8-19 январалда Хьаргаби районалда тӏобитӏана «Лъагӏалил учитель – 2021» абураб къецалъул зоналияб бутӏа. Гьелда гӏахьаллъана мугӏрузул магӏарул районаздаса 11 учитель.

Хьаргаби росдал Маданияталъул кӏалгӏаялда тӏобитӏараб гьеб тадбиралда гӏахьаллъарав Хьаргаби районалъул бетӏер Мухӏамадгӏали Тӏагьировас гьадин абуна:

— Метерисеб къоялъул хӏакъалъулъ пикру гьабулаго, нижер хьул букӏуна камилаб лъайги лъикӏаб тарбияги щвараб гӏелалде. Гьединаб гӏел куцан бажарула учительзабазухъа», — ян.

Къецалъул жюриялъул председатель, ДИРОялъул гӏелмиябгун методикияб рахъалъ проректор Миясат Муслимовалъ бицана:

— Исана «Лъагӏалил учитель» конкурс байбихьулеб буго Мугӏрузулаб территориалияб округалдасан. Цересел соназул хӏалбихьиялъ бихьизабулеб буго: мугӏрузул росабазул школазда хӏалтӏулел руго махщелги лъайги бугел учительзаби. Гъоркьиса тӏобитӏараб къеца-лъул Тӏолгороссиялъул бутӏаялъул хӏасилал гьаричӏого хутӏана пандемия сабаблъун. Гьеб тӏобитӏизе буго кватӏичӏого, Волгоградалда. Гьение ине кколаан Махӏачхъалаялъул школалдаса учительница. Гьал къоязда хабар бачӏана, гьей ковидалъ унтун йигилан ва Волгоградалде витӏизе ккола гъоркьиса республикаялда кӏиабилеб бакӏалъе мустахӏикълъарав учитель, — ян.

«Методикияб семинар» абураб конкурсалъулаб бутӏаялда учительзабаз бицана хӏажатал технологиязулги, дарсида гьел хӏалтӏизариялъулги, кколел хӏаси-лазулги хӏакъалъулъ. Масала, Лъаратӏа районалъул Шидиб росдал школалъул историялъул учитель Гӏабдухаликъ Искантиевас бицана жинцаго кьолеб дарсиде рокьи куцаялъул мурадалда, учителас гӏемер хӏалтӏизабизе кколин цӏалдохъанасул ракӏ батизабулеб рагӏийилан. Цӏунтӏа районалъул Мокъокъ росдал школалдаса Гӏали Мусаевасул пикруялда рекъон, цӏалдохъанасулъ куцазе ккола «дир гӏумруялъул бетӏергьан дун вуго» абураб пикру.

Хунзахъ районалъул Харахьиса Гӏумар Гъазимухӏамадовас биологиялъул дарсазда хӏалтӏизабулеб буго компьютеразул хӏаязде лъималазул рокьи. «Хӏаял жалго теян абун ахӏи баялъул хӏасил букӏунаро – лъимал ругьун гьаризе ккола дарсие пайдаялъе хӏай хӏалтӏизабизе. Гьелъие къваригӏунел гӏемерал программабиги руго», — янги бицун, гьес бихьизабуна рехсараб методика дарсида хӏалтӏизабиялъул видео-фрагмент.

Цӏумада районалъул Тӏисси-Ахикь росулъа Завжанат Гӏабдулаевалъ хӏалтӏизабула сахлъи цӏуниялъул технология. Гьеб ишалъулъ гьелъие хӏалае рахъуна цӏалдохъабазул улбулги росдал ФАПалъул педиатрги. Сахлъи цӏуниялъул мурадалда гьелъ кӏвар кьола классалда аваданаб ахӏвал-хӏал чӏезабиялдеги.

Гӏахьвахъ районалъул Ингердахъ росулъа Мусахъай Мусахъаевас тӏаса бищун буго цогидазда релълъинчӏеб ва къанагӏатаб тема – «Цӏалдохъабазулъ жигарчилъи куцаялъул мурадалда учителасул артистизм хӏалтӏизаби». Гьесул кӏалъаялъ лъикӏаб асар гьабуна семинаралъул гӏахьалчагӏазеги.

Ахиралда жюриялъ хӏасил гьабидал, тӏоцебесеб бакӏ щвана Елена Мухӏамадовалъе (Хьаргаби районалъул Хъвартихьуни росу), кӏиабилеб бакӏ ккуна Рамазан Гъазимухӏамадовас (Гъуниб районалъул Гъоркьа Кӏогьориб росу), лъабабилеб бакӏалъе мустахӏикълъана Патӏимат Гӏабдулгӏазизова (Унсоколо росдал №2 школа), Раисат Гӏабдулаева (Чӏарада районалъул Цӏуриб росу) ва Мусахъай Мусахъаев (Гӏахьвахъ районалъул Ингердахъ росу).