Гьал къоязда ниж дандчӏвана «Гильдия строителей СКФО» ассоциациялъул президент, ДРялъул «Мустахӏикъав бакӏал ралев», РФялъул «Хӏурматияв бакӏал ралев», Болъихъ районалъул Шодрода росулъа Гӏали Шагӏбановгун. Гьесулгун букӏараб гара-чӏвариялда Гӏалица гьадин бицана «Гильдия строителей СКФО» ассоциациялъул хӏакъалъулъ:

— Ралел бакӏазул комплексалда хӏалтӏулел юридикиял организацияз 2009 соналда гӏуцӏараб ассоциация ккола коммерциялъулаб гуреб (саморегулируемая организация) цолъи. Гьелъул аслияб хъулухъ буго ассоциациялъул киналго членазул хӏалтӏи законалъул тӏалабазда рекъон гӏуцӏи, цебетӏезаби ва гьезул ихтиярал цӏуни.

— Кинал шартӏазда предпринимателал (застройщикал) ассоциациялде лъугьунел? Нужер мухъ- илъ гьечӏого хӏалтӏи гӏуцӏизе рес гьечӏищ гьезул?

— Законалда рекъон киналго за-стройщиказда тӏадаблъун гьабун буго коммерциялъулаб гуреб цолъиялде гьоркьоре лъугьине, гурони гьезул ихтияр гьечӏо хӏалтӏи гьабизе. Гьоркьоре росилалде цӏунизе кколеб чанго тӏалабги буго. Масала, гьезул рукӏине ккола хӏалбихьи бугел специалистал, хӏажатаб техника. Объектал ралаго нагагьлъун гьезул гӏайибалдалъун гӏадамазе, мина-карталъе, тӏабигӏаталъе зарал ккани, гьеб бецӏизелъун гӏуцӏараб хасаб фондалде (компенсационный фонд) гьез кьезе ккола чӏезабураб къадар гӏарцулги. Республикаялда букӏана азаргоялдаса цӏикӏкӏун ралел бакӏазул организация. Гьанже гьезул хутӏун буго 700-гӏанасеб гӏуцӏи -генподрядчик. Ассоциациялда гьоркьоб буго 570-гӏанасеб.

— Ассоциация гӏуцӏаралдаса гьабизе кӏвараб хӏалтӏи гӏемер бугищ?

— Цо заманалда бокьарав чиясул ихтияр букӏана, предприятиялъул хъвай-хъвагӏайги гьабун, минаби разе. Гьанже гьединаб къагӏида гьечӏо ва гьелъул хӏасилалда гӏемерго лъикӏлъана ралел бакӏазул даража. Дагъистаналда гӏемер рукӏана ралелги ранго лъугӏуларелги объектал. Гьанже гьедин гьечӏо. Цере хӏалтӏухъаби ракӏарулаан бокьараб бакӏалдаса, гьезул хъвай-хъвагӏай гьабулароан, конверталда жанибги лъун харжги кьолаан. Гьеб суалалъулъги кӏвана гӏадлу гьабизе. Коронавирусалъул заманалдаги гьоркьоб къотӏизе течӏо ралел бакӏазул хӏалтӏи. Гьеб мехалдаги нижеда кӏвана Роспотребнодзоралъул киналго тӏалабал цӏунизе. ДРялъул хӏукуматалъул, Ралел бакӏазул министерствоялъул кумекалдалъун гурони нижедаги кӏвезе букӏинчӏо гьеб гьабизе. Хӏалтӏулъ камун гьечӏо гӏунгутӏабиги, гӏезегӏан ккана гъалатӏалги. Гьелъул бицине буго март моцӏалда тӏобитӏизе бугеб гӏаммаб собраниялдаги.

— Архитектурияб рахъалъ кинаб къимат дуца кьолеб Махӏачхъалаялъе?

— Кинабго буго беразда цебе. Тӏаде вачӏа-вачӏарав нухмалъулес гъоркь вукӏаравги какун, гъоркь вукӏарасул гъалатӏалги ритӏизаризе хӏаракат бахъичӏого, гӏемерал соназда жаниб нилъер тахшагьар ккана гьаб хӏалалде. Жалго лъикӏал лъугьун ралел бакӏазул компаниязда кӏоларо гьединал жал гьаризе, гьаб буго къанщун бералгун пачалихъалъул идарабаз гьезие изну кьеялъул хӏасил.

— Нужерги батилагури гьелъулъ цо бутӏа?

— Пуланаб ракьалда тӏад мина кин базе бугеб, гьеб балаго цӏунулел ругищ чӏезарурал нормаби — гьелъул жаваб нижеца кьоларо. Жаваб кье- зе тун руго цогидал идараби. Нижер хӏалтӏи буго жидер заманалда, гӏадамалги махсараде кквечӏого, букӏине кколеб даражаялда пуланаб бакӏ бай тӏалаб гьаби. Цӏияб закон къабул гьабун хадуб нижеца гьарурал халгьабиязул хӏасилалда ралел бакӏазул гӏемерал организациял къана. Гьелда рекъон хутӏана ран лъугӏичӏел минабиги.

