Кӏудияб улкаги биххулеб, халкъалде рещтӏунел балагьалги цӏикӏкӏараб заманалда Дагъистаналда гӏуцӏана Конституциялъулаб суд – республикаялда законалъул тӏалабал тӏуразариялъул мурадалда. Гьелъул председательлъун тӏамуна Казбек районалъул Алмахъалдаса Салман Хӏажимухӏамадов.

Салман гьавуна 1939 соналъул 15 январалда. Хасавюрталъул педучилищеги лъугӏизабун, хӏалтӏана Калининаул росдал школалда учительлъун ва хадубккун – директорлъунги. 1968 соналда лъугӏизабуна Д. И. Курскиясул цӏаралда бугеб Саратовалъул юридикияб институт. 1968-1971 соназда хӏалтӏана рехсараб институталъул административиябгун советияб ва финансазулаб правоялъул кафедраялда преподавательлъун ва гьенивго цӏалана аспирантураялда. 1971-1974 соназда вукӏана ДАССРалъул прокуратураялъул цӏех-рехалъул отелалъул прокурорлъун, 1974-1985 соназда – Гъизилюрт шагьаралъулгун районалъул прокурорлъун, 1985-1992 соназда – ДАССРалъул прокурорлъун, 1991-2009 соназда – ДАССРалъул Конституциялъулаб судалъул председательлъун.

1997 соналда С. Хӏажимухӏа-мадов мустахӏикълъана «РФя-лъул мустахӏикъав юрист» абураб цӏаралъе. Гьесие кьун руго «Хӏурматалъул гӏаламаталъул» орден ва – «Захӏматалъул ветеран», Жуковасул, «Россиялъе ритӏухълъиялъухъ ва хъулухъа-лъухъ» абурал медалал.

Араб гӏасруялъул ахирисеб 10 сон букӏана бищунго захӏматаблъун: биххизабуна СССР. Жамгӏиябгун политикияб формация хисулеб заманалда, цӏад бан хадуб гӏурдахӏан кинигин, гьарзаго цере раккула батӏи-батӏиял масъалабиги. 1994 соналда байбихьана Чачаналда рагъ. Гьелъ кӏудияб зарал гьабуна экономикаялъе. Республикаялъул гӏумруялда ккана хӏинкъарал лъугьа-бахъинал, масала, 1998 соналда хӏалбихьана Пачалихъияб Советалъул мина бахъизе. 1999 соналда рукӏана халкъазда гьоркьосел террористазул къокъабазулгун рагъал, республикаялда рижана миллиял фронтал ва гьезулъ загьирлъулеб букӏана миллатчилъи. Шагьараздагун районазда букӏана хӏалуцараб ахӏвал-хӏал. Гьеб жеги гьелегьинабизе жигар бахъулаан такъсириял къокъабазги. Хӏажат букӏана Дагъистаналда Конституциялъул тӏалабал цӏуниялде кӏвар кьезе. Гьедин гӏуцӏана Конституциялъулаб суд (КС). 1991 соналъул 27 декабралда Салман Хӏажимухӏамадовасда тӏад къана цӏи гӏуцӏараб КСалъе нухмалъи гьаби.

С. Хӏажимухӏамадовасул нухмалъиялда гъоркь КСалъул судияз хал гьабуна кӏигокъогоялдаса цӏикӏкӏун хитӏабалъул. Гьел рукӏана гражданазулги, батӏи-батӏиял идарабазулгун гӏуцӏабазулги рахъалдаса. Гьезул гӏемерисезда тӏасан хӏукмаби гьаруна хитӏабчиясул рахъги ккун. Гьединал хӏукмабазе хӏажалъулаан махщалил тӏокӏлъи гуребги, политикияб гӏакъиллъиги.

Тӏадаб борч тӏубалаго, Салманица гӏемерал сапарал гьаризе ккана республикаялъул районаздегун шагьараздеги, Россиялъул регионаздеги. Щвана гьев къватӏисел улкабаздеги. РФялъул КСалъул вакилзабигун СШАялъул Верховный Судалъул вакилзабигун букӏараб дандчӏваялда Америкаялъул судияс кьуна Басаевасул хъачагъазул хӏаракаталъул хӏакъалъулъ суал. Бихьулеб букӏана СШАялда гьесул ишазул рахъкколеб букӏин. Салман Хӏажимухӏамадовас бицана бугеб хӏакъикъат: СШАялъул СМИязда гьесул кӏалъаялъе лъикӏаб къиматги кьуна. 1999 соналда, ДРялъул Пачалихъияб Советалъ халкъалъухъе ярагъ кьезе кколин абураб пикру загьир гьабураб заманалда, С. Хӏажимухӏамадов гӏемер дандчӏвалаан Казбек районалъул жамагӏатгун. Гьесул жигараб хӏаракаталъул букӏана цо мурад: халкъазда гьоркьосеб терроризмалъе нух къай, республикаялда парахалъи цӏуни. Жамагӏатазулгун гӏуцӏарал дандчӏваязда гьесда цадахъ рукӏана Зикрула Ильясов, Сайгидпаша Гӏумаханов, Хӏаписат Хӏамзатова, Зайнулгӏабид Ярагъиев, Ахӏмад ва Мухӏамад Коргъолоевал, Тимур ва Хӏажимухӏамад Хӏажимухӏамадовал ва цогидал ракьцоял. Гьезул рагӏухъги гӏинтӏамун, жамагӏат цокӏалго бахъана хъачагъазде данде. Ва тушманасе гьукъана Казбекалъул ракьалдасан нух.

