Имам Шамил накълулъаралдаса исана тӏубала 150 сон. Бакъигӏалъул хабалалъ аварагасул инсул вац Гӏабасида аскӏоб ахирисеб руссен батарав Кавказалъул лъабабилев имамас гьаб дунялалъулгун къо-лъикӏ гьабуралдаса ана гьебгощинаб мех. Чанги лъим чвахана Гӏанди ва Авар гӏоразухъан гӏодобе. Гӏемерал лъугьа-бахъинал ккана гьеб 150 соналда жанир магӏарухъги. Гӏезегӏан тӏадчагӏи хисана, чӏвана, ана, лъугӏана. Гьезул гӏемерисезул лъалкӏ билана, къисмат кӏочана. Амма кӏочене рес гьечӏо ма гӏарулазда Ахӏулгохӏги, Гъунибги, Кӏудияв имамас гъазаваталъе гъеж гурун, чодул кьолониб тӏамураб къоло щуго сонги. Кӏочене рес гьечӏо гьаб ракьалда унго-унгояб бахӏарчилъиги, къо хӏехьейги, магӏаруласул кьуригӏан щулияб яхӏги, къвакӏараб хасиятги. Кӏочене рес гьечӏо магӏарулазда нилъерго миллияб тарих. Гьелъул щибаб хӏарп бидулъ къаламги ччун хъвараб бугелъул. Кӏудияв имам хваралдаса 150 сон тӏубаялда хурхун гӏезегӏан тадбирал тӏоритӏизе руго исана. Гьезие байбихьи лъураб кӏудияб сапар гьабуна араб шамат къоялъ, гъазаваталъул рагъул кьогӏлъи бихьарал ва гьениб гӏахьаллъи гьабурал магӏарул росабалъе магӏарулазул Миллиябгун маданияб автономиялъул, «Ахӏулгохӏ» жамгӏияб гӏуцӏиялъул ва халкъазда гьоркьосеб Шамилил фондалъул хӏаракатчагӏаз.
Кӏиго имамасул ватӏан
Сапарчагӏаз тӏоцебесеб рещтӏен гьабуна имамасул инсул росулъ — Генуб. Гьеб букӏана кьерхараб хасалил къо. Гендерил къварилъухъе ниж щведал, гьенир ратана «Ахӏулгохӏ» жамгӏияб гӏуцӏиялъул нухмалъулев Гъайирбег Гӏалиевги, ДНЦялъул гӏелмияв хӏалтӏухъан Гьарадерихъа Мухӏамад Мухӏамадовги, жеги чанго чиги.
Генуб росу кӏалтӏа эхетарал аскарияз жанире риччазегӏан, цоцада хадуб читӏир гьабун чӏарал машинабазул рехьедги букӏана.
Магӏарухъе унаго, машинаялъул гордухъан бихьун гурони, Генуве жеги щун вукӏинчӏо дун. Гӏадатияб гӏумру батана имамасул ватӏаналда. Гӏадамазул яшавалъ берцин гьабураб, гӏиязул гъадиги боцӏул гӏергӏедиги жаниса рагӏулеб, гьединго рогӏрахъан чвахулеб лъел сасги чӏвана гӏинда.
Росдал гьетӏа-кӏичӏарал къватӏахъан гьаругьинан гендерил хабзалахъе къокъана ниж. Дагъистаналъул тӏоцевесев имам Гъазимухӏамадил зияраталде щварабго рекӏее батӏияб асар гьабуна.
Цӏидасан, нахъеги пикрабаз тӏад ханлъи гьабуна: 1829 соналъул сентябрь, гендерил къварилъи; Аллагьас хъван батани, нилъ Алжаналъур дандчӏвалинги абун, кӏиябго хъатикь хвалченгун хучдузде тӏаде кӏанцӏун арав бахӏарчияв имам. Гьесда хадур цо-цоккун кӏанцӏун ун, шагьидлъарал гъазизаби. Гьениса хвечӏого ворчӏун, хадув 25 соналъ магӏарулалги чачаналги данде гьарун, гъазаваталъе гъеж гурарав Шамил.
Хадуб букӏана Ахӏулгохӏ, гурхӏел гьечӏеб кӏудияб дандечӏей, хъизанхъизаналгун цадахъ гохӏда шагьидлъарал муридзаби. Къотӏун гьечӏо жеги кьурабалъ гьезул дандерижи, Аллагь цо вугилан ахӏулеб, зобалазде рагӏараб гьезул зикрудал гьаракь.
