Маданияталда чороклъи гӏемерлъиялъ, ракӏ тӏаде цӏалеб жо дагьлъиялъ кечӏ-бакъаналдаса рикӏкӏалъаниги, цо-цо лъикӏал гьунар чагӏазулгун гара-чӏвари гьабизе бокьула мех-мехалъ.

Магӏарул кечӏ-бакъан бокьулезда гӏемер лъикӏ лъалев композитор Каримула Гӏабдулаев вачӏун вукӏана гьал къоязда редакциялде гьоболлъухъ. Гӏемераб рецц-бакъ гьабиларо, цо кверзул килщазде рикӏкӏун лъугӏулел магӏарулазул композиторазул мухъилъ цебесеб кьерда вукӏана гьев кидаго. Каримула Гӏабдулаевасул бакъан репертуаралда гьечӏев кочӏохъан магӏарулазул ватиги щакаб буго. Жиндиего бокьун мустахӏикъаб хӏалхьиялде аниги, ирга бан бакъназда хадур кочӏохъаби жиндихъе хьвадулев Дагъистаналъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи щиб ишалда, кинал пикрабазда гьанже вугев? Гьелъул бицина гьаниб гъоркьехун.

БАЯН

Жигарав искусствоялъул гьунарчи, 533 бакъан хъварав устар. Гьезда гьоркьоб анкьго симфония. Гӏурус мацӏалда хоралъ ахӏизе бахъараб 30 бакъан. Бакъназе рагӏаби хъвазеги буго гьесул гьунар. Гьединго Каримулаца хъван буго Гъизилюрт, Цӏумада ва цоги чанго магӏарул районазе гимнал. Гӏумруялъул 65 сон, тӏоцебесеб бакъан хъваралдаса 45 сон тӏубалеб буго исана.

Гьавуна Цӏумада районалъул Хуштада росулъ. Кечӏ-бакъаналъул нухде лъугьине пикру букӏинчӏо балугълъуда. 1974 соналъ школаги лъугӏун вачӏана Махӏачхъалаялде, Дагъпединституталъул физкультураялъул факультеталда цӏализе анищгун. Амма къисматалъ спорталдаса рикӏкӏаде вачана.

— Школалда цӏалулаго спорталде вуссун вукӏунаан. Школа лъугӏидал пикру букӏана физкультураялъул факультеталде цӏализе лъугьине, амма конкурс кӏудияб батун кечӏ-бакъаналъул щибго бичӏчӏи гьечӏониги, гьебго цӏалул идараялъул музыкалияб факультеталде лъугьине хӏалбихьана,- ян бицана Каримулаца, бакъназул устарлъиялде тӏамураб тӏоцебесеб гали ракӏалде щвезабулаго.

— Хунзахъ районалъул Хьиниса Къурахӏма абулев чияс малъана аргъаналда цо бакъан бачине, гьелъ хвасар гьавуна экзаменалда. Гьединги ворчӏулароан дун, Цӏумада районалдаса цохӏониги чи музыкалияб факультеталда цӏализе лъугьунев вукӏаравани. Аргъан бачине лъалев чицин вукӏинчӏо нижер районалда доб мехалъ. Цойги, гъоз дир ритмалъул халгьабуна, гьеб бичӏчӏулеб батана дида, ай дидаго лъачӏого батана бакъан хехго босизе гьунар. Кечӏ ахӏулев чи нижер гӏагарлъиялъул вукӏинчӏо, амма кӏудияв инсул вац вукӏана кутакав зурмихъан.

Институталда цӏалулелъул 7-8 сагӏаталъ дидаго тӏад хӏалтӏулаан. Тӏоцебесеб бакъан бижиялъеги ккана, гӏумруялъго ракӏалда чӏараб гӏилла. Цо курс лъугӏарабго лъикӏ аргъан хъвазе ругьунлъана дун. Шагьаралъул цо школалде унаан цӏалдохъабазул кьурдул ансамблялъе бакъан бачине. Рокьи ккана гьеб ансамблялда кьурдулей 9 классалъул цӏалдохъаналъухъ. Лъарагӏай йикӏана гьей, кутакалда берцинай. Цо къоялъ дандчӏвазе къотӏи-къай гьабуна. Дун кӏиго сагӏаталъ цевего ана гьеб бакӏалде, амма гьей ячӏинчӏо. Пашманлъун тӏадвуссунги вачӏун, фортепианоялда нахъа гӏодов чӏедал бачӏана бакъан. Расул Хӏамзатовасул «Санал унел руго, санаца дихъа, Бахъана гӏемераб, кьурабго гӏадин…» абурал рагӏабазда гьеб бакъан тӏоцебе ахӏана Ансалтӏаса Къурбан Мухӏамадовас.

