30 январалда Гумбет районалъул Гъоркь Инхо букӏана кӏудияб тадбир. Республикаялъул мугӏрузул росабазда гьоркьоб тӏоцебе гьениб тӏобитӏана росдал магӏишаталъул ярмарка. Тадбиралъул гӏуцӏарухъаби ккола ДРялъул Росдал магӏишаталъул министерствоги Гумбет районалъул нухмалъиги. Дагъистаналъе автономия кьуралдаса 100 сон тӏубаялъул хӏурматалда хурхинабуна гьеб тадбир. Амма Инхо ярмарка тӏобитӏиялъулъ букӏана цоги кӏудияб магӏнаги гӏиллаги. Гьеб росулъ умумузул за- маналдаго сверухъ росабалъаги гӏемерал ричарухъаби рачӏунеб кӏудияб базар букӏун буго. Араб гӏасруялъул 80-абилел соназда, Горбачевасул цӏи гьабун гӏуцӏиялъул заманалда, гьоркьоб къотӏаралдаса тӏокӏаб хӏалтӏулеб букӏинчӏо гьеб базар. Гьанже жидеда ракӏалда бугин щибаб анкьалъ Инхо доб цебего букӏараб даражаялъул базаркъо гьабизеян бицана тадбиралъул аслиял хӏаракатчагӏазул цояв, Гумбет районалъул нухмалъулесул кумекчи Асбег Асадулаевас. Амма цохӏо базаркъо гьабун гуребги, бажарани, щибаб моцӏалъги гьадинабго ярмарка тӏобитӏиялъул къагӏидаги цӏунизе ракӏалда буго гьезда. Радалго квачан букӏаниги, къадеялдехун дагьабго роцӏа-рокъунги ун, лъикӏаб къо букӏана Гъоркь Инхо. Росдал рагӏалде ниж щваралго рикӏкӏадего рагӏулеб зурма-къолол гьаракьалъ бицунеб букӏана жакъа цӏакъ чӏагояб тадбир букӏине бугеблъи. Ниж тӏаде щваралго, росдал бакьулъ бакӏ гӏадамаз занкӏун цӏун букӏана. Цояб рахъалда — белъунеб, бежулеб гьанал махӏги, аскӏоб цӏадуда тӏад лъураб самоварги, гьекъолеб чайги.
ЗАХӏМАТЧАГӏИ ВА ЛЪИКӏАБ ХӏАРАКАТАЛЪУЛ ХӏАСИЛ
Сагӏат анцӏила цоялдехун официалияб куцалъ ярмарка рагьизе сценаялда цере ракӏарана Гумбет райадминистрациялъул нухмалъулев Хӏажимурад Мухӏамадовги, республикаялъул росдал магӏишаталъул министрасул заместитель Шарип Шариповас, Болъихъ районалъул нухмалъулев Руслан Хӏамзатовги, цогидалги. Машгьурав гугарухъан, Чӏарадаса Мухӏамадхан Гӏарациловасе рагӏи кьун бугоан дун гьениве щвараб мехалъ. Гьесдаса хадув кӏалъазе вахъана 1980 соналда Москваялда тӏобитӏараб Олимпиадаялда чемпионлъун вахъарав Мухӏамадхӏасан Абушев. Хӏажимурад Мухӏамадовас жиндирго гьудулзаби-речӏчӏухъаби ахӏун ругоан тадбиралде. Гьез чанги хинал рагӏабиги абуна бакълъулазул ракьги гьезул гӏадамалги кӏодо гьарун. Ш. Шараповас Хӏурматалъул грамотаби кьуна росдал магӏишаталъул хӏалтӏулъ тӏокӏлъи бихьизабурал Цӏиликь росулъа захӏматалъул хӏаракатчагӏазе. Кутакалда гӏибоцӏудехун ва хур-хералдехун рокьи бугел, захӏмат бокьулел гӏадамал ругилан бицана Мухӏамаднуров Сулейманица. Цӏиликь гӏезабулеб буго тайпадулаб гӏи. Гьеб босизе чагӏи рачӏунел руго Белоруссиялдаса, Ираналдаса ва цогидалги къватӏисел пачалихъ- аздасаги. Амма цохӏо гьелда чӏун гьечӏо цӏилкьадерил захӏматчагӏи.