Гьединал пикрабигун лъугьана дун имамасул зияраталде. Гьенив аскӏовго вукъун вуго Шамилил эмен Денгал Мухӏамадги. Хабада дугӏа-алхӏамги гьабун, къо-лъикӏ гьабуна кӏиго имамасул росдалгун.
Устарасул ва шагӏирасул ватӏаналда
Хадусеб сапар нижер букӏана Тӏад Инхо росулъе. Гъоркьа Инхо тӏобитӏараб росдал магӏишаталъул кӏудияб ярмаркаялде щварал чагӏи сверана ниж гьениреги. Лъиданиги релълъинчӏеб гӏажаибаб хатӏалъул шагӏир ва гӏалимчи, адабияталъул классик Инхоса Гӏалихӏажиясул ва тӏарикъаталъул устар Гӏабдулхӏамид-афандиясул ватӏан Инхоре ниж щвана къалъудаса хадур.
Росулъ кирниги лъалхъизе заман гӏемер букӏинчӏелъул, устарасул хабаде зиярат гьабуна бачӏинахъего. Гӏабдулхӏамид-афандиясул хабада берцинаб гьаракьалъ дугӏа-алхӏам гьабуна нижер сапарцояв Сасикьа Мухӏамадица. Кӏочон толареб асар гьабуна Кӏудиясул хӏакъалъулъ рагӏарал ракӏалдещвеяз. Устарзабазулги устар, къутӏбу Сагӏид-афандиясулги тӏоцевесев устар вукӏана Гӏабдулхӏамид-афанди. Гьединго гьев ккола республикаялъул муфти, тӏарикъаталъул устар Ахӏмад-хӏажи афандиясул кӏудияв эменги. Гӏажаибго гӏодобе биччараб хасияталъул, берцинаб иманалъул гӏалим. Нус-нус чи битӏараб нухде тӏоритӏарав исламалъул цевехъан. Исламалъ берцин гьавула чи. Устарзабазул баракат нилъее киназегоги камугеги.
Гъоркьа — гьалдолеб гӏор, тӏадехун — гӏумру
Сагъри кьодухъе щваралго, цӏидасан пикрабаз ХӀX гӏасруялде вачана. Ахӏулгохӏда рагъ байбихьилалде цебе, 1839 соналъул авалалда, гьенибги ккана кутакаб рагъ. Нусил бетӏер, Хунзахъа Хириясул Гӏалибегил бетӏерлъиялда гъоркь пачаясул аскаразда дандечӏей гьабуна магӏарулаз. Амма къуват бащадаб гьечӏолъиялъ гьел нахъе къазе ккана. Гьелъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго хъван буго гьунар бугев магӏарулазул шагӏир ва публицист Мухӏамад Хӏамзаевасул «Имам Шамил» абураб тӏехьалда.
Кӏудиял тарихиял лъугьа-бахъиназул нугӏлъун кколеб Сагъри кьодухъе щведал, пикрабаз цо хӏалалда толаро инсан. Гӏемераб жоялде кантӏизавула гьелъ чи. Аралъул хӏисабги гьабизе, умумузул бахӏарчияб къисматалда цебе бетӏер къулизе, гьезул къимат гьабизе ккеялъул асар лъугьуна рекӏелъе. Гъоркьа гьалдолеб Гӏанди гӏурул гучаб гьаракьалъги кутакаб асар гьабула щивав чиясе. Гьаниб хъван гьеб кинабго ургьибе унаро, гьениреги щун сихӏкъотӏун гӏенеккичӏого…
Амма асирлъуде унге щивго чи…
Сагъри кьоги нахъа тун, Ахӏулгохӏда цере лъалхъана ниж. Гохӏда тӏаде балагьараб борхалъиялда гӏешдерил росдада гъоркьа бугеб мемориалияб комплексалде цере ракӏарана киналго. Комплексалда аскӏобго цун бугеб музеялъул директор, Гӏашилтӏаса Султӏанмухӏамад Гӏалиевас бицунеб букӏана машгьураб гохӏда ккарал чӏахӏиял лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ. 1839 соналъул роол моцӏаз, гьалулеб бакъуда гъоркь 80 къоялъ магӏарулаз гьабураб тарихияб дандечӏеялъул хӏакъалъулъ бицунеб букӏана гьес гьалбадерие. Бицунеб букӏана сабураб, берцинаб мацӏалда, щибаб рагӏи рекӏел тӏиналде бортуледухъ, махщалида. Цебеккун чанго нухалда рагӏун букӏаниги, цӏидасанги хӏухьел ккун гӏенеккана дун Ахӏулгохӏалъул тарихалъухъ. Щайгурелъул гьелъул бицен киданиги чӏамучӏлъизе рес гьечӏелъул.
Ахӏулгохӏил гьитӏинлъи,
Гьаб халкъалъул къвакӏунчӏей,
Кьалда муридзабазул
Имамасе мутӏигӏлъи.
Дов Шамилил гӏадиллъи,
Гӏадлуялъул ритӏухълъи,
Лъимер баччун лъадицин
Чӏола гуллида цее.
Цоги нухалъ кӏвар кьун хал гьабун бихье гьал рагӏабазухъ! Хахулел лъималги цадахъ рачун гохӏде рахарал руччаби. Шагьидлъун, рос ракьалде щапидал, гьесухъа бортараб хвалченги борхун, тушманасде тӏаде гъалбацӏаллъун кӏанцӏарал магӏарул руччаби. Тушбабицин хӏайранлъулеб бахӏарчилъи бихьизабуна гьез. Лъеберазарго чиясдаса данде гьабураб, яргъидалъун хьезабураб пачаясул аскаралда дандечӏей гьабуна лъабазарго чияс. Гьезда гъорлъги, туманкӏ кьвагьизе, хвалчен хьвагӏизе кӏолев 1200-гӏанасев чи вукӏанин бицана Султӏанмухӏамадица. Хутӏарал рукӏана руччабиги лъималги.
Ахӏулгохӏда рагъулаго араб лъабго моцӏалъул цояб букӏана Рамазан. Рухӏ тӏагӏунеб чорхое дагьабниги къартӏ букӏине, барсараб чӏарил лъабго мугьги чӏамулаго, гьужумалъ арал муридзаби. Гохӏде тӏаде ххарун рачӏунел тушбабазул читӏир тӏезабизе кодоб хвалченги ккун гьезда тӏаде кӏанцӏарал жеги михъида хӏур чӏвачӏел гӏолохъаби.
Щукӏдузда дал-далун хутӏараб гъежги хӏатӏикье ккезабун, тӏун гьебги рехун, цӏидасан гъазаваталде арав Хунзахъа Хириясул Гӏалибег. Щулалъул гохӏ бахъизе кӏоларого ракӏ свакан, тату хун рукӏана пачаясул солдатал. 100 чиясдаса данде гьабураб магӏарулазул гьитӏинаб къокъа къуркьизабизе кӏоларого гӏемер къо бихьана гӏурусазда. Тату хун букӏана гьезул!
Асирлъуде щивниги унгеян имамас гьабураб амруги рекӏелъ цӏунун, Гӏандигӏурулъе кӏанцӏарай Шамилил яц. Хахулеб лъимерги къвалакь ккун, анцӏго бихьинчиясда данде ягъарай Шамилил лъади Жавгьарат. Ахӏулгохӏалъул бахӏарчияб тарихалъул наслабаз жеги гӏемер бицине буго…
Кӏудияв имам хваралдаса 150 сон тӏубаялда хурхун гьаризе хӏисабалде росарал гӏемерал тадбирал ругин исанаян бицана, гьеб сапаралъул гӏуцӏарухъан, «Ахӏулгохӏ» жамгӏияб гӏуцӏиялъул нухмалъулев Гъайирбег Гӏабдулаевас.
Цебесеб къоялъ гьев ун вукӏана Моздокалде, Шамилил лъади (гьесие Ахъбердил Мухӏамадица хъамизегӏан гьей йикӏана Анна) Шугӏайнатил ватӏаналда гьей ракӏалде щвезайизе мемориалияб хъарщи рагьизе къотӏи-къаял гьаризе. Гьединго имам Шамилил цӏаралда бугеб Северияб Кавказалъул гуманитарияб колледжалдаги мавлид гьабизеги ракӏалда букӏиналъул хӏакъалъулъ бицана Гъайирбегица.
Вилълъа мун Гӏашилтӏе,
щва Ахӏулгохӏде –
Щибаб гохӏда дуда
ватила Шамил,
Сордо рогьа дуца
гӏешдерил росулъ –
Мун гъазаваталде
жанив лъугьина.
Магӏарулазул гьунар бугев шагӏир, Хӏажи Гъазимирзоевасул гьал рагӏаби рагӏичӏев чи къанагӏатги ватиларо. Ахӏулгохӏда букӏараб рагъулъ шагьидлъун тӏубараб росуго чӏван лъугӏанин абизе бегьула гӏешдерил. Рагъ байбихьилалде кӏиго соналъ цебе, 1837 соналъ Гӏашилтӏа росуго гочун буго Нух гьечӏеб гохӏде, гьелда гьединго абула Басрияб Ахӏулгохӏиланги. 1839 соналъ Имам рагъде хӏадуризе гохӏде вахъиндал гьел киналго цадахъ гочана гьенире, Аслияб Ахӏулгохӏде. Рагъ лъугӏун хадуб нахъе хутӏун буго гӏицӏго анкьго хъизам. Доб мехалъ гьениб нахъе хутӏун буго гӏицӏго анкьго хъизам. Гьезул гӏураб наслу буго жакъа росулъ. Ниж дандчӏвана гьезул цояв, Дарбишиласул тухумалъул вакилгун. Жакъа гьесул наслуялъул вас Мухӏамад вуго росдал имам.
Имам Шамилил эбел Бахумеседо жаний йикӏараб мина нижеда бихьизабизе машинаялда рекӏун, нижеда цадахъ вилълъана гьевги гьенисаго Аминов Гӏусманги. Дореги нахъеялъурги чанги интересал, тарихиял баянал гьурщана гьез нижее. Бицана Ахӏулгохӏда вагъулеб мехалъ 14 сон гурони букӏинчӏев Гӏашилтӏаса Къурбангӏалил хӏакъалъулъ. Гьесул нахъа кӏудияв гӏалмичи вахъине вукӏин лъалев вукӏарав имамас гьев гӏумруялъе хӏинкъи бугеб бакӏалде виччалароан. Ахӏулгохӏалда рагъ лъугӏун хадув Къурбангӏали имамасде цадахъ Чачаналде ана. Чачаналъан тӏадвуссун Шамилица гьев Гӏашилтӏе витӏана гӏелму цӏализе. Нахъа гьесул вахъана бергьарав гӏалимчи. Гьесул хабадеги щвана гьеб къоялъ.
Шамилил эбел Бахумеседол минаялъул чӏвадналги риххизарун, цӏиял къадал эхетизарулел руго гьенир гьабсагӏат. Гамачӏги гьебго хӏалтӏизабулеб буго.
Гьединго щвана имамасул заманалда тункӏихер гьабизе хӏалтӏизабулеб букӏараб хъахӏаб ганчӏихъеги. Гӏешдерил годекӏаниб буго гьеб гамачӏ жакъа къоялъги. Гьеб киналъго бергьун кӏудияб асар гьабуна нижее. Гӏажаибго рекӏее гӏуна Гӏашилтӏа росуги гьелъул гӏадамалги. Ниж рокъоре къабул гьарурав Султӏанмухӏамадги ватана унго-унгояб магӏаруласе хасиятаб умумузулго букӏараб тӏабигӏат гъорлъ бессарав инсан. Ниж кванан рахъинегӏанги гӏодов чӏечӏого, батӏи-батӏияб тӏагӏам нижее баччулев чӏечӏо гьев. Разиго къо-лъикӏ гьабуна дица Гӏашилтӏа росдалгун. Кӏудияв имамасул хӏакъалъулъ бицен лъугӏичӏо… Магӏарулал чӏаго ругебгӏан мехалъ гьеб гьоркьоб къотӏизеги гьечӏо, Ин ша Аллагь.
Ашахан ЮСУПОВ,
Генуб-Тӏад Инхо-Ахӏулгохӏ-Гӏашилтӏа-Махӏачхъала
ХАДУРАГӏИ 2 февралалда Махӏачхъалаялда, имам Шамилил цӏар лъураб проспект байбихьулеб бакӏалда, тӏобитӏана гьитӏинабго данделъи. Кӏудияв имам хваралдаса 150 сон тӏубаялде хӏадур гьабураб баннер чӏвана гьениб.