Хасавюрт районалъул Первомайское росулъ рагъулал тунка-гӏусиял ккаралдаса тӏубана 25 сон
Санкьадерил росдал гӏадамал Цӏумада районалда гурелги гӏатӏиракьаздаги руго гӏумру гьабун. Чачаналдаса тӏад руссун хадуб, гӏатӏиракьалда гӏуцӏана гьез росу ва гьелда цӏарги лъуна, Ведено районалда букӏарабго гӏадаб, Первомайское абун. Жидерго магӏишат-яшавалда рукӏарал гьезул 1996 соналъул 10 январалда тӏубанго гӏумру хисанин абизе бегьула.
1996 соналъул 9 январалда Гъизляр шагьар квегъизе сапар бухьарал хъачагъазул къокъаялъ, туманкӏ кьвагьичӏого, шагьаралъул больницаялда жидерго штаб лъуна.
— Доб з а х I м а т а б з а м а н а л д а дун вукӏана м а ш и н а б а зул запчастал ричулев Гъизляралъул базаралда. Кидаго гӏадин, радал тӏадеги вахъун, какги бан, «Жигулиялдаги» рекӏун базаралде сапар бухьана. Пекарня бугеб бакӏалде щведал, нух къан батана. ОМОНалъулал гьанире киндай ккаралилан пикруги гьабун, хӏукму ккана гьениве ун цӏех-рех гьабизе, — ян ракӏалде щвезабуна Мухӏамадназир Маллаевас. — Аскӏове щведал рихьана мугжулги тарал, яргъидги гӏуцӏарал гӏадамал. Гьезул цо чангояс дида лъазабуна централияб больницаялде жал щвезареян.
Нухда унаго гьел цоцада кӏалъалел рукӏана. Щибха дида лъалеб букӏараб щиб гьез жидерго мацӏалда бицунеб букӏарабали. Гьенисан унаго гьез асир гьавуна кӏиго милиционерги. Больницаялде щвезе 200-300 метр хутӏараб бакӏалда, рагъулаб часталъул кавабахъ рукӏарал солдатазде кьвагьдана гьел. Данде кьвагьдеялъул хӏасилалда лъабго боевикасул кӏигояв чӏвана, цояв лъукъана, милиционеразул цоявги хвана, цогидав лъукъана, дир кваранаб гъажалдаги щвана гулла. Лъукъун вукӏарав хъачагъас дида лъазабуна машинаялъуса шуругейин, сверухъ ругел минабазул тӏохазда жидер снайперал ругин. Вагъарани, гьез мун чӏвалин. Боевик, лъукъун вугониги, больницаялде ана, кумекалда хадув. Гӏемер заман балалде кӏиго санитаркагун тӏад вуссунги вачӏана. Гьезул кумекалдалъун чӏваралги больницаялде рачана. Дунги, гьелгун цадахъ ана дове. Хадуб, шагьаралъул къватӏахъ ратанщинал больницаялъуре гъолел рукӏана. 10 январалъул радал сагӏат 9 тӏубайдал, киналго гӏадамал хъачагъаз автобусазда рекӏинаруна. Дун больницаялдаго хутӏана ругъун сах гьабизегӏан.
Гӏемер кватӏичӏого Махӏачхъалаялдаса Гъизляралде рачӏана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатал, хӏукуматалъул министрал, Жамгӏияб палатаялъул цо- цо членал. Гъоркьлъалие восарав кӏинусгогӏан чиясул гӏумру хвасар гьабиялъе хӏукуматалъул делегациялъул батӏияб рес букӏинчӏо хъачагъаз цере лъурал шартӏал тӏурай гуреб. Салман Радуевасул къокъаялъ, тӏоцебесеб иргаялда, тӏалаб гьабуна гӏемерал автобусал, гьезда жанире гъуна больницаялда рукӏарал гӏадамал. Тӏоцебесеб автобусалъур жидеего бокьун гӏодор чӏана доб заманалда министрзабилъун ва Пачалихъияб Советалъул членаллъун рукӏарал Мухӏамадсалихӏ Гусаев, Хӏамид Хӏамидов, Иманпаша Чергизбиев ва цогидалги. Унеб нухги бихьизабуна Гъизляр-Бабаюрт- Туршунай-Хамаматюрт-Уцмиюрт- Ахъбулатюрт-Первомайское. Гьеб росдал рагӏалда буго коллектор-каналалъ бухъун батӏа тӏезабураб Чачан республикаялъулгун гӏорхъи. Гьенире щведал, боевиказулгун гьабураб къотӏи-къаялда рекъон, гьез асир гьарун рукӏарал риччан тезе ва жалго ине кколаан Чачаналде. Амма кинабго гӏаксалда ккана.
