1993 соналда къватӏисел улкабазул мацӏал ва маданият лъазабиялъул мурадалда республикаялдаса чанго студент витӏун вукӏана Египеталде. Гьезда гьоркьой йикӏана Лъаратӏаса Марям Гӏабдулкъадироваги. Гьезул къисмат батӏи-батӏияб ккана. Марямидайин абуни жиндирго къисмат Каиралда батана. Къватӏисеб улкаялда 28 соналъ гӏумру гьабулеб бугониги, магӏарул ясалда кӏвана умумузул мацӏги, маданияталде рокьиги, гӏадат-гӏамалги цӏунизе. Нилъерго ватӏаналдацин рахьдал мацӏ цӏунизе захӏмалъулеб заманалда къватӏисел пачалихъазда гӏумру гьабун ругел магӏарулал щиб мацӏалда кӏалъалел жидерго лъималазда? Къватӏисел пачалихъазда лъай кьеялъул къагӏидаби кинал ругел? Кинаб бакӏлъун бихьулеб къватӏисел улкабазул гӏадамазда Дагъистан? Гьел ва цогидал суалазул «балъголъаби» рагьана нижее Гӏабдуразакъил Марямица.
Марямил эмен вукӏана ингилис ва немец мацӏазул мугӏалим. Мацӏал лъазариялде жиндирго букӏараб рокьи гьес ясалъулъги лъуна. Гӏараб тӏехьалда хъвараб жо цӏидасан тетрадалда хъвазе тӏамулаан инсуца Марям. Коммунистазул заманалда гӏараб мацӏ лъазабизе жиндиего щвечӏеб рес ясалъе тӏалаб гьабуна гьес.
Санкт-Петербургалъул Бакъбаккулгун гуманитарияб академиялъул филиал, Рамазан Гӏабдулатӏиповасул хӏаракаталдалъун, Каспийскиялдаги рагьун букӏана. Лъагӏалидасан академияги къан, цӏали гьоркьоб къотӏизабичӏого Египеталде ритӏизе бокьарал студентаз гӏарзаби хъва- зе кколаан. Къватӏисеб улкаялде унезул сияхӏалда гьоркьоб Марямица жиндирго цӏар хъвачӏо. Египеталде цӏализе ине кканиги, гӏемераб гӏарац къваригӏунаан. Анкьго лъимер хьихьизе ва цӏализабизе кколел эбел-инсудаса нечана гьей гӏараб мацӏ лъазабизе гӏоло къватӏисеб пачалихъалде йитӏейин гьаризе. Студентал Египеталде ритӏулел рукӏин лъарав инсуца ясалда лъазабуна, гӏарцул багьанаги батун, цӏали рехун тезе бегьуларин абун.
КЪОТӏИЯЛДА РЕКЪАРАБ БАТИЧӏО
1994 соналда Дагъистаналдаса студенталгун цадахъ Египеталде, Александриевский университеталде цӏализе ана Марям Гӏабдулкъадироваги. Студентазул городокги букӏине бугин, Москваялдаса стипендияги бачӏине бугин абун рагӏи кьун букӏана студентазе. Египеталде щвейгун кинабго гӏаксалда ккана. Александриевский университеталъул бакӏалда Каиралда бугеб Аль-Азгьар университеталде цӏидасан цӏализе ритӏана гьел. Гьенирги цин гӏараб мацӏ ва диниял кьучӏал лъазарулеб «Дираса хасса» абулеб, ай хасаб лъай кьеялъул байбихьул курсазда цӏализаруна лъабго соналъ. Къуръан лъазабуни, кӏиго соналдасан экзаменалги кьун хадусеб даражаялъул цӏалул идараялде къабул гьарулаан. Гьедин кӏиго соналъги цӏалун, Къуръанги лъазабун, «Хӏадурлъиялъул институталде» цӏализе лъугьана Марям. Гьениеги ячӏинахъего кӏиабилеб курсалде къабул гьаюна гьей. Институталда букӏуна ункъо курс. Лъабабилеб курсалдаго ункъабилеб курсалъул программаги дурус гьабун, институталдаги цӏали рагӏалде бахъинабуна гьелъ. Палхӏасил, къватӏисел улкабаздаса рачӏарал студентаз 6-7 соналда жаниб лъугӏизабизе кколеб школагун институт Марямица ункъо соналда жаниб рагӏалде бахъинабуна.
