Фашистазул концлагеразда гьоркьоб Саласпилс букӏана бищунго гӏасияб. Гьеб хӏалтӏана лъабгогӏан лъагӏелалъ ва гьениб чӏвана аза- азар лъимер. Гьеб букӏана хвалил лагерь гуребги бидул банклъунги. Зулмуялъ тату хун, ракъун-къечон холел, жеги щуго сонцин бачӏел лъимал фашистаз рикӏкӏунаан бидул цӏурал чӏагоял контейнераллъун ва медицинаялъул экспериментазе щвараб материаллъун.
Лагерь бан букӏана жугьутӏазе
1941 соналъул октябралда Латвиялда базе байбихьана лагерь. Гьеб балеб букӏана Саласпилс абураб поселокалда гӏагарлъухъ – фашистаз гьелда Кайзервальдин абун цӏар лъунги букӏана.
«А» эйнзатцгруппаялъул (тӏомол кьералъухъ балагьун ва рейхалъул политикиял тушбабигун къеркьолеб СДялъул хасаб къокъа) нухмалъулев Шталекерица жиндир нухмалъулезухъе хъван буго: «1941 соналъул тӏоцебесеб декабралдаса нахъе рейхалдаса бачӏунеб буго жугьутӏал рачунеб транспорт. Гьезда гьоркьоса 20 азарго чи витӏана Ригаялде. Лагерь балезда гьоркьор киналго руго жугьутӏал ва гьаб лагералда ихдал ракӏаризе бегьула исана хасало хвечӏого рорчӏарал киналго жугьутӏал», — ан.
Хадубккун ССалъул генерал Йекельница судалъе кьурал баяназда рекъон, щибаб анкьалда концлагералде бачӏунаан жугьутӏазул цӏураб кӏиго-лъабго эшелон. Щибалда вукӏунаан азаргониги чи. «Нижеца чӏвана гӏага-шагарго 87 азаргогӏанасев жугьутӏав, цогидал улкабаздаса Саласпилс лагералде вачӏарав», — ан мухӏкан гьабуна гьес.
1942 соналъул риидалалде Саласпилсалъул лагералде щвезаризе байбихьана латышазул антифашисталги асирлъуде ккарал советиял солдаталги, – цыганалги.
Бахъулаан ахирисеб бидул къатӏрацин
Официалияб Латвия мукӏурлъулеб гьечӏо Саласпилсалда гӏемерал лъимал чӏванин абураб хӏужаялъе, амма гьеб тасдикъ гьабула гьединал ишазул нугӏзаллъун рукӏарал гӏадамазул ракӏалдещвеязги киназдаго лъалел ишазги. Аслияб къагӏидаялда гьенире рачунаан Белоруссиялдасаги Россиялъул Псков, Калинин ва Ленинград областаздасаги лъимал.
Официалиял документазда Саласпилсалда абулаан «Захӏматалъул рахъалъ тарбия кьеялъул лагерилан» абун. Амма хӏакъикъаталда гьеб букӏана бидул банклъунги инсанасул ракӏ гъанцӏизарулел медицинаялъул хӏалбихьиял гьарулеб бакӏлъунги. Гьенир рукӏана кӏиго, лъабго сон баралги, жеги эбелалъул керен хахулелги лъимал. Цӏаралъул бакӏалда щивасул букӏана маххул жетоналда тӏад бикӏараб номер. Лъабго соналъ хӏалтӏана лагерь ва гьеб заманалда жаниб гьениб бахъана лъималазул бидул 3500 литр. Гьеб битӏулаан госпиталазде — гьенир ругел ССалъул офицерзабазул сахлъи камил гьабиялъул мурадалда.
Гӏисинал асирзабазе бищунго захӏматаб лахӏзатлъун букӏана хъахӏаб халгӏат ретӏарав немец баракалъуве вачӏин ва столалда тӏад медицинаялъул алатал гьес тӏиритӏи. Вахӏшиял тохтурзабаз лъималазе буюрухъ кьолаан регаян ва квер гӏебеде битӏеян абун. Гӏемерисез сихӏтун малъараб гьабулаан. Инкар гьабурал столалда рухьунаан ва зулму гьабун бахъулаан гьезул би. Рухӏ тӏагӏун, хвалде рехарал лъимал рачунаан баракалъуса къватӏире ва лагералъул коронир рухӏулаан яги аскӏоб бугеб лъел каналалъуре рехун толаан.
Гьелде тӏадеги, Саласпилсалда рукӏарал лъималазда хӏалбихьулаан батӏи-батӏиял загьруязул — лъималазе кьолеб кванилъе балаан мышьяк яги гьарулаан, гьебги гъорлъе жубан уколал, ялъуни загьруял газазул цӏезарурал камерабазде ритӏулаан.
7000 лъимер чӏвана
Статистикиял баяназда рекъон, Саласпилсалда букӏана 12 азарго советияб лъимер ва гьезул бащдалдаса цӏикӏкӏун хвана, донорал хӏисабалда хӏалтӏизарун хадуб. Амма фашистаз хӏаракат бахъана жидерго чӏвадарухъанлъиялъе нугӏлъи гьабулел хӏужаби рахчизе.
Масала, судалда жавабал кьолаго фашистаз кьурал баяназда рекъон, гестапоялъул хӏалтӏухъан Блобелил нухмалъиялда гъоркь тӏагӏинаруна гӏемерал асирал рукъун рукӏиналъул лъалкӏал, гьезда гьоркьор — Саласпилсалъул туснахъазулги. Лъалкӏал хутӏунгутӏиялъул мурадалда фашистаз рухъулаан гӏемерал жаназаби цадахъго рукъарал хобал ва рухӏулаан гьезул хутӏелал. Хобал рухъизе тӏамулаан жугьутӏал ва гьелги, хӏалтӏи гьабун бахъараб мехалда, чӏвалаан ва цӏадаре рехулаан.
1944 соналъул хасалихъе, советияб аскаралъул гьужумалъукьа лъутулаго, фашистаз, лъалкӏал рахчиялъул мурадалда, чӏвадназде буссинабуна Саласпилс концлагерь, гьелъул хӏалтӏухъабиги (немцалги латышазул полициялъулалги) хехго ритӏана батӏиял бакӏазде.
1945 соналъул 28 апрелалда Саласпилсалъул ракьалъул халги гьабун, гьениб батараб 54 хобалъуб батана 632 жаназа. Судалъулаб медицинаялъул экспертазул хал гьабиялда рекъон, гьезда гьоркьоб букӏана 114 хахулеб лъимер, 106 — 1-3 лъагӏел бараб, 91 лъимер — 3-5 сон бараб, 117 — 3-8 сон бараб…
Саласпилсалда чӏварал гӏисинал туснахъазул хӏурматалда рагъдаса хадусел соназда гьениб бана мемориал.