Гьудулзабаз бицуна

Салман вуго гӏажаибаб къисматалъул ва гӏадатияб хасияталъул инсан, сабурав, гӏадамасулгун хабар рекъезабизе лъалев, жавабчилъи тӏокӏав магӏарулав. Пагьмуяв юрист, кӏвахӏ лъаларев хӏалтӏухъан, пачалихъияб пикруялъул хӏакимчи, пасихӏаб каламалъул гӏакълучи ва, Дагъистаналъул халкъалъул яхӏ-намусалде рекъонкколареб иш гьабулеб бихьани, кьварараб рагӏи абун, гьелде дандечӏолев, махщелгун бажари бугев гӏуцӏарухъан. Живго вецци рихарав, хасго бадибе рецц бокьуларев. «Речӏчӏаралъув къалев, къаралъув хӏажатавлъун ватулев» — гьедин абула магӏарулаз С. Хӏажимухӏамадов гӏадинав бихьинчиясда.

«Дир гьудулзаби» абураб Хӏасанбег Хӏасанбеговасул тӏе-

хьалда хъван буго: «Щибаб моцӏалда цо нухалъниги ниж унаан тӏабигӏаталдаса лазат босизе. Цадахъ вачунаан машгьурав композитор Майиндур Тӏалхӏатовги. Гьес пандрида бакъналги рачун, ахӏулаан кучӏдул. Чанцӏулго ана Салманил ватӏан Алмахъалде. Цоцазде ругьунлъарал нижеда кӏочонаан нижерго хъулухъалги ригьги. Махсараби гьарулаан, цоцазе «хӏиллаби» ургъулаан, амма цониги нухалда ккечӏо цадахъ вугесул ракӏхвезабиялъул хӏужа – барщизе бегьилин ракӏалдецин кколароан нижеда. Шагӏир ва драматург Уильям Шекспирица абун буго: «Гӏицӏго унго-унгояв гьудуласухъа бажарула жиндир гьудуласул загӏиплъи хӏехьезе», — ян. Нижеца цоцазул адаб гьабулаан – къадруялъулги гӏунгутӏабазулги. Машгьурав полководец Александр Суворовас абухъе-го, нижер букӏана «ракӏбацӏцӏадаб бухьенги цоцазда кӏалъалаго, гьереси бицунгутӏиги». Нижер хъизамаздаги гьудулзабаздаги лъалаан, кинал гьудулзаби ниж ругелали», — ян.

«Дагъистаналъул интеллигенциялъул конгресс» абураб жамгӏияб гӏуцӏиялъул председателасул заместитель Гӏабдула Мухӏамадовас гьадинаб пикру загьир гьабуна: «Салман вуго тӏабигӏаталдеги сапараздеги рокьи бугев инсан. Цо чанго соналъ цебе дицаги, Салманицаги, Кӏулзеб росулъа чанахъан Гӏалицаги, Бацӏадаса Исрапилицаги Цӏияб сон дандчӏвана Буйнакскиялъулги Хасавюрталъулги шагьранухазда гьоркьоб бугеб рохьоб. Ракӏчӏун абила: цохӏо Салманида лъала Таргъу-мегӏералъул кинаб бакӏалда жеги рижулел ругелали даруял хурдул. Дица диего гӏемер кьола суал: кин гьесухъа, цеве-ккун республикаялъул прокурорлъун хӏалтӏарав чиясухъа, бажарараб тӏабигӏаталъе ритӏухълъи цӏунизе ва гьебгӏан вацӏцӏадавлъун вукӏине?! Рохьоб акациялъул гъветӏ чӏарав чи гьев гурони лъаларо дидаян бицунаан Шамил Мухӏамадовас (Пачалихъияб Советалъул председатель Мухӏамадгӏалил вацас)», — ан.

Хӏалтӏуе, гьабулеб ишалъе ритӏухълъи цӏунизе, гьелде чорхол жанги жигарги буссинабизе бигьалъула, хъизан-рукъалъул иш парахатго бугони. Гьеб рахъ, жиндаго тӏаде босун, ракӏбацӏцӏадго тӏубазабуна Салманил хъизан Мадинатица. Гьелъул таваккал гӏуна кӏиго васги цо ясги, лъикӏаб тарбияги кьун, инсул адаб-хӏурмат гьабулеллъун куцазе. Васал Идрисги Тимурги ана инсул нухдасан – гьел кӏиялго руго юристал. Яс хӏалтӏулей йиго тохтурлъун.