Хадуб Аль-Азгьар университеталъул «Усулуддин» факультеталде цӏализе лъугьана. Гьениб цӏали рагӏалде бахъинабун бажаричӏо, росасе ун ва лъимал гьарун хадуб цӏали захӏмалъиялъ. Тӏоцевесев вас гьавун хадубги гьей цӏализе хьвадулаан. Чанго километралъул манзилалъ лъелгоцин хьвадулаан цӏализе. Хадубги лъимал гьаридал, цӏализе захӏмалъиялъ кӏиго соналъги цӏалун тезе ккана. Лъабабилеб курсалда цӏали гьоркьоб къотӏизе тунин абун гьей университеталдаса нахъе рехун ятана. Гьелдаса хадуб тӏолабго гӏумру лъабавго васасе тарбия кьеялде буссинабуна Марямица. Тӏалаб гьабизе кколаан унтарай якьадалъулги.
Марямгун цадахъ Египеталде ун рукӏарал студентал, байбихьул хасаб школаги лъугӏизабун, ватӏаналде тӏад руссана, цо-цоял гьенирго хутӏана. Цадахъ цӏалулел рукӏарал ватӏанцоялгун жакъа къоялдаги лъикӏаб бухьеналда йиго Марям. Инсуе кьураб рагӏиги кӏочене тун, цӏалиги рагӏалде бахъинабичӏого ватӏаналде тӏад юссине кӏвечӏо гьелда.
ЛЪИМАЛАЗУЛЪГИ КУЦАНА МАЦӏАЗДЕ РОКЬИ
Инсул мурад тӏубазе къватӏие яхъарай яс гӏадада хвечӏин бицунеб буго Марямил инсул хӏакъалъулъ Патӏимат Гьитӏиновалъ «Бацӏцӏадго цӏунараб гӏаданлъи-вацлъи» абураб макъалаялдаги. Цӏализе лъугьаралдаса нахъе каникулазул заманалда ватӏаналде тӏадюссун ячӏунаан Марям. Иргадулаб нухалда росулъе ячӏарай ясалда эмен захӏматго унтун ватана.
Цӏализе лъугьаралдаса кӏиабилеб сон букӏана байбихьун. Марямида лъалаан инсул захӏматаб унти букӏинги, гьес цебеккунго жиндиего зани хӏадур гьабун букӏинги. Унтун мунги тун, жий тӏад юссун инарин чӏаниги, инсуца гьей Египеталде нухарегӏана. Яс ун кӏиго анкьидасан хвана эменги. Марямида гьеб пашманаб хабар лъабго моцӏидасан гурони лъазе течӏо. Каникулалъул заманалда росулъе ячӏарай Марям, рокъоецин инчӏого, инсул хабаде щвезе ана. Гьелда рикӏкӏадасаго батӏабахъизе лъана, ахираб чанго соналда жаниб инсуца жинцаго тӏад гӏажамалъ хъвайхъвагӏай гьабун бекӏкӏараб зани.
Жиндирго анищ тӏубазабулей ясалде цӏикӏкӏараб рокьиги божилъиги букӏунаан инсул. Цоцаздехун букӏараб адаб-хӏурматги гьез лъолаан цоцахъе хъвалел рукӏарал кагътазулъ. Жакъа къоялдаги Марямица гьел ясбер гӏадин цӏунун руго ва Дагъистаналде ячӏунелъулги, Египеталде тӏад юссунелъулги цадахъги росула гьел.
ГӏОЛЕБ ГЬЕЧӏО НИЛЪЕРГО ГЬАВА, ЦӏАД, ГӏАЗУ
Цӏалулел соназда Марямица жиндирго къисмат бухьинабуна Каиралдаса Хӏосамилгун. Чияр ракьалда гӏумру гьабулей йигониги, Марям инсул анищалъе киданиги хилиплъичӏо. Гьелъул васазда лъала жидерго инсулаб гӏараб мацӏги, эбелалъ рокъоб жидедаго бицунел магӏарул (лъаратӏисезул), гӏурус мацӏалги, курсазде хьвадун лъазаруна ингилис ва паранг мацӏалги. Гӏемерал соназда цӏалун щвараб лъайги Марямица лъималазе тарбия кьеялъе хӏалтӏизабула. Кӏудияв вас Мухӏамад цӏалулев вуго Каиралда бугеб Германиялъул институталда фармацевтлъун. Гьитӏиназин абуни исана гьоркьохъеб школа лъугӏулеб буго.
