15 февралалда 32 сон тӏубана Афгъанистаналдаса советиял аскарал нахъе рачаралдаса. Щибаб соналъго гӏадин, гьеб къоялъги Махӏачхъалаялда бугеб афгъаналъулазул ахикье ракӏарун рукӏана ветеранал. Амма исана гьениб официалияб къагӏидаялъ данделъи тӏобитӏичӏо. Хӏукуматалъул нухмалъиялъул рахъалдаса хӏакимзабиги гьенире рачӏинчӏо. Гӏицӏго рагъдаса нахъ руссинчӏел ракӏалде щвезариялъе бараб, цӏвайил сураталда хӏадур гьабураб мармаралъул къоно- ялда цере тӏугьдулги лъун, рикьа-риххана киналго. 1979 соналъул декабралдаса 1989 соналъул февралалде щвезегӏан нилъер республикаялдаса Афгъанистаналда букӏараб рагъулъ гӏахьаллъана 4000-гӏанасев чи. Гьел ккола советияб пачалихъалъул заманалда батӏи-батӏиял регионаздаса армиялде ахӏарал дагъистаниял. Официалияб куцалда нилъер республикаялдаса Афгъанистаналда хъулухъ гьабизе ккун вуго 3323 чи. Гьезул 141-яв нахъ вуссинчӏо. Гӏемерисел гьениса рачӏана лъукъа-къотӏун. Жакъа къоялъ гьезул чан чи чӏаго вугевали чӏванкъотӏун данде гьабураб баян гьечӏин бицана «Афгъанистаналда рагъулел рукӏаразул цолъи» абураб багъабачариялъул нухмалъулев Мухӏамад Хадулаевас. Гӏага-шагарго гьев ккола 2500-гӏанасев чи.

РАГЪУЛ ЛЪАЛКӏ. АФГЪАНИСТАНАЛДА ТАРАБ ГӏОЛОХЪАНЛЪИЯЛДАСА РАКӏАЛДЕЩВЕЯЛ

15 февралалда Афгъаназул ахикье рачӏун рукӏарал гьезул цоцоязулгун гара-чӏвари гьабуна дица. Гъуниб районалъул Кудалиса Мухӏамадшарипов Мухӏамаднабица гьадин ракӏалде щвезабуна Афгъанистаналде живго ккарал сонал.

— Афгъанистаналда дун вукӏана 1984-1986 соназда. Хъулухъ гьабизе ккана бищунго хӏалуцарал рагъал унел рукӏарал бакӏазул цояб, Файзабад шагьаралде. Нижер аслияв тушман вукӏана Ахӏмад-шах Масуд гьесул сверухълъиги. Хадуб, 90-абилел соназул ахиралда, Афгъанистаналъул оборонаялъул министрлъун вукӏана гьев чанго соналъ. 2001 соналъул 9 сентябралда теракталъул хӏасилалда чӏвана.

— Мун гьениве ккарал сонал рукӏун ратила Афгъанистаналда бищунго рагъул кор гьелегьун бугеб заман?

— Хӏакъикъаталдаги гьедин букӏана гьеб. Гьел рукӏана СШАялъ Афгъаналъул моджахедал яргъил сурсаталдалъун хьезаризе байбихьарал сонал. Бищунго цере тӏурал рагъулал самолетал, цоялдаса цояб лъикӏаб ярагъ, гӏарац ва цогидабщиналъулги цӏад базабунин абизе бегьула гьезде Бакътӏерхьул улкаялъул макручагӏаз. Гьез кумек гьабун гурони, нижеде дандечӏей гьабизе гӏураб къуват моджахедазул букӏинчӏо.

Гьезул мискинал росабалъе (кишлаказде) хьвадун, гӏадатиял гӏадамазе агитация гьабулаан нижеца, ярагъ гӏодоб лъейин, питна бекьугейин абун. Руччабигун лъимал ва херал чагӏи, ниж рачӏунел рихьидал, данде рачӏунаан. Цо пуланаб къоялъги гьединабго насихӏаталъул калам гьабизеян цо кишлакалде щваралго, чӏирулеб хӏинчӏ рагӏулареб хӏалалъ сасун бугоан гьениб кинабго. Цо ункъо-щуго чи гурони вихьудаги вукӏинчӏо. Вахӏ, щибин ккараб, щай гьадин сихӏкъотӏун бугебин гьикъидал, моджахедал ругин росулъ рахчун, гьезукьа хӏинкъун чӏун ругин жалилан, щурун гӏадин абуна цо гьитӏинав васас. Гьеб мехалъ нижецаги кьвагьи лъеларищха…

Хӏукуматалъ гьабулеб тӏалаб-агъазалдасаги гьедигӏанго рази гьечӏоан Мухӏамаднаби. 2005 соналде щвезегӏан букӏараб сияхӏалда рекъон, иргаялда чӏаразе гурони рукъзал кьечӏин, хутӏарал ниж гьезул бербалагьиялда рекъон борцани, Афгъанистаналдаго рукӏинчӏеб къагӏида кколеб бугин абуна гьес.

