Сариралъулги гьелъул тахшагьаралъулги хӏакъалъулъ баянал ракӏарулелъул, дица пайда босана бакӏалъулал тарихчагӏазул асараздаса ва гӏарабазулгун персазул хъвай-хъвагӏаяздаса.

Масала, гьезул цояб ккола IX гӏасруялъул ахиралда, X гӏасруялъул байбихьуда гӏумру гьабун вукӏарав персазул гӏалимчи Абу Гӏали Ахӏмад Ибн Рустил тӏехь («Китаб ал алак ан-нафиса» — «Багьа тӏокӏал жавгьарал»).

Гьелда жаниб буго «Ас-Сарир» абураб хасаб бутӏа.

Гьединго данде ккуна гьадинал асаралги — Абул-Хӏасан Гӏали ал-Масудил (хвана 956 соналда) «Мурудж аз-захаб ва мадаин ал-джавахир», гӏарабазул тарихчагӏи Халиф ибн Хаййат аль-Усфурил (хвана 854 соналда), Ибн аль-Асирил (1160-1234 сон) «Тарих аль-Камил», нилъерго гьаниса Мухӏаммадрафи абурав гӏалимчиясул «Тарих Дагестан» абурал тӏахьал.

Амма гьезул цонигиялда Сариралъул тахшагьар Хунзахъ букӏанилан хъван батичӏо.

Гьелдаго цадахъ разилъизе бегьула бакъбаккул рахъ лъазабиялда тӏад чӏарал гӏалимзаби В. В. Бартольдил, В. М. Бейлисил, В. Ф. Минорскиясул, Т. М. Айтберовасул пикруялда. Гьез рикӏкӏуна Сариралъул тахшагьар Хунзахъ букӏанин. Гьезул пикруялда рекъон, «Хунзахъ» ккола бакӏ бихьизабулеб рагӏи, ай батӏаго босун жибго Хунзахъ росу гуреб, чанго росу жанибе бачараб хунздерил тӏалъи.

Гьеб тасдикъ гьабизе мисалалъе бачина Гӏободаса тарихиял гӏелмабазул доктор, профессор М. Шигьабудиновас загьир гьабураб пикру:

«Сариралъул тахшагьар гӏицӏго гьанжесеб Хунзахъ росдал ракьалда букӏанин абураб пикру щулалъизабизе Хунзахъа Тимур Айтберовас гьарулел хӏалбихьиял руго якъинлъи гьечӏел.

Жибго «хунз» абураб къавмалъ гӏумру гьабулеб гьеб ракь букӏана доб мехалда батӏи-батӏиял тухумалги къавмалги жанире рачараб. Гьабсагӏаталда гьенир ругел росабиги доб мехалда гьенир рукӏинчӏо.

Сариралъул кверщелги гӏицӏго цо къавмалъухъ яги цо тухумалде мугъчӏвай гьабун гуро букӏараб. Гьелъ мугъчӏвай гьабулеб букӏана къуваталдеги гьанжего гьанже баккун бачӏунеб феодалияб гӏуцӏиялдеги (ихтияралде).

Гьединлъидал Сариралъул тӏалъи кодосез жидеего чӏезе бакӏги тӏаса бищун букӏана санагӏалъи ва тушманасдаса цӏуна-къай гьабизе рес бугеб бакӏалда. Гьединаблъун гьезда тӏанусдерил габурлъиги Гӏакаро мегӏерги бихьун буго».

Машгьурав гӏалимчи, профессор Амри Шихсагӏидовасги рикӏкӏунаан цебегосеб биценалда рекъон, Хунзахъе рахъинегӏан Авариялъул тӏоцебесеб тахшагьарлъунги гьелъул ханзабазул чӏей бугеб бакӏлъунги Тӏануси букӏанилан.

Дидаги гьеб пикру битӏараблъун бихьула ва тӏаде жубала Сарир-Авария пачалихъалъе кьучӏ лъуралдаса нахъеги гьелдаса хадубги (XVII гӏасруялъул ахиралде щвезегӏан) Тӏануси росу букӏанин гьелъул тахшагьарилан. Гьелъие нугӏлъи гьабула некӏсиял хъвай-хъвагӏаязги.

