Коронавирусалъул унтудаса цӏуниялъе гӏадамаз щиб гьабулеб бугебали бихьизе росабалъе унев Гъуниб районалъул бетӏер Мудунхӏажи Къадировгун цадахъ ниж щвана Кудалиб росдал участкаялъулаб больницаялде.

Ниж рачӏиндал, больницаялъул хӏалтӏухъабаз бицана жидер гьаниб гьалбал гӏодор чӏезаризе сах-саламатал бакӏалцин гьечӏин абун. Хъваш-баш гьабун хадуб, районалъул бетӏерас, больницаялъул хӏалтӏул, гьенир гӏолел-гӏоларел рахъазул, цере чӏарал масъалабазул хӏакъалъулъ бицун, медицинаялъул хӏалтӏухъабазулгун данделъи тӏобитӏана. Районалде ахӏун анин абун, гьеб къоялъ больницаялъул заведующая Басират Ахӏмадова хӏалтӏуда ятичӏо. Гьединлъидал нижер гара-чӏвари ккана кӏудияй медсестра Гӏабдурахӏимова Умарашидатилгун.

Кавказалъул рагъул соназда вихьун вуго цересел кудалисезда тӏоцебе хъахӏаб халгӏат ретӏарав чи ва рагӏун буго гӏурусазул цӏар рагӏарав тохтур Пироговас авлахъалъулал шартӏазда операция гьабиялъул хабар. Гьесул кумекчилъун вукӏун вуго Кудалиса Къадиев Къади. Пироговас гьесие сайгъатги кьун букӏун буго.

Машгьурав хирургасе операциязда кумек гьабулеб букӏун буго Кудалиса Арцулаев Муртазагӏалица. Гьесул пагьму-гьунаралдасаги лъукъарал сах гьаризе бугеб махщалидасаги разилъарав Пироговас гьесие сайгъаталъе хирургиялъул алатазул наборги кьун буго. Гьелги хӏалтӏизарун, гвангвараялъул ракьаги борлъун, Муртазагӏалица цо лъукъарав рагъухъанасе операция гьабиялъул хӏакъалъулъ кудалисез жакъаги бицуна.

Гӏадамал сах гьариялъе Аллагьас гьединаб махщел кьурал чагӏазул росулъ буго цӏакъго цебе бараб гӏадаб, пуланав чиясул минаялъуб хӏебтӏун бугеб, 11 койка-бакӏ бугеб больница. Гьенив вуго 16 хӏалтӏухъанги.

Руго цаби-гӏусазул ва гӏаммаб кабинетал, руччабазул ва бихьиназул палатаби.

Ахираб нухалда больницаялда капиталияб ремонт гьабураб мех лъалеб гьечӏо. Больницаялда гьечӏо сах-саламатаб мебель, бугебги буго басрияб, мукъсанлъи буго бусен-къайиялъул рахъалъ. Дарабазул рахъги расги лъикӏаб хӏалалда гьечӏо. Газеталда лъезе больницаялъул минаялъул сурат бахъулев дида медсестраялъ абулеб рагӏана: «Суратал рахъичӏого, нижее дарабаздалъун кумек гьабуни лъикӏ букӏина», — ян.

Гьел шартӏазда хӏалтӏулел больницаялъул хӏалтӏухъабаз бицана гӏадамазда гьоркьор тӏиритӏун ругин рекӏел ва бидурихьазул, гьуъразул, ургьисалабазул унтаби, хаслихъе ва хасало — гриппалъул унтаби, гӏемерлъун ругин бидул тӏадецуй цӏикӏкӏарал чагӏи.

Диспансеризациялъ бихьизабула халкъалъул сахлъиялъул бугеб хӏакъикъияб ахӏвал-хӏал. Гьединал хал гьабияз чӏезабуна туберкулезалъ унтарав чи къанагӏат вукӏин, щуго чи вуго чакрил унти бугев, анлъго чи — ракалъ унтарав.

Жакъа больницаялда къваригӏинчӏеб жого гьечӏин абуни, мекъи букӏинаро. Амма гьелъул хӏалтӏухъабаз районалъул бетӏерасда гьарана жидее ксероксги, компьютерги, хехаб кумекалъул цӏияб машинаги щвезе кумек гьабейилан.

М. Къадировасги рагӏи кьуна, кватӏизе течӏого, гьезул гьари тӏубазабизе.

Гъоркьиса хӏукму гьабун букӏун буго росдал больница къазе, амма районалъул бетӏерас биччан гьечӏо. Жакъа бугеб гӏадаб хӏалалда больница тани, медиказе хӏалтӏи букӏин гурони, унтаразе гьелдаса мукъсанаб гурони пайда букӏинаро.

Кинго бичӏчӏуларо, «Земский тохтуриланги» абун, миллион гъурущги босун, хӏалтӏизе ячӏарай больницаялъул заведующая Басират Ахӏмадовалъ, кумек гьарун, щай ахӏи баларебали. Цӏакъго ракӏ бухӏун гӏодани, беццаб бадисаги магӏу бачӏунин гурищ абулеб.

Хӏалтӏуе гьечӏел шартӏазул ва ресазул рахъалъ больницаялда лъугьун бугеб захӏматаб ахӏвал- хӏалалъул бицун щай Басират кумек гьарун райадминистрациялде унарей, райбольницаялъул бетӏерав тохтурасухъе щай яккуларей, Сахлъи цӏуниялъул министерствоялде ун, щай гӏарз гьабулареб, сахлъи цӏуниялъул хӏалтӏухъабазул рескомалда щай лъазабулареб?!

Гьел ва цогидалги суалазе жаваб балагьизелъун телефоналдасан бухьен ккуна Б. Ахӏмадовалъулгун. Цо чанго суалалъе жаваб кьейин чанцӏул гьараниги, «дир заман гьечӏинги» абун, гьелъ кӏалъазе инкар гьабуна.