«Лидераз» биххараб къотӏиги къватӏахъ лъугьараб гъуниги
Махӏачхъала шагьаралъул къватӏал нахъеги кьишни-къулалъул цӏуна. Цӏияб соналъул байрамалдаса хадуб гӏемертӏалаял минабазда цере ругел азбаразда рощнол гохӏал гӏуна. Гьебго сурат букӏана ва гьабсагӏаталдаги хисун гьечӏин абизе бегьула Каспийскиялдаги. Рищни бакӏарулеб «Лидер» компаниялъ республикаялъул Тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъулгун гьабун букӏараб къотӏи биххана 11 январалда ва лъазабуна жидеца тӏокӏаб гьеб бакӏаризе гьечӏин.
— Тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъ конкурс лъазабун буго рищни-къул бакӏарулеб цӏияв регионалияв оператор тӏаса вищизе. Конкурс тӏобитӏулеб къоги жеги чӏванкъотӏун чӏезабун гьечӏо. Гьабсагӏаталда ниж хӏалтӏулел руго лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал роцӏцӏинабиялда тӏад, — ан бицана министерсвоялъул пресс- хъулухъалъ.
Гьединлъидал Махӏачхъалаялъул мэриялъ жидерго сурсаталги хӏалтӏизарун, тадбир гьабулеб буго шагьаралда гӏемерлъун бугеб кьищни бакӏариялъе. Гьабсагӏаталда рищни бакӏарулеб буго «Махачкала — 1» абураб муницпалияб идараялъул 400 хӏалтӏухъанасги ЖКХялъги, гьединго 130 техникаги буго кумекалъе.
«Лидералъул» сихӏраби ва
тарифазда сверухъ дагӏба
Кьищни-къул бакӏарулев цо регионалияв оператор щибаб регионалда тасдикъ гьавизе байбихьана улкаялда гьелда хурхун реформа къабул гьабун хадуб. Гьев операторги тасдикъ гьавула щибаб регионалъул Тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъ. Дагъистаналда гьединав операторлъун букӏана «Лидер» компания.
Тахшагьаралъул мэриялъул пресс- хъулухъалъул нухмалъулей Зайнаб Гӏалимирзаевалъ, гьеб ахӏвал- хӏалалъул бицунаго, гьадин абуна:
— «Лидер» компаниялъ министерствоялъулгун гьабун букӏараб къотӏи-къай хвезабуна. Гьелъие гӏиллалъунги гьез рехсолеб буго кьищни бакӏараралъухъ 2021 соналда чӏезабулеб тариф рехсараб министерствоялъ жеги чӏезабун гьечӏолъи.
Законалда рекъон «Лидералъ» жидецаго къотӏи хвезабулеб бугони, цӏияв регионалияв оператор тӏаса вищизегӏан жидедаго тӏадаб хъулухъ тӏубазе кколаан гьелъ. Амма компаниялъ гьеб низам цӏуничӏо. Дида бичӏчӏухъе, гьезие къваригӏун букӏана исана соналдаса байбихьун, кьищни бакӏараралъухъ кьолеб мухь цӏикӏкӏинабизе.
Тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъги республикаялъул тарифазул хъулухъалъги гьез цебе лъураб шартӏ къабул гьабичӏо. Гьаниб баян гьабизе ккола цоги хӏужаги. Кьищни-къулалъул реформаялда рекъон, гьеб бакӏаризе регионалияв оператор тасдикъ гьавун хадуб, рищни бакӏариялъул хӏалтӏи гьабизе ккола цохӏо гьеб идараялъ ва тӏокӏаб лъилниги ихтиярги букӏунаро гьеб хӏалтӏизе тӏубазабизе. Гьелда рекъон, жидедаго тӏадаб хъулухъги гьез тӏубазе ккола ракӏбацӏцӏадго. Амма нилъер гьаниб гьедин гьечӏо. Министерствоялъги «Лидер» компаниялъги хъвараб къотӏиялда буго цо гьадинаб тӏадежубай: масала, къалазда жаниб бугеб гурони, сверухъе бан батараб рищни гьез бакӏаризе кколаро. Гьединлъидал къалазда аскӏоб лъугьараб рощнол гъуни гьез квер хъвачӏого толеб букӏана.
Гьанже цӏияв регионалияв оператор щвезегӏан жидее кумек гьабиларищин гьарана нижеда Тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъ. Цӏакъго гӏорхъолъа борчӏараб хӏалалде иш ккечӏого букӏине, нижецаги кӏвараб рес батун, хӏалтӏи гьабулеб буго.
Шагьар бацӏцӏад гьабулел хӏакимзаби
Иш цойиде ккезегӏан ва цӏияв оператор щвезегӏан нижеца кӏвараб хӏалтӏи гьабизе буго. Гьабсагӏат, гӏадамал малъичӏого, хӏалтӏулеб буго 1130 техника. Гьединго нижеда кверчӏвалеб буго предпринимателазги цогидал идарабазги. Мисалалъе, нижер букӏинчӏеб, кьищни-къул бакӏаризе кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб хасаб техника кьуна гьез нижехъе, — ян бицана З. Гӏалимирзаевалъ.
Каспийск — къватӏал рацӏцӏад
гьарулеб хъулухъалъухъ балагьун
Рищни-къулалъул гохӏазул цӏун руго Каспийскиялъул минабазда цере ругел азбаралги.
19 январалда шагьаралъул мэр Борис Гонцовас лъазабуна рищни бакӏаризе «Зеленый город» абураб муниципалияб бюджеталъулаб цӏияб идара рагьизе бугин кватӏичӏого. Цохӏо кьищни бакӏари гуребги, нухлул рагӏа-ракьанда ругел ракъварал гъутӏби нахъе къотӏиялъул, гьединго къватӏул гьаби кквеялъул хӏалтӏабиги тӏуразе руго гьеб хъулухъалъ.