Дунаялъул рагӏалда, тӏаса хьиталги рахъизарун, эхетизарулаан жугьутӏал. Гьезул щивасда нахъа вахъун чӏолаан кодоб таманча ккурав чӏвадарухъан. Гьез речӏчӏулаан ботӏролъ. Чӏварал рортулаан гӏурулъе ва жаназаги букъизе кколароан.

Гьеб вахӏшияб иш Будапешталда гьабуна 1944-1945 соназул хасало нацистазул «Скрещённые стрелы» абураб партиялъул вакилзабаз. Гьеб партия Венгриялда гӏуцӏана 1937 соналда. Радикалияб хасият букӏин хӏисабалдеги босун, Венгриялъул хӏукуматалъ чанцӏулго гьукъана гьелъул хӏаракат, амма нахъеги цӏи гьабулаан гьеб. Ахирги, 1944 соналъул октябралда, улкаялъул нухмалъиялде ккана Германиялъул рахъ кколеб хӏукумат. Гьелдаса нахъе «Скрещённые стрелы» партиялда куркьбал гъуна: гьелъие щвана бокьухъе мурадал тӏуразаризе ихтияр.

Будапешт фашистаздаса эркен гьабуна 1945 соналъул январалъул ахиралда.

Гьабсагӏат тӏад руссине ратила хьитазул бетӏергьаби

Венгриялъул тахшагьаралда, Дунаялъул рагӏалда тӏиритӏун руго бихьиназулги, руччабазулги, лъималазулги хьитал. Роол заманалда ракӏалде ккола, рагӏалда хьиталги рахъун, гьезул бетӏергьаби гӏурулъ чвердолел ругин ва кватӏичӏого гьел тӏад руссинин абун.

Хьитазде аскӏоре щведал бичӏчӏула, мекъи ккун вугеблъи: гьединал хьитал гьанже лъицаниги ретӏуларо; тӏадежоялъе гьел ретӏизего бажаруларо – хъазмил гьарурал ругелъулха гьел. Гьел хьитаз бакӏаб асар гьабула рекӏее. Щай гьел, хъазмил хьитал, гьенир ракӏарун ругел? Сверухъе балагьидал, бихьула хьонбакӏ ва гьелда кьабураб хъорщода гьабураб хъвай-хъвагӏай. Гьениб лъабго батӏияб мацӏалда хъван буго 1944-1945 соназул хасало Дунаялъул рагӏалда гӏемерав чи, гьездаго гьоркьор жугьутӏалги чӏванин абун.

Гьеб мехалда лъала гӏаламалъулго ракӏ гъанцӏизабулеб Холокосталъул къурбаназул памятник гьеб бугеблъи.

Гӏумруялъул ахирисел лахӏзатал

19 сон барав Томми Дик вукӏана жугьутӏав. Хасало, нацизмалъул ахирисел къоязда, гьесул рокъоре кӏанцӏана яргъид гӏуцӏарал «Скрещённые стрелы» партиялъул вакилзаби. Гьеб букӏана жугьутӏаздаса шагьар эркен гьабиялъул мурадалда тӏобитӏулеб полициялъул рейд. Томмида цадахъ гӏумру гьабулеб букӏана гьесул гӏагарал чагӏи Эрикацаги Андрисицаги. Гьез гьев вахчана, амма полициялъулазда ватана. Хал гьабуна суннат гьабун бугищали ва киналго рахинаруна машинаялде.

Томмица ракӏалде щвезабула: «Хӏинкъи букӏинчӏо дир рекӏелъ – гьалдолеб букӏана ццим. Гьабизе жоги лъаларо, лъутизе ресги гьечӏо. Дида лъалаан, гӏумруялъул ахирисел лахӏзатал тӏаде щун ругеблъи.

Нацистаз хьитал рахъизаруна. Рагъул заманалда басриялцин хьитазул багьа букӏана – гьел ричулаан, кванил нигӏматазухъ хисулаан. Дунай гӏоралдеги руссинарун, хӏатӏида гӏицӏго цӏорораб рагӏалда кьерда чӏезаруна ниж. Щивасда нахъа эхетана чӏвадарухъанги», — ян.

Хвалда цересел секундал цӏакъ халаталлъун рихьанилан бицунеб буго Томмица. Гьесда киданиги кӏочонароан жиндир яс чӏаго теян гьардолей йикӏарай чӏужугӏаданалъул гьардей. «Кьвагье!» — ян буюрухъ рагӏарабго, хьолбодехун буссинабуна гьес бетӏер– кин чи чӏвалевали вихьизе ва жиндир гӏумруялъе ахир щванин абураб пикруялдаса ватӏалъизе хьулалда. Гьеб мехалда бахъана кьвагьи, гулла щвана нилъазукь ва гьев лъавудаса ана. Лъавуде вачӏана, Дунаялъул цӏорораб лъелъе ккедал. Гӏуруца восун унев гьев чӏаго вугищали хал гьабичӏо нацистазги…

Венгриялда нацистазул хӏукумат хӏалтӏана бащдаб лъагӏелгӏанасеб мехалъ. Гьеб заманалда Дунаялъул рагӏалда чӏвана лъабазаргоялдаса цӏикӏкӏун чи. Чӏваразул сияхӏ гьабулароан, ва жаназабиги унаан гӏоралъ росун.

Хъазмил хьитазе памятник

Венгриялъул машгьурав режиссер Янош Кен Тогайда ракӏалде ккана гӏурул рагӏалда чӏварал жугьутӏазе памятник гьабизе. Гьес жиндир пикру загьир гьабуна скульптор Дьюле Пауэртие. Кӏиязулго рекӏее кӏудияб асар гьабуна гӏурул рагӏалда бахъараб хьитил сипаталъ. Гьез кьочӏое росана 60 чиясул хьитал – гьедигӏан чи чӏвалев вукӏун вуго нацистаз щибаб нухалда. Гьелдаса хадуб гьез цӏех-рех гьабуна доб заманалда гӏадамаз тӏад ретӏулел рукӏарал хьитазул. Гьабсагӏаталда мемориалалда лъурал хьитал руго рагъул соназда гӏемерисез ретӏулел рукӏарал.

«Дунаялъул рагӏалда хьитал» абураб мемориал рагьана 2005 соналъул 16 апрелалда. Гьеб мехалда мемориалалда букӏана 120 хьит, ай 60 жут. 2012 соналда гьениса хьитал рикъун ана – ракӏалде щвеялъе лъицаялиго ун ратила. Гьенир ругел хьитазул цоял руго басралъарал – гӏемераб заманалъ тӏад ретӏаразда релълъарал; цоял руго гӏисинлъималазул, бихьиназулгун руччабазул. Гьел лъун гьечӏо чӏара-хьараб тартибги цӏунун – рагӏалалъул 40 метралъ тӏиритӏун руго гьел, чвердезе унел гӏадамаз гьабсагӏат тӏаса рахъарал гӏадин. Хьитазда гьоркьор кидаго ракун рукӏуна хӏедучирахъалги жугьутӏазул мацӏалда хъварал кагъталги. Гьезда жаниса камуларо тӏугьдузул квацӏабиги – гьел лъола Холокосталъул къурбаназул гӏагарлъиялъги дол соназул вахӏшиял ишаз ракӏ бекизабурал гӏадамазги.