— Гьитӏинаб къоялдаса нахъе дица гӏемер рачана гьел магӏарухъе. «Кин югай, эбелай?» абун васал рачӏиндал, дир эбелалъул берал кунчӏулел куц,- ин разиго бицана Марямица.
— Кӏудияв васас эркенго магӏарул мацӏ бицуна, гьитӏиназда бичӏчӏула, амма бицине намуслъун рукӏуна.
Шагьаразда чӏарал гӏагарлъиялъул лъимал гӏурус мацӏалда кӏалъалел рагӏидал хӏикмалъизе бачӏуна. Эбел-инсудацин гьел магӏарул мацӏалда кӏалъалел гьечӏо. Дица гьезда абула гӏурус мацӏ гьадинги лъалин лъималазда, рахьдал мацӏалда кӏалъазе кколин нилъ лъималазда. Гьитӏинго малъизе бигьаго букӏуна гьезда мацӏал. Рокъобги нижеца гӏараб, магӏарул ва гӏурус мацӏал цадахъ жуба-гъубан бицуна. Дир васазда магӏарул мацӏги лъачӏони, дунго магӏарулайлъун рикӏкӏине захӏмат букӏина дие.
Гӏурус мацӏ малъизеги бащдаб лъагӏалица ДГУялда цӏалулев вукӏана кӏудияв вас. Россиялъулги Египеталъулги гражданствоги буго лъималазул, — ан бицана Марямица.
Дагъистаналъул маданияталъулги, гӏадатазулги, тӏабигӏаталъул тарихиял бакӏазулги хӏакъалъулъ бицине Египеталъул телевидениялдеги ахӏун йикӏана М. Гӏабдулкъадирова, гьениб гӏумру гьабулел магӏарул ясалгун цадахъ.
«Дагъистаналда бугеб, Египеталда дуе гӏолареб жо щиб?» — ан гьикъидал, Марямил, ватӏаналде бугеб рокьуца гӏорцӏичӏел берал магӏица кунчӏизаруна.
«Дирго хъизам-лъималазда аскӏой гӏумру гьабун йигониги, дунго гӏураб рукъалъухъ, гӏагарлъиялъухъ чӏалгӏун йикӏуна. Гӏоларого букӏуна магӏаруллъиялъул берцинлъи, тӏабигӏат, гьава, цӏад, гӏазу. Цӏад балеб мехалда дун кидаго рокъоса къватӏие яхъуна, магӏарухъ цӏад балеб мехалда гӏадаб махӏ чӏвазе гӏащикълъун йикӏуна. Васазеги цӏакъ бокьула магӏарухълъи. Дагъистаналде рачӏиндал, Махӏачхъалаялда сордо бан чӏезеги бокьуларо гьезие. Магӏарухълъиялъул тӏабигӏатги берцинлъиги бихьизе рес букӏун нилъ шагьаралда щай чӏолелин абула васаз. Гьитӏинаб мехалдаян абуни хӏикмалъун рукӏунаан гьел магӏарул тӏабигӏат бихьидал. «Нилъ кире щварал, эбел? Гьаб бакӏ суратищ, студияйищ?» — ан цӏехолаан гьез.
Каиралдаги руго гӏемерал дагъистаниял. Церегоялдаса нахъе гьенир гӏумру гьабун ругезулгун гьудуллъиги буго нижер. Нилъер республи- каялдаса гӏадамаз, студентаз гӏумру гьабулеб цо авалги буго Каиралда. Гьениса аскӏоса унелъул, Дагъистаналде щварай гӏадин йикӏуна дун», — янги бицунаго, ватӏаналде бугеб урхъиялъул бицун гӏорцӏулей йикӏинчӏо Марям.
П. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА