Жакъа тӏолабго дунялалъулго аслияб масъалалъун лъугьун буго инсанасул сахлъи цӏуни. Гьеб мурадалда гьабулеб буго гӏемераб хӏалтӏи, тӏоритӏулел руго батӏи-батӏиял тадбирал. Масала, Махӏачхъалаялда бугеб «Къункъраби» абураб гӏелмиябгун сах гьариялъулаб комплексалдаги гӏемер тӏоритӏула гьединал тадбирал. Гьезул хӏакъалъулъ «Хӏакъикъаталдасан» цебеги бицун букӏана.
Дагьал церегӏан къояздайин абуни комплексалда тӏобитӏана журналистазул гӏахьаллъигун пресс-конференция. Гьениб бицана 26 январалда тӏобитӏизе бугеб «Межконфессиональное согласие — залог постковидной реабилитации и духовного возрождения России» абураб Тӏолгороссиялъулаб гӏелмиябгун практикияб конференциялъул хӏакъалъулъ. Гьеб бухьинабун буго «Цолъи» абураб цӏаралда гъоркь гӏуцӏулеб бугеб рухӏиябгун лъай кьеялъулаб центр рагьиялда бан.
«Къункъраби» комплексалъул генералияв директор, МГУялъул профессор Мухӏамад Мухӏамадовасул хӏаракаталдалъун тӏобитӏараб пресс-конференциялда бицана диназул рахъалъ гӏадамазе кумек гьабизе бегьулел ресазулги. Масала, М. Мухӏамадовас абуна Дагъистаналъул муфтиясул, архиепископасул ва жугьутӏазул динияв цевехъанасул пикруги къабул гьабун, комплексалда бан лъугӏанин мажгитги, килисаги, синагогагиян.
— Цӏияб унтуде данде гьабулеб хӏалтӏулъ цӏакъго кӏудияб кӏвар батана диниял идарабазул. Щайгурелъул мажгиталде, килисаялде, синагогаялде рачӏунезда гьоркьоб бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏи гьабизе цӏикӏкӏараб рес букӏуна. Гьединго лъабабго диналъул рукъзал рай — гьеб буго нилъер халкъазул цолъи бихьизабулеб мисалги.
«Къункъраби» комплексалда гӏадамал сах гьариялъе хӏисабалде босула инсанасул рекӏел хӏал, тӏабигӏаталдаса, хасго ралъдадаса щолеб пайда. Жакъа вирусалъул унтиялде данде гьарулел дарабазул абизегӏанасеб пайда гьечӏеб заманалда, гьединал рахъаздаса пайда боси буго лъикӏаб иш. Гьелъ киналго разияб хӏасилги кьолеб буго. Гьелдаго цадахъ гьеб хӏалбихьиялъ рес кьола республикаялъул больницабазда гӏадамал регизе бакӏал эркен гьариялъеги. Гьединлъидал гьеб хӏалбихьи халкъазда гьоркьосеблъун лъугьинеги рес буго, — ян бицана М. Мухӏамадовас.
Мухӏамадица ва гьес нухмалъи гьабулеб коллективалъ гьаб нухалдаги сах гьаризе жидехъего ахӏулел руго коронавирусалъ унтун рукӏарал ригьалде рахаралги ва мискинал хъизамаздасаги гӏадамал.
2000 соналде дандеккун Россиялда 10 азарго больница къайги тохтурзабазул къадар 12 проценталъ дагьлъун букӏинги хӏисабалде босани, М. Мухӏамадовасул нухмалъиялда гъоркь гьабулеб хӏалтӏи буго цӏакъго кӏвар цӏикӏкӏараблъун.
Комплексалда тӏобитӏараб пресс-конференциялда журналистазул суалазе жавабалги кьуна гьелъул генералияв директор М. Мухӏамадовас.