2020 соналда Халкъазда гьоркьосел адабияталъул центразул ва ассоциациязул жюриялъ жидер творчествоялъул цӏех-рех гьабурал хъвадарухъабазегун шагӏирзабазе шапакъатал кьуна 2021 соналъул байбихьуда.
Халкъазда гьоркьосеб адабияталъул премиялъул лауреатазда гьоркьой йиго ДРялъул халкъияй шагӏир Баху-Меседу Расуловаги.
Баху-Меседу Расулова ккола А. С. Грибоедовасул цӏаралда бугеб Тӏолгороссиялъул литературияб премиялъул лауреатлъунги. Гьей мустахӏикълъана «Россиялъул литератураялъулъ лъураб бутӏаялъе гӏоло» медалалъе, Волоколамск шагьаралда тӏобитӏулеб Тӏолгороссиялъул хъвадарухъабазул фестивалалъул «Тӏадегӏанаб шигӏрияб махщалие гӏоло» абураб дипломалъе, Азербайжан республикаялъул Хъвадарухъабазул союзалъул Хӏурматалъулаб дипломалъе.
Хвел гьечӏел асарал
Цо-цо кечӏ букӏуна дунялалъулго халкъазе гӏаммаб, гӏасрабазго хвел гьечӏеб. Гьединазул цояб ккола Баху-Меседул «Тӏупандай тӏелеб» абураб кечӏги. 2016 соналда рухӏияб темаялда хъварал кучӏдузда тӏасан Казаналда тӏобитӏараб къецалдеги гьебги цоги чанго кечӏги битӏун букӏана. Гьениб тӏоцебесеб бакӏ щвараб кечӏалъе халкъазда гьоркьосеб премияги кьуна.
«Россиялъул меседил перо» абураб халкъазда гьоркьосеб литературияб къецалъул хӏасилалда рекъон, Северияб Кавказалъул ункъо шагӏирасул ва Расуловалъул
гӏаммаб «Шигӏриял цӏвабзазул кунчӏи» («Созвездие родственных душ») абураб тӏехь мустахӏикъ-лъана В. Шекспирил литературияб премиялъе.
Баху-Меседул творчествоялъе тӏадегӏанаб къимат кьуна 70-абилел соназдаго машгьурал хъвадарухъабазгун шагӏирзабазги. Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалда тӏобитӏараб гӏолохъанал шагӏирзабазул данделъиялда гьелъ цӏаларал кучӏдул цӏакъ лъикӏ къабул гьарунги рукӏана.
— Дида гьенив тӏоцеве вихьана Гӏумар-Хӏажи Шахтаманов. Цӏакъ ритӏухъав чи вукӏана гьев. Тӏабигӏаталде рокьигун магӏарул мацӏалда хъварал кучӏдул жинда гӏемер рагӏичӏинги абун, гьес кӏуди-яб къимат кьуна дир асаразе, — ян бицана халкъияй шагӏиралъ.
Гьелдаса хадуб «Детдомалдаса вас» абурабги тӏабигӏаталъул хӏакъалъулъ хъвараб цо чанго кечӏги «Гьудуллъи» альманахалдаги рахъана. Гьел цӏалидал, Расул Хӏамзатовас гӏолохъанай шагӏиралде хъвараб кочӏолъ руго гьадинал мухъал:
Баху Расулова,
йихьун дида мун,
Дагьа-макъай гурей,
жеги лъаларо.
Жакъа дун
вуссана сапаралдаса,
Саламгун баркала буго дир дуе.
Гьабсагӏат цӏалана
«Гьудуллъиялда»
Цогидазда гьоркьор
дур асаралги.
Лъица гъоб абураб
магӏарул кочӏол
Куркьбал хӏулун ругин,
гьел мекъи руго.
Дие рохел буго. Цӏалана, лъана, –
Цӏияй шагӏир
гӏуна Дагъистаналда.