Масала, гьоркьохъел гӏасрабазда (ХӀV) хъвараб Мухӏаммадрафил «Тарих Дагестан» тӏехьалда бицунеб буго гьадин:

«Дагъистан букӏана гьенир гӏумру гьабулел гӏадамазе гӏатӏидаб, чияр чиясда цебе къуватаб, ритӏухъал гӏадамаздалъун бечедаб улка. Гьенир рукӏана чанги росаби, шагьарал ва лъабго мухъ: Авар, Гӏодоблъи ва Зирихгеран… Авар мухъалда ат-Тӏанус шагьаралда (гьеб ккола Дагъистаналда бищун къуватаздаса цояб) вукӏана кутакав зулмучи, ццидалав, гӏадамазул талихӏкъинабулев Суракъат-нуцал абун тӏаде жубалаан гьесул цӏаралде. Жидерго тӏадчагӏазда гьедин абулеб гӏадат буго гьезул.

Гьезул бетӏергьанасе щолаан Дагъистаналъулго гӏадамаз кьолеб магъало, Чаркас вилаяталдаса байбихьун Шамахи шагьаралде щвезегӏан (Гӏакаро абулеб бакӏалда ругел чагӏаз хутӏизегӏан). Магъало кьолаан гӏарцудалъун, тӏорщалидалъун, гӏиядалъун, чӏегӏерхӏайваназдалъун, ххамидалъун, пихъидалъун, ханаздалъун ва цогидал нигӏматаздалъун.

Гьал мухъал хъвана некӏсиял, басриял хъвай-хъвагӏаяздаса. Гьезда тӏад бихьизабун буго 930 сон. Гьенисаги босун дица цӏидасан гьеб хъвана 1312 соналда».

Палхӏасил, дагӏба базе бажарулареб хӏужа буго гьеб – X гӏасруялда Сарир-Авариялъул тахшагьар Тӏануси букӏараблъи.

Кӏиабизе, «Тарих Дагестан» тӏехьалъул лъабабилеб бутӏаялда буго лъарагӏазул Шамхалас лъагӏа-лъагӏалие тӏад лъураб магъало 14 гӏасруялдехун цӏикӏкӏинабиялъул хӏакъалъулъги. «…на общество Карахи наложено 500 овец, …на общество Хебелал наложено с каждого дома каждый четвертый год по овце; на Чамалал – 500 овец; на Тиндал – 20 быков; …на жителей Хунз – 700 баранов, 700 – кайлей пшеницы и 60 кайлей меда; на жителей Андиб – бык и 8 кусков войлока; на гору Гадариб и на Хиркис – половина того, что на вилайат Хунз…».

Бихьулеб буго лъагӏалида жаниб лъарагӏ Шамхаласе гьедигӏан кӏудияб магъало кьезе цохӏо Хунзахъ росдае захӏмат букӏунеблъи (тахшагьарлъун гьеб букӏун батаницин).

Гьединлъидал абизе бегьула Хунзахъ абураб рагӏул магӏна цохӏо росу гуреб, анцӏ-анцӏ росаби жанире рачараб Хунзахъ тӏалъи букӏанин.

Лъабабизе, «Цӏадаса Хӏамзатил библиотекаялда батараб гӏараб тӏехьалъул тӏанчил рагӏалда хъван бугоан Суракъатги гьесул вац Кагьруманги кколин пиргӏавназул наслуялъул чагӏи, капурзаби, Чирюрталда аскӏоб чӏейги гьабун чӏарал хазаразул чагӏи. Гьез гьенир ран рукӏанила жанибе нух щолареб хъалаги рорхатал сиялги, цинги гьениб махх, чаран, месед биунел рукӏунаанила гьел. Хадув Суракъат вахъанила Авариялъул бетӏерлъун, гьев вукӏанила вахӏшияв зулмучи; гьесул чӏейги Тӏанусиб букӏана».