— Доб къо, жакъа гӏадин, ракӏалда буго, — ян ракӏалде щвезабуна росдал бегавуллъун вукӏарав Гӏизудин Салахӏовас. – Дол соназда рукӏинчӏо гьанже гӏадин рищарал росдал депутатал, букӏана 15 чиясдаса гӏуцӏараб совет. Радалго, советалъул гӏахьалчагӏазулгун гьаризе кколел ишалги дандран, Первомайское росдал рахъалдасан Хасавюрт р а й с о б р а н и ялъул депутат Исраил Исхӏакъовгун дица сапар бухьана шагьаралде. Ахъбулатюрт росдал рагӏалдаса унеб шагьранухде щолелъул, баккана машинабазул тӏел. Гьел гьанирехун гӏадада сверун ратулареблъиги бичӏчӏун, дица машина нахъ буссинабуна. Машинабазул тӏел чӏезабуна Первомайское росдал рагӏалда бугеб гӏорхъи цӏунун лъураб блокпосталда цебе. Дол къояз гӏорхъода хъулухъ гьабулеб букӏана Новосибирскиялдаса омоналъулаз.
Радуев дида гӏемер вихьун вукӏана. Гьес нухмалъи гьабулеб букӏана Гудермес шагьаралъе. Нижерго росдал мурадал тӏуразариялъе гӏоло дун гӏемер щолаан чачаназул гьеб шагьаралде. Амма гьеб къоялъ дида гьев лъачӏо. Дида цеве къирал гӏадин гӏодов чӏун вукӏана цо кинабали лъалареб пачалихъалъул форма ретӏарав магжилав. Дун Радуевасда лъана. Дица хӏаракат бахъана сабуралда кӏалъазе. Руччабиги гӏисинал лъималги риччан тейин абуна дица гьесда. Нилъ ругин мадугьалзаби, гӏагарлъи бугел гӏадамал, бегьуларин бусурбанчияс бусурбанчиясе зарал гьабизе. Гьединаб хабаралда рукӏаго, гӏорхъодехун ине ихтияр бугин машинабазеян кьураб команда бачӏана. Гӏорхъода бугеб коллектор-каналалда тӏасан лъураб кьо ункъо автобусалъ бахиндал, боржун бачӏараб вертолеталъ речӏчӏун бачӏана кӏиго ракета. Тӏокӏаб добехун нух гьечӏинги абун, колонна нахъ буссинабуна. Блокпосталде щведал, боевиказ асир гьавуна гьенив вукӏарав 70 омоналъулав ва, Первомайское росу сверун кквейин, командаги кьуна Радуевас.
Лъица гьединаб буюрухъ кьурабали лъаларо, амма Первомайское росдал гӏадамал гъуризе рукӏин якъинго бичӏчӏулеб букӏана. Хадувги ана дун Радуевасухъе, росдал гӏадамал нахъе рачине риччайиланги абун. Талихӏалъ, кӏвана гьел Теречное ва Советское росабалъе ритӏизе. Бугелъуб тана боцӏи-панз, магӏишат. Сагӏаталда жаниб гӏадамал къватӏире гочинарун бажарана. Хадубго цун бачӏана Радуевасул буюрухъ, росулъа унелги гьанире рачӏунелги чӏезарейин, гӏурхъабиги къайин абураб. Заманго иналде росу рагӏалде щвана Дагъистаналъул Пачалихъияб Советалъул председатель М-Гӏ. Мухӏамадов, хӏукуматалъул председатель Гӏабдуразакъ Мирзабегов. Росдадаса цо километралъ рикӏкӏад, нухлул рагӏалда лъуна штаб. Цӏияб штабалъул тӏоцебесеб данделъи рагьилалде цебе М-Гӏ. Мухӏамадов телефоналъ кӏалъана Россиялъул президент Ельцингун ва кьварун абуна, жакъа Дагъистаналда лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъул гӏайибияв мун вугилан. Гьезул ккараб харбидасан дида бичӏчӏана Радуевасул боевикал Первомайскиялдаса Чачаналде риччагеян абураб буюрухъ Москваялдасаго кьун букӏин.
Гьел къояз гъоркьлъалие росарал руччабиги лъималги асирлъудаса хвасар гьаризе бергьараб хӏаракатчилъи бихьизабуна милициялъул подполковник Гӏумахан Гӏумахановас. Чанцӏулго ана гьев Радуевасулгун кӏалъа-басаял гьаризе ва бажарана рагъул майданалдаса гӏисинал лъималги гьезул улбулги нахъе рачине.
Анцӏила микьабилеб январалде щвезегӏан халалъана Первомайское росулъ ккараб рагъ. Гъурана гӏемерал солдаталги, хвана хъачагъалги. Тӏасан бараб бомбабазул гучалъ жанире лъугьине бегьулеб рукъ хутӏичӏо дир росулъги. Жакъаги хутӏун руго росулъ гьезул хутӏелал ва лъалкӏал.
Баркала буго доб заманалда Дагъистаналъул нухмалъулеллъун рукӏаразе. Росулъ цӏияб мажгитги, клубги, медпунктги, администрациялъул минаги бана. Росулъе бачӏунеб нухде ва росулъ ругел къватӏазде тӏуна хъил. Амма Первомайское росулъ ругел санкьадерие рагъалъ пашманаб асар гьабичӏого течӏо, хутӏана ракӏазулъ лъилъуларел ругънал.