаги.
Гьанже ДАССР гӏуцӏаралдаса нусго сон тӏубаялъулги гьединго бицине ккелин абуна. Исана сон лъазабун буго Дагъистаналъе автономия кьуралдаса нусго сон тӏубаялъул лъагӏеллъунги.
Шапакъатал
Россиялъул прессаялъул къоялда хурхун тӏобитӏараб дандчӏваялда С. Меликовас шапакъатал кьуна цо-цо журналистазе.
Гьеб щваразда гьоркьой йиго «Хӏакъикъат» газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиеваги.
«Дагъистаналъул жакъасеб журналистика цебетӏезабиялъулъ лъураб бутӏаялъухъ ва махщалилъ загьирлъарал тӏокӏлъабазухъ» абун хъван буго Меликовасул гьелъие кьураб Баркалаялъул кагътида.
Республикаялъул бетӏерасул ишал тӏуразарулес хӏисабалде босун буго коронавирусалда данде гьабураб къеркьеялъулъ журналист хӏисабалда Ш. Хъазанбиевалъ тӏубараб налъи.
Гьедин «Баркала, тохтур» абураб рубрикаялда гъоркь бащдаб лъагӏалидасаги цӏикӏкӏараб заманалъ газеталда рахъана Хъазанбиевалъ хъварал макъалаби. Гьелъ гьениб бицунеб букӏана тӏубарал моцӏаз «Красная зонаялда» хӏалтӏарал нилъер тохтурзабазул хӏакъалъулъ.
Нижецаги ракӏ-ракӏалъ баркула Шамайида шапакъат, гьарула хадурккунги жеги тӏадегӏанал бергьенлъаби.
Рукъзабаздаса махӏрумлъарал
Данделъи ана журналистаз суалал ва Меликовас жавабал кьун.
«Дагестанская правда» газеталъул бетӏерай редактор Бурлият Токъболатовалъ гьикъана ракьуда сверухъ гӏемераб дагӏба-рагӏиги кколеб бугелъул, пачалихъияб кӏваралъул ракьазул суал цойиде ккезабулеб комиссиялда гъорлъе журналисталги рачине бегьуларищин.
Гьелъул суал бухьараб букӏана гьанжего-гьанже рарал гӏемертӏалаял минабазул рукъзал ричун росулел цо-цо гӏадамал бизнесменаз махсараде кквеялда хурхараб. Гьедин гӏарцудасаги рукъзабаздасаги ратӏалъун гӏадамал хутӏарал хӏужаби улкаялдаго гӏемерлъун ругин абуна Сергей Меликовас. Гьединлъидал гьеб суалги гьоркьоб лъун, жидеца кватӏичӏого кӏудияб данделъи тӏобитӏизе бугин лъазабуна гьес.
Москальковагун данд чӏвазе хӏадур вуго
«Дагъистаналъул гӏолилал» газеталъул бетӏерав редактор Рамазан Ражабовас борхана туснахъ гьавун вугев «Черновикалъул» журналист Гӏабдулмуъмин Хӏажиевасул суал.
Сергей Меликовас абуна жинда лъаларила гьев журналист яги гьесда хурхун гьабураб уголовнияб делоялъул хӏакъикъат. Гьединлъидал гьеб ишалда бан щибго абизеги кӏоларин. Амма гьелда хурхун инсанасул ихтиярал цӏуниялъул рахъалъ РФялда йигей вакил Татьяна Москальковалъул пикру лъазелъун, гьейгун дандчӏвазе хӏадур вугила жив.
Терроризмалъе гӏарац бакӏариялда щаклъиги ккун, закон цӏунулез Гӏабдулмуъмин Хӏажиев туснахъ гьавуна 2019 соналъул июналда. Журналист абуни, жиндего гӏунтӏизабулеб бугеб гӏайибалъе мукӏурлъулев гьечӏо.
Кадрабазул хӏакъалъулъ
«Дагъистан» РИАялъул директор Мухӏамад Мухӏамадовасул суал букӏана цӏияб хӏукуматалда хӏалтӏулел чагӏазда хурхараб.
Хъулухъазда тезе гӏадамал гьедигӏан гӏемер гьечӏин абуна Меликовас. Проектаздаги конкурсаздаги бергьарал гӏадамазда тӏадкъазе ругила батӏи-батӏиял ишал, ай гьезул хӏалтӏул хӏалбихьиялъухъги балагьун. Цӏирищарал министразеги вице-премьеразеги ихтияр кьун рагӏула жидеего хӏалтӏухъаби жидецаго тӏаса рищизе. Гьединго, гъоркь рукӏарал хъулухъчагӏи цӏи рачӏараз нахъе ритӏиялъул хабарги гьечӏин баян гьабуна республикаялъул бетӏерас.
Таркиялдаса наркоманазул хӏакъалъулъ
Гьал къоязда Тарки поселокалда кӏиго гӏолохъанчи чӏваялъул бицунаго, ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев С. Меликовас абуна гьанжеялдаса хадуб республикаялда кьваризабизе бугила наркотикал хӏалтӏизариялда ва изну гьечӏого гьел рича-хисиялда данде къеркьей.
ДРялъул бетӏерас лъазабуна метерсезе наркотиказда данде къеркьеялъулаб комиссиялда гьоркьоб лъезе бугила гьеб суал. Гьес гьениве ахӏизе вуго «Трезвая Россия» абураб жамгӏияб багъа-бачариялъул нухмалъулев Султан Хӏамзаевги.
Гъоркьиса 29 декабралда хӏукуматалда тӏобитӏараб данделъиялда Сергей Меликовас какун букӏана гьеб комиссиялъул хӏалтӏи. Гьесул рагӏабазда рекъон, гьабулебги бицунебги данде кколеб гьечӏо, гьеб кӏиялдаго гьоркьоб кӏудияб кӏкӏалги буго.
Таркиялда наркотиказул масъала баккаралдаса гӏезегӏан сонал руго. Амма поселокалъул гӏадамазги диниялгун жамгӏиял церехъабазги ахӏи баниги, гьеб суалалде букӏине кколедухъ кӏвар кьун гьечӏо гӏадлу-низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъабаз. Тӏадежоялъе, гӏадамал щакдарилел руго наркотикал рича-хисиялъе квербакъи гьабулезул аслияв чи полициялъул хӏалтӏухъан вукӏиналдецин.
Ахӏвал-хӏал хӏехьезе кӏвеялдаса индал, росдал гӏолохъаби рахъун руго наркоманаздеги гьел ричулездеги данде.
Цӏияб соналъул тӏоцересел къоязда гьенив чӏвана Вали Гӏабдурахӏимов абулев гӏолохъанчи. Гьеб такъсиралъул цӏех-рех гьабизелъун нахъисел къояз данделъарал гӏолохъабазда гьоркьоб рагъги ккун, гьел ратӏа гьаризе лъугьарав Керим Хайрулев абурав гӏолохъанчиги чӏвана гьенив.
Гьелдаса хадув туснахъ гьавуна Гӏабдурахӏимов чӏваялъе мукӏурлъарав Жамалудин Болатханов. Жинхъа лъачӏого туманкӏ кьвагьун анин бицана гьес полициялъе.
Палхӏасил, гьеб ахӏвал-хӏалалда хадуб Таркиялъул жамагӏаталъ хӏукму гьабуна тӏадехун рехсарав полициялъул хӏалтӏухъанасул хъизан лъабго соналъ росулъа къватӏибе битӏизе.
Хадубго закон цӏунулел идарабазги лъазабуна жидеца гьев суд гьабизегӏан туснахъалъув лъун вугилан. Гьесда цӏарги Уллубий Амиров бугилан.
Газ
Исана Дагъистаналда газ бачиналъул иш рукӏалиде ккезабизе 3 млрд гъурущ биччазе бугинги бицана Сергей Меликовас. Гьеб гӏарцухъ газ бачунел рогӏралги цогидаб къайи-цӏаги цӏи гьабизе кколин абуна гьес. Цо-цо котельныял ругила рагъда хадусел соназда рарал ва 20 проценталъ гурони ярагьунарел. Гьединго трансформаторалги ругила хасал тӏалабазда данде кколарел.
Миллияб хаслъиялъе зарал кколеб буго
«Ёлдаш» газеталъул бетӏерав редакторасул ишал тӏуралев Рустам Жалаковас борхана миллиял газетазда хӏалтӏизе гӏадамал рачӏунел гьечӏолъиялъул хӏакъалъулъ суал.
Журналистикаялда хӏалтӏизе чагӏи къваригӏин гуребги, халкъазул миллияб хаслъи цӏуниялъул магӏна бугин гьелъулъин абуна Меликовас. Гьединлъидал гьеб суал дандбазе, кватӏичӏого миллиял СМИязул, вузазул нухмалъулезулгун данделъи тӏобитӏизе буго гьес.
«Мустахӏикъав журналист»
«Дагъистан» ГТРКялъул нухмалъулей Луиза Гӏалихановалъ Сергей Меликовасда гьикъана «Мустахӏикъав журналист» абураб цӏар тасдикъ гьабиялъул хӏакъалъулъ.
Гьеб суал тӏубазабиялъул иш жинца Информациялъулаб министерствоялда тӏад къалин жаваб кьуна ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуразарулес.