9 январалда 25 сон тӏубана Гъизляр шагьаралъул больницаялда пашманаб лъугьа-бахъин ккаралдаса

1996 соналъул 9 январалда радал анлъгоялде бащдаб хӏалтӏараб гӏужалъ, жеги кьижун бугеб шагьаралде жанибе лъугьана Салман Радуевасги Хункер Исрапиловасги бетӏерлъи гьабулеб хъачагъазул къокъа. Бачӏинахъего гӏадин гьез кверде босана шагьаралъул больницаялъул лъимал гьарулеб рукъалъул отделение. Цогидаб къокъаялъ вахӏшиял ишал гьарулел рукӏана Черемушки микрорайоналда. Доб мехалъ республикаялъул жанисел ишазул министрлъун вукӏарав Мухӏамад Гӏабдуразакъовас, жиндирго ракӏалдещвеязул тӏехьалда гьадин хъвалеб буго хъачагъаз шагьаралда гьабулеб букӏараб гӏалхулаб вахӏшилъиялъул хӏакъалъулъ.

«Рукъзабазда жаниреги кӏанцӏун, гьез бусадасаги рахъинарун къватӏире рачунел рукӏана, тӏубан макьидаса ригьинчӏел, жеги щиб- кинали лъазе заманцин гӏечӏел, ретӏа-къачӏел гӏадамал. Нуцӏа рагьулеб гьечӏони, террористаз речӏчӏулаан, гьедин нуцӏихъан речӏчӏун чӏвана гьез, нуцӏа рагьизе тӏаде яхъине къуват гьечӏей херай, гӏажизай гӏадан.

Гӏадамал больницаялде жанире гъолел рукӏана. Кватӏичӏого гьез гьениве вакӏарана лъабазаргоялдасаги цӏикӏкӏун чи, гьезда гьоркьор гӏемерисел рукӏана руччаби ва лъимал. Гьебго заманалда хъачагъазул цо къокъа кӏанцӏана рагъулаб аэродромалде. Гьезда кӏвана рагъулаб кӏиго вертолет бухӏизе. Цохӏо гьеб букӏана Гъизляралда гьез босараб бергьенлъи. Гьез хӏалбихьана гьениса рикӏкӏад гьечӏел аскариязул казармаби рахъизеги, амма гьедин гьабизе гьезие рес ккечӏо.

Хадуб Буденовскиялда Басаевго гӏадин, руччабазул мугъзада нахъаги вахчун, гара-чӏвариял гьаризе лъугьана Радуевги. Абизе ккола, байбихьуда гьезул тӏалабал рукӏанин цӏакъго радикалиял, тӏуразаризе захӏматал: гьез тӏалаб гьабулеб букӏана Россиялъул аскарал Чачаналдаса ва Дагъистаналдаса гурелги, тӏолабго Северияб Кавказалдасаго нахъе рачин».

Ракӏалдещвеязул

лъилъулареб ругъун

Долдаса нахъе ана 25 сон. Доб къоялъ гъаримал улбузухъ кодор рукӏарал хахулел лъималазул жакъа саламатал гӏолохъаби гӏун ратила. Гьезул чангиял гьанже хъизан-рукъалде руссун ратила. Гьезда чӏахӏияз бицун гурони лъалеб батиларо доб къоялъ ккаралъул хӏакъалъулъ.

Гъуниб районалъул Гьонодаса Мухӏамадбегова Хадижатги гьелъул росги 1996 соналда Гъизляралда гӏумру гьабун рукӏана сакъатал гӏадамазе хӏукуматалъ кьураб рокъор. Гьелъул рос ккола канлъукъав, 1-себ группаялъул инвалид. Гьадин ракӏалде щвезабуна гьез доб къо.

— Рогьалилъ цо кьвагьа- гӏанхъиялъул сас чӏвана дида. Доб мехалда рэкеталинги абун хьвадулел гӏадамал рукӏиндал, гьезул сас батилин тун букӏана. Кин букӏаниги, ракӏго букӏинчӏого, дица росасда абуна, гьелъул хӏакъикъат цӏехезе къватӏиве вахъайилан. Гьесда гьадинги абун, подъездалъуе яккарай дида, цӏакъ хӏалакун, кодоб жидерго къайи-цӏагун рачӏунел мадугьалзаби рихьана. Гьез, «кошмар», «кошмарилан» абулеб рагӏидал, вай, Аллагь гьаб жоялъул магӏна щибдайин ургъелчӏван лъугьана дун. Росги ана хӏакъикъат цӏехезе ва цо заманалдаса нахъ вуссун вачӏарав гьес бицана, Радуевасул хъачагъал кӏанцӏун рагӏулин шагьаралде. Нижер минаялда цересан рачӏун руго гьел шагьаралде, амма сакъатал гӏадамал жанир ругеб мина гьеб букӏин лъайдал, гьел нахъе ун руго гьебги жибго тун. Дида гьеб кинабго хадуб лъана. Амма цогидал гӏадамазда гьез цӏоб гьабун гьечӏо, нухда ратаралниги ялъуни рокъоса къватӏире рачӏунел ратаралниги гӏадамал чӏван ругин гьезин бицунеб букӏана.

Радуевасулгун къотӏи-къаял ва

Первомайскиялъул пашманаб хӏасил

Гъизляралъул больницаялда гъоркьлъалие гӏадамалги росун Радуев вукӏаго, гьесухъе тӏоцеве кӏалъа-басаял гьаризе арав чи вукӏана, доб мехалда Гъизляралъул стоматологиялъулаб поликлиникаялъул бетӏерав тохтурлъун хӏалтӏулев вукӏарав Ахӏмад Саламов.

— Больницаялда жаниб букӏараб 13 телефоналда гьоркьоса, бухьен гьабизе бегьуледухъ хутӏараб цоялъусан дихъе кӏалъан ячӏарай медсестраялъ щакърахунаго абуна: «Ахӏмад Жахӏбарович, талихӏ кьеги, кумек гьабе», — ян.

Дица гьелда абуна дуда аскӏов хъачагъазул щивниги ватани, гьесухъе трубка кьейилан. Гьес трубка босидал, дица гьесда абуна нужер командирасухъе кьейин трубкаян. Заманалдасан трубкаялъусан дида рагӏана батӏияб гьаракь. Гьев вукӏана Салман Радуев. Дица гьесда абуна духъе вачӏине бокьун бугин. Гьесда бичӏчӏизабуна цадахъ журналистги вукӏине вугеблъи, гьелъиеги гьесул инкар букӏинчӏо. Гьедин ана ниж гьесухъе. Ниж больницаялде щведал, Радуев нижеда ватана реанимациялъул кабинеталъув, рукъалъул хважаин гӏадин.

Гьаниб нижеца къокъ гьабулеб буго, цебеккунги газеталда чанго нухалъ бахъун букӏараб, А. Саламовасдаги С. Радуевасдаги гьоркьоб ккараб гара-чӏвари. Гъизляралъул аэродромалдаса, Россиялъул армиялъул вертолетал Чачаналде роржин бугин жал гьанире рачӏиналъе гӏиллайин бичӏчӏизабуна Радуевас, Гъизляралде жалго тӏадекӏанцӏиялъул бицунаго.

Гьел политикиял суалал тӏуразе хӏакимзабиги тун, гӏадамазе къварилъи гьабичӏого теялде гьев кантӏизавуна Ахӏмадица. Бичӏчӏизабула гьес кверде босараб бакӏ больница букӏин. Гьенир гӏадамал сах гьарулин, чӏвазе бегьуларин. Нагагь гьаниб гӏайиб гьечӏев чиясул бидул къатӏра гӏодобе тӏинкӏаницин гьелъул дуца жакъа дунялалдаги метер ахираталдаги жаваб кьезе кколеблъи бичӏчӏизабунин жинца гьесдаян бицана Саламовас.

Хадуб гьеб хабар Радуевасда тӏад Махӏачхъалаялда суд гьабулеб мехалдаги ракӏалде щвезабуна Ахӏмад Саламовас.

Гьанже 25 сон ун хадуб кинаб асаргун дуда доб къо ракӏалде щолебилан гьикъидал, Ахӏмад Саламовас абуна:

— Радуевасда тӏаде доб къоялъ унеб мехалъ дие сабру кьолеб букӏана цо пикруялъ. Жеги киданиги дунялалда ккарал рагъазда хъахӏаб халгӏат ретӏарав чиясде лъицаго кьвагьичӏо, кьвагьун батаниги, гьел рукӏана цӏакъго къанагӏат гурони ккечӏел хӏужаби. Гьединаб пикругун ана дун гьесде тӏаде. Доб къоялъ цохӏо милиционер гурони, ракълилал гӏадамазул цониги чи больницаялда чӏвачӏо. Гьеб букӏана дун вохараб хӏужаги.

Цо кӏиго соналъ цебе Гъизляралда студентазулгун букӏараб дандчӏваялда дица доб къоялъ букӏараб хӏакъикъат гьезие бициндал, гьенив вукӏарав кӏиго гӏолохъанчи тӏаде вахъун вачӏана, больницаялда эбелалъухъ кодор рукӏарал лъимал жал ругинги абун. Гьелъ ракӏалдаса унареб асарги гьабуна.

Гъизляралъул больницаялда руччабазул мугъзада нахъаги вахчун, Радуевас нилъер республикаялъул нухмалъиялъулгун гьарурал къотӏи- къаязул хӏасиллъун ккана гьенир рукӏарал руччабигун лъимал нахъе риччай ва гъоркьлъалие росарал гӏадамазул цо бутӏагун гьесие Чачаналде ине нух кьей.

Рокъове вуссине букӏараб рес…

Чачаналде унаго, Первомайскиялда гьезда дандечӏей гьабуна федералиял аскараз. Гьенив чӏвана Радуевасул къокъаялъул чанго чи. Радуевасдаги гьесул цебесеб чукъа-рухьеналдаги кӏвана, квалквал гьечӏого, Чачаналде рорчӏизе. Первомайскиялда чӏвана Гъизляралда гъоркьлъалие росун рукӏарал гӏадамазул цо къадар. Гьезда гьоркьов вукӏана 9 январалда Гъизляралъул больницаялда дежурствоялда вукӏарав тохтур Мухӏамад Гъазимухӏамадовги.

Жакъа гьесул яс, журналист Бэла Бояровалъ гьадин ракӏалде щвезавуна эмен:

— 1994 соналде щвезегӏан ниж гӏумру гьабун рукӏана цин Тамбов областалда, хадуб Ставрополь краялда. Эмен Тамбовалде хӏалтӏизе витӏун вукӏана Дагъистаналъул медицинаялъул институт лъугӏун хадув. Ватӏаналде ниж нахъ руссунеб мех букӏана Чачаналда рагъ унеб заман. Лъале-хъвалез инсуда абулеб букӏана, нуж гӏадаллъунищин ругел гьеб гӏала-гъважаялде гьоркьор нахъ руссинеян. Кин бугониги, инсуца таваккал тӏамуна.

Гӏумру гьабизе инсуца тӏаса бищана Гъизляр, гьенир нижер гӏемерал лъале-хъвалелги гӏага-божаралги рукӏиналъ. Гьев тӏамуна шагьаралъул райбольницаялде дежурнияв тохтурлъун.

9 январалда хъачагъал больницаялде кӏанцӏидал, гьев вукӏана къасисеб дежурствоялда. Насраниязул байрам кӏодо гьабулел къоял рукӏиндал, жиндирго хъулухъцояв гӏурусасул бакӏалда дежурство босизе разилъун вуго гьев. Дида макьилъ гӏадин гурони цебе чӏезабизе кӏоларо къаси гьев дежурствоялде унеб 8 январалъул маркӏачӏул гӏуж.

Инсул кутакаб махщел букӏана мандолина хъвазе. Доб къоялъ больницаялда ругезеги хъвалеб букӏун буго гьес гьеб, гьел дагьал ригьа- ричун рукӏине. Нижееги хъвайилан террористазул цояс тӏалаб гьабидал, инсуца инкар гьабун буго.

Хадуб Первомайскиялде рачунел гъоркьлъалие росарал гӏадамазда цадахъ ун вуго гьевги. Гьесул рес букӏана инкар гьабизе. Гьес абунги буго рокъор дихъ ралагьун чӏарал гӏисинал лъималги, унтарай хъизанги йигин, амма жив жиндирго унтаралгун цадахъ вукӏине кколин абун. Гьев жиндиего бокьун ана Первомайскиялде. Чанго къоялдасан гьев чӏвана. Гьесул гӏумруялъул букӏана гӏицӏго 39 сон. Эмен тохтурлъун вукӏана цохӏо больницаялда гуревги, рокъовги къватӏивги ва, киве кканиги, гьеб тӏадаб борч тӏубазабуна гьес тӏолабго гӏумруялъго. Гьесухъе гӏемерав чи вачӏунаан кумек гьарун, жеги лъиениги инкарги гьабичӏо. Амма, гьединго, жеги цониги унтарасухъа конфет-чакаргӏанасеб жоги босун гьечӏо. Гьес кванан гьечӏо больницаялда хӏадур гьабураб квен- тӏехцин. Гьеб жиндие гуреб, унтаразе хӏадур гьабураб кколинги абун, жиндиего кваназе жо кидаго рокъоса босулаан. Гьединав инсанлъун хутӏана гьев дир рекӏелъ.