— Битӏараб бугищ Махӏачхъалаялда бугеб 600-гӏанасеб гӏемертӏалаяб мина, ай гӏадамаз жаниб гӏумру гьабулеб, амма законияб къагӏидаялда жеги къабул гьабичӏеб бугин аби. Батани, кинаб къисмат хадубккун гьезул букӏине бугеб?

— Цо-цояз абула ралел бакӏазул комплекс «рагӏдукь» бугин абун. Гьедин кин букӏунеб, киназдаго цебе бугелъул гьабураб хӏалтӏи. Гьелъие изну кьеялдаса байбихьун, халгьабиялъул цӏакъго гӏемерал идарабазда кинабго лъалаго ва бихьулаго бана Махӏачхъалаялда, дуца абулеб хӏисабалъул, 400-гӏанасеб мина (тӏолабго Дагъистаналда 600-гӏанасеб). Лъиениги балъголъи гуро аслияб гӏилла ришватчилъи букӏинги.

— Гьанже щибха гьезда гьабизе кколеб?

— Гӏадамаз гӏарацги кьун буго, гьел гуккун руго. Гӏемерисел минаби ралел рукӏарал кодоре щолел гьечӏо. Мисалалъе, цо мина батула пуланай херай кӏодода ялъуни инвалидасда тӏад хъван. Гьединлъидал хӏукуматалъ хӏукму гьабуна гьединал минабазухъ мухӏканго халгьабизе кколин абун. Гьелъие биччана 250 млн. гъурущги. Москваялдаса ахӏана специалистазул хасаб къокъа. Гьез гьабуна кӏудияб хӏалтӏи ва гьабураб акталда рекъон, цо гӏемертӏалаяб мина тӏубанго биххизе кколеб буго, 200-гӏанасеб мина щула гьабизе кколеб буго, хутӏарал рикӏкӏана жаниб гӏумру гьабизе бегьулеллъун. Нилъер пачалихъалда хӏалтӏулел руго «Ветхое жилье», «Аварийное жилье» абурал программаби, къабул гьабуна «О комплексном развитии территорий» абураб закон. Гьелъ ихтияр кьола хӏажат гьечӏеб бакӏалда рарал, басриял минаби риххизе, цоги бакӏазда гьел разе. Амма гьеб гӏумруялде бахъинабиялъе къваригӏуна эркенаб ракь, гӏатӏилъи, гьенире гьаризе ккола нухал, бачине ккола газ.

— Гӏемерал суалал рукӏуна гӏемертӏалаял минаби ралел ракьазда сверухъ -гьезулъ гьечӏеб юридикияб мухӏканлъиялъул, гьелда рекъон хадур раккулел масъалабазул (цӏунуларел нормативазул, мина-рукъалъул хъвайхъвагӏай гьабизе кӏунгутӏиялъул). Гьелда бан щиб абилеб?

— Ракьалда сверухъ низам гьечӏолъиялъги хӏакимзабазул хъантӏи ялъги захӏмалъизабулеб буго кинабго иш. Пачалихъалъе ялъуни гӏадамазе къваригӏараб объект базе бюджеталъ биччалеб буго гӏарац, амма шагьаралда (росабалъ) гьечӏо гьелъие хӏажатаб ракь ва гӏарац тӏад буссинабизе кколеб буго. Социалиял объектал разе санагӏатаб ракь батаниги, лъугьунеб буго масъала. Пачалихъалъул гӏемерал, пайдаял программаби руго гьеб гӏиллаялдалъун чӏун хутӏун. Кинабго ракь буго бетӏергьабазда кодоб, щиб хӏалтӏи гьабизе кканиги, я гьез гьеб кьоларо, яги бичула цӏакъго хираго. Гьединлъидал буго ракьул гӏорхъаби лъазе кӏолеб гьечӏолъиги объектазул документал гьаризе рес гӏоларого букӏинги.

— Цо-цояз абула Махӏачхъала «хвараб шагьар» бугин. Гьеб цӏи гьабизе, хисизабизе ресго гьечӏин абун. Гьедин абулезда рази вугищ мун?

— Гьедин абулеб батила Махӏачхъала гьалде ккезабурал гӏадамаз. Гьанжелъизегӏан хвезабун батани, гьанжениги байбихьизе ккола гьеб цӏи гьабизе. Нилъ лъицаниги гьукъун гьечӏо хӏажат гьечӏел, нухал къварид гьарулел объектаздаса, басриял минабаздаса шагьар бацӏцӏад гьабизе, эркенлъараб ракь пайдаялъе хӏалтӏизабизе. Нилъеда цебе буго Москваялъул мисал, «Реновация» ва цогидал программабазда рекъон доба гьабураб хӏалтӏи. Хӏакъикъаталдаги Махӏачхъалаялда руго гӏемерал масъалаби. Гьаниб гӏумру гьабулеб буго шагьаралъул гӏуцӏиялъ хӏехьолелдаса кӏиго нухалъ цӏикӏкӏун чияс. Нилъеда кинго кӏоларо коммуналиял хъулухъазул хӏалтӏи дагьаб заманалда жаниб тӏубанго хисизабизе. Амма Москваялда хӏалтӏулел программаби хӏалтӏизаризе кӏола гьанирги. «Комплексное развитие территории» абун буго нилъее санагӏатаб закон. Гьелда рекъон рес буго басриял минаби риххизеги, цӏиял авалазда гьел разеги. Гьел программаби гӏумруялде рахъинариялъе гӏарацги биччала пачалихъалъ. Къваригӏун буго гьеб хӏалтӏи байбихьизе.

