18 январалда улкаялда байбихьана коронавирусалда данде вакцина гьабизе. Гьале моцӏгӏанасеб заман ана гьеб тадбир нилъер республикаялдаги тӏобитӏулеб бугелдаса. Гьабсагӏаталда ковидалде данде прививка гьабун буго 5000-гӏан чияс. Гьабизе бокьарал гӏадамазул къадарги къо бахъанагӏан цӏикӏкӏунеб бугин бицана журналистазе, 16 февралалда «Дагестанская правда» газеталъул редакциялда тӏобитӏараб пресс-конференциялда Елена Арбулиевалъ. Гьей ккола ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул бетӏерай инфекционист. Вакцина гьабизе республикаялда рагьун буго 56 пункт. Е. Арбулиевалъ бицана прививкаби гьаризе гӏураб къадаралда препаратал ругин. Вакцина гьабизе рачӏунел гӏадамалги гӏемерлъун гурони дагьлъулел гьечӏин.
— Аслияб къагӏидаялда вакцина гьабизе бокьаразда гьоркьор бищун гӏемер руго цӏикӏкӏараб ригьалъул гӏадамал. Вакцина гьабилалде цебе цин гьезул цӏа-канги борцуна анализазул халги гьабула. Цебе ковидалъ унтун вукӏун антителаби ратарал чагӏазе гьебги гьабуларо. Гьединго чакрил диабет, онкология ва гьезда релълъарал захӏматал унтаби ругел гӏадамазеги гьеб гьабизе гьечӏо, — ян бицана Е. Арбулиевалъ.
Коронавирусалъул хӏакъалъулъ гӏадин гӏемер информациялъул алатаз сундулго бицун батиларо. Кинаб бокьаниги баян батизе бегьула социалиял гьиназдаги. Гьединлъидал, жинца тӏаде жубазе я тӏаса бахъизе жо гьениб гьечӏин абуна гьелъ.
Вакцинаялда хурхун гӏадамаз гӏемер батӏи-батӏияб хабар бицунеб буго. Гьедин бугеб мехалда нужер чӏванкъотӏараб пикру гӏадамазда рагӏизабуни лъикӏаб букӏинарищин абураб суалги кьуна гьениб министерствоялъул бетӏерай инфекционисталъе. Гӏадамазул пикраби рикьун ратани, гьеб лъикӏ бугин, щайгурелъул бахӏсалъул ахиралдалъидал хӏакъикъат батизе бигьаяб букӏунебин абуна гьелъ. Палхӏасил, коронаялъ унтизегӏан вакцина гьабиго тӏаса бищизе бугин гӏакълу бугев чиясин лъугӏизабуна гьелъ жиндирго пикру.
Журналистаз гьединго гьикъана вакцина гьаби тӏадаб борч гӏадин хӏалицаго гьабизабулеб тадбир бугищиланги. Гьечӏин, гьеб бугин щивав чияс жиндего бокьун гьабулеб ишилан бичӏчӏизабуна гьелъ журналистазда.
Гьединго пресс-конференциялда рукӏараз гьикъана, нагагь вакцина гьабизе разилъичӏев чиясе хадубккун республика бахун къватӏиве сапаралъ ине квалквал букӏине бугищиланги. Гьабсагӏат гьеб суалалда хурхун жинда лъалеб чӏванкъотӏараб баян гьечӏин, хадубккунги гьеб суал жидеца гьоркьоб лъезе бугин жаваб кьуна Елена Арбулиевалъ.
Республикаялда гьабсагӏат гӏадамазда гьабулеб буго лъабго батӏияб вакцина. Гьезул бищун лъикӏаб кинаб бугебин гьикъидал, Арбулиевалъ абуна, кинабго бараб буго живго чиясдаги гьесул чорхол гӏуцӏиялдаги. Щибалъул вирусалде данде къеркьон бажарулеб даражаялъул, жиндирго хасаб къагӏидаги гьунарги бугин абураб магӏна бичӏчӏана гьелъул жавабалдаса. Гьединлъидал бокьараб вакцина тӏаса бищизе ихтияр буго.
Ашахан ЮСУПОВ