Бихьулеб букӏахъе, гьанибги тасдикъ гьабулеб буго тахшагьар Хунзахъ гуреб, Тӏануси букӏараблъи.

Ункъабизе, профессор Амри Шихсагӏидовас буссинабуна динияв хӏаракатчи ва халкъалда шаригӏат бичӏчӏизабулев вукӏарав Харахьиса Тӏайгибица (хвана 1697 сон) цогидаб бакӏалдаса босун хъвараб тӏехь.

1669 соналда Ибн аль-Хӏажибал «аль-Кафийа» хъван бахъун хадуб, гьес ахиралда гьадин гъулбасунеб буго:

«…хъван бахъинабуна Харахьиса Гӏумарил вас Тӏайгибица, 1669 соналъул рузман сордоялъ… нижер устар Хунзахъа Мола Мухӏаммадил доба Тӏануси Дугъри-ханасул вас Мухӏаммад-ханица бетӏерлъи гьабулеб мехалда…».

Гьанибги буго нугӏлъи гьабулеб цоги хӏужа – Тӏануси росулъ гӏумру гьабун вукӏин Авариялъул нухмалъулев Мухӏамад-хан, Дугъри-нуцаласул вас.

Щуабизе, тӏанусдерил мажгиталъул къадалъ батана гьадинаб хъвай-хъвагӏай гьабураб ганчӏил къоно: «Мухӏаммад-нуцаласул вас Дугъри-нуцалица ханлъи гьабулеб заманалда, 1683 соналда, Чупаласул кумекалдалъун гьаб мажгит бана Мухӏаммадица, Гӏамирица, Гӏалица. Гьеб мехалда росдал къадилъун вукӏана Мухӏаммад, Пирмухӏамад-къадил вас».

Гьанибги рехсолеб буго Авариялъул бетӏер Дугъри-нуцал гӏумру гьабун Хунзахъ гурев, Тӏануси вукӏанилан.

Некӏо заманалдаго батараб биценалда рекъон, щибаб 300-400 метрги гьоркьоб тун, цӏурмал рараб квар цӏан букӏун буго Тӏанусиса Гӏакаро магӏарде щвезегӏан. Гьелги зваргъезарун лъазабулеб букӏун буго Авар ханасда хӏинкъи тӏаде щолеб букӏин.

Цониги бакӏалда хъван батичӏо Гӏакаро магӏарда Сарир-Авар ханасул чӏей букӏанилан.

Дагьабниги божизе бегьулеб жо буго гьениб хунздерил тӏалъиялъул хъаравуллъиялъул хъала букӏанин, хӏинкъи тӏаде бачӏунеб букӏин гьенир тӏогьир цӏаялги ракун лъазабулаанин абураб бицен.

Биценалда рекъон, Гӏакаро магӏарда кидаго вукӏунаанила хъахӏал чуязда рекӏарав 40 рагъухъан. Авар ханасул къисматги гьезда бараб букӏунаанила.

Гьениса щолел баяназул кӏваралъухъ балагьун батила Гӏакаро мегӏерги, тӏад магъалоги лъечӏого, тун букӏараб («Тарих Дагестан» абураб тӏехьалда хъвавухъе, цого-цо Гӏакаро кколаан Сариралъул ханас магъалоялдаса эркен гьабун тараб бакӏ).

Палхӏасил, гӏараб, персазул ва нилъерго гьаниса тарихчагӏазул хъвай-хъвагӏаязда рекъон, Сарир пачалихъ баккараб заманалдаса байбихьун гьеб цебетӏун хадубги (XVII гӏасруялъул ахиралде щвезегӏан) гьелъул аслияб политикияб центрлъун букӏана Хунзахъ тӏалъиялда бугеб Тӏануси росу.

Редакциялъул рахъалдасан: гьаб суалалда тӏасан жидерго пикраби загьир гьаризе бегьула цогидал тарихчагӏазги.