Редакциялде гьоболлъухъе вачӏун вукӏана Цӏумада районалъул Хушет росулъа Хӏапиз Абулмуслимов. Бигьалъиялда хадур гӏатӏиракьалде гӏадамалги гочун, чӏунтулел росабазул цояб батилин ккун букӏана Хушетги. Амма яшав гьабизе шартӏал кутакалда захӏматал ругониги, росуцоязда ракӏалдацин гьечӏин росу рехун тезеян бицана Хӏапизица.
— Райцентралдаса 99 километралъ рикӏкӏада буго Хушет. Нижедаса хадур руго гӏицӏго гуржиязул росаби. 2055 метралъул борхалъиялда буго нижер росу. Гӏага-шагарго 250 цӏаракиги буго гьениб. Кӏодолъиялъул рахъалъ районалда щуабилеб бакӏалда буго гьеб. Росдае хӏажатал масъалабазул цояб ккола нилъер операторазул (телефоналъул) бухьен гьечӏолъи. Гьединлъидал нижеца пайда босула гуржиязул бухьеналдаса. Грузиялдаса сигнал лъикӏ ккола Хушеталда, нилъер операторазулалдасаги («Хӏакъикъаталъул» гьариялда рекъон, цебесеб номералда бахъун букӏана «Ростелекомалъул» Дагъистаналда вугев нухмалъулев Руслан Ярахӏмадовас гьеб суалалда бан кьураб жаваб. Мугӏрул-щобал ругеб бакӏ букӏиналъ, гьанибе жеги шагьранух гьечӏолъиялъ Хушеталде интернетги мобильнияб бухьенги цӏазе, гьениб техника лъезе захӏмалъулеб буго компаниялъе —редакция). Росулъ гьанжегӏагар бана цӏияб школаги. 70 лъимералъе бакӏ буго гьениб. Гьанжелъизегӏан лъимал хӏебтӏун рукӏана биххун тӏатӏала кколеб гӏадаб, басрияб школалда жанир. Гьенибе къайи-цӏа вертолёталда баччизе квербакъи гьабуна Хунзахъ бугеб гӏорхъаби цӏунулезул къокъаялъ. Хасго гьелъул начальникас. Дагьабниги тӏадагьаб къайи хӏамуздаги лъун баччула росулъе. Машинадул нух гьечӏелъул жеги гьенибе. Нижеда сверухъ буго жеги чанго кули. Гьениса лъималги хьвадула Хушеталде.
— Цо-цо росабалъ гьечӏо лъим. Нужер доба кин бугеб?
— Лъим буго росулъ. Цо-цояз рукъзабахъеги бачун буго гьеб. Гьечӏеб жо буго лъималазул ах. Нижер районалъул нухмалъулев Шамил Гӏумаровас рагӏи кьун буго лъималазул ахги спортзалги рагьизе. Гьев живгоги цевеккун школалда директорлъун хӏалтӏарав чи вугелъул, гьесда лъикӏ бичӏчӏула гьеб масъала. 120 азарго гъурущги данде рехун, росдал гӏолохъабаз дагьалъ цебе Хушеталда гьитӏинабго майданги гьабуна.
— Нужер росдада тӏадехун гӏорхъаби цӏунулезул застава бугелъул, гьезулгун гьоркьорлъаби кинал ругел?
— Кутакалда лъикӏал руго. Зама-заманалдасан вачӏуна гьезул нухмалъулев нижергун кӏалъа-басаял, малъа-хъваял гьаризе. Масала, жидедаги лъазабичӏого чанаре унгейин гьарула гьез росдал гӏадамазда. Гурони, чияр чийищ, нужергоялищали лъазе кколелъулила жидеда. Гьединлъидал нижеца хӏаракат бахъула хӏалтӏи гьезда дандбан гьабизе.
— Туристал рачӏунищ?
— Рачӏунаро, рикӏкӏада букӏиналъ батила.
— Магӏарухъ хасго хасало канлъи къотӏулин гӏарзал рукӏуна. Нужехъ кин бугеб?
— Валлагь, 35 сон ана гьенир то- калъул хӏубал лъуралдаса. Гьедин- лъидал турун руго гьел киналго. Дагьабниги гьури пурабго, регун уна гьел. Цинги росдал гӏолохъабаз рахъун чӏезарула хӏубал. Агъвалиса рахъарал Хушеталде щвезегӏан токалъул хӏалтӏухъаби рачӏине таманаб мех балелъул.
З. ХӏАЖИЕВА