Ракӏалъ ватӏаналде ахӏула
Жакъа къоялде щвезегӏан магӏа-рул, кӏаратӏисезул, гӏурус мацӏазда 50 тӏехь къватӏибе биччана Баху-Меседуца. Гьелъул асарал руссинаруна гӏурус, ингилис, гӏараб, азербайжан, украин ва цогидалги мацӏазде.
2020 соналда щуго тӏехь къватӏибе биччана. «Кӏаралазул тарих ва жакъасеб къо» абураб тӏехьалде гъорлъе бачун буго 2014 соналдаго къватӏибе биччараб «Дир Гъалбацӏдибир. Кӏаралазул наибзаби ва гӏалимзаби» абураб гӏурус мацӏалда хъвараб тӏехьги, кӏаралазул тарихалъул хӏакъалъулъ жинцаго хъварал гӏемерал макъалабиги. «Свет души» абураб магӏарул ва кӏаралазул мацӏазда хъварал кучӏдузул кӏиго тӏехь биччана Махӏачхъалаялда, гьединго гьебго тӏехь гӏурус мацӏалда къватӏибе биччана Москваялдаги. Щуабилеб тӏехьги ккола кӏаралазул ва цогидалги хъвай-хъвагӏай гьечӏел Да-гъистаналъул мацӏазда хъвадарулел авторазул асарал данде ракӏарараб «Аманат» тӏехь.
— Цее дун кӏаралазул мацӏалда хъвадарулароан. Гьелъие хӏажалъиги букӏинчӏо. Росулъ киналго кӏаралазул мацӏалда кӏалъалаан. Школалда дарсида гуреб гӏурус мацӏги бицунароан. Гьанжейин абуни школалдаги, рокъобги, къватӏибги лъималаз гӏурус мацӏ бицунеб буго. Лъималазул ахикьгицин лъимал гӏурус мацӏалда кӏалъалел руго. Хӏинкъизе бачӏана тӏагӏинин нижер мацӏин абун. Гӏадамаз тӏагӏине биччан таниги, тӏахьаздагӏаги цӏунун хутӏилин гьебин абураб хьулгун, фольклориял асаралги ракӏарун, тӏехь бахъана. Жакъа къоялде щвезегӏан кӏаралазул мацӏалда чанго тӏехь къватӏибе биччана. Нилъеда тӏадаб борч буго аза-азар соназ умумуз пайда босулеб букӏараб рахьдал мацӏ цӏуни, — ян бицана Б.-М. Расуловалъ.
Кӏудияб адабгун ракӏалде щвезарула гьелъ гӏемерал соназ «Багӏараб байрахъ» хадуб «Хӏакъикъат» газеталда гьабураб хӏалтӏиги.
Диниял умумузул наслуялъул яс
Баху-Меседуца кучӏдул хъвазе байбихьана гьитӏинго. Микьабилеб классалда цӏалулеб мехалда районалъул «Заман» газеталда рахъа-рал кучӏдул рачӏиналъухъ балагьун чӏарай жиндирго къасдазде нуцӏа къараб лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъги бицана шагӏиралъ.
— Дир эбел-эмен рукӏана цӏакъ диналда тӏад чӏарал, шаргӏалъул нухдаса кьуруларел гӏадамал. Тӏоцере газеталда рахъизе кьурал кучӏдул кидадай къватӏире рачӏинаян рекӏелъ хӏинкъигун йикӏана дун. Эмен хӏалтӏулев вукӏана почалда бухгалтерлъун. Рокъове вачӏиндал, дир кучӏдул рахъараб газета гьес столалде рехана ва гьаб иш дуе данде кколарин лъазабуна. Гьеб мехалда лъана дун вацгӏаласе абун йикӏинги. Гьеб букӏана хъвай-хъвагӏаялде ва цӏалуде машгъуллъараб мех. Дурго рокъоб квен-тӏех гьабизе ругьунлъейин, тӏокӏаб хъвадариялъул жинда рагӏугейин лъазабуна инсуца.
