Дица цо лъалев хирургасда гьикъана тохтурзаби кин сах гьарулелилан. Гьес дие жаваб кьуна:

— Тохтурзаби сахлъизаруларо. Гьел, гъутӏбиго гӏадин, рахъун чӏовухъе хола, — ян.

Гьел рагӏаби цӏалидал, цӏунцӏрахана черх. Гӏумруялъ жиндирго тӏохьол тӏанчал цо лахӏзаталъ нахъехун регана.

Цӏидасанги рагӏулеб буго гӏумруялъул гӏодиги гӏунараб къисматалъул угьдиги. Магӏил цӏурал дир беразда цебе паркъолел руго Махӏачхъалаялъул №22 лъицеялъул рагьараб «Баркала, тохтур» абураб музеялда «Ракӏалдещвеялъул хъорщода» жидер суратал чӏван ругел цогидазул гӏумру хвасарлъиялъе жидерго гӏумру кьурал тохтурзабиги волонтералги…

Къваридаб магӏуялъ хьухьазарурал бералги къапезарулаго, дица цӏалулел руго гьезул цӏарал:

Нурудин Мухӏамадов, Мухӏамад Хӏасанхӏусенов, Аминат Мажидова, Патӏимат Асхӏабова, Гӏали Ибрагьимов, Ирина Пиримова, Юрий Астахов, Ахӏмадхан Мухӏамадов, Светлана Анурьева (волонтер)…

Диде аскӏое ячӏана школалъул биологиялъул учитель Жамилат Нурудинова. Дир магӏуги гӏахьал гьабун, гьелъ бицана гьитӏинабго музеялъул гьитӏинабго тарихалъул хӏакъалъулъ:

— Нижер лицеялда кӏвар кьола медицинаялде. Гьелъие гӏиллалъунги ккола медицинагун биология гъваридго лъазабиялъул идара гьаб букӏин. Шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул начальник В. Дибияевасулги лицеялъул директор Анатова Саламатилги хӏаракатчилъиялдалъун хӏукму ккана музей рагьизе. Аслиял кумекчагӏилъун рукӏана лицеялъул цӏалдохъаби.

Музеялда буго чанго бокӏон.

Гьале «Красная зона». Музей рагьулеб къоялъ, лицеялъул цӏалдохъабаз бихьизабуна гьитӏинабго сценарий – кинаб кумек гьабулеб букӏараб тохтурзабаз захӏматго унтаразе.

Гьале цӏалдохъабаз тохтурзабазул хӏакъалъулъ хъварал докладал, рефератал. Гьенирго – вихьуларев тушманасде данде къеркьолаго, хъахӏал къункърабазде сверарал жакъасеб гӏумруялъул багьадурзабилъун даим хутӏизе ругел тохтурзабазухъе хъварал кагътал. Лъимал гьезда кӏалъалел рукӏана, чӏагоязда гӏадин.

Цо-цо кагътил къункъраги, къункъраялъул гозоялъ хъахӏилзобалазде босун унеб кагъатги. Щибаб кагътил жиндирго магӏна, амма гӏаммаб ахӏи:

— Цӏуне гӏумруялъул берцинлъи,- абураб.

Гьале лъабабилеб бокӏонги. Тохтурзабаз хӏалтӏизарулел рукӏарал цо-цо алатал…

Ракӏалдещвеялъул хъорщодасан нилъее гьимулел ругин кколеб букӏана гӏицӏго Дагъистаналдаса гурел, киназего гӏаммаб Россиялдаса цогидазе гӏоло гӏумру бичарал тохтурзаби.

— Нижер ракӏбухӏичӏо тӏаса бищараб нухалдаса. Гьелъул гӏаксалда, чӏухӏула ниж цогидазул гӏумру хвасар гьабизе щвеялдаса. Нижер гьари буго чӏаго ругезде:

— Цӏуне гӏумруялъул берцинлъиги къисматалъул беричлъиги. Нижги регӏун рукӏинчӏо, чӏаго ругеб мехалда, гьелъул берцинлъиялдаса лазат босизе. Ниж ритӏухъаллъун хутӏана хъахӏаб халгӏаталъе бараб гьаялъе. Бацӏцӏадго хутӏараб гьелъул рагӏдукь талихӏалъул гьогьоми чӏвалеб буго нижеда.

Гӏадамал, рокьула ниж нужее…

Нахъеги гӏунана гӏумру, гӏодана къисмат…