Мун дандчӏваялде ячӏарайани дир бакъан лъугьинароанин абуна дицаги дой ясалда хадусеб къоялъ. Хадусел соназ, хъизангун унаго, шагьаралда дандчӏвана нижеда гьей яс. Дица гьелъулги лъадулги лъай-хъвай гьабуна. Дир лъадуе бокьун, гьелъул цӏарги лъуна нижеца тӏоцее гьаюрай ясалда.

— «Дие гьал рагӏабазда бакъан хъвайилан» вачӏанщинав кочӏохъанасул мурад тӏубазабулищ дуца?

— Гӏодов чӏаралъув бокьараб бакъан хъвазе масъала гьечӏо дир. Лъикӏал рагӏабаз асар гьабула, гьезие бакъанги бигьаго бачӏуна. Асар гьабичӏони бакъан лъугьунаро. Гӏемерисезул заказ букӏуна бертабалъ ахӏизе кьурдул бакъназе.

— Духъе бакъан босизе вачӏинчӏев кочӏохъан хутӏун ватиларо. Гьез тохал кучӏдул, цӏекӏал рагӏаби ра чӏани, гьел ахӏугеян абулищ дуца?

— Абула. Гьезие тарбия кьолеб хӏисаб букӏуна дир. Амма гӏемераз жидеего данде ккараб гурони ахӏилищха.

— Жал рихьизе къабулал гурел, гӏенеккизе ракӏ цӏаларел ахӏдохъаби гӏемерлъун руго гьанже. Гьединазда щиб абулеб дуца?

— Кошмар буго, каша буго! Дагьамакъал хисизарун турказул, Индиялъул бакънал ахӏулел руго Дагъи- станалъул 90 процент кочӏохъабаз. Гӏемер малъула, абула. Амма дица абунин абун гьел хисилищ? Берталъ ахӏизе щиб букӏаниги щибилан абулеб буго. Сценаялданиги магӏна бугеб кечӏ ахӏеян малъула. Жидеего чед-хинкӏалъе гӏоло къватӏире рахъарал чагӏи руго гьел. Рагӏуе, ишалъе эркенлъи бугеб заман буго, гьеб буго квеш ккараб жо.

— Рагӏуе эркенлъи бугин абун сценаги бертинги батӏабахъизе лъаларел кочӏохъаби бокьухъе рукӏаян риччанищха тезе кколел?

— Культураялъул министерствоялъ хал кквезе ккола гьезда хадуб. Чӏужугӏадан хӏакъирго йихьулел ва цоги цӏекӏал, тӏадагьаб магӏнаялъул рагӏабазе дица бакъан хъваларо. Гьеб рахъалде дица цӏакъ кӏвар кьола. Гьаракь гьечӏездаги абула, нужеда гӏадамал релъулин, цере рахъунгеян. Рес букӏаго, фонограммаялда кечӏ ахӏун гӏадамал гуккугеянги абула.

— Кьураб гӏакълу босулев чиго кколищ?

— Ккола. Босарал мекъи ккечӏо. Гьел лъикӏаб къадру-къиматалдаги руго. Банкет-компанияз хвезаруна лъикӏаб гьунаралъул гӏемерал кочӏохъаби.

— Къасисел ашбазазда кучӏдул ахӏулел руччабазда щиб абулеб дуца?

— Цо дир гьалмагъ вачӏана, гьакълил сверулъ мехтун гьезул цо-цоязул пасатлъи бихьун, кочӏохъабаздаса ракӏ буссун. Магӏарул чӏужугӏаданалъе бегьизего бегьулареб хӏал букӏунеб буго цо-цо ашбазазда. Гьел ресторан-баразде Аллагьасго тӏаса гъоркье ганчӏал рачӏого киндай хутӏун ругелин ккола. Дуца рекъечӏеб пиша гьабулеб бугин абуни, хеч гӏадаб хъачӏаб рагӏи кьвагьула данде. Гьединазда рагӏи абун нилъерго гьумер щайха бухӏизабун. Кӏал квешав чи гӏарац кьунги рикӏкӏада чӏезавеян аби буго. Дие гьеб щайхаян толеб буго киназго. Анцӏила микьго соналъ хӏалтӏана дун Гъизилюрталда маданияталъул идараялъул нухмалъулевлъун. Гьел киналго сонал гӏадамазе тарбия кьолаго ана. Рацӏцӏалъи, гӏадатгӏамал цӏуниялде ахӏулаан. Чачаназ ахӏула дун телевидениялде мехмехалъ, композитор хӏисабалда. Гьезул маданияталда гьечӏо нилъер гьаниб гӏадаб хӏабургъараб хӏал. Рацӏцӏалъиги буго цӏунун сверухъ кибго. Долги бусурбаби руго, нилъги бусурбаби руго — щай бегьулареб нилъерго хӏурматги гьабун лъикӏабщинаб гьабизе, нилъерго хаслъи, рацӏцӏалъи цӏунизе? Гьелда гӏажаиблъула дун.

— Тӏадехун бицен гьабурал руччаби, гьаракьго гьечӏел гӏолилал рахъуна республикаялъул, райо- назул культураялъул идарабазул сценаялдеги. Гьез ахӏулеб магӏна гьечӏеб кечӏ гьукъизе кинабниги къагӏидаго букӏунарищ?

— Дагъистаналъул Культурая лъул министерствоялъ кверщаликье босичӏони, сценаялда ахӏулелъул гӏадлу лъугьунаро. Концерт тӏоби тӏулеб залалъул жавабияз тӏалаб гьабеян абе репертуар щиб бугебали, кинаб магӏна-гӏиналъул кучӏдулгун кочӏохъаби цере рахъунелали. Кон- церт кьелалде цебе гьезул щиб репертуар бугебали хал гьабулаан советияб заманалда. Дицаги гьедин гьабулаан Гъизилюрталда хӏалтӏулел соназ.

— Пенсиялда вугелъул щиб ишалде машгъуллъун вукӏунев?

— Эркенаб заманалда дирго гӏумруялъул тӏехь хъвалеб буго. Бертабалъе уна дирго оркестргун, тамадалъи гьабула.

— Бертабалъ хӏалтӏун гӏарац гӏемер босулищ? Кочӏохъабаз 30- 50 азаргоги босулин абула.

— Гӏадатияй кочӏохъаналъ цо сагӏаталъухъ босулелдаса, тӏубан бертин нухда бачун кӏиго нухалъ дагь босула. Ресукъав чиясул мурад тӏубан чӏобогоги гьабула.

— Бищунго къиматал кинал асарал ругел дур бакъназул гъансинир?

— Дагъистан чӏухӏарал миллатцоязул хӏурматалда рахъарал, магӏарулазул цересел, гьунар камилал кочӏохъабазе хъварал бакънал руго. Гьединал бакънал кьеян рачӏунел, гьединал кучӏдул ахӏулел кочӏохъаби гьанже гьечӏо. Гьелъ ракӏ унтизабула. Микьго симфония буго хъван хӏадурараб. Гьезулъ руго Мухӏамад Тӏолбоевасе хъвараб, «Магӏарухъе сапар», нижерго цӏумадисезул ракьалъе, магӏарул кьалбал ругев гӏолохъанав туркасул пашманлъи, умумузул ракь бихьизе бугеб гьесул чӏалгӏен, гӏищкъу загьир гьабураб. Гьел къватӏире рахъизе ккани, къваригӏуна симфониялъул оркестр, цо-кӏиго инструменталъ бачун гъварилъи, бечелъи рагьуларо.

— Цо заманалдаса магӏарул бакънал лъугӏун ине ругин рикӏкӏунеб буго дуцаго. Гьел хвасар гьариялъе сабаблъун щиб дуда бихьулеб?

— Бокьилаан композиторазги кочӏохъабазги магӏарул хаслъи цӏунизе, магӏна бугеб репертуар гӏуцӏизе. «Рачӏа къаси къвал базе, дандчӏвазе» абун ахӏичӏого, гӏадамал кантӏулел, квешаб тун, лъикӏалде цӏалел кучӏдул ахӏизе, гьезухъ гӏенеккизе цӏияб гӏел ругьун гьабизе. Пасалъи гьечӏищ къасисел рестораназда, саунабазда, гьеле гьединабщиналъ буго нилъее зодисан рахӏмат дагьлъун, ракъдаллъи цӏикӏкӏун. Гӏазу-цӏад балеб гьечӏони, гьекъезецин лъим мукъсанлъула, гьелда тӏад ургъулел гьечӏо. Гӏорал-лъарал махӏцинарун руго чороклъиялъ, Аллагьасул ццим бахъинарищ нилъеда?!

Патӏимат ГЬИТӏИНОВА