— Мина балесулги ва гьениб рукъ щвезе бокьарасулги киналго гьоркьорлъаби банкалдасан гьаризе тӏамулеб цӏияб къагӏидаялдаса рази вугищ мун? Гьелъул хӏасилалда цо-цояз толеб буго бакӏал раялъул хӏалтӏи, ралезулги хиралъулеб буго багьа….

— Цебе хӏалтӏулеб букӏараб законалда рекъон, нилъер гьаниб букӏана гьадинаб къагӏида: базе бугеб (балеб бугеб) минаялда квартира щвезелъун дольщикас застройщикасухъе кьолаан гӏарац, кӏиясдаго гьоркьоб хъвараб къотӏи-къаялда рекъон застройщикасги, гьес кьурабги жидерго гӏарацги хӏалтӏизабун балаан мина. Нилъеда киназдаго бихьана ва лъала гьеб къагӏида берцинаб хӏалалда хӏалтӏичӏеблъи, гӏемерал застройщиказ гуккана гӏадамал, гьезие кьечӏо кьураб гӏарцуда рекъарал квартираби, лъугӏизаричӏого минабигун, нахъе кьечӏого гӏарацгун цо-цоял тӏуранго тӏагӏун чӏана. Гьеб ккана цохӏо нилъее гуребги тӏолабго Россиялъего гӏаммаб масъалалъун. Гьединлъидал хисизе ккана законги. Цӏияб законалда рекъон, застройщикасул ихтияр гьечӏо гӏадамазухъа гӏарац къабул гьабизе (цебесеб къагӏидаялда гӏарацги бакӏарун ралел рукӏарал минаби ран лъугӏизаризе изну буго), гьез гӏарац кьезе ккола застройщикас хасаб счет рагьараб банкалде (гьезул сияхӏги чӏезабун буго пачалихъалъ). Банкалъ квер хъваларо гьеб гӏарцуда, застройщикасе гьелъ кьола мина базе кредит, гьеб битӏун хӏалтӏизабиялда, мина базе бихьизабураб заман хвезабичӏого, гӏадамал гуккичӏого рукӏиналда хадуб халги ккола. Мина бан лъугӏидал, дуца кьураб гӏарцуда рекъон банкалъ дуе гьениб босула квартира. Нагагьлъун мина бачӏони ялъуни цоги гӏилла ккани, банкалъ нахъ буссинабула дур гӏарац. Гьединаб низам чӏезабун буго дольщик гуккичӏого вукӏиналъул мурадалда.

— Мисалалъе, пуланав чияс 100 кв. метр гӏатӏилъиялъул квартира щвезелъун банкалда лъуна млн гъурущ. Мина бан лъугӏун хадуб, багьаби хиралъун яги цоги гӏиллабаздалъун гьеб гӏарцухъ щвезехъин буго 80 кв. метралъул квартира. Гьев къолев гьечӏищ?

— Банкалъул хъулухъалъги, гьелъул проценталъги, материалал ва цогидаб хӏажатаб хиралъиялъги, хӏакъаб жо, мина-карт хиралъизабула (багьаби рахунел руго гӏага-шагарго 15- 20 проценталъ). Цо рахъалъ хӏисаб гьабуни, дольщикасул ракӏчӏей буго квартира щвеялда, гьев махсараде кквезехъин гьечӏо. Кӏиабилеб рахъ — хиралъизехъин буго. Гьединлъидал пачалихъалъ мухӏкан гьабулеб буго гьеб закон, ралагьулел руго гӏадатияв чи къечӏого вукӏиналъе ресал. Программаби руго гьесие кумек гьаби мурадалда, гӏарцул камулеб доб бутӏа субсидия хӏисабалда банкалъе кьеялъул (гьелъ тӏаса босула дольщикасул «гьир»), ипотека босарал дольщиказе гьелда тӏаде бачӏунеб процент дагь гьабуна ункъоялде щвезегӏан.

Дие бокьун буго гьадинаб жоги абизе. Чиясухъа учузго квартира щвезехъин бугин, абун гӏедегӏуге цере ккарал застройщиказухъе гӏарац кьезе. Балагьизе ккола застройщик Ралел бакӏазул министерствоялъ минаби разе ихтияр кьуразул реестралда, коммерциялъулаб гуреб гӏуцӏиялда (СРО) гьоркьов вугищали. Кӏвахӏаллъуге банкалде ине, гьелъулгун къотӏи-къай гьабизе, Росимуществоялда, БТИялда гьелъ- ул хъвай-хъвагӏай гьабизе. Бокьараб суал ккани, кӏалъазе бегьула нижехъеги Ралел бакӏазул министерствоялдеги.

Гӏ. ГӏАБАШИЛОВ