КАВКАЗАЛЪУЛ ВАСАЗДЕ БОЖИЛЪИ ЦӏИКӏКӏУН БУКӏАНА

Мухӏамаднабица дир лъай-хъвай гьабуна Гъизляралдаса Гӏабдурашидов Загьирбегилгунги. Кӏиялго гьел цого заманалда рукӏун руго Афгъанистаналда хъулухъ гьабулел. Кӏиябго соналда жаниб бихьараб гӏакъубаги, рагъул кьогӏлъиги ракӏалде щвезабизе бокьичӏо гьесие. Сордо рогьинегӏан бицаниги лъугӏун бахъунарин гьебилан абуна къокъго. Гьес гӏицӏго ракӏалде щвезабуна, тӏоцеве Афгъаналъул ракьалде щведал, жиндиего цӏакъ асар гьабураб ва ракӏалдаса унареб цо лъугьа-бахъин.

— Кабулалде ниж щвараб тӏоцебесеб къоялъ аскӏове вачӏана хъахӏаб расалъул, къокъабго черхалъул цо гӏолохъанав лейтенант, гӏурусав. Нижер къокъаялда гьоркьоса, килищги битӏун, кӏиго чи жиндаго аскӏоре ахӏана гьес. Ниж кӏиялго рукӏана дагъистаниял. 150 чи вугеб кӏудияб къокъаялдаса, хас гьабун ниж тӏаса рищиялъе гӏиллаги бицана бачӏинахъего. Жиндир взводалъул ичӏго чи чӏванин, жиндие къваригӏун ругин къо хӏехьолел, бажари бугел гӏолохъабиян абуна гьес. Дагъистаналдаса гӏолохъаби жинда рихьанин, бокьараб ахӏвал-хӏалалде кканиги, бетӏербахъи гьабун бажарулел, сахал васал рукӏин. Гьелъ тӏаса рищанин жинца нужгийилан абуна дос нижеда, — ян бицана З. Гӏабдурашидовас.

Афгъанистаналде советиял аскарал рачараб 1979 соналъул декабралда гьениве ккаразда гъорлъ вукӏана Гъуниб районалъул Сугъралъа Фатагӏалиев Гӏабдулаги. Гӏахьаллъи гьабуна доб мехалъ гьезул вукӏарав улкаялъул бетӏер Аминил кӏалгӏа бахъулеб рагъулъ.

Чанго нухалъ лъукъана, мустахӏикълъана чанго батӏияб даражаялъул рагъулал шапакъатазе. Афгъанистаналдаса вуссана орден-медалазул керенги цӏун. Цӏакъ гӏадатияв, чӏухӏа-къули гьечӏев чи ватана Гӏабдула. Сабураб, гӏодобе биччараб каламалъ бицунеб букӏана 43 соналъ цере рукӏарал лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъги.

Афгъанистаналда чӏварав тӏоцевесев дагъистанияв ккола, Къасумкенталдаса лезгияв, Гӏусманов Раюдин. Гьев къадаралде щвана 1980 соналъул 9 январалда. Афгъанистаналде советиял аскарал рачун ун букӏана кӏиго анкьгӏанасеб заман. 1979 соналъул 7 ноябралда ахӏун вукӏана гьев армиялде. Кӏиго моцӏидасан гӏадин ккана рагъулъе. Афгъаназул ахикье вачӏун вукӏана гьесул вацгӏал, Чехословакиялъул рагъулал лъугьа-бахъиназул гӏахьалчи.

Ашахан ЮСУПОВ

Хадурагӏи

Дагьаб цебегӏан Хасавюрталда Афгъанистаналъул ветераназулгун букӏараб дандчӏваялда Сергей Меликовас рагӏи кьуна гьезие рукъзал кьеялъул суал роцӏинабизе. Исана ракӏалда буго кинавниги 195 Афгъаналъул бахӏарзазе квартираби кьезе. Гьеб буго афгъаналъулазул бищунго унтарабин абизе бегьулеб суал. Хӏукуматалъ жидер мурад тӏубаларого чанго нухалда митингалдеги рахъана гьел.