— Дир вацасул васас исана бекьун букӏана 15 сотыхалда бугӏа. Ахирал соназда тӏубанго къанагӏалъун, тӏагӏун букӏанин абизе бегьула гьеб магӏарухъа. Умумузул заманалда цӏакъ кӏудияб къимат букӏана гьелъул. Кутакалда ракъиги кколеб, рокъоса мискинлъиги бачахъулеб нигӏмат букӏана, баркаман. Дида ракӏалда буго лъимерлъиялда, богӏол гӏатӏал хинкӏги белъун, гьелда гьоркьосан бецӏцӏун бачӏараб нахул къатӏра чадида тӏадеги тӏинкӏизабун кваниги, гьелда букӏараб татуги тӏагӏамги. Гьелъул къиматги гьабун бекьун букӏана вацасул васас исана гьеб. Хӏалбихьиялъего гӏадин бекьараб гьелъ лъикӏаб бачӏинги кьуна. Гьелъул ханжуги цӏакъ рекӏее гӏуна гӏадамазе. Лъара-лъарал рачӏун, чӏей букӏинчӏо гьелъул хӏалбихьизе бокьарал гӏадамазул. Шагьаралда ругезцин ахӏун бачӏунаан дагьаб жо жидее битӏизе рес гьечӏищилан, — ан бицана Сулейманица.
ГЬАЦӏУЕ ГЬАБУЛЕБ ХЪУЛУХЪАЛЪУЛ БАЛЪГОЛЪИ ВА ТӏОГЬОДЕ НА БУССИНЕ ТӏОЛЕБ ГӏЕТӏ
Килалъ росулъа Ибрагьимов Мухӏамадица анцӏго батӏияб гьоцӏо бугоан ярмаркаялде бичизе бачӏун. 45 сон буго гьесул гьоцӏо гӏезабулелдаса. Жиндирго магӏишаталъул хӏакъалъулъ гьес би- цана.
— Нижер росулъ, цохӏо дун гуревги, гӏемер руго найихъаби. Цӏакъ гьацӏуда тӏадчӏарал чагӏи руго Ки- лалъ. Мисалалъе, гьацӏул бачӏин лъикӏаб букӏине Ставрополалде, хӏатта Нугъаязул авлахъалдецин щвана. Цохӏо дунго вукӏунаро, ца- дахъ хъизамалъул киналго чагӏиго уна гьединаб мехалъ. Гьедин сезоналда жаниб 15 батӏияб бакӏ хисула нижеца.
— Гьаб заманалда гьацӏуда хадур чӏарал, гьеб босизе бокьарал чагӏи гӏемер данд чӏвала. Амма чангиязул гӏарз букӏуна, бацӏцӏадаб бичун босизе щоларин, чакар бараб батулин абун. Гьедин захӏматаб ишищ кколеб бацӏцӏадаб гьоцӏо гӏезаби?
— Щибниги захӏматаб жо гьениб гьечӏо. Кинабго бараб буго найихъанасул иманалдаги, гьесул хӏалтӏулгин рекӏелги бацӏцӏалъиялда. Чакар гӏемер букӏунин абулеб жоялда банги дица абила, гьабула гьеб хӏалтӏизе, амма гьеб гьабула хасалоде тӏинчӏ цӏунизе наялъе бигьаго букӏине, гьебги гӏемер гьабуларо. Гьелде рачӏине ккечӏеб мехги букӏуна. Мисалалъе, нижеца араб хасалихъе тӏадецин раккичӏого жибго тана тӏулбузухъ бугеб на, хасало наязе гӏураб къадаралда гьоцӏо букӏине. 15 апрелалда ниж гочуна лъарагӏлъиялде. Гъизляралъул авлахъалда гьеб гӏужалъ тӏадбан тӏегьазе байбихьула сверухълъи. Гьенисан ниж уна Ставрополалде, гьениса цоги бакӏалде, гьедин рииго тира-сверулаго, чанго батӏияб тӏогьодаса пайда босулаго уна нижер ва нахъ руссун росулъе гочуна, — ян бицана Мухӏамадица
ГЬАНАЛ КЪУЛАГӏИГИ, РАХЬГИ, ТӏАТӏИГИ
Щабдухъ росулъа гӏолохъанчи Набигуллагьица ярмаркаялде бачӏун букӏана чанго гьанал къулагӏиги, хӏанги, рахьги, гьединго цӏцӏел тӏа тӏиги. 2000 гӏиги, 70-гӏанасеб чӏегӏерхӏайванги бугеб магӏишат буго гьезул хъизамалъул. 270 гъурщиде гьанал килограмм, хӏанил — 250 гъур- щиде бичулеб бугоан гьеб къоялъ ярмаркаялда. Шагьаралда гьабсагӏат гӏиял гьан буго 300-320 гъурщиде, хираго буго цогидаб нигӏматги. Гьан, гьединго, Мелъелтӏа росдал вакилзабазухъги бугоан. Гьарадерихъа бачӏун букӏана бакъ- вараб гьанги. Гъоркь Инхоса Булатханов Сахратулагьихъ бугоан мохмох. Ичичӏалиса Мухӏамад Ханакаевги вукӏана, бакъуда данде кенчӏолел гӏертӏалги цере тӏиритӏун. Квасул щватабиги, хинал къвалгьечӏалги, цогидабги квералъ бессараб ретӏел бичулел руччабиги рукӏана.
КИЛАЛЪА ГӏУМАРИЛ ТИРИЛЪИГИ, БАРХЪАЛИСЕЛГИ, ТУРГЬБИГИ
Тӏад лъун вехьасул тӏагъургун, кодоб эргъахъги ккун Килалъа Гӏумар Хандулаевги вукӏана гьеб дандеруссинги берцин гьабун чӏаголъиялда. 69 сон барав гьес, гӏолохъанчияс киннигин, турникалда гьунарал гьарураб куцалъ дунялго хӏайран гьабуна дагьаб цебегӏан. Интернеталда буго гьеб видео. Инхо букӏараб тадбиралда цӏакъ рекъон вукӏана гьев, унгоунгояв магӏаруласул ретӏа-къайгун. Инхвадерил ярмаркаялде жидерго щагӏил цӏарагӏги босун рачӏун рукӏана Бархъалиса устарзабиги. Гьединго гьенире рачӏун рукӏана Юждагъалдаса гӏадамалги. Инхо ярмарка тӏобитӏулеб бугилан рагӏаралщинал цогидал бакӏаздаса чагӏиги рачӏун рукӏана гьенире. Тургьби рессулей цо гӏадан йихьун, гьелда аскӏове щведал, гьел ратана Гъоркь Инхоса руччаби. Эбелги ясги. Рихьизего берцинал тургьби ругоан гьез хӏадурун. Гьединго гӏертӏил къвалалги рухьбиги ругоан. Амма бищунго берцинго рихьана айфоналгун смартфонал жанир лъезе бегьуледухъ, квегӏенаб куцалда гьез гьарурал гӏисинал хулжал. Гьел гьаризе бокьарал гӏадамазул гӏемераб заказги букӏунин жидееян бицана Инхоса рессарухъабаз. Квен-тӏехги гьарзаго букӏана гьеб къоялъ Инхо. Гьалбал кваназаризе ашбаз хӏадурун бугоан. Щиб бокьаниги, нигӏматги букӏана. Берцинлъиги букӏана киса-кибего. Разиго руссана нижги, Инхобе гьабураб сапаралдаса, разилъи дагь-дагьккун ссун унеб бугеб тахшагьаралде. Болъихъ районалъул нухмалъулев Руслан Хӏамзатовас абуна гьадинал ярмаркаби тӏоритӏизе эстафета магӏарул цогидал районазги къабул гьабизе ккелилан. Цӏакъ лъикӏаб иш буго гьеб. Жакъа кутакалда хӏажат руго гьединал тадбирал. Нилъерго умумузул яшав кинаб букӏарабали гӏолеб гӏелалда бичӏчӏизе, хурухъанасул ва гӏияхъанасул захӏматалъул къимат гьезда лъазе хӏажат руго гьединал дандеруссинал.
Ашахан ЮСУПОВ Гъоркь Инхо – Махӏачхъала