Цӏияб соналда цересел къоязда редакциялде гьоболлъухъ вачӏун вукӏана Ихаку Хӏайдарбегов.
Гугарухъан хӏисабалда советияб заманалда цӏар рагӏарав гьесие рес ккечӏо Олимпиялъул хӏаязул чемпионлъун вахъине (гьелъие гӏезегӏан ресалги бажариги букӏаниги).
Спортсменасул къисмат батӏайиса ккана. Гьес хӏалбихьана тренерлъиялъулги, бизнесалъулги, жамгӏияб хӏалтӏулги.
1985 соналдаса нахъе Ихаку Хӏайдарбегов Москваялда гӏумру гьабун вуго. Гьелде щвезегӏан гьев Германиялда, нилъер солдатал гугаризе ругьун гьарулев вукӏана.
1986 соналда гьев Москваялде спортивияб клубалде тӏад вуссана. Хӏалтӏана Суворовасул рагъулаб училищеялда.
1990-абилел соназда «Ватӏан» абураб фирмаги гӏуцӏун, коммерциялдеги жуван вукӏана Ихаку. Амма чанго соналдасан тренерлъиялдего тӏадги вуссана. Россиялъул гӏолохъанал гугарухъабазул тӏаса бищараб командаялъул тренерлъун вукӏана гьев.
Гьанже И. Хӏайдарбеговасе бокьун буго Москваялда гӏумру гьабулел дагъистаниязе кумекалъе ва зама-заманалдасан гьел дандчӏвазе квербакъулеб культурияб центр гӏуцӏизе.
Гьединаб центр гьанжеги буго. Амма гьелъул хӏалтӏи цӏи гьабизе къваригӏун буго Ихакуе.
Москваялъул дагъистаниязе
кумекалъе
— Гьанжеялдаса анцӏгогӏан соналъ цебе Москваялда бугеб Дагъистаналъул культурияб централъул хӏакъалъулъ гӏемер рагӏулаан бицунеб. Гьенир тӏоритӏулаан гӏалимзабазулгун, политиказулгун дандчӏваял, кумек гьабулаан Москваялда цӏалулел студентазе яги къварилъиялде ккарал ракьцоязе.
Масала, ракӏалда буго Москваялда гӏагарлъухъ ракьги босун, гьениб гостиница, мажгит, школа базе, гьеб централда Гӏабдулманап Нурмухӏамадовасул цӏарги лъезе. Батӏи-батӏиял идарабазде кагътал хъван, хитӏабал гьарун, гьеб рахъалъ хӏалтӏи байбихьун бугин абизе бегьула.
Масала, кватӏичӏого къотӏи гьабизе буго М. Горькиясул цӏаралда бугеб Москваялъул театралъул (МХАТ) художествияв нухмалъулев Эдуард Бояковасулгун. Жиндир лъимерлъи, гӏолохъанлъи Гъизилюрталда иналъ сундалъун бугониги Дагъистаналъе пайда гьабизе бокьун бугин вукӏуна гьев.
Гьедин бокьараб мехалда выставкаби тӏоритӏиялдалъун Дагъистаналъул культура, спорт, жамгӏияб гӏумру, экономикаялъул, туризмалъул яги гӏелмиял ресалгун цогидаб бихьизабизе квадратияб кӏинусго метр бугеб сверухълъи кьолеб буго Бояковас МХАТалда жаниб. Гьединаб машгьураб бакӏалде бакӏарулеб халкъалда цебе реклама гьабуни, кигӏан кӏудияб къадру республикаялъулги букӏинеб.