Школалъул цӏалул хӏакъалъулъ цӏехолароан нижеда инсуца. Школалде иналде киназдаго как базе малъулаан. 10 сон бараб мехалда Къуръан цӏализеги малъана.
Аллагь тӏаса лъугьаги, гӏоло-хъанлъуда дихъа бажаричӏо умумуз малъараб къагӏидаялъ дин гьабизе. Цӏали, хӏалтӏи, лъимал рукӏунаан тӏоцебесеб иргаялда. Кӏудияй гӏунагӏан ракӏалде щвана ва хӏисаб гьабуна гьитӏинаб къоялдаса нахъе эбел-инсуца нижее кьолеб букӏараб исламияб тарбия.
2003 соналда эбел-эмен дидаго аскӏоре гӏумру гьабизе рачана. Къойилго гьарулаан гьез вагӏза-насихӏатал. Эбелги цадахъ ячун Чӏикӏае, Сагӏид-афандиясухъе вирд босизеги ана дун. Гьеб мехалда хӏежалде инеги цӏакъ гъира ккана. Эбелалъ абуна хӏежалде иналде какалги кӏалалги рецӏизе, гӏадамалги тӏаса лъугьинаризе, ретӏа-къайги исламалда рекъараб букӏине кколин. Ясги рукъалде юссун йигин, гӏицӏго дунялалъе пайдаяб гуребги, ахираталда батулеб пишаги цӏикӏкӏинабеян малъулаан эбелалъ. Кӏиго соналдаса хӏежалдеги ана. Гьеб мехалда тӏубанго хисанин абизе бегьула дунялалдехун бербалагьи.
Хӏежалде щвараб мехалдаги чӏезе кӏвечӏо диего Тӏадегӏанас кьураб пагьмуялда рекъон хъвадаричӏого. Гьениб дир рекӏее гьабураб асаралъ къаси гостиницаялде щвараб мехалдагицин кьижизе бокьуларого йикӏунаан дун. Гостиницаялдаги цадахъ цо рокъоб Кӏаратӏаса анкьго чӏужугӏадан йикӏана. Кьижун гӏадамалги тун чирахъ бакизе рес букӏунароан. Гордукьги кӏусун моцӏрол канлъухъе хъвалаан, гьеб хирияб ракьалда гьабураб асаралъ рекӏелъ рижизарулал кочӏол мухъал.
Хӏежалдаса юссиндал газеталдаги рахъана гьел кучӏдул. Динияб темаялда хъварал кучӏдузул «Иманалъул улка» абураб тӏехьги биччана къватӏибе.
Дун йикӏунаан политикаялъул хӏакъалъулъ бицуней, хӏакимзабазул ритӏухълъи гьечӏин гӏарзахъдулей. Гӏемерал сонал руго хӏалтӏиги тун, дирго хъвадариялде юссаралдаса. Дица гьанже кинабго Аллагьас гьабилин тола. Аллагьасе бокьун гурони тӏабигӏаталда тӏамахцин шуруларелъул. Гьедин чӏани нилъерго нервабиги сахлъиги цӏунун хутӏула. Къиямасеб къо тӏаде щведал, Гӏарасат майданалда инсанасда бищунго цӏикӏкӏун кӏал гьикъизе бугин абула кӏал, гӏин, мацӏ сабаблъун. Аллагьас бижун буго дунял, бижун буго халкъ. Гьев вуго Къадир. Гьес кьела къимат. Дун гуро гьелъул гӏадлу гьабизе тарай гӏадан. Гьедин чӏезе бокьилаан киналго гӏадамалги. Бокьилаан гӏадамаз цоцазда нахъаса мацӏал гьаричӏого, гъибат гьабичӏого тезе. Цоцазул гӏунгутӏаби цӏехечӏого, мекъабщинаб бихьичӏого, бихьаниги рагӏичӏого, бицинчӏого чӏезе. Гьеб мехалда букӏинаан парахатаб гӏумруги.