1959, 1962, 1980 ва 2011 соназул букварал данде ккураб мехалда бихьулеб буго ахирал соназда тӏоцебесеб классалъул цӏалул программаялдаса берцинхъвай, ай каллиграфия нахъе бахъун бугеблъи. Щай гьедин гьабураб ва кинаб кӏвар букӏараб каллиграфиялъул абураб суалалъе жаваб балагьулаго, гьадинал баянал щвана.

Араб гӏасруялъул 80-абилел соназда рукӏа-рахъиналъе хӏажатаб ва профессионалияб электроникаялъул къайи хӏадурулел чӏахӏиял компаниязул цоялъ чамалиго улкаялда тӏобитӏана эксперимент. Гьелъул мурад букӏана электроникаялъул рахъалъ церетӏурал улкабазда махщелчагӏи хӏадурулеб мехалда хӏалтӏизарурал методикабазул цӏех-рех гьаби. Эксперименталъул хӏасил гьабидал, баянлъана электроникаялъул рахъалъ пагьму тӏокӏал махщелчагӏазе бищунго хӏажатаблъун каллиграфия букӏин. Гьеб мехалда, цӏех-рехчагӏазул малъа-хъвайги гӏадахъ босун, Япониялъул тӏолалго школазул 1-11 классазда байбихьана каллиграфиялъул дарсал кьезе.

Гьабсагӏаталдаги Япониялъул чӏахӏиял фирмабазда гӏадатлъун лъугьун буго къалъул заманалда хӏалтӏухъабазе каллиграфиялъул дарс кьезе учительзаби ахӏи (щибаб къоялъ бащдаб сагӏаталъ). Компаниязул нухмалъулел барахщуларо учительзабазе кьолеб харжалда, щайгурелъул гьез кьолел дарсазул пайда букӏуна хӏалтӏухъабазул сахлъиялъе гуребги, гьезул пагьму цӏубаялъеги. Электроникаялъулги нанотехнологиязулги рахъалъ Япониялъул цебетӏей бихьулеб буго дунялалдаго. Дир пикруялда рекъон, гьелъие квербакъула каллиграфиялъул дарсаз гуребги, жидерго тарихалдеги, гӏадатаздеги, кьалбаздеги, миллаталъул рухӏиябгун чорхол сахлъиялдеги гьезул бугеб цӏодораб бербалагьиялъги.

Китаялдаги къадру-къимат гьабула каллиграфиялъул. «Каллиграфия ва сахлъи» абураб макъалаялда Пекиналъул институталъул графикияб коммуникациялъул доцент Юань Пуца бицунеб буго, гӏадалнах жигаралда хӏалтӏизабиялда цадахъго инсанасул гӏумруги халалъизабулин каллиграфиялъин абун.

Каллиграфиялъ гӏадалнахул кваранаб бутӏа куцала кӏиго сурат данде кквезеги, бихьулелдагун рагӏулелде кӏвар кьезеги, пуланаб жоялда хадуб халкквезеги, сундулниги сипат цебе чӏезабизеги. Юань Пуцаца абулеб буго, каллиграфиялъе цӏалулел студентаз, цогидазде дандеккун, бицунеб жо хехго босулин ва ракӏалдаги чӏезабулин абун. Каллиграфиялъ гӏумру халат гьабулеблъи тасдикъ гьабуна гӏелмуялъги.

Гӏемерал соназ гьарурал хӏал-бихьиязул кьучӏалда Китаялъул профессор Генри Каоца загьир гьабуна гьадинаб пикру: «Дунялалда цониги унти гьечӏо, каллиграфиялъул кумекалдалъун сах гьабун бажарулареб. Каллиграфиялъул упражненияз гӏодобе биччазабула унтарасул рекӏел хӏалуцин, бигьалъизабула хӏухьел цӏазе, чучлъизарула бидул кьабиги дугъдарал ччорбалги ва хӏалуцине толаро бидул тӏадецуй. Гьелъул хӏасилалда бигьалъула цере лъурал суалазе битӏараб жаваб батизеги», — ян.

Практикиялгун клиникиял цӏех-рехаздалъун чӏезабуна, каллиграфияги цӏунун хъвадаризе тӏамиялъ аутизм ва гиперактивность бугел ва цо жоялде кӏвар кьезе бажаруларел унтаразе, хасго лъималазе, кӏудияб кумек гьабулеблъи. Гьелде тӏадеги, цебетӏола гӏакълуялъул рахъалъ нахъе ккарал лъималазул мантӏикъияб пикру; бигьалъизабула Альцгеймерил унти бугел гӏадамазул хӏал. Гьеб методика хӏалтӏизабула гипертония ва диабет, гьединго шизофрения, депрессия ва невроз бугел унтарал сах гьарулеб мехалдаги.

Гьабсагӏаталда Россиялъул школазда берцинхъваялъе бихьизабун буго анкьида жаниб цо сагӏат. Императорасул заманалда Царское село абураб росулъ цӏалулев вукӏарав Александр Пушкин анкьида жанив 18 сагӏаталъ хьвадулев вукӏун вуго каллиграфиялъул дарсиде.

Петербургалда 15 соналъ хӏал-тӏулеб букӏана каллиграфиялъул кьучӏалда гӏакълуялъул рахъалъ нахъе ккарал лъимал сах гьарулеб школа – гьенир хӏалтӏизарулаан ХӀX гӏасруялда Россиялъул школазда рилълъанхъарал методикаби. Гьезул аслияб пикру букӏана гьадинаб: гӏелмуги, искусствоги, махщелги щвезе ккани, гьелъие хӏажатаб кьучӏ лъезе ккола каллиграфиялъул кумекалдалъун. Гьеб кьучӏалъул аслиял бутӏабилъунги рикӏкӏунаан сабурлъи, хӏалтӏизе лъай ва яхӏ бахъи. 1-11 классазул цӏалдохъабазе гьукъун

букӏана киназдаго лъалеб ручкаялъ (шариковая) хъвадаризе. Щибаб дарсида (математика, грамматика, физика – батӏалъи гьечӏого) 15 минуталъ тӏуразарулаан каллиграфиялъул упражнениял. 7-8 классазде рахарал цӏалдохъабазул рукӏунаан лъикӏал хӏасилалги. Психикиябгун чорхол лугбазул унтаби ругел лъималаз гьедин хъвазе рес гьечӏин абулаан педагогикаялъул махщелчагӏаз – гьедигӏан берцинаб ва мухӏканаб букӏана гьезул хатӏ. Гьеб школалда цӏалун рахъарал лъимал хадурккун

цӏалана Петербургалъул бищун лъикӏазулъ рехсолел вузазда, гьезие щвана къватӏисел улкабазда цӏализе ине рес кьолел гранталги.

Гьединаб пайда буго каллиграфиялъул, ай берцинхъваялъул. Жакъайин абуни нилъер школазул цӏалдохъаби гьелдаса махӏрум гьарун руго.