Цо-цоязда ракӏалде ккезе бегьула гьанже вахъун гьаб бетӏер унти тӏаде босизе щай абун. Дицаги гьабичӏони, цогидазги рехун тани, лъида божун нилъер миллатцоял, ракьцоял хутӏизе ругел? Гӏемер рачӏуна Москваялде 18-20 сон барал гӏолохъаби. Я рикъзи кьезе, я гӏакълу гьикъизе чиги гьечӏого, гьабизе жо лъаларого чара хун рукӏуна гьел. Цинги хъулухъ гьечӏеб пишаялда гьоркьовеги ккун, гӏадада хвезеги рес буго гӏолохъанчиясул гӏумру. Культурияб централъ абуни цониги жо ургъизе бегьула гьезие кумекалъе. Масала, цо чияс моцӏица гьабулеб хӏалтӏи цохӏо звонокалдалъун (лъай-хъваяздалъун) гьабулел гӏадамалги рукӏуна (депутатал, бизнесменал, политикал, артистал). Гьеле гьездасаги босизе бегьиларищ пайда?
Гьединго къварилъиялде ккарав щивав чиясе гӏарац кьезе хӏал кӏоларелъул, гьелъие гӏоло фонд гӏуцӏизеги хӏалбихьизе бегьула.
Жакъа къоялда щунусазарго чи вугин абула Москваялда дагъистаниязул. Аслияб куцалда даран-базаралдагун хъаравуллъиялда ва транспорталда хӏалтӏулел руго гьел, — ан бицана И. Хӏайдарбеговас.
Гугариялде нух
Цӏумада районалъул Инхокъвариса Хӏайдарбегилги Гьадигатилги анкьго лъимералъул цояв ккола Ихаку. Гьев гьавуна Ведено росулъ, дагъистаниял Чачаналде гочинарураб заманалда.
Хӏайдарбеговазул хъизан гьениса нахъ буссана 1955 соналда. Гьел, магӏарухъеги инчӏого, Хасавюрт районалъул Октябрьское росулъ чӏана.
Ихакуца тӏоцевесев тренерлъун кӏудияв вац Мухӏамад рикӏкӏуна. Гьес ругьун гьавурав, тӏадежоялъе гугариялде хӏатталдаса ун кӏудияб рокьи бугев Ихакуца данде вазе толев вукӏун гьечӏо щивго.
Гьедин, тӏадеялдаса тӏаде камиллъулеб букӏана Ихакул махщел. Хасго Махӏачхъалаялде, техникумалде цӏализе вачӏиндалги цӏубана гьеб. Гӏали Гӏалиевасул школалдеги ккана гьев.
Дагъистаналда спортсменал цӏикӏкӏун рукӏиналъе гӏилла гьадин бичӏчӏулеб буго Ихакуда:
«Гьадинаб берцинал, квербиччарал, ракӏ бацӏцӏадал гӏадамазулги гьайбатал мугӏрузулги ракь Дагъистан букӏинчӏебани, гьалгощинал чемпионал рахъунароан. Гьелдаго цадахъ икъбалалда бараб жоги гӏемер букӏуна.
Кутакалда философия гъорлъ бугеб тайпа ккола гугари. Хӏисаб- гӏелмуги — гьелъулъ, философиягун физикаги — гьелъулъ. Хӏатта, жиндие бокьараб жо гьабизабизе дандияв тӏамизецин бажарула гугарухъанасухъа.
Гӏемерисел спортсменал байбихьуда гугарухъаби рукӏуна. Гӏицӏго хадур уна цогидал тайпабазде».
Хӏабиб
Гьанже, гугариго гӏадин, спорталъул цогидал тайпаби UFC-ялъул хӏаяз дагьалъ нахъе цун рукӏиналъеги мукӏурлъана Хӏайдарбегов.
— Амма цо шоу гӏадаб жоги бугоха гьеб. Букӏаниги, жакъа нилъер спортсменазул къимат гьабулеб буго дунялалъго. Гьезул рахъккун, гьездаса рохулел гӏадамал Дагъистаналдасаги цӏакъ гӏемер ратула цогидал улкабазда. Хасго Хӏабибидаса.
Гьесдаса интеллигентлъи чорхолъ бугев цоги спортсмен дида лъаларо. Бокьараб даражаялда кӏалъазеги лъала гьесда. Тарбиялъул рахъалъги тӏад кӏалъазе бакӏ гьечӏо, — ян бицана гьес.