«Художник Хӏасан», «Хӏотодаса Хӏасан» абун, киназдаго лъалев, киназго адаб-хӏурмат гьабулев, росабалъа райцентралде рачӏарал чагӏазул гьари тӏубазабулев чи вукӏана Гьитӏинов Хӏасан Хӏебда хӏалтӏулеб мехалдаго. Гьес хъварал лозунгаз, плакатаз, рахъарал суратаз анцӏ-анцӏ соназ берцин гьарун рукӏунаан райцентралда тӏоритӏулел байрамалъулал тадбирал. Шамил районалъул Хӏотода росулъа Хӏасаница лъугӏизабуна Дагъистаналъул художествияб училище. Гьабсагӏаталда гӏумру гьабун вуго Махӏачхъалаялда. Жакъа художникас гьарулел хӏалтӏабазул ва дандчӏвалел захӏмалъабазул хӏакъалъулъ бицун, гьесулгун нижер гьадинаб гара-чӏвари ккана:
— Хӏасан, ахирал соназда дур гьунаралъул тема сунде буссараб бугеб? Кинал ругел хӏалтӏул хӏасилал?
— Цо чӏараб темаялда тӏад хӏалтӏуларо дун. Сураталги къанагӏат рахъула гьанже. Аслияб куцалъ вуссун вуго художествияб къагӏидаялъ мажгитал къачӏаялде. Жанисанги къватӏисанги берцинаб хатӏалъ, накъишаз къачӏала мажгитал, михӏмарал, гьарула мажгитазда жанир ралел люстраби.
— Махщалил нух киб ва сундасан байбихьараб?
— Гӏезегӏанго соназ хӏалтӏана Хӏебда букӏараб, ДРялъул Культураялъул министерствоялъул тӏалаб гьабулеб, художествияб мастерскаялъул нухмалъулевлъун. Дир нухмалъиялда гъоркь вукӏана лъабго художник. Аслияб куцалда нижеца гьарулаан райцентр берцинго къачӏаялъулал хӏалтӏаби, доб мехалъ гьелда «берзулаб агитацияйин» абулаан. Гьелдаса эркенаб заманалда рахъулаан суратал. Дол соназда дица портрет бахъичӏев цониги министр хутӏун ватиларо Дагъистаналда. Районалде вачӏарав ДРялъул бетӏер Мухӏамадгӏали Мухӏамадовасе сайгъат гьабуна дица бахъараб гьесул портрет. Гъуниб районалъул бетӏерлъун вукӏарав Гӏабдухӏалим Мачаевасул заказалда рекъон, дица бахъана гьеб районалъул росабазул лъеберго сурат. Дун кидаго хӏалтӏана «Дица бахъараб сурат кӏалъазе ккола» абураб масъалаги цебе лъун.
— Кинал жанразда мун хӏалтӏулев?
— Дица лъугӏизабуна художествияб училищеялъул «мастер-ювелир» абулеб отделение. Къокъго абуни, художествиял махщелазул дица гьабулареб жо ккола цохӏо гӏарац-меседалъул хӏалтӏи. Цӏияб Гӏурада школалда цебе буго дица гьабураб Суракъат Асиятиловасул бюст. Хӏебда паркалда — Ватӏаналъул рагъда хварал бахӏарзазе гьабураб памятник-стелла ва гӏагараб районалда Шамил имамасул цӏар лъолеб мехалде гьабураб имамасул барельеф. Дун хӏалтӏула киналго жанразда, амма гьездасан аслиял ккола живопись, гъваридаб магӏнаялъул кӏудиял (монументалиял) ва дизайнерлъиялъулал хӏалтӏаби.
— Мун гӏахьаллъулищ выставкабазда?
— Пейзажалги портреталги лъун, республикаялда тӏоритӏулел выставкабазда гӏахьаллъулаан цеве. Цо нухалъ гӏахьаллъана Ставрополалда тӏобитӏараб Россиялъул выставкаялда. Гьездаса дие цо кӏудияб пайдаго щвечӏо, цӏарал-шапакъатазда хадувги дун лъугьинчӏо. Цо гьединаб выставкаялда «Берцинай магӏарулай» абулеб дир портреталъе экспертазги балагьаразги лъикӏаб къимат кьуна, гьеб сурат каталогалда бищун цебеги лъун букӏана.
— Тӏоцебе дуца кида сурат бахъараб, сундул хӏакъалъулъ гьеб букӏараб?
— Школалда цӏалулеб мехалъ дир гӏагарав чи Гӏалилас рахъулел суратал берцин рихьун, дир ракӏ цӏана гьеб ишалде. Художниклъиялде тӏамурал дир тӏоцересел галабилъун рикӏкӏине бегьула 4-5 классазда цӏалулев дица фотографиялъухъ балагьун къалмица рахъарал суратал. Хадур школалъе хӏажатал суратал рахъулаан. Гьелъул дие цо баракатги ккана. Гӏурус мацӏалъе дун лъикӏав вукӏинчӏо, камулароан кӏийилалги. Дица бахъараб Ленинил портрет бихьидал, нижер гӏурус мацӏалъул мугӏалим гӏажаиблъун вуго. Гьелдаса хадуб гьес дие цониги кӏийилги лъечӏо.
— Художниклъи гуреб, эркенаб заманалда гьабизе бокьулеб хӏалтӏи бугищ дуе?
— Эркенаб заман дир киданиги букӏинчӏо ва букӏунаро. Дир руго гӏемерал заказал. Дие цӏакъ бокьула суратал рахъизе, хасго пейзажал, портретал. Бокьула искусствоялда хурхараб кинабго хӏалтӏи, хасго бетӏерги квералги рекъон гьаризе кколел ишал: къед бала, дун рикӏкӏуна лъикӏав цӏулал устарлъун. Гӏолохъанаб мехалда чанаве хьвади- зе бокьулаан, тӏабигӏаталде гӏемер унаан.
— Чан мажгит дуца къачӏараб? Дур гьел хӏалтӏабазе халкъалъ кинаб къимат кьолеб?
— Тӏоцебе дица къачӏана гӏагараб Хӏотода росдал мажгит ва гьениб базе гьабуна берцинаб люстра. Гьединго дица къачӏана Махӏачхъалаялъул Гӏахъущиясул къотӏноб бугеб кӏудияб мажгит. Дагъистаналда гӏезегӏанго мажгитал къватӏисаги жанисаги къачӏана дица, гьаруна гьенир разе люстраби. Гьабсагӏаталда къачӏан бахъунеб буго Редукторный поселокалъул горсвериялда бугеб кӏудияб мажгит. Дир эскизазда рекъон, васаз къачӏана мажгитал. Цоги художниказ гӏадин, трафаретаздалъун яги суратал седон гуреб, дица мажгитал къачӏала квералъ суратал ва накъишал рахъун. Гьелъги батила, халкъалъ дир хӏалтӏабазе кидаго лъикӏаб къимат кьола.
— Суратал рахъиги дагь гьабун, мажгитал къачӏаялде лъугьиналъе щиб гӏилла ккараб?
— СССРалъул заманалда художниказухъа суратал библиотекабазе, клубазе, батӏи-батӏиял идарабазе, гьединго коллекциязда лъезе росулаан. Кигӏан лъикӏал ругониги, жакъа художниказул суратал росулел гьечӏо. Нижер суратазул къимат хвезабуна чӏахӏиял принтеразда рахъарал ва Китаялдаса рачӏарал ширпотребалъул канчӏал кьеразул суратаз. Квеш ккараб жо буго, жагьилал чагӏи гӏемерлъун рукӏин, гьезда я искусство, я художникасул суратал ричӏчӏуларо. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисал бачина. Хӏатталдаса ун бечедав чиясул буго цӏакъ чӏухӏараб мина. Дица гьесда гьикъана: «Дур рукъзабахъ художникасул цониги сурат щай гьечӏеб? Месед-гӏарцулго гӏадин, суратги ккола заман анагӏан багьа цӏикӏкӏунеб бечелъи», — ян. «Лъикӏаб сурат бахъун бажарулел художникал ратиларо нилъер», — абун къокъ гьабуна гьес хабар. Дица гьев вачана суратазул выставкаялде. «Чӏорого кьуниги, гьал суратал дица, дир минаялъул нуцӏихъа жанире риччаларо», — ян абуна гьес.
— Нужер хъизамалда вукӏанищ, вугищ суратал рахъизе махщел бугев чи?
— Нилъер умумузул суратазде регӏараб хӏал букӏинчӏелъулха. Мунагьал чураяв эмен вукӏана кверзул махщел бугев, жиндир заманалда цӏар рагӏарав хьитазул устар. Педуниверситеталъул худграф лъугӏарав вац Ибрагьимги ккола машгьурав скульптор. Цӏаларал гьечӏониги дир кӏиго васги ругьунлъана художникал-оформителазул ишалъе.
— Суратал рахъиялдаги мажгитал-минаби къачӏалда гьабулеб хӏалтӏудаги гьоркьоб батӏалъи бугищ?
— Чуялдаги хӏамидаги гьоркьобгӏан кӏудияб батӏалъи буго. Мажгитал къачӏаялда хӏалтӏизарулел краскаби рукӏуна зодил кьерал, ай ракӏалъе къабулал, мина-рукъалъул интерьер къачӏалаго, кьерал мебелалъул кьералда рекъезаризе, гьайгьай, хважаинасул гогьлъи, ай гьесул тӏалабалги хӏисабалде росизе ккола. Цоги, сурат бахъула мольберталда нахъаги эхетун. Мажгит, мина къачӏай гьелдаса гӏемерго захӏматаб буго. Хӏалтӏи байбихьилалде ботӏрода жаниб бахъ- ун букӏине ккола къачӏаялъул сурат, хӏадуризе ккола проект, смета. Гьединго, чӏалидаги эхетун, тӏубараб къоялъ, бетӏерги эхеде битӏун, хӏалтӏизе ккола.
— Художниклъи гуреб, цоги батӏияб хӏалтӏи гьабизе бокьилаанин кколищ дуда?
— Киве кканиги, дирго махщалил баракат-кумек камичӏо дие. Гьелдалъун бигьалъи букӏана цӏалулагоги, армиялда хъулухъ гьабулагоги. Макьабиги дир суратал рахъулел рукӏуна. Гьереси щай, сурат бахъизе бокьун, цо-цо мехалъ дир кверал рукарула.
— Лъималаздаса рази вугищ?
— Аллагьас дие кьуна дун разияв ункъо вас. Гьел руго гӏодобе биччараб гӏамал-хасияталъул, кверзул махщел бугел чагӏи.
— Цогидазда дандеккун, художникасда гӏумруялъул гӏолелги гӏоларелги рахъал цӏикӏкӏун рихьула. Жакъа нилъер гӏумруялъе кинаб къимат дуца кьолеб?
— Бечелъиялда хадур лъугьиналъ гӏадамазул гӏамал-хасият квешаб рахъалдехун хисун буго. Гӏадамазе хӏалтӏизе бакӏал гьечӏолъи буго квеш ккараб жо. Гӏолилалги лъугьунел руго хӏалтӏизе бокьулареллъун. Цебе гӏадин гӏагарлъиялда, гьудул-гьалмагълъиялда гьоркьоб гьуинлъи, гьудуллъи дагьлъун буго. Жидерго чунтби цӏезарулаго, тӏалъиги гӏадатияб халкъалде регӏун гьечӏо. СССРалъул заманалда вакъарав чи вукӏинчӏо, ритӏухълъиги гӏарз гьабун ине бакӏги букӏана.
